Ахираб заманалда пачалихъалъ кӏвар кьолеб буго Россиялъул халкъазул мацӏал церетӏезариялде. Гьелдаго цадахъ гьоркьоса къотӏулелго гьечӏо рахьдал мацӏазул сагӏтал дагь гьаризе ругилан абулел харбалги.
Амма сундухъниги ралагьичӏого, руго жеги ракӏ-ракӏалъ рахьдал мацӏ лъималазда лъазе бугеб гъира свинчӏел учительзабиги. Махӏачхъалаялъул 11 гимназиялда магӏарул мацӏалъул учительлъун хӏалтӏулей йиго газеталъул мухбир Шамай Хъазанбиеваги. Исанасеб цӏалул соналда гьей бергьана Тӏолгороссиялъул ва республикаялъул чанго конкурсалда. Методикиял разработкабазул рахъалъ Тӏолгороссиялъул конкурсалда январалдаги гьелъ ккун букӏана тӏоцебесеб бакӏ.
Дагьаб цебегӏан гьединабго Тӏолгороссиялъул конкурсалъул регионалияб этапалда тӏоцебесеб бакӏ щвана учителалъе. Гьей гӏахьаллъизе йиго кватӏичӏого Москваялда тӏобитӏизесеб федералияб этапалдаги.
«Хӏакъикъат» газеталъ ракӏ-ракӏалъ баркула Шамай Хъазанбиевалда гьединаб къадруяб конкурсалда щвараб бергьенлъи. Гьарула гьелъие хадурккунги жеги кӏуди-кӏудиял бергьенлъаби.