Дунялалда ругелщинал махщелазда гьоркьоб гьебгӏан хӏикматаб цониги батиларо. Хъахӏал халгӏатал ретӏарал «малаикзаби»… Къасикъалъи гьечӏого гӏадамал сах гьарулел, хвалил кӏичӏикье ккараб гьезул гӏумру хвасар гьабулел… Гьабулищха нилъеца гьезул хӏалтӏул къимат, бичӏчӏулищ гьезул захӏматаб ишалъул кӏвар?
Жакъа бицен гьабизе бокьун буго республикаялъул рагъул ва хӏалтӏул ветеранал сах гьариялъул госпиталалда хӏалтӏулей Хунзахъа тохтуртерапевт Мадина Качаловалъул хӏакъалъулъ. Гьей ккола ДРялъул мустахӏикъай тохтур. Гӏемер бицунеб рагӏун букӏана Мадинал унтараз- дехун бугеб хинаб бербалагьиялъул хӏакъалъулъги, гӏезегӏан дандчӏвана гьелъул хӏалтӏудаса разиго хутӏарал унтаралги. Гьале жакъаги, гьей хӏикматай тохтуралъулгун гара-чӏвари гьабизе поликлинникаялде щведал, гӏемерал унтарал ратана гьелъул кабинеталъул кӏалтӏа.
— «Щиб кканиги дун Мадина Качаловалъухъе йортула. Гьелде гӏадаб божилъи дир лъидего букӏунаро», — ян абуна гьений ятарай цо гӏаданалъ.
— «Хӏакъикъаталдаги гьей йиго унтаразда гьимун гурого кӏалъаларей тохтур. Гьелъ цӏакъ мухӏканго халшалги гьабула. Гьелъул дару-сабабги цӏакъ рекъола. Гьединал тохтурзаби гӏемер гьечӏо», — ян жаваб кьуна гьелъие цоги гӏаданалъ
Унтарасгӏан ритӏухъаб къимат тохтурасе кьелебдай?
— Мадина, кин пикру ккараб гьадинаб захӏматаб, жавабчилъи цӏикӏкӏараб махщел тӏаса бищизе?
— Дир эмен Мухӏамадги имгӏал Саху Дибирчуевги тохтурзаби рукӏиндал, дидаги гьитӏинаб къоялдаса нахъе гьеб пиша цӏакъ берцин бихьана. Чӏахӏиял классазде яхъиндал, эбелинсулгунги дандбан, хӏукму гьабуна тохтурлъи тӏаса бищизе. Хунзахъ росдал школаги лъугӏизабун, цӏализе лъугьана Дагъистаналъул медицинаялъул институталде. Гьений цӏалулаго, пикру ккана терапия тӏаса бищизе. Терапиялда гӏемерал чагӏазе кумек гьабизе рес букӏуна. Щиб унтаниги гӏадамал, тӏоцебесеб иргаялда, рачӏуна терапевтасухъе. Гьезул гӏузрабиги, гьел раккиялъе гӏиллабиги лъазарун, терапевтас гьел ритӏула жидерго батараб унтул гъваридго хал-шал гьабизе цогидал специалистазухъе. Дица институт лъугӏизабуна 1986 соналъ. Хӏалтӏана шагьаралъул кӏиго-лъабго батӏи-батӏияб больницаялда. 1997 соналдаса нахъе хӏалтӏулей йиго гьаб больницаялда.
— Духъе щибаб къоялъ рачӏунел ратила батӏи-батӏияб гӏамалхасияталъул гӏадамал. Киназдаго рекъезабизе захӏмат букӏунарищ?
— Узухъда, дандчӏвала нусго батӏияб гӏамал-хасияталъул, психологиялъул гӏадамал. Хасго унтарал чагӏи, жидерго чорхолъ ругел гӏунгутӏабазул ургъалица, дагьал манзил къокълъун лъугьун рукӏуна. Унтиялъул захӏмалъиялда бан, гьезул психологияб рахъги загӏиплъун букӏуна. Байбихьуда, ругьунлъизегӏан, захӏмалъулаан киназдаго хӏал рекъезабизе. Гӏемерал соназ хӏалтӏун, хӏалбихьи щведал, дида гьанже лъала лъидехун кинаб нух батизе кколебали, лъие кинаб хабар бицине кколебали. Гьеб нижер хӏалтӏулъ цӏакъ кӏвар бугеб жолъунги ккола. Берцинго кӏалъараб кӏалги гӏола гьезие.
— Дуца гьабураб кумек бичӏчӏичӏого, разилъичӏого хутӏарал пациентал рукӏанищ?
— Гӏиси-бикъинаб жо камилищха. Амма разилъичӏого нахъе арал унтарал ракӏалда гьечӏо. Дица кидаго хӏаракат бахъула гьезие бажарараб кумек гьабизе, гьезул къваригӏел тӏубазе.
— Дур пикруялда, кинал хасиятал чара гьечӏого рукӏине кколел тохтурасулъ?
— Тохтурасе бищунго къваригӏунеб хасият ккола жиндаго тӏад бугеб жавабчилъи бичӏчӏи. Сах гьавизе кӏолеб гӏадин, тохлъукьего ккараб гьитӏинаб гъалатӏалдалъун, инсанасул чорхое кӏудияб сакъат ккезабизеги рес букӏуна. Гьединлъидал, гьитӏинабниги хӏукму гьабилалде цебе, ургъизе ккола. Жиндир квераздалъун чияр гӏумруялъе зарал ккезе бегьулеблъи киданиги кӏочон тезе бегьуларо. Чара гьечӏого къваригӏунеб жо буго сабруги. Дагьаб мехалъцин, цогидал лъугӏизегӏан нуцӏил кӏалтӏа рахъун чӏезе кканиги, хӏалги бачӏун, къулкъудулел рукӏуна цо-цоял. Амма кигӏан ццин бахъун, манзил къокълъун гьел лъугьаниги, дица хӏаракат бахъула сабру гьабизе.
— Жакъа сунца дур хӏалтӏуе квалквал гьабулеб? Щиб бищунго бокьулареб?
— Бищунго захӏматабги бокьуларебги жо буго кагъат-хъарщиялда хурхараб хӏалтӏи. Гьелъ бахъула заманги рухӏги. Гьанжени, гӏемерисеб жо компьютералдасанги гьабулеб буго, амма кагъат-хъарщи дагьлъунго бугищали лъаларо.
— Коронавирусалъ квегъулеб заманалда нужер больницаялда кинаб хӏал букӏараб?
— Доб цӏакъ захӏматаб мех букӏана. Тохлъукьего вахӏшияб унти тӏаде бачӏиндал, нижер хӏалтӏи чанго нухалъ цӏикӏкӏана. Къойидаса къойиде цӏикӏкӏунеб букӏана унтулезулги холезулги къадар. Амма «багӏараб зонаялде» инчӏого чӏезе ракӏалдецин ккечӏо нижеда. Нижер ресги букӏинчӏо гьенире инчӏого, щайин абуни, нижецаги гьабичӏони гьаб хӏалтӏи гьабизе щивха вачӏинев? Кӏудияб хӏинкъи букӏана нижерго гӏумруялъеги. Амма гьеб киналъулго пикруги ургъелги гьабизецин регӏараб хӏал букӏинчӏо. Нижеда божун рукӏана нус-нус гӏадамал. Цадахъ хӏалтӏулезда гьоркьорги унтарал рукӏана. Амма сундухъниги балагьичӏого, бажарараб гьабуна.
— Цо-цояз нилъер тохтурзабазе лъикӏаб гьечӏеб къимат кьолеб рагӏана. Мун рази йигищ нилъер республикаялда сахлъи цӏуниялъул иш гӏодобегӏанаб даражаялда бугин абураб пикруялда? Халкъалда гьоркьоб гьединаб пикру бижиялъе гӏиллалъун щиб дуца рикӏкӏунеб?
— Дагъистаналда хӏалхьезегӏан руго лъикӏал тохтурзабиги клиникабиги. Дица абиларо, гьаниб медицина нахъе ккун бугинги. Россиялъул церетӏурал регионазда ялъуни къватӏисел пачалихъазда гӏадал, клиникабазда чӏезарурал гӏемерал шартӏал ратичӏониги, жибго сахлъи цӏуниялъул иш гӏезегӏан лъикӏ буго. Нилъерго гьаниб лъикӏаб хӏалалда цӏех-рехги гьабичӏого, захӏматаб унти бугел чагӏи къватӏиреги ун, гьениб батараб хӏал бихьидал абула гьез, гьаниб кумек щвечӏин абун. Гьацӏулъ хӏеги хӏанилъ расги каму- ларин абухъего, цо-цо тӏаса-масаго, кӏвар кьечӏого хал-шал гьабун толел тохтурзабиги камуларо. Гьеб мехалъги бижулеб батила гьединаб пикру.
— Мадина, дурго хӏалтӏулъ бищунго сунца мун йохизаюлей?
— Дун кутакалда йохула дицаго гьабураб кумекалъул ва хӏалтӏул хӏасил бихьидал. Гьеб мехалъ дир рекӏелъеги жеги цӏикӏкӏараб рохалил асар лъугьуна. Гьелъ жеги цӏакъ хӏалтӏизе гъираги бижизабула. Йохула гьабураб хӏалтӏуе тӏад ругез лъикӏаб къимат кьураб мехалдаги. Амма диего щварал шапакъатаздасаги, бищун цебе дие къиматаблъун буго дирго квербагъариялдалъун ун- таразул гьурмада гьими кунчӏизабизе бажари. Батӏи-батӏиял газет-журналазда рахъарал баркала кьун хъварал макъалабиги щола дихъе. Палхӏасил, унтарасул баркалаялъги, гьесул гьурмада букӏараб пашманлъи хисараб гьимиялъги дида свакги захӏматги кӏоченабула.
— Мадина, нужер кабинеталъул къадада хъван руго Демокритил “Медицинаги философияги кидаго цадахъ рукӏуна” абурал рагӏаби. Медицинаялда гъорлъги букӏунищ философия?
— Гьелдасанха байбихьулеб медицинаго.
— Тохтурасул махщел тӏаса бищизе бокьаразда ва гьанжего гьанже хӏалтӏизе лъугьунел гӏолохъанал тохтурзабазда щиб абилеб?
— Къо бахъанагӏан медицина цебетӏолеб буго, раккулел руго цӏицӏиял сах гьариялъул къагӏидаби, дараби ва гьединго унтаби. Гьединлъидал, кидаго лъай борхизабиялда тӏад хӏалтӏейин абилаан дица. Гьеб махщел тӏаса бищизе бокьараздаги, гьанжего гьанже хӏалтӏизе рачӏунездаги бищун цебе бичӏчӏизе ккола жидер гъуждузде бегизе бугеб жавабчилъи. Тохтурасул квералдаги дару-сабабалдаги божунлъидалха унтарал гьесухъе рачӏунел. Тохтурасул хӏалтӏи щолеб гӏарцухъ балагьун гьабулеб жоги букӏунаро. Гьаб буго ракӏ-ракӏалъ бокьун, рекӏелъе биччан гьабизе кколеб иш.
— Мадина, нахъа тараб хӏалтӏулаб нухалъе кинаб къимат дуцаго кьолеб?
— Дир гӏумруялда цӏакъ кӏудияб бакӏ ккола гьаб ишалъ. Гьаб буго дир гӏумруялда жаниб бугеб цоги гӏумру. Дица абила, нахъа тараб нухалдаса рази йигилан. Цониги унтарасда цебе гьумер нечолеб иш ккечӏо. Узухъда, дие къимат дихъе рачӏунез кьела, щайин абуни, гьезда лъикӏ бихьула. Амма дунго разияй йиго. Дица дидаго цебе кидаго лъун букӏуна гьадинаб масъала: кинаб букӏаниги гӏузругун дихъе вачӏарав чи рази гьавун гурого нахъе виччангутӏизе. Рес буго, масала, ракӏалдацин гьечӏеб захӏматаб унти батизе. Гьеб мехалъгицин, ракӏмакӏги гьабун, гьесул лъикӏалде хьул бижизабизе хӏаракат бахъула.
Цониги къоялъ ракӏ бухӏичӏо тохтурасул махщел тӏаса бищиялдаса ва киданиги ракӏалде ккечӏо гьаб рехун тезе.
Гара-чӏвари гьабуна Мухӏамад Манаповас.