24 июналда Авар театралда тӏобитӏизе буго Дагъистаналъул халкъияй шагӏир Сабигат Мухӏамадовалъул юбилеялда бан гӏуцӏараб тадбир.
Шагӏир ва хъвадарухъан Сабигат Мухӏамадов гьаюна 1962 соналда Цӏумада
районалъул Инхокъвари росулъ. Лъугӏизабуна ДГУ ва хӏалтӏана Гъизилюрт районалъул централияб библиотекаялда.
Гьабсагӏаталда хӏалтӏулей йиго Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб Республикаялъулаб миллияб библиотекаялда.
Сабигатица «Дун — магӏарулай» абураб цӏаргун тӏоцебесеб кечӏ хъвана 15 сон бараб мехалда. 1979 соналдаса нахъе гьелъул кучӏдул рахъана Цӏумада районалъул «Колхозчи», республикаялъул «Багӏараб байрахъ» газетазда ва «Гьудуллъиялда».
1992 соналда «Кьурда тӏегь» абураб цӏаралда гъоркь къватӏибе биччана тӏоцебесеб
тӏехь. Гьелда хадубго, ай гьебго соналда, Дагъистаналъул тӏахьазул издательствоялъ къватӏибе биччана «Рокьи»абураб шигӏрабазул мажмугӏги.
Гьелдаса хадубги къватӏире рачӏана «Эбел», «Цӏумазул улка», «Ганчӏида бараб как», «Пикрабазул нухлулал», «Шагӏиралъул балъголъи», «Рекӏел рекелал»,«Хасалил бакъ», «Тӏерхьунареб бакъ.
Кучӏдул ва поэмаби», «Гъамбулат-афандил иллагьияб ракӏ», «Бухӏараб гьури»,«Цо гъалалъул балъголъи», «Цо медалалъул кӏиго рахъ», «Ахирисеб дандчӏвай», «Кавказалъул кьуру», «Яц» абурал тӏахьал.
«Хӏакъикъат» газеталъул коллективалъ Сабигат Мухӏамадовалда баркула юбилей ва гьарула щулияб сахлъигун творческиял бергьенлъаби.