Гьаб заманалда доб цебе гӏадинаб кӏвар гьабулеб гьечӏониги, зурмихъан вукӏана росулъ гьечӏого гӏоларев, гӏадамазе аваданлъиги рохелги босун вачӏунев хӏурматияв чи. Гьев кивго къабул гьавулаан адабхӏурматалда. Масала, гьидерил харабаз жакъаги хӏурматалда ракӏалде щвезарула машгьурал зурмихъаби: Тӏидиса Дубухазул Мухӏамад, Мачӏадаса Кӏумело, Гьентӏаса Мухуласул Мухӏамад (Мухуло). Республикаялъул гьунарчагӏазул къокъагун цадахъ, 1939 соналда Мухулас зурма бачана Кремлялда, Москвалда тӏобитӏараб Дагъистаналъул ада- бияталъул ва искусствоялъул къоязул байрамалда.

Ахирал соназда кьучӏдасанго хисана нилъер гӏумру, ракӏгъеялъе ратулел руго батӏи-батӏиял ресал ва алатал. Жакъасел гӏолилазе зурмил бакъназул кеп щоларо, гьел гӏащикъго кьурдуларо гьелъул накуялда гъоркь. Амма нилъ магӏарулал рукӏиналъе нугӏлъи гьабулел аслиял гӏаламатазул цоял ккола: рахьдал мацӏ, миллияб ретӏел, зурма, къали ва пандур. Коммунистаз нилъ тӏамулел рукӏана миллияб ратӏлидаса инкар гьабизе, нилъерго тӏалаб гьечӏолъиялъ мацӏ тӏагӏунеб буго, зурма-къолое ва пандуралъе музеялда цебего бакӏ хӏадурун буго. Гьеб хӏал квеш бихьулел магӏарулалги камун гьечӏо. Масала, Шамил районалъул Мачӏада росулъа Ачилаев Мухӏамад. Гьев ккола гӏемерал музыкалиял алатазда бакънал рачине махщел-гьунар бугев чи. Гьес «гӏодизабулареб» алатго батиларин абуни, мекъиги букӏинаро.

М. Ачилаев хӏалтӏана Чирюрт ГЭСалда мотористлъун, Махӏачхъалаялъул чадил заводалда цӏулал устарлъун, энергетиказул клубалда бакъанчилъун, культураялъул, спорталъул ва гӏолилазул кӏалгӏаялда бакънал рачунев чилъун. Кив хӏалтӏаниги, щиб ишалда вугониги, зурма рехун течӏо Мухӏамадица. Магӏарулазул кечӏбакъаналъул культураялъул бицунаго, Мухӏамадица абуна:

— Нуж гӏедегӏуге зурма музеялда лъезе. Эстрада бугониги, зурма, къали, пандур, чагъана гӏадал умумузул алатал рокьулел гӏадамал жеги гӏезегӏан руго. Масала, машгьурал кочӏохъабаз ахӏулел кучӏдузда цадахъ рачунел бакъназда гьоркьоб бугеб дир зурмил гьаркьица магӏарул кечӏ-бакъан лъалаго берцин ва бечед гьабула. Цебе магӏарухъ тӏоритӏулел рукӏарал бертабалъ кьурдул наку аслияб къагӏидаялда букӏуна зурмакъолол. Хӏатта жакъаги шагьаразда тӏоритӏулел гӏемерисел бертабазда зурма-къолол накуялдалъун гьабула бахӏаразда дандчӏвай. Гьидерил кашалъул, къелдерил ва гьаадерил кьурдабазул накабазда кьурдулел чагӏи рихьидал, гӏажаиблъун хутӏула батӏияб миллаталъул чагӏи.

— Жакъа районалда, мун гурев, цоги зурмихъан вугищ, гӏолилазул гьечӏищ зурма бачине ругьунлъизе бокьарав чи? — абураб суалалъе Ачилаевас гьадинаб жаваб кьуна:

— Гьеб буго бищунго ракӏ унтараб суал. Дун гьитӏинаб мехалда щибаб росулъ чара гьечӏого вукӏунаан кӏиго-лъабго зурмихъан. Цӏакъ къокъаб буго жакъа районалда хутӏарал зурмихъабазул сияхӏ: Къелев — Исмагӏилил Мухӏамад ва Хӏажиев Мухӏамадтӏагьир, Дагъбашалда — Асхӏаб, Гьоорив — Хира- сулав, Хучада — Пазлудин, Гьентӏа — Хӏусенил Мухӏамад, Мачӏада — дун. Гьезул гӏемерисез гӏатӏиракьалда гӏумру гьабулеб буго. Дица цебе- гоялдаса нахъе абулебги ахӏулебги буго, районазда ругел искусствоялъул школазда лъималазда миллиял бакъназул алатал хъвазе малъи- зе кколин. Пайда щиб, гьелде кӏвар кьолев чи гьечӏо.

Цӏакъ бокьун букӏана, дун цевеса иналде, гӏагараб росдал лъималазда зурма бачине малъизе, пайда щиб, цониги чи гьечӏо гьелде ракӏ унев. Цо мисал, зурма бачине дица ругьун гьавун вукӏана школалъул цо цӏалдохъан, умумуз биччачӏеб къагӏида, гьесги рехун тана гьеб.

Мухӏамадица гьадин ракӏалде щвезабуна кечӏ-бакъаналде жиндир рокьи бижизабурав ва зурма бачине малъарав Кӏумело: «Лъимерлъудаса нахъего дида цӏакъ берцин бихьулаан зурмил гьаракь-бакъан. Мачӏадаса машгьурав зурмихъан Махӏмутӏил Мухӏамадил (Кӏумело) зурмил гьаракь рагӏидал, чорхолъ би гьелегьунаан, черхалда рас эхетулаан, хӏатӏал жалго кьурдизе лъугьунаан. Кӏумелас бижизабуна зурмиде дир рокьи. Бертабалъ, вечеразда, гваязда зурма бачине дица байбихьана 1964 соналда. Сахго вугебгӏан мехалъ рехун тезеги гьечӏо. Музыкалиял алатазда бакънал рачине Мухӏамадил бугеб махщел бихьун, гьев ахӏана Авар театралда хӏалтӏизе. Байбихьана хъумуз хъваялдаса, зурма бачунаан «Рокьул сухъмахъ» ва «Аманат» абулел спек- таклязда. «Хваразул цӏаралдасан» абулеб спектаклялда Ачилаевас хӏана асирлъиялде ккарав рагъухъ- анасул роль, гӏахьаллъулаан театралиял массовкабазда…

Росулъе вуссараб мехалда Мухӏамад хӏалтӏана ясли-ахалъул бакъанчилъун. Школалде кечӏбакъаналъул дарсазде ун, лъималазда малъулаан музыкалиял алатазда бакънал рачине. Къогогӏан соналъ Ачилаев хӏалтӏана ва жакъаги хӏалтӏулев вуго районалъул культураялъул кӏалгӏаялда, кучӏдузда ва кьурдабазда цадахъ бокьараб алаталда рачуна бакънал. Районалъул музыкалиябгун кьурдабазул коллективгун цадахъ Ачилаев гӏахьаллъулаан республикаялда ва районазда тӏоритӏарал батӏи-батӏиял къецазда, байрамазда, гӏемер щолаан гъутабазде. Кечӏ-бакъаналъул коллективалгун цадахъ Мухӏамад цевевахъана ва зурмида, пандуралда, хъумузалда, кеманчаялда магӏарул бакънал рачана Бельгиялда, Майкопалда, Чебоксаралда, Питералда, Москваялда, Уфаялда…

Ачилаевас абула бокьараб, ай киданиги бихьичӏеб, рагӏичӏеб бакъназул алат жинца кӏиго-лъабго къоялда жаниб тӏубан мукӏур гьабулилан. Гьес абуна: «Мачӏадаса вукӏана республикаялдаго цӏар рагӏарав хъумузчи Мухӏамад Гӏабдулаев (Уди Мухӏамад). Гьес «гӏодизабулеб» хъумуз бихьидал, дида дунял кӏочана ва дун гьедана гьесдаса жеги берцинго хъумузалда бакънал рачине ругьунлъичӏого чӏеларин абун.

Мутай Хадулаевасулъе вахарав чагъаначи Дагъистаналда вахъинчӏо, гьес бижизабуна чагъанаялде дир рокьи. Гьесулгун лъай-хъвай гьабун гьоркьоб заман иналдего, дица чагъана хъвалеб бихьидал, Мутайица дие жиндирго чагъана сайгъат гьабуна», — ян.

Мухӏамад ккола бакъназул алатал гьаризе махщел камилав устарги. Гьес гьаруна гӏемерал зурмабиги пандралги, амма гьес гьел ричуларо, гьудул-гьалмагълъиялъе сайгъаталъе кьола.

Гӏумруялъго бакъназул искусствоялда хӏалтӏарав ва анцӏ-анцӏ соназ районалда байрамал ва цоги рохалил тадбирал нухда рачарав Ачилаев мустахӏикълъана ДРялъул «Культураялъул министерствоялъул хӏурматияв бакъанчи» абулеб грамотаялъе. Анлъго сон унеб буго Ачилаевасе «ДРялъул мустахӏикъав бакъанчи» абураб цӏар кьеялъе кагътал данде гьаруралдаса. Хьул буго исанагӏаги гьел кколеб идараялде щвелин ва Мухӏамадие гьеб цӏарги кьелин абураб.

15 июналда Ачилаевас бана 70 сон. Ракӏ-ракӏалъ гьесда юбилейги баркун, «Хӏакъикъаталъул» коллективалъ Мухӏамадие гьарула жеги гӏемерал соназ гӏадамазул ракӏал авадан гьаризе чорхое жанги, халатаб гӏумруги, сахлъигун рохелги.

Нури Нуриев