Масъалаби гӏемераб, ресал дагьаб хӏалтӏи

Нухде чабахги базе, къед цӏигьабизе сали-цементги биччазе рагӏи кьуна

нухазул участкаялъул нухмалъулес

Гъуниб районалде сапар бухьиналъе гӏилла ккана Сугъралъ-Бухтиб нухда хӏалтӏи гьабулеб гьечӏин, хасго Бухтиб росулъе гӏагарлъулеб бакӏалда бугеб нух квешаб хӏалалда бугин ва районалъул нухазул участкаялъул нухмалъиялде хъварал кагътазулги гьарурал хитӏабазулги хӏасил кколеб гьечӏин абун редакциялде кагътал рачӏин. Тахшагьаралдацин, хасго гьелда сверухъ ругел поселоказда нухазул бугеб хӏал нилъеда цебе буго. Мугӏрузул районазда ахирал соназда гӏезегӏан цӏиял нухал гьаруна, къачӏана, хъил тӏуна, амма жеги гӏемерал росабалъе ругел нухал лъикӏаб хӏалалда ругин абизе бакӏ гьечӏо. Гьебги хӏисабалде босун, цоги районазда ругел нухалги рихьидал, Гъуниб районалда гьел цӏакъго хварал, къадарал ругин абизеги кинго кӏоларо.

Гъуниб-Сугъралъ-Бухтиб

Анцӏгогӏанасеб соналъ цебе хӏалтӏизе биччана Гъуниб-Сугъралъ (20 км) цӏияб, хъил тӏураб нух. Гьеб дагь-дагьккун чӏунтизе байбихьана ва гьабсагӏаталда (хасго хасало) гьеб расги лъикӏаб хӏалалда гьечӏо. Сугъралъ-Шамгъуда-Бухтиб нух (8-9 км) хъил тӏураб гьечӏо, амма Шамгъуда росулъе щвезегӏан гьеб буго гӏемер къварилъи гьечӏеб, мугӏрузул шартӏазда рекъон, гӏодоб тӏамураб, парахатаб. Шамгъудаса унеб гьеб Гъумекибехун бугеб свериялде щвезегӏан хӏакъикъаталдаги буго къваридаб, захӏматаб, кин гьенисан хасало машинаби хьвадулелин ккараб. Гьеб свериялдаса Бухтибе щвезегӏан бугеб 2 километралъул, эхедераялъ унеб, гъоркьиса къачӏан лъугӏараб, жинда сверухъ гӏемераб дагӏба-рагӏи бугеб нух, щаялиго нижее ва нижер машинаялъе захӏмалъичӏо. Тӏоцере ниж щвараб росдал администрациялъул хӏалтӏухъабазда лъалевго ватичӏо Бухтиса редакциялде битӏун бачӏараб цо кагътил автор Юнусов Юнус Мухӏамадович. Абуна гьединав чи Бухтиб росулъ гьечӏин. Гьечӏев чи валагьизе нижги лъугьинчӏо. Амма гьеб ва гьебго мисалалъул кагътазда рехсарал хӏужабазул, росдал гӏумруялъул хӏакъалъулъ бицун гара- чӏвари гьабуна бегавул Гӏумарасхӏаб Гъазиловасулгун.

Бегавул вищизе кӏоларого…

— Чан чияс гӏумру гьабулеб бугеб Бухтиб, кинал социалиял объектал росулъ ругел?

— Гьабсагӏаталда росулъ буго 78 цӏараки, хъвай-хъвагӏай гьабурав 330 чи. Гӏумру гьабун вуго 200-гӏанасев чи. Гьоркьохъеб школалда цӏалулев вуго 86 цӏалдохъан, ясли-ахалда буго 35 лъимер. Росулъ буго: клуб, библиотека, ФАП, почалъул отделение, кӏиго тукен, цо мажгит, гьанже цоги балебги буго.

— Киналха ругел росдал аслиял, жамагӏаталда церечӏарал масъалаби?

— Цӏакъго захӏматаб масъала буго ракьазул. Мадугьалихъ росабалъ киналго ракьал руго росабазул администрациязухъ, амма нижер гӏаммаб ракь (кӏиазаргогӏанасеб гектар) буго районалъул администрациялъухъ. Росулъ гӏемер руго минаби разе бокьарал, гьелъие планал хӏажатал гӏадамал, амма магӏишатиял ракьал администрациялъул балансалде росичӏого, дида кӏоларо гьел кьезе, гьечӏо гьединаб ихтияр. Росдал администрациялъул ихтияралда гьечӏо росдал ракь, гьеб хӏал хисизабизе республикаялъул кадастралъулаб палаталде документалги кьун руго, амма лъабго лъагӏел свераниги, гьеб суал цебехун унарого буго. Цере гӏемер рукӏана лъел масъалаби, кьиндал хутӏулаан гьебги гьечӏого. Нижеца 300-гӏанасеб метралъул манзилалда хисана рогӏрал, цо-цо бакӏазда гьел къачӏана. Кьиндал дагьлъун гурони, цониги нухалъ хутӏичӏо лъим гьечӏого. 3-3.5 км гӏанасеб манзилалъ цӏияб лъим бачине тӏаде босун буго цо гӏолохъанчияс, гьебги бачани, лъел суал тӏабанго лъугӏула. Токалъул бицани, кьиндал гӏоларо гьелъул къуват, гьури бахъанщинахъе, сунаан. Нижеца байбихьана токалъул хӏубал хисизе. Хисана къогоялдасаги цӏикӏкӏун хӏуби, исанаги хисизе буго жеги 20. Гьелда цадахъ къачӏазе руго росулъ жанир нухалги.

— Рачӏаха нухазул бицинин…

— Гъумекибехун нух бикьулеб свериялдаса байбихьулеб гьеб буго кинавго чиясул бадиб къараб нух. Цебе гьеб букӏана къваридаб, гӏазу-цӏад бани, кутакаб хӏарщги багъарулеб, киданиги машинаги бахунареб, нухин абизе ресго гьечӏеб. Аслияб куцалда экстремизмалъул, яргъид гӏуцӏарал рохьазде иналъул рахъалъ хӏалуцараб ахӏвал-хӏал бугин рикӏкӏунеб анлъго росдал бутӏрулги ахӏун, Рамазан Гӏабдулатӏиповас гӏахьаллъиги гьабун, 2015 соналда Гъуниб тӏобитӏун букӏана кӏудияб данделъи. Гӏабдулатӏиповас гьениб абуна бугеб хӏал парахалъиялде буссинабиялъе жиндир рахъалдасан гьабизе хӏажатаб кумек бихьизабейин. Бухтиб росдал рахъалдасан дица борхана нухазул суал, гьарана нухлул гьагъаб бутӏа къачӏазе кумек гьабейин. Гьебго соналда байбихьараб хӏалтӏиги 2017 соналъул хаслихъе лъугӏана. Гӏемерго гӏатӏид гьабуна нух, бана чабах. Амма гьелъул лъугӏел ккана гьадинаб: росулъа вакилзабиги ахӏун, къотӏи-къаялги гьарун, официалияб къагӏидаялда нижехъе кьечӏо нух, кибго гьечӏо дир гъолбас. Нижер гьаниб гӏемер дагӏба-рагӏи ккола нух гьабиялъе биччараб гӏарац (4 млн гъуруш) росдал администрациялъул счеталдеги бачӏун, нухазде гуреб цоги мурадазе гӏоло хӏалтӏизабун бугин абун рижулел харбазда сверухъ. Нижер счеталде бачӏунаро гьединаб гӏарцул цо капек. Нухазул заказчикас («Дагъавтодор») гьеб кьола хӏалтӏи тӏаде босараб подрядчикасухъе (Гъуниб нухазул участок, ДЭП №11). Гьабураб нухда сверухъ гӏезегӏан хутӏана ниж рази гьечӏел бакӏал, гьаричӏел хӏалтӏаби. Дица гьел загьир гьарураб заманалда, нухазул участкаялъул начальник Шамил Ибрагьимовас абуна проекталда рекъон жинца кинабго хӏалтӏиги тӏубанин, гьелъие биччараб гӏарацги лъугӏанин. Тӏад араб гӏарцуда рекъон гьаричӏо нухал, разе кколел бакӏазда рачӏо къадал, тӏаса гӏодобе хӏари бачӏунеб бакӏалда лъезе кколаан рогӏрал. Хӏатӏгун цадахъ бараб чабахги бана тӏеренго, гьебги дагь- дагьккун унеб буго чурун, гьелда тӏасан хьвадулел машинабиги хущтӏизе байбихьана. Гьенибе чара гьечӏого базе ккола 20 КамАЗниги чабхил. Кьун букӏана рагӏи базе, жеги гьебги бачӏо. Шамгъуда росулъа Гъумекибе унеб нухде щвезегӏан бугеб нух буго цӏакъго квешаб, машина хьвадизе хӏинкъараб хӏалалда. Гьениб бугеб цо захӏматаб свери битӏизабизеги кьун букӏана рагӏи, гьебги гьабичӏо жеги. Къваригӏун букӏана ракьанал рахъизе экскаватор- погрузчик, лъабго моцӏ буго гьеб битӏун бачӏунарого. Дица хъварал кагъталги руго, Сугъралъ-Бухтиб нух гъоркьиса хаслихъего къачӏан лъугӏизабизе ресал ралагьизе районалъул бетӏерасул тӏадкъайги буго, амма гьабилин, тӏубалин Шамилица рагӏи кьун гурони, хӏасил гьечӏого буго. Кин бугониги, хьул буго районалъул нухазул участкаялъ кквелин кьураб рагӏи, рагӏалде бахъинабилин тӏаде босараб хӏалтӏи. Буго цоги рахъги. Гъоркьиса хасало лъугӏана дир хӏалтӏул болжал. Гьелдаса нахъе ниж руго росдал бетӏер вищизе кӏоларого (гьев вищула росдал депутатаз), дагӏба-рагӏиялда, жамагӏаталъул пикру цойиде бачӏунарого. Росдал жанисел масъалабазги рищиязул суалазги квалквал гурони кинаб квербакъиха гьабилеб нухазулги цогидал ишазулги масъалаби тӏураялъе…

Тӏаса-масаго бараб къед

Ниж дандчӏвана цоги гӏарзаялъул бетӏергьан Хӏамзат Нуровгун. Росу рагӏалда бугеб гьесул минаялда аскӏобе бачӏуна гьаниб гӏемер рехсараб машинадул нух. Хӏамзатица гӏарзаялда хъван букӏана ва жакъа нижедаги бицана нух гьабиялъулъ, гьеб къачӏаялъулъ гьесда рихьулел гӏунгутӏабазул хӏакъалъулъ. Гьелда цадахъго гьес абулеб буго минаялда аскӏоб гӏатӏид гьабураб нух кквеялъе бараб къед цӏакъ тӏаса-масаго, кьучӏцин лъечӏого, лъималаз гӏадин бан бугин. Гьелда тӏад хвезабураб 25-30 азарго гъуруш жиндихъе кьун букӏарабани, жинца букӏине кколедухъ гьабилаанин гьеб хӏалтӏи. Гьабсагӏаталдаги нухазул участкаялдаса гьес тӏалаб гьабулеб буго ялъуни, гьеб къедги биххун, цӏидасан байин, ялъуни гьелъие биччараб гӏарац, сали-цемент жиндихъе кьейин. Тӏадеги жубана, чан гӏарза хъваниги, чан нухалъ Шамил Ибрагьимовасда абуниги, гьабилин рагӏи кьун гурони гьабулеб хӏалтӏи гьечӏин. Бихьулеб буго, хӏакъикъаталдаги, къед тӏаса-масаго бараб букӏин. Щай гьедин бугеб? Гьелъиеги нухазда хурхарал цогидал суалазеги жаваб балагьизе ниж тӏадруссана Гъунире.

Бицине бигьаяб, гьабизе захӏматаб

Щвана районалъул нухазул участкаялде (ДЭП №11) ва гьелъул нухмалъулев Шамил Ибрагьимовасулгун гьабуна гьадинаб гара- чӏвариги.

— Нужеца гьабизе кколеб хӏалтӏи кинаб бугеб?

— Жакъа нижер буго лъабго бульдозер, цо грейдер, цо КамАЗ, цо КДМ (хасало нухазде ракь балеб машина). Гьеб гӏолареб, хӏалтӏи цӏикӏкӏараб заманалда къотӏи-къаял гьарун бачуна цоги хӏажатаб техникаги. Вуго 28-34 хӏалтӏухъан, гьеб къадар хисула сезоналъулаб хӏалтӏуда рекъон. Гьелда гьоркьоре уна, хасало гӏазу бараб, цӏер къараб заманалда нух бацӏцӏад гьабизе, гьенибе ракь рехизе щибаб росулъ нижеца ккун ругел (лъабго-ункъо моцӏалъ, ункъо-щуго азарго гъурушги кьун) хасал хӏалтӏухъабиги (ремонтерал). Гьединав хӏалтӏухъан вуго Бухтиб росулъги. Нижер аслияб хӏалтӏи ккола районалъул росабалъе ругел нухал (185 км) хӏалтӏулеб хӏалалда чӏезари, бараб гӏаздадаса, гьунараб ракьалдаса, гӏодоре рачӏарал чӏахӏиял ганчӏаздаса рацӏцӏад гьари. Бюджеталъул организациязул букӏунеб хӏисабалда щибаб моцӏалъ нижее бихьизабураб, биччалеб гӏарац букӏунаро. «Дагъавтодоралъ» гьеб кьола хъварал контрактазда, гьабураб хӏалтӏуда рекъон. Цо км хӏисаб гьабун, нижее биччала 25-30 азарго гъуруш, нормативалда рекъон гьеб букӏине ккола 300-400 азарго гъуруш… Нухазда капиталияб хӏалтӏи нижеца гьабула гьединаб заказ щвани, «Дагъавтодоралъ» гӏуцӏарал тендеразда бергьани, нижергун контракт хъвани. Бухтибе унеб нухда хӏалтӏи гьабизе ихтияр щун букӏана 2015 соналда.

— Лъил балансалда бугеб 10 соналъ цебе бахъараб, Хӏамзатовасулин абулеб, Гъуниб-Сугъралъ нух. Лъиде тӏаде кколеб гьениб гьабулеб хӏалтӏи?

— Гъуниса-Чӏохъе (Чӏохъ къулгӏа) щвезегӏан бугеб нухлул бутӏа лъилго балансалда гьечӏо. Абизе бегьула гьеб бугин гьаваялда. Чӏохъа Сугъралъе щвезегӏан нух буго «Дагъавтодоралъухъ». Гьелъул капиталияб ремонт, планалда лъун бугони, тӏаде босула «Дагъавтодоралъ», гӏиси-бикъинаб хӏалтӏи гьаби буго нижер иш.

— Гьанже Бухтиб росдалги бицинин. Гӏемерал гӏарзал руго нужеца къачӏараб кӏиго километралъул нухда (Гъумекибе свери-Бухтиб) сверухъ. Рази гьечӏо нужеца гьабураб хӏалтӏудаса, абулеб буго, тӏад араб гӏарцуда рекъон гьабураб хӏалтӏи гьечӏин. Дуца щиб абилеб?

— Рехсараб нухда гьабуна проекталда бихьизабун букӏараб кинабго хӏалтӏи. Рарал къадазул кубатураги буго проекталда бихьизабун букӏараб. Лъуна рогӏрал, гьезде тӏадеги — гьеб гӏоларин абун, 500 сантиметр рогӏороялъул бакӏалда лъуна 900 сантиметралъул, лъуна цоги, ай проекталдаго букӏинчӏеб рогӏороги. Чабахги бана тӏабигӏияб, нилъерго гьаниб бугеб тайпаялъул, бихьизабураб бакӏалдаса баччун, проекталда бихьизабураб 8 см бицалъиялъул. Росдал гӏадамазе гьеб 25- 30 см бицалъиялъул букӏине бокьун бугин абун, проекталда гьечӏеб кин ва киса дица базе букӏараб?

— Дуде гӏайибчӏвалеб буго нухде биччараб 4 млн гъуршиде (цо км – кӏиго млн гъуруш) хӏалтӏи лъоба гьабун гьечӏин абун…

— Гӏадамазда бичӏчӏуларого, лъаларого батизе бегьула гьадинаб жо. Ункъо млн гъуруш нижеда кодобе кьолеб, «чӏагояб» гӏарац гуро, гьеб буго щибаб гъуршил хӏисаб бугеб, нижеца жаваб кьезе кколеб гӏарац. Гьелда тӏаса уна налогал, техникаялъе росулел запчастазухъ гӏарац, хӏалтӏухъабазе кьолеб мухь. Гьеб кинабгоги хӏисабалде босун, биччараб гӏарцуда рекъараб, гьелда рекъон бихьизабураб кинабго хӏалтӏи гьабуна лъоба.

— Букӏана абулеб чабхил пуланаб къадар нухде баччизе дуца рагӏи кьун бугин. Бугищ гьединаб рес?

— Чӏванкъотӏараб къадар чабхил гьенибе балин дица киданиги абичӏо. Амма дир ресалда рекъон чабах, 5-10 КамАЗ, кӏвани дагьаб цӏикӏкӏунги гьенибе бала, цебехун бараб дагь-дагьккун чурун инчӏого букӏунарелъул.

— Хӏамзат Нуров рази гьечӏо нужеца бараб къададаса. Хӏакъикъаталдаги гьелъул гьечӏо гӏолеб халалъи, борхалъи ва гь. ц.

— Къед бана 2015 соналда, проекталда рекъон, гьеб балел хӏалтӏухъабиги рукӏана Бухтисаго. Гьабсагӏаталда гьебги биххун цӏидасан баялъул суал букӏине рес гьечӏо, амма гьеб цӏигьабиялъул, дагьаб гӏатӏид гьабиялъул хӏалтӏи живго Хӏамзатица тӏаде босани, хӏалтӏухъабазе мухь кьезе рес дир гьечӏо, амма бащдаб КамАЗ салулги тонна цементалъулги, кумек хӏисабалда, дица битӏила гьесухъе.

— Нижеда цӏакъ квеш бихьана Шамгъудаса Гъумекибе свериялде бугеб нухлул бутӏа. Гьечӏищ гьелъие сабаб?

— Доб буго къваридаб, эхедераялъ унеб, данде машина ккани, сверизе бакӏ гьечӏеб, кьиндал цӏикӏкӏараб хӏинкъи бугеб бакӏ. Лъабго метралъниги гӏатӏид гьабичӏого гӏоларо нух, гьеб буго кӏудияб, капиталияб хӏалтӏи, гьеб гьабизе нижер къуват гӏоларо. Дица Шамгъуда ва Бухтиб росабазул бегавулзабазда абунги букӏана, жакъаги абулеб буго — гьеб нух капиталияб ремонт гьабизе хӏисабалде босараб планалде гьоркьобе босеян, районалъул ва «Дагъавтодоралъул» нухмалъулезул цӏаразда кагътал хъвайин. Планалда лъун хадуб, цебе ине буго хӏалтӏиги.

— Гьаб гара-чӏвариялъе ахир дуцаго гьабуни…

— Гьаб гӏатӏиракьги гуро, тӏаде ралагьарал мугӏрул нахъе росизе ресги гьечӏо. Гьединлъидал гьаниб киданиги букӏунаро ракь ччукӏулареб, ганчӏал рачӏунареб, хӏарщ камураб мех. Нухазул халалъи 185 километрги бугони, дагьаб гурони техникаги гьечӏони, гьебги хераб бугони, кидаго гуро бокьанагӏан хехго хӏалтӏи гьабун, нух цо хӏалалда чӏезабун бажарулеб. Магӏарухъ ругел нухал нилъ разияб хӏалалда чӏезари буго масъалаби гӏемераб, ресал дагьаб хӏалтӏи. Нижер ресазда рекъон, тӏадаб хӏалтӏи гьабичӏого нижеца толаро. Мисалалъе, дагьаб цебеги хасало Бухтибе машина бахъи букӏана тӏубараб масъала, гъора гӏодор машинабиги тун унаан бухтал лъелго росулъе. Гьале лъабго сон буго, кӏудияб гӏазу бан, нижер бульдозер тӏаде щвезегӏан дагьаб заманалъ чӏезе ккун гурони, цӏад бан, росулъе машина бахъичӏого хутӏичӏо.

Хадурагӏиялъул бакӏалда

Районалъул нухазда сверухъ бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ чанго рагӏи абуна ГИБДДялъул начальник Расул Бигачевасги.

— Нусабго проценталъ кинабго тӏубараб бакӏ кибго ва сундулъго букӏунаро, амма лъикӏ букӏуна щивас жиндаго тӏадаб хӏалтӏи ракӏбацӏцӏадго, кколеб куцалда гьабулеб бугони. Районалъул нухазда бугеб ахӏвал-хӏалалда бан дица, дир хъулухъалда рекъон, халгьабичӏого тараб щибго гьечӏо. Гьаризе тӏадал ишалги рехсон жакъасеб къоялде дица кьун буго 8 предписание, Шамил Ибрагьимовасда тӏад хъвана административияб протокол. Районалда руго лъикӏал нухалги, камун гьечӏо квешалги. Нилъеца хӏисабалде босизе ккола 10-15 соналъ цебе нухазул букӏараб хӏалги, бичӏчӏизе ккола киналго нухал цадахъ къачӏазе ресги къуватги гӏоларого букӏинги. Амма нухал кӏвар гьечӏого тун гьечӏо, дагь-дагьккун гьарулел руго хӏалтӏаби. Цо заманалда Кӏогьорире рукӏана цӏакъго квешал нухал, жакъа гьеб буго лъикӏаблъун рикӏкӏине бегьулеб нух. Гӏунтӏиб-Щуланубе къачӏана нух. Гъуниб ГЭСалдаса байбихьун буго лъикӏаб хӏалтӏи, тӏолеб буго хъил. Руго цоги лъикӏал ишалги. Бухтире нухал гӏемер реццизесел гьечӏо, гьелда хурхунги хъвана дица акталги, кьуна предписаниялги. Шамилица абула гьелъие дагьго гурони гӏарац биччалеб гьечӏин, цӏикӏкӏун харжал унел хӏалтӏаби гьаризе рес гӏоларин. Хӏасил гьабуни, гӏунгутӏаби гӏезегӏан ругониги, Гъуниб нухазул участкаялъ бугеб ресалда рекъон хӏалтӏи гьабулеб гьечӏин абизе дида кӏоларо.

Гӏабаш Гӏабашилов