Шамил имамас Генуса Ибрагьимихъе хъвараб кагъат
Муъминзабазул амир Шамилил рахъалдасан дир вац наиб Ибрагьимихъе. Ассаламу гӏалайкум.
Цинги, Дихъе щвана хабар Игьалиб цо къабихӏаб иш ккун бугин, мугьажирзабазда зулму гьабулеб бугин ва гьединго имамасде бугьтанал гӏунтӏизарулел ругин абун. Дица дуда амру гьабулеб буго, авалалдаса бахъараб ахиралде щвезегӏан, мухӏканго гьеб ишалъул хӏакъикъаталда тӏасан цӏех-рех гьабеян. Гьединго гьеб иш жиндихъа ккарав чиясе дуца шаригӏаталда рекъараб тамихӏги гьабе. Гьеб тамихӏги, щибгӏаги тасамахӏлъиги гьабичӏого, Аллагьасул тӏехьалъ бицухъе, гьелъ амру гьабураб къагӏидаялъ гьабе, хадубккунги гьединаб иш гьабизе гӏадамал лъугьинчӏого рукӏине. Нилъеца гьединал лъугьа-бахъинал мугьмалго, кӏвар гьечӏого тани, гӏадамазда гьоркьоб питнабиги балагьалги гӏемерлъизе руго. Гьалдалъун тана.
Вассалам. Хамиз къо, 1269 соналъул жумадул ахир / 1853 соналъул 3 январь.
Шамил имамас Унсоколоса Хӏажи-Тӏагьирихъе хъвараб кагъат
Муъминзабазул амир Шамилил рахъалдасан дир вац ХӏажиТӏагьирихъе. Ассаламу гӏалайкум.
Цинги. Дуда лъай, капурзабазухъа бахъараб давлаялъул хумус буссунеб бакӏ хасаб букӏин. Гьелъул щибаб бутӏа буссинабизе кколеб бакӏги буго, нилъер гьелда кинабгӏаги къагӏидаялъ квер хъвазе ихтиярги гьечӏо. Гьединлъидал дица дуда амру гьабулеб буго, мун гьеб ишалда гъорлъе лъугьунгеян, дуца гьебги тӏубанго нилъер вац назир (тӏалаб гьабулев чи) Малахъе кьеян абун. Гьес гьеб кколеб бакӏалде буссинабизе буго.
Гьалдалъун тана. Вассалам. Хамиз къо, 1269 соналъул жумадул ахир моцӏ / 1853 соналъул март моцӏ.
Гьединго гьаб амру нижеца киналниги наибзабазухъеги гьел гурезухъеги хумусалъул бащалъи жидее таразде щвезе гьабун буго. Гьаб киназего гӏаммаб, Дагъистаналъул ракьалда билълъанхъараб къанунги буго.
Шамил имамас Мелъелтӏаса Мухӏамадгӏалихъе хъвараб кагъат
Муъминзабазул амир Шамилил рахъалдасан дир вац наиб Мухӏамадгӏалихъе. Ассаламу гӏалайкум.
Цинги. Дуда лъала нилъер вац Чӏиркъатӏаса Хӏадис дирги гьединго дурги гьобол вукӏин. Тӏадежоялъе гьесул рукъ киналго тӏаде рачӏунел гьалбадериеги зияраталъ хьвадулел чагӏазеги рещтӏунеб бакӏлъун буго. Гьединлъидал гьесул буголъиги гьезиеги гӏахьалаб бугеб хӏисаб буго. Гьесул буго кӏинусгогӏанасеб гӏи. Дица дуда амру гьабулеб буго гьесул гӏи нужер магӏарда ругел мугьажирзабазул гӏияда гъорлъе биччаян абун. Дуца гьел гьенир парахат гьаре, тӏад щибго каламги гьабичӏого.
Гьалдалъун тана. Вассалам. Гьатӏан къо, 1269 соналъул 19 рузман / 1853 соналъул 25 июнь.
Шамил имамас шайих Хӏажи Ибрагьим-бегихъе хъвараб кагъат
Аллагьасе рецц буго Жинца батӏи-батӏиял бакӏазда чӏарал ва батӏи-батӏиял бокӏназда ругел лагъзадерие ризкъи бикьулев ва гьединго Жиндирго азалияб гӏелмуялда хъвараб къадру-хӏукму гьезулъ билълъанхъизеги гьабулев, щибгӏаги тархъи ва хиси гьечӏого. Аллагьасул свалатги Гьесул саламги лъеги гьижраялъул ва апараглъиялъул кьогӏлъи чӏамурав хирияв Аварагасда, гьединго гьесул агьлуялдаги асхӏабзабаздаги лъеги, Аварагасде бугеб гӏагарлъиялъул, гьесдасан жидее бугеб рекӏел чучиялъул лазат бихьарал.
Хадуб, камилал саламазул тӏурарал жавгьарал, гьединго гӏорхъи гьечӏеб дугӏаялъул маргъалал руго нижер рахъалдасан ракӏбацӏцӏадав нижер вац ва гьудул, камилаб гӏелмуялъул бетӏергьан, лъикӏал гӏамалал кодосев, камилал адабазул къутӏбу, кӏиябго рукъалъул (лъикӏлъабазда) кверщел батарав, гьесул гьезул тӏокӏлъиги жиндие кьурав, Аллагьасе гӏоло Гьев тун батӏиябщинабги рехун тарав ва Аварагасе гӏоло гьижраги гьабурав, Аллагьас жиндир икъбал даим гьабеяв шайих Хӏажи Ибрагьим-бегасде.
Цинги. Камилаб жигаралдалъун ва бацӏцӏадаб нияталдалъун дица лъикӏал гӏамалал гьаризелъун, тӏадегӏанаб давлаталъул рахъалдасан дуца гьабураб хӏалтӏи дие мухӏканлъидал, дун дудаса разилъана, Аллагьги дудаса разилъаги. Дуде бугеб рокьи-гӏишкъуялъул асирлъуда вукӏана дун. Амма нилъ дандчӏвазе ккарал квалквалазул гьурал тӏатӏалаго пуна ва дандчӏвазе бугеб гӏишкъуялъул булбулаз гъотӏода бакънал рачана. Кинниги гьал соназ дандчӏвазе нилъее рес ккечӏелъул, нилъер гьурмалги цоцазда рихьун, нилъер хӏалхьезе санагӏатги рекъечӏелъул, гьелъул бакӏалда дир хӏукму ккана кинабго кагътиде босизе. Щайгурелъул цоцахъе кагътал хъвай дандчӏваялъул бащалъи кколелъул.
Хӏакълъунго шагӏирас цӏакъ берцинго абун буго:
Ракӏазда гьоркьоб бугеб
Рокьуе гӏорхъи гьечӏо,
Кӏудиял манзилаца
Гьел ратӏа гьаруниги.
Гьединго гьал рагӏабазул берцинлъи бихьуларищ?
Дур ургъалил гарацӏ дир рекӏелъ буго,
Дудасан пайиз щвей – дир анищ буго…
Хадубги, Аллагьасул цӏаралдалъун дица дуда гьарула къабулал гӏужазулъ дурго дугӏаялъул бутӏа дие камизе тогеян, хасго паризияб какда хадуб. Жеги дуца дир салам щвезе гьабе тӏарикъаталъул тӏадегӏанал хулапаазде (къаддасаллагьу асрарагьум). Гьединго дица гьездаги дудеги васиятги гьабула, Аллагьасул тушбабазда тӏад бергьенлъи босизе нижее квербакъи гьабейин, ай бергьенлъи кьейин абун ва дие битӏараб нухде тӏоритӏиги, лъикӏаб ахирги (хӏуснул хатимат) насиб гьабеян абун дугӏа гьабеян. Гьединаб дугӏа гьаби ккола лъикӏал чагӏазул тӏабигӏат. Дуца дихъе ритӏарал кагътазул амруйин абуни, гьаб кагъат босун вачӏарас дуда бицине буго гьелъул хӏакъикъат.
(Аллагьас) нужее тавпикъ кьеги, нуж битӏараб нухда чӏезе гьареги, нужее сабру кьеги, нужер чамасдакул гъотӏода пихъ базе гьабеги, Аллагьас нужер гӏамалалги гӏадада холеллъун гьаругеги.
Вассаламу гӏалайкум. 1270 соналъул мухӏаррам моцӏалъул авал /1853 сонлъул 10 январь. Дагъистаналъул имам шайих Шамил. Мугьру
Шамил имамас Тӏелекьа Гъазимухӏамадихъе хъвараб кагъат
Муъминзабазул амир Шамилил рахъалдасан дир вац Тӏелекьа Гъазимухӏамадихъе. Ассаламу гӏалайкум!
Цинги. Гьанжелъизегӏан нилъеца Рочиб росдал агьлуялъухъа магъало босулеб букӏинчӏо, нилъ гьелде хӏажатал гьечӏого рукӏиналъ ва гьел нилъер гӏорхъабазда чӏарал чагӏи рукӏиналъ. Амма гьанже гьелде хӏажалъиги цӏикӏкӏиндал, гьарулел харжалги гӏемерлъидал, тӏаде бачӏунеб хайирги дагьлъидал, нилъер иш гьеб бакӏариялде ккана. Гьединлъидал дица дуда амру гьабулеб буго, дуца дозда магъало кьеян абеян. Гьебги гьаб кагътил бетӏергьан Рис гӏоралъул байтулмалалъул назирасухъе кьеян абе, нахъбахъичӏого, букӏине кколелдаса тӏаде цӏикӏкӏинеги гьабичӏого, тӏасаги бахъичӏого.
Вассалам. Хамиз къо, 1270 соналъул 16 мухӏаррам / 1853 соналъул 18 октябрь.