Ракъугарцӏазул иргадулаб гьужум

Жакъа къоялде республикаялда ракъугарцӏаз «ккун» буго росдал магӏишатазул ракьалъул 100 азаргоялдаса цӏикӏкӏун га

«Россельхозцентр» ФГБУялъул аслияб хӏалтӏи ккола республикаялъул росдал магӏишаталъул ракьал заралиял рухӏчӏаголъабаздаса ва унтабаздаса цӏуни, чӏахӏ-хералъе, гӏезарулел нигӏматазе букӏине бегьулеб зарал цебеккунго тӏатинаби, гьелъул бугеб хӏинкъиялъул цӏех-рех гьаби. Цӏех-рехазул ва анализазул хӏасилги гьабун, тӏатинабураб хӏакъикъияб баян битӏула республикаялъул хӏукуматалде, Росдал магӏишаталъул министерствоялде ва районазул администрациязде. Гьединго росдал магӏишаталъул хӏалтӏухъабазда малъула боржине байбихьилалдего ракъугарцӏиде данде рагъ базе кколеб къагӏида. Ракъугарцӏазда данде къеркьей «Россельхозцентралда» тӏадаб иш гуро, гьеб хӏалтӏи гьабизе ккола ракь хӏалтӏизабулел идарабаз: СПКяз, ГУПаз, фермераз ва кумекалъулал магӏишатазул бетӏергьабаз (ЛПХ).

Гьеб масъалаялда бан нижеца гара-чӏвари гьабуна «Россельхозцентралъул» Дагъистаналъул ФГБУялъул филиалалъул директор Мухӏамад Хӏажимухӏамадовасулгун.

— Мухӏамад, исана Дагъистаналда кинал тайпабазул ракъугарцӏал тӏиритӏун ругел?

— Кочубеялъул ва Нугъай районалъул гочинабун гӏи-боцӏи хьихьулел авлахъазда тӏибитӏун буго Мароккоялъулин абун цӏар кьураб ракъугарцӏ, ралъдал рагӏаллъуда, лъим гӏемерал ракьазда — бищунго заралияблъун рикӏкӏунеб азиялъулаб ракъугарцӏ. Гьелъул «рехъен» 90 миллион бетӏералдеги бахуна.

— Исана республикаялда ракъугарцӏ тӏибитӏиялъул ва гьелда данде гьабулеб къеркьеялъул хӏалтӏи кин гӏуцӏун бугеб?

— 20 маялда тӏобитӏараб ракъугарцӏида данде къеркьеялъул хӏалтӏул иш рекъезабулеб штабалъул данделъиялда бицана ракъугарцӏал ругин республикаялъул районазул ракьазул 100 азаргоялдаса цӏикӏкӏун гектаралда. Гьелда гьоркьоса 9600 га гурони бегьулеб куцалде ккезабун гьечӏин. 17 маялда байбихьана ракъугарцӏ гӏемерлъарал ракьазде загьру пунхъизе. Масала, Нугъай районалда ва республикаялъул гочинабун гӏи-боцӏи хьихьулел севералъул ракьазда загьру пунхъана 7400 гектаралде.

— «Россельхозцентралъул» къуват гӏолищ ракъугарцӏида данде къеркьолел магӏишатазе гӏураб къадаралда загьру чӏезабун?

— Нижер нахърателалда буго инсектицидазул дагьабго къадар. Гьел загьраби хӏалтӏизаризе ихтияр букӏуна федералиял ракьазда, гьебгиха гьел ракьазда гӏорхъолъа борчӏараб ахӏвал-хӏал бугин лъазабидал. Фермераз, СПКяз, ГУПаз ва ЛПХяз жидерго ракьалдаса ракъугарцӏ жидецаго загьруги босун, лъугӏизабизе ккола. Гьединаб буго федералияб законалъул тӏалаб, ай гьелда рекъон хважаинас кьезе ккола жиндирго ракьул фитосанитарияб ахӏвал-хӏалалъул жаваб.

«Россельхозцентралъул» иш буго ракьазул цӏех-рех гьаби, кинаб загьру ва кинаб къадаралда пунхъизе кколебали малъи ва цогидалги тадбиразул баян ракьул хважаинасда лъазаби.

— Гьел тадбирал тӏоритӏулаго, районазул ва росабазул бутӏрузухъа кумекго щолищ?

— «Россельхозцентргун» цадахъ лъугьун, гьел хӏакимзабаз ракъугарцӏиде данде къеркьеялъул тадбиразул план ва график бахъизе ккола, гьединго халккола сельхозпроизводителаз гьеб рахъалъ гьабулеб хӏалтӏуда хадуб. Амма Тарумовка, Бабаюрт, Гъизляр, Нугъай, Хасавюрт районазул бутӏруз гурони, цогидал районазул бутӏруз, «нухда ккелеб батила, кӏудияб зарал ккечӏого рорчӏилел ратила» абун, хӏалтӏи тӏаса-масаго толеб буго. Гьелъие буго цоги гӏилла:

Дагъистаналъул северияб зона ккола, аслияб къагӏидаялда, гочинабун гӏи-боцӏи хьихьулеб бакӏ. Гьел ракьал районазул администрациязда гьоркьоре унаро, гьединлъидал администрацияз гьезие, кумек гьабун, бюджеталъул гӏарацги кьоларо.

Советияб заманалда гьединал масъалаби тӏуразе Хасавюрталда гӏуцӏун букӏана хасаб химотряд. Тӏубараб лъагӏелалъ гьеб хӏалтӏулаан ракъугарцӏазул тӏалабазда: хасало гьелъул хоно хвезабиялда, ихдал гьелъул тӏинчӏ хвезабиялда тӏад, гьелда лъалаан ракъугарцӏал кир рукӏине бегьулебали. Киналго ракьал рукӏана хӏукуматалъухъ, гьединлъидал хӏалтӏаби тӏоритӏулаан лъидаго цӏехечӏого. Гьеб химотряд биххана 1992 соналда, гьелдаса нахъе 2001 соналде щвезегӏан лъицаниги, гьабилан абизе, ракъугарцӏал тӏагӏинариялъе хӏалтӏи гьабичӏо. Жакъа гьеб къагӏида гьечӏо, хӏалтӏиги гьелда рекъараб, бичча-бихъан тараб букӏинарищха. Цоги буго гьадинаб захӏмалъи: жакъа цо-цо участкабазул бетӏергьаби кодорего щоларо. Ракьухъ балагьизе гьел рачӏунаро, арендаялъе ва субарендаялъе ракьги кьун, рилула. Ракъугарцӏиде данде рагъ базе 30-40 азарго гъурушги хвезабун, ижарачагӏазеги чияр ракь щайха?

Гьединлъидал саламатал ракьал руго ,ракъугарцӏалда куркьбал рижизегӏан ва гьеб гьаваялде бахъинегӏан, лъицаниги милат гьабуларел. Гьеб ккола Дагъистаналда ракъугарцӏ гӏемерлъиялъе ва гьелъ гьабулеб зарал цӏикӏкӏиналъе гӏиллаги.

Лъабго-ункъо соналъ цебе ракъугарцӏ хвезабулаан гӏага-шагарго 20 азарго гаялда, ахӏвал-хӏал цӏуниялъе гьеб гӏолаан.

Амма 2015 соналда, ракъугарцӏгун къеркьолаго, загьру пунхъизе ккана 60 азарго гаялде, гъоркьиса — 100 азарго гаялде.

Специалистаз гьарурал цӏех-рехаз бицунеб буго, заралиял ракъугарцӏал тӏиритӏарал ракьазул гӏатӏилъи исана жеги цӏикӏкӏине бугин.

Жакъа къоялде республикаялда ракъугарцӏалъ «ккун» буго росдал магӏишатазул ракьазул 100 азаргоялдаса цӏикӏкӏараб га. Гьелдаса 26 азарго га гурони бегьулеб куцалде ккезабун гьечӏо. Гьелъие бугеб аслияб гӏилла ккола магӏишатазул нухмалъулез ракьалъе страхование гьабуларого букӏин ва страхование гьабичӏеб ракьалъе ракъугарцӏица гьабураб зарал хӏукуматалъ бецӏуларого букӏин.

— Исана хӏукуматалъ ракъугарцӏиде данде рагъ базе гӏураб къадаралда гӏарац биччан гьечӏищ?

— 2012 соналде щвезегӏан федералияб бюджеталдаса бачӏунаан гьелде данде рагъ базе гӏарац. Гьелъул лъикӏаб хӏасилги кколаан. Исана, республикаялъул гӏемерисел ракьазда ракъугарцӏ тӏибитӏун букӏинги хӏисабалде босун, ДРялъул хӏукуматалъ загьраби росизе биччан буго 15 миллион гъуруш. Дагъистаналда ракъугарцӏ тӏагӏинабиялъул мурадалда лъикӏаб даражаялда хӏалтӏи гӏуцӏиялъе къваригӏуна 45-50 млн гъуруш.

— Кочубеялъул зонаялда ругел магӏишатазул нухмалъулез ва гӏухьбуз абулеб буго, хӏукуматалъ ракъугарцӏиде данде балеб рагъ гӏураб къагӏидаялда гьечӏин, гьеб рахъалъ жидее щолеб кумекги гьечӏилан …

— Гьез цӏакъго хӏалуцинабулеб буго, амма…

Гӏухьбуз бокьараб абизе бегьила, амма хӏалтӏуда гӏунгутӏаби камун гьечӏо. Дармилал конкурсал лъугӏун рукӏине кколаан ракъугарцӏил тӏинчӏ къватӏибе бачӏиналдего. Гьеб тадбиралъе дагьал кватӏана. Гьединлъидал хехал тадбирал гьаричӏони, ракъугарцӏ къватӏибе лъугьун 30-40 къо баралдаса боржине байбихьула. Божи буго ракъугарцӏида данде гьабулеб хӏалтӏи рукӏалиде ккеялда. ДРялъул росдал магӏишаталъул министр Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас цӏакъ кӏваркьолеб буго ракъугарцӏазда хурхун гьарулел хӏалтӏабазде. Церехун риччарал гъалатӏалги хӏисабалде росун, Росдал магӏишаталъул министрствоялъги Россельхозцентралъулги цадахъаб хӏалтӏудалъун исана ракъугарцӏал лъугӏизаризе тадбирал тӏоритӏулел руго.

— Гьеб масъала тӏубаялъе щибха гьабизе кколеб?

— Тӏоцебесеб иргаялда, чара гьечӏого хӏажат буго хасаб федералияб программа, гьеб тӏубазабизе гӏуцӏизе ккола ракъугарцӏида данде къеркьеялъул хӏалтӏи гьабулеб федералияб центр. Гьеб мехалъ букӏина техникаги, гӏураб къадаралда гӏарацги, загьруги. Лъайги махщелги бугел специалистал нилъер гӏунги тӏокӏ руго.

Ракьал лъил ругелали цӏехечӏого хӏалтӏи гьабулеб къагӏидаялъе ургъизе къваригӏун руго. Щибаб магӏишаталъ жиде-жидецаго хӏалтӏи гьабулеб бугони, ай цояс гьабун, цояс гьабичӏони, гьелъул хӏасил кколаро, яги кинабго хӏалтӏи гьабизе гӏураб къадаралда гӏарац кьезе ккола республикаялъул бюджеталдаса. Гьединал тадбирал гьаричӏони, ракъугарцӏал къойидаса къойиде цӏикӏкӏуна, росдал магӏишаталъе гьез гьабулеб заралги гӏемерлъула.

Нури НУРИЕВ