Щивав магӏаруласда кӏочонаревлъун хутӏана живго гӏадаб борхатаб гьаракьалъ жеги эхедегӏан гьев гьавулеб гъаракул тӏагъуралъги гӏагараб миллат кӏодо гьабулев, гьелъул тӏалабазда вортанхъулев, чӏагояб кьуру гӏадав Гӏурадаса Суракъат Асиятилов.

Суракъатилъ букӏана Дагъистаналъул халкъалъе хасиятаблъун бугеб гӏакъиллъиги, яхӏ-намусги, тарихалде арал бахӏарчиял умумуз нилъехъе кьун тараб жидерго такрарлъиги… Жакъа гьеб такрарлъилъунги умумузе мустахӏикъавлъун лъугьарав Суракъатил цӏарги къанагӏатаб гьесул хӏаракатчилъиги даимлъиялде ана. 10 соналъ Дагъистаналъул парламенталде халкъалъ вакил гьавурав, унго-унгояв депутат гьев вукӏиналъе гӏиллалъунги гьесул захӏматалъулги хӏаракаталъулги хӏасилал ккана: Суракъат ракӏалде щвезавула щибаб нухалда ДРялъул байрахъ борханщинахъе, гьесул хӏаракаталдалъун жинда гӏурччинаб мухъ – Дагъистаналъул халкъазе исламалъул кӏвар букӏиналъул гӏаламат бихьидалги, жиндирго гӏагараб районалда имам Шамилил цӏар лъеялъги. Гьесул берги, кверги, хӏетӏги щолаан гӏадатиял, тӏадчагӏазде хӏажалъи ккарал мискин-пакъиразухъеги, пенсионеразухъеги, чияр цӏобалде ккаразухъеги. Гьеле гьединал ишазин 2000 соналда гьарурал социологиял цӏехрехазда халкъалъ гьев рикӏкӏарав республикаялъул бищун лъикӏав депутатлъун.

Кӏиабилеб июналда республикаялъул Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб Миллияб библиотекаялда тӏобитӏана Суракъат Асиятилов гьавуралдаса 90 сон тӏубаялъул юбилеялда хурхараб тадбир. Гьеб нухда бачарай библиотекаялъул отделалъул заведующая Патӏимат Муртазагӏалиевалъ бицана Суракъа- тица республикаялъул гӏумруялъулъ тарал лъалкӏазул хӏакъалъулъ. Гьединго тадбиралда кӏалъана ДРялъул Халкъияб Собраниялъул председателасул заместитель Ахӏмадов Сайгидахӏмад. Гьес бицана Суракъатил хаслъабазул, Дагъистаналъул та- рихалда гьесул цӏар даимго хутӏизе букӏиналъул хӏакъалъулъ.

Гӏенеккаразе асар гьабулеб кӏалъай букӏана муфтиясул заместитель Мухӏамадрасул Сагӏадуевасул. Гьес бицана Асиятиловас Дагъистаналъул диниял церехъабазе гьабулеб букӏараб кверчӏваялъул ва кумекалъул. Гьединго гьеб дандеруссиналда кӏалъана Халкъияб Собраниялъул экономикаялъулгун бюджеталъул комитеталъул председатель Ильясов Марат, аграрияб политикаялъул комитеталъул председателасул заместитель Патхӏулаев Мухӏамад, сахлъи цӏуниялъул, захӏматалъул ва социалияб политикаялъул комитеталъул председатель Маммаев Ильяс, гьебго комитеталъул председателасул заместитель, эркенаб гугариялъул рахъалъ Европаялъул чемпион Мухӏамадов Мухӏамад, экономикияб, инвестициязул ва предпринимательлъиялъул комитеталъул председатель Гӏалиев Сефер, промышленносталъул, ЖКХялъул, транспорталъул ва нухазул магӏишаталъул комитеталъул председатель Умавов Юсуп, ДГУялъул, Суракъатица нухмалъи гьабулеб букӏараб Дагъистаналъул тарихалъул кафедраялъул заведующий, тарихиял гӏелмабазул доктор Гӏумаров Гӏабдулкъадир, ДРялъул Спорталъул министерствоялъул вакил Махӏачев Халидбег, «Гьидалъа магӏарулав» абураб тӏехьалъул автор, республикаялъул литературиял журналазул бетӏерав редактор Ахӏмадов Мурад, ДРялъул халкъияй шагӏир Мухӏамадова Сабигат ва гӏемерал цогидалги.

Суракъат кӏодо гьавизе данделъаралщиназе ракӏ-ракӏалъулаб баркала кьуна гьесул вац, гӏаданлъиги гӏадатлъиги жиндилъ бессарав, медицинаялъул гӏелмабазул доктор, профессор Гӏабудало Асиятиловасги, Суракъатил вас, Халкъияб Собраниялъул депутат Мухӏамад Асиятиловасги.

Киназдаго цебе эхетун букӏараб, цо — жиндир хӏакъалъулъ, цогидаб – жинцаго хъварал тӏахьазул выставка-стендалъухъги ялагьун, Суракъатилъ миллаталъул бахӏарзал рихьулей йикӏарай дир пикрабаз, гьесул сураталъухъ, кьуруялъухъ гӏадин, гъоркьа тӏадеги ялагьун, абулеб букӏана: «Мун гӏадав гьечӏони, Аллагьас жинда кодоб халкъалъе гӏоло гъулбас гьабизе къалам кодобе кьурав магӏаруласул пайда щибха, Суракъат!» — илан.

Тубхӏат ЗУРГЬАЛОВА