Магӏарулазул тарихалда хӏурматгун рехсола жидер хӏалтӏи- ишалъул, бахӏарчилъиялъул яги цогидаб хӏаракатчилъиялъул лъалкӏ нахъе хутӏарал гӏадамазул цӏарал. Гьединал машгьурал ракьцоязда гьоркьов рехсезе бегьула Шагьав Гӏабдурахӏманов. Гьев унго-унголъунги халкъияв кочӏохъанасул цӏар киданиги кӏочон толареблъун хутӏила дагъистаниязул ракӏазулъ.
Нилъеда лъала, тарихалда гвангъараб лъалкӏ нахъе тола кочӏохъабаз, художниказ, хъвадарухъабаз, шагӏирзабаз ва цогидал гьунаралъул чагӏаз. Гьединаб, киданиги лъахъвазе гьечӏеб лъалкӏ ракьалда хутӏизе ккани, гьез дунялалда гьабизе ккола жидер рекӏее цӏакъго бокьулеб, жидер гӏумру талихӏаблъун лъугьунеб иш.
Шагьасе хӏакъикъаталдаги гьединаблъун лъугьун букӏана кечӏ- бакъан. Гьитӏинаб мехалдасаго гьесулъ загьирлъана гьеб пишаялде рокьи.
Цебегоялдаса нахъе Чӏарада район машгьурлъун букӏана цӏар рагӏарал кочӏохъабазул ватӏан хӏисабалда. Гьеб районалъул гӏадамаз рикӏкӏуна бищунго машгьурал кочӏохъаби рукӏанин Лъалухъ росулъа ва гьезул цӏаралги рехсола: Мухӏамад Муртазагӏалиев, Гӏабдулвахӏид Гӏусманов, Шагьав Гӏабдурахӏманов, Мухӏамадрасул Гӏалиев ва цогидалги.
Шагьав Гӏабдурахӏманов, цадахъ хӏалтӏаразги маданияталъул хӏаракатчагӏазги баркала кьезе мустахӏикъавлъун лъугьана. Щайгурелъул гьев вукӏана кочӏохъан гуревги, гьезие ритӏухъав гьалмагълъунги лъикӏав насихӏатчилъунги.
Шагьасул кучӏдуз гӏадамазул ракӏазулъе гӏажаибаб хинлъиги аваданлъиги лъугьинаби гуребги, гьез куцалаан цоцаздехун гьуинаб гьоркьоблъи гьабизе, гӏагараб Дагъистан бокьулеллъун ва гьелъие ритӏухъаллъун рукӏине.
Жиндирго берцинаб, бакъаналда рекъараб гьаракьалдалъун Шагьас халкъалъе сайгъатлъун лъугьинаруна гӏемерал кучӏдул. Гьезда гьоркьор руго магӏарулазул халкъиялги ва Дагъистаналъул композитораз бакънал хъваралги кучӏдул.
Кӏудияб махщел-гьунар бугев ва музыкалияб искусствоялъул устарлъун лъугьарав Шагьав Гӏабдурахӏмановасе машгьурлъи щвана Дагъистаналъул киналго халкъазда гьоркьоб, гьев лъугьана гӏолохъанал кочӏохъабазе мисаллъун.
Цохӏо нухалъ гьесул гӏажаибго хӏеренаб, хӏасрат жиндилъ бессараб гьаракь рагӏарав чи гьелъул асирлъун лъугьунаан, рекӏелъе лъугьараб хӏайранлъиги гӏумруялъго загӏиплъичӏого хутӏулаан.
Гьесул кочӏол гьаракь рагӏараб мехалда, сверухъе кинабго сасунаан, сихӏкъотӏи лъугьунаан. Бищунго лъикӏал, кӏочене гьечӏел ракӏалдещвеязулъ тӏерхьинавулаан.
Шагьас щибаб кечӏ хӏасратго, нусабго логолъе гъаргъар щун ахӏулаан, гьеб жиндир цогидал киналго кучӏдузда гьоркьоб бищунго лъикӏаб бугеб кинигин.
Ракӏалде кколаан Шагьасул щибаб кечӏалъ тӏолабго дуниялго гвангъизабулеб бугилан. Гьединлъидал батила гӏолохъаназеги ригь аразеги гьесул кучӏдузухъ гӏенеккизе бокьулеб букӏараб.
Шагьав гӏемер цеве вахъунаан концерталгун. Гьев гӏахьаллъана Дагъистаналъул Адабияталъул ва искусствоялъул къоязда, Декадабазда Москваялдаги цогидал шагьараздаги. Гьес ахӏулел рукӏарал магӏарулазул халкъиял кучӏдул лъугьана Дагъистаналъул радиоялъул меседилаб хазиналъун, миллияб маданияталъул чӏухӏилъун. Шагьав рикӏкӏунаан магӏарулазул бищунго лъикӏал кочӏохъабазда гьоркьоса цоявлъун. Кечӏ ахӏиялъулъ жиндирго хаслъи, хатӏ лъугьун букӏана гьесул.
Цогидал кечӏ-бакъаналъул устарзабазда гьоркьов Шагьав ватӏа вахъизе кӏолаан Аллагьас дасан насиблъараб бажари-гьунаралдалъунги, кочӏохъан гуревги, гьев унго-унгояв артист вукӏиндалги. Цогидал кочӏо хъабазги гьудулзабазги абулаан гьес тӏолабго гӏумру кьунин кечӏ-бакъаналъе бугеб гьунарги рокьиги сахаватго халкъалъе бикьизе.
Ш. Гӏабдурахӏмановасул концерталде рачӏаразул занкӏун цӏун рукӏунаан залал. Жиндирго творчествоялъулал соназда гьесие гьарзалъун букӏана гӏенеккаразул адабги хӏурматги. Гьединаб рекӏелцӏай жиндир гьунаралде лъугьун, тӏолазего вокьулев кочӏохъанлъун вукӏин гуревги, гьев вукӏана магӏарул халкъалъул маданият тӏибитӏизабизе тӏаде босарав хӏаракатчиги. Гьес жигараб гӏахьаллъи гьабулаан жамгӏияб гӏумруялъулъги, гӏагараб ракьалда кколел кӏвар бугел лъугьа-бахъиназда гъорлъаги камулароан гьев.
Шагьав вукӏана машгьурав кочӏохъан гуревги, кӏудияб хӏарпалдасан байбихьун жиндир цӏар хъвазе мустахӏикъав Магӏарулавги. Гьесулгун гара-чӏвариялда ругезда ракӏалде кколаан кочӏохъанасул рекӏел бацӏцӏалъиялъулги лъикӏлъиялъулги хинаб карачел жидедехун гьулчун бачӏунеб бугилан.
Гьев Дагъистаналъул халкъияв артистасул хӏаракатчилъи камиллъиялъе квербакъарайлъун лъугьана гьесул лъади Сайгибат Гӏалигӏумаровна. Шагьас лъадиялда «Сайги» абун недегьго, хӏеренго абулаан. Гьей кидаго хутӏана гъанситохъ цӏа ссвине течӏей чӏужугӏаданлъун, росасе лъикӏай лъадилъун, лъималазе хирияй эбеллъун, жидехъе рачӏарал гьалбадеридехун гьуинлъи бугейлъун.
Гӏемерал соназ Сайгибат хӏалтӏана районалъул лъималазул библиотекаялъул заведующаялъун, кӏудияб бутӏа лъуна Чӏарада районалъул библиотекабазул ва маданияталъул иш цебетӏезабиялъулъ. Жиндир ишалъул унго-унгояй устарлъун лъугьарай, гьелъие гьунарги бажариги бугей Сайгибатица гӏисинал лъималазе цӏикӏкӏараб кумек гьабуна тӏахьал цӏалиялдалъун гьезие гьайбатаб дуниялалде гали тӏамизе.
Дида ракӏалда буго, дун Цӏуриб росдал школалда цӏалулеб заманалда, гӏемер хьвадулаан Сайгибат хӏалтӏулеб библиотекаялде. Гьедин дица гӏумруялъго Сайгибат Гӏали гӏумаровнаялъе баркала кьола, тӏахьал цӏалиялде дир рекӏелъ рокьи бижизабуралъухъ.
Шагьасул кучӏдузулаб ирс букӏана цогидалги махщел-гьунар бугел кочӏохъабазе мисаллъун, хал- къиял кучӏдузде рокьи рекӏелъ бугезе хазиналъун. Гьесул пагьму-гьунар гӏатӏидго тӏибитӏун букӏана хъвадарухъабазда, композиторазда ва халкъияб кечӏ-бакъаналде рокьи бугезда гьоркьоб.
Шагьасул музыкалияб гьунар камиллъиялъе кутакаб асар гьабуна магӏарулазул халкъиял кучӏдуз. Артистасулаб махщелги бажариги гьесулъе лъугьана ва цебетӏуна халкъиял кучӏдузул квербакъиялдалъун. Шагьас абулааан, магӏарулал кинал чагӏи ругелали лъазе бокьани, гьезул халкъиял кучӏдузухъ гӏенеккейилан, гьезулъ загьирлъулин халкъалъул гӏамал-хасият, рухӏияб бечелъи, напсияб рацӏцӏалъи.
Шагьас халкъияб кечӏ ахӏулеб мехалда, гьесул гьаркьилъан гьулчараб гӏадин лъугьунаан чорхое къуват, ракӏалде кколаан борхатаб мугӏрул тӏогьиве вахунев вугин, балагьун бер щолареб рикӏкӏалъуде валагьун унев вугин.
Халкъияб щибаб кечӏ ккола чанго гӏасруялъ цебе букӏарабщинаб, гьоркьоса щибго камизе течӏого, жиндилъ щулаго цӏунараб маданияталъул асар. Гьелъулъ буго халкъалъул рохелги пашманлъиги, лъикӏабги квешабги. Амма лъикӏлъиялъ кидаго квешлъи чӏинтӏизабула, тӏадегӏанабщиналъ гӏодобегӏанасеб гӏадамазул ракӏазулъаги хьвадачӏвадиялъулъаги, гӏамал-хасияталъулъаги «лъутизабула». Гьанибго тӏаде жубазе бегьула, дугӏаялъ кинигин, лъикӏаб халкъияб кечӏалъ инсанасул напс бацӏцӏалъизабулин.
Абула гьунар тӏокӏав кочӏохъанас борхараб гьаракьалъ, гьелъул рагӏабазда рекъонкколеб хӏайранаб бакъаналъ ахӏулеб рокьул яги кьалул халкъияб кечӏ кьурда багъун, гьелъ лъугьинабулеб дандерижиялъухъ гӏенеккарасул рекӏелъегицин гӏажаибаб аваданлъи, рохел-хинлъи рещтӏунилан.
Нилъер умумуз кучӏдул кидаго ахӏулаан сапараздаги, свакан хӏухьбахъиялъе рещтӏараб гъотӏол рагӏдукьги, къечон лъим гьекъезе лъалхъараб иццухъги, гьелъул лъеца тӏех буцун тӏадагьабго кванил лазат босун хадубги. Гьез кечӏ ахӏулаан гӏолохъанлъудаги, гӏумруялъул соназул рахас лъикӏаланго халалъараб мехалъги, херлъиялъул бакӏлъиялъ мугъ къулараб мехалъги. Гьайгьай, гьез кучӏдул ахӏулаан бертабалъ, байрамазда. Хасго руччабазул кечӏ кидаго рагӏизе бегьулаан хурзал чӏаразе рахъаралъурги, хер бецизе индал, харибакӏаздаги, батӏи-батӏиял гваяздаги. Гьел кучӏул рукӏана пасихӏал, хӏайранал, аваданал, эхебе унеб гӏурул хъуди сасинабулел, сардилъ цӏвабзаз зодиб гьезие хъат чӏвалеб бугин кколел.
Магӏарулазул рахъана рекӏелъ ракьа бугел бахӏарзал гурелги, ботӏролъ пагьму-гьунар бугел шагӏирзабиги, хъвадарухъабиги, кочӏохъабиги.
Гьанже нилъее гӏемерго кӏвар цӏи кӏкӏараб масъалалъун лъугьун буго, цӏар лъаларел цересел кочӏохъабазул ирсги гъорлъе бачун, миллияб культура цӏуни.
Гьелъие нилъ кватӏани, тӏасамасаго гьеб масъалаги тани, дун хӏинкъун вуго, чанго соналдасан магӏарулал лъугьине бегьулин кинаб миллаталъул гӏадамал жал рукӏаралали лъалареллъун.
Шагьав Гӏабдурахӏмановасулги рахӏат хвезабун букӏана ахирал соназда магӏарухъ рахьдал мацӏалда кучӏдул къанагӏат гурони ахӏулел гьечӏилан.
Хӏакъикъаталдаги кучӏдузул цӏикӏкӏараб кӏвар буго магӏарулазул миллияб гӏамал-хасият, хьвада-чӏвадиялъул хаслъи ва лъикӏал гӏадатал цӏуниялъе. Гьаниб мисалалъе бачине бегьула Чӏалдаса Гъазимухӏамад, Муи Хӏасанова, Манарша Дибирова, Даку Асадулаев, Гӏайшат Мазалова, Ума Нурмухӏамадова, Гьарадерихъа Шигьабудин ва Пайзуллагь, Сайгидсалим Жамалудинов, Шагьав Гӏабдурахӏманов, Гӏабдулвахӏид Гӏусманов, Мухӏамад Абакаров, Мухӏамад Нурудинов гӏадал ва цогидалги магӏарул машгьурал кочӏохъабазул хӏаракатчилъи.
Халкъияб кечӏ тӏей гьечӏого бухьараб буго гӏадамазул гӏумруялда ва рукӏа-рахъиналда. Халкъалда гьоркьоб бицен буго лъикӏав кочӏохъанас ахӏараб кечӏ цо рагӏи камичӏого тӏубанго рекӏелъ цӏунизе кӏолев чи чанги вукӏунаанин гӏенеккаразда гьоркьов.
Халкъиял кучӏдул жанралъул рахъалъги бечедал руго. Рокьул, кьалул гурелги, руго хӏалтӏи-пишаялда хурхаралги, бертабалъ гваязда ахӏулелги, махсара-хочӏалъулалги, тарихиялги, кьурдул бакъаналда ахӏулелги ва цогидалги.
Гьанже тӏад руссун Ш. Гӏабдурахӏмановасул хӏакъалъулъ бицани, гьес кӏвар кьолаан кочӏол рагӏабазде ва бакъаналде. Гьес рикӏкӏунаан лъикӏаб кочӏолъ кидаго рагӏабазулги музыкаялъулги гьоркьоблъиги лъикӏаб букӏине кколилан.
Нилъеда лъала советияб заманалда халкъияб кечӏалъе цӏияб гӏумру кьураб гӏадин, гӏемерго цӏикӏкӏун тӏибитӏанин жалго ругьунлъарал кочӏохъабазул хорал, хасал коллективал гӏуцӏиялъ, батӏи-батӏиял музыкалиял фестивалал тӏоритӏиялъ, радиоялдасан ва телевидениялдасан кьолел передачабаз, гьединго грампластинкабазда ва магнитофоназда хъвазе рес ккеялъ.
Кигӏанго нилъее бокьичӏониги, жакъа квекӏенал лъугьунел руго Дагъистаналъул культура цебетӏеялъулъ, кӏочон толел руго халкъиял кучӏдул.
Ахирал анцӏ-анцӏ соназ гӏолохъанал кочӏохъабазда лъалел гьечӏо халкъиял кучӏдул. Битӏараб бицани, гьеб буго кӏудияб балагь. Гьеб лъугьунги буго гьаб ахираб заманалда миллиябщиналде цӏияб гӏелалъ мугъ рехулеб букӏиналъул хӏасилалда.
Гьанжесев гӏолохъанчиясул ракӏ тӏуркӏизабулеб буго ритмалъ, ай кочӏол гьаркьазул рекъонккеялъ. Амма жибго кечӏ ахӏиялъул даража гӏодобегӏан кколеб буго, магӏнаго гьечӏел рагӏаби цоцазда рухьинариялъул къагӏидаялъ, къокъго абуни, магӏарул халкъияб кечӏ хабалъ букъулеб бугеб гӏадин кколеб буго.
Гьанже нилъеца тӏаса бищизе ккола кӏигоялда гьоркьоса цояб: яги нилъ тӏад руссине ккола гӏасрабаз нилъер букӏаралде, яги нилъер халкъалъ къабул гьаризе ккола нилъее чиярал бакънал, ай чияраб пикруги рухӏги. Кочӏолъ цӏунун бугелъул- ха халкъалъул рухӏ, рухӏ гьечӏони, халкъги букӏинищ?
Шагьав Гӏабдурахӏмановас жиндирго районалда гӏемераб хӏалтӏи гьабуна гьитӏинаб мехалдасаго миллиял музыкалиял алатаздехун лъималазул гьудуллъи лъугьинабиялъе, рахьдал мацӏалда ахӏулел кучӏдуз гьезул рекӏее асар лъугьинабиялъе ва гьездехун рокьи бижизабиялъе.
Шагьас абулаан, масала, умумузул бахӏарчилъиялъул бицунеб халкъияб кьалул кочӏохъ гӏенеккараб мехалъ гьелъул бакъназги гьаркьазги лъимадул рекӏелъе лъугьине кколин бахӏарчиял умумуздаса чӏухӏи, гьезул наслулъун жал рижун рукӏиналдаса рохел.
Гьаниб такрарлъараб гӏадин кколеб бугониги, бицинчӏого гӏоларо миллияб хаслъиги гӏамал-хасиятги эбелалъул рахьдада цадахъ лъимадулъе лъугьунин киниялда вущун вугеб мехалъго. Кинидахъ ахӏараб кочӏолъан тӏоцебе рагӏула гьезда рахьдал мацӏалъул рагӏаби.
Шагьав Гӏабдурахӏмановас тӏолабго гӏумруялъ жигараб гӏахьаллъи гьабуна гӏагараб районалда ва республикаялда художествияб хӏаракатчилъи цебетӏезабиялъулъ. Гьебги хӏисабалде босун, 1965 соналда Шагьав Гӏабдурахӏмановасе кьуна «ДАССРалъул мустахӏикъав артист» абураб хӏурматияб цӏар, ДРялъул Пачалихъияб Советалъул Указалда рекъон, гьев 1997 соналда мустахӏикълъана «ДРялъул халкъияв артист» абураб тӏадегӏанаб цӏаралъеги. Шагьасе щварал шапакъатазда гьоркьор руго «Захӏматалъул ветеран» медаль, «Борч ва Намус» орден, Тӏолгороссиялъул выставкаялъул централъ кьураб Меседил медаль ва тӏад цӏар хъвараб сагӏат, «Дагъистаналъул Халкъияв Бахӏарчиясул» Меседил цӏва.
Мустахӏикъаб хӏалхьиялда вугеб заманалда Шагьав вукӏана «Чӏарада район» МОялъул бетӏерасда цебе гӏуцӏараб Херазул советалъул член.
Гӏун бачӏунеб гӏелалъе нилъеца тарбия кьезе ккола халкъиял гӏадатазда рекъон. Гьелъие тӏадкӏалъай гьечӏого хӏажалъула Шагьав Гӏабдурахӏмановасул тӏолабго кочӏолаб хӏаракатчилъиги.
Шагьав Нурмухӏамадовичас Дагъистаналъул искусствоялъулъ тана киданиги лъахъвазе гьечӏеб лъалкӏ. Гьесул цӏаралъе хвел гьечӏо магӏарул мацӏ чӏаго бугебгӏан заманалда. Киналго гӏелазул гӏадамазул ракӏазулъ даимго хутӏила халкъияв кочӏохъан.
Мухӏамад Мухӏамадов, филологиял гӏелмабазул доктор, профессор