Россиялъул Цӏех-рехалъул комитеталъул ДРялда бугеб управлениялъ байбихьун буго Цӏунтӏа районалъул ФАПазда хурхун уголовнияб дело гьабизе.
Гьеб сюжеталда бицухъе, чи сах гьавиялъе рукӏине кколел шартӏал ФАПалда гьечӏолъиялъ сакъатлъи ккун буго чанго соналъ цебе квер къотӏарав гӏолохъанчиясе.
Цӏех-рехчагӏаз лъазабулеб буго жидеца гьеб ФАПалъул халги гьабунин, гьелъул хӏалтӏухъабазухъа суравги босанин, дарабиги цогидаб къайи-цӏаги гьениб чӏезабизе тӏаде босарал чагӏазул гӏайиб чӏезабизе баяналги ракӏарулел ругилан.
Квер гӏажизлъарав гьев гӏолохъанчиясего гӏадин, заманалда медицинаялъул кумек щвечӏел, щваниги, щвалде щун сах гьаризе бажаричӏел хӏужаби гӏезегӏан кколин жидер районалдаян бицана «Хӏакъикъат» газеталъе Цӏунтӏа райсобраниялъул депутат ва Жамгӏияб палатаялъул нухмалъулев Мухӏамад-Рамазан Гӏабдукаримовас.
Гьес бицухъе, гьенир ФАПазул гӏемерисел руго тӏаса-масаго рарал, жагъаллъарал. Гьединго жаниб лъураб къайиги буго бека-биххараб яги гьезего гьечӏо.
— Дагьабго мадараб хӏалалда ругин абизе бегьула Миллияб проекталда рекъон, 2019 соналда рарал ФАПал, — ан бицана Мухӏамад-Рамазаница.
— Амма гьенирги руго гӏунгутӏаби – бачараб лъимги гьечӏо, хинлъиги гьечӏо, санузел гьабизеги кӏочон тун буго. Тохтурзабазе къваригӏарал алатазул бицинего бицинарин. Килщаз, квераз квалун балагьулеб буго чиясул унтараб бакӏ.
Анестезиолог гьечӏо нижер районалда. Апендициталъул унти чӏварав чи балагьун чӏезе ккола Агъвалиса яги Лъаратӏаса бахъарав тохтур тӏаде щвезегӏан. Дир вас микьго сагӏаталъ чӏун вукӏана гьедин, унтиги хӏехьон. Гьеб заманалда жаниб беццаб бакьги бихъана.
Яги босе гъоркьиса бан лъугӏараб районалъул больница. Гьанжеялдего бортун бачӏунеб буго къадаздаги болъабаздаги ккураб кафель. Кӏиго моцӏ буго гьелъул бетӏерав тохтурлъун гӏезегӏан лъай бугев гӏолохъанчи тӏамуралдаса. Амма гьесие ирсалъе щун руго 445 млн гъурщил налъаби. Кин гьес гьел рецӏизе ругел?
Гьединабго хӏал буго школазда, нухазда, токалъул магӏишаталда ва цогидалда хурхунги. Масала, некӏого басралъарал токалъул хӏубалги, тӏаса чӏикӏарал таликуналги руго бакӏ-бакӏазда далун. Масала, дагьалъ цеве цо гӏолохъанчиги хвана токги кьабун.
Нилъерго лъималазеги нилъеегоги рукӏине гурищ школалги больницабиги ралел, нухалги рахъулел. Рагӏа-ракьанде щвезабизе ккеларищ гьабулеб хӏалтӏи? Фашистаздехун гӏадаб бербалагьи буго бихьизабулеб.
Гьеб киналдаго хадуб халкквезе тарал пачалихъалъул идараби кире ралагьун ругел?
Гьабсагӏаталда Шагьикь росулъ балеб школаги гьединго неда-гъедон, тӏаса-масаго баладай абураб хӏинкъи бачӏунеб буго. Цӏумадаса Ахӏмад Давудовас рарал объектаздехун тӏадкӏалъай букӏунаро. Гьединал ракӏбацӏцӏадал чагӏазда тӏад щай къаларел гьединал ишал?
Гьелги цогидалги суалал цере лъезеги дандразеги ДРялъул бетӏер Сергей Меликов Цӏунтӏе ахӏулев вуго гьеб районалъул жамагӏатчагӏаз.