Гъарачай-Черкесиялъул культураялъулгун искусствабазул колледжалъгун Байрамуковалъул цӏаралда бугеб Миллияб библиотекаялъ
кӏодо гьабуна 100 соналъ цебе гьеб республика гӏуцӏиги ДРялъул халкъияй шагӏир Фазу Гӏалиева гьаюралдаса 90 сон тӏубайги.
Библиотекаялъул залалда лъун рукӏана шагӏиралъул сураталги тӏахьалги.
Студентазгун преподавательзабаз рикӏкӏана гьелъул кучӏдул. Цинги Абазиназул театралъул артистка Людмила Хужевалъ магӏарул мацӏалда ахӏана Фазуца хъвараб кечӏ.
Дагъистаналъул хӏакъалъулъ цогидаз хъварал кучӏдул ахӏана колледжалъул студентазгун гьезул преподаватель Дина Дауровалъ. Гьединго нугъаязул кочӏохъан Майя Рамазановалъ ахӏана Расул Хӏамзатовасул «Къункъраби».
Кӏиябго республикаялда гьоркьор культуриялги, диниялги, миллиялги бухьенал щулалъиялъе лъураб бутӏаялъухъ шапакъатал кьуна КЧРалда вугев ДРялъул хӏукуматалъул официалияв вакил Мухӏамад Мухӏамадовас.
Масала, ДРялъул Миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ
министерствоялъул Хӏурматияб гӏаламат кьуна КЧРалъул культураялъул мустахӏикъай хӏалтӏухъан, рехсараб колледжалъул отделениязул заведующая Зарема (Таисия) Кардановалъе, Карачаевскиялъул «Водоканалалъул» генералияв директор, меценат Жашарбек Кочкаровасе.
КЧРалда бугеб ДРялъул официалияб вакиллъигун цадахъ рекъон хӏалтӏаралъухъ нилъер республикаялъул министерствоялъ Баркалаялъул кагъат кьуна «Карачаево-Черкесия» ГТРКялъул корреспондент Зарема Кардановалъеги.
«Дица абула Дагъистанги дир кӏиабилеб ватӏан кколин, дунги дагъистанияй кколилан. Анцӏ-анцӏ сон аниги, тӏезе течӏо дица курсцоязулгун бухьен. Лъала гьезул щивасул рокъоб бугеб ахӏвал-хӏалги. Маргьабалъ гӏадаб, гӏажаибго берцинаб тӏабигӏаталъ гуребги, дие кутакалда асар гьабла жалго дагъистаниязги. Гьанжеги Дагъистаналъул официалияб вакиллъи сабаблъун дир гӏагараб ватӏаналъулгун бухьен къотӏулеб гьечӏолъиялдаса кутакалда йохарайги чӏухӏарайги йиго дун. Нижер гьанив вугев вакил Мухӏамадги вуго цӏакъ жиндирго миллатги гьелда хурханщинабги бокьулев чи. Гьелъие гӏоло гьес гьарулелщинал тадбиразул бицун хӏалкӏоларо.
Ахиралдаги дие бокьун буго Расул Хӏамзатовасул рагӏаби ракӏалде щвезаризе:
«Гьал дир орденалги дир медалалги
Дица дир мугӏрузул каранда рала,
Дий щибго кӏваричӏо, гӏагараб тӏалъи,
Дуца лъураб тӏагъур гӏун буго дие», — ян бицана З. Кардановалъ
«Хӏакъикъат» газеталъе.
Гьелъул рагӏабазда рекъон, Фазу Гӏалиевалда хурхун колледжалда гьабураб тадбир ккола лъагӏел байбихьаралдаса нахъего гьез тӏоритӏарал батӏи-батӏиял тадбиразул цо гӏаммаб хӏасиллъун – студентал гӏахьаллъун руго Фазул кучӏдул рикӏкӏиналъул, ахӏиялъул, творческиял макъалабазул конкурсазда.
З. Хӏажиева