Исана ноябралда тӏобитӏизе буго ДГМУялъ 100 сон тӏубаялъул юбилей.

Гьел соназда жаниб ДГМУялъе нухмалъи гьабуна 13 чияс. Байбихьуда

гьеб хъулухъалда цӏар букӏана «директор» хадуб — «ректор». Гьайгьай,

щивав директор-ректорас саламатаб бутӏа лъуна ДГМИ-ДГМА-ДГМУ

цебетӏезабиялда. Амма Мухӏамад Макъсудовас ДГМИялъе ректор-

лъи гьабурал сонал рикӏкӏуна гьелъул коллектив щула гьабурал ва

хӏалтӏулъ чӏахӏиял хӏасилал ккараллъун.

Мухӏамад Макъсудов гьавуна 1913 соналъул анлъабилеб февралалда Авар округалъул (гьанжесеб Шамил район) Гьолокь росулъ. Дол соназда магӏарухъ букӏинчӏо официалияб медицинаялъул кинабгӏаги хъулухъ.

Мухӏамадил кӏудада вукӏана халкъияв местӏер, гьес сах гьарулаан Хунзахъ округалъул унтарал. Лъимерлъудаса нахъего Мухӏамадилги анищ букӏана кӏудадаго гӏадав местӏерлъун

вахъине. Амма байбихьуда рукӏана росдал школалда цӏали (1925-1930), хадуб – Дербенталъул ва Буйнакскиялъул педагогиял техникумал(1930-1933). Цӏали лъугӏидал, ай 1933

соналда, ДАССРалъул Наркомпросалъул буюрухъалда рекъон, 20 сон барав гӏолилав витӏана Гьолокь росдал тӏубачӏеб гьоркьохъеб школалъул директорлъун. Гьенив Мухӏамад хӏалтӏана кӏиго соналъ (1933-1935).

1935 соналда Мухӏамад цӏализе ана Москваялъул стоматологияб институталде. 1939 соналда лъугӏизабуна гьеб ва тӏад вуссана Дагъистаналде.

Хӏалтӏана Махӏачхъала шагьаралъул стоматологияб поликлиникаялда ва больницаялда. Эркенаб заманалда дарсал кьолаан зубоврачебнияб школалда.

Гьайгьай, гӏолохъанав тохтурасул рукӏана букӏинеселде чӏахӏиял анищал, бокьун букӏана цӏияб къагӏидаялда хӏалтӏи гӏуцӏизе, хӏалбихьи цӏикӏкӏинабизе, лъай гъварид гьабизе ва махщел цӏубазабизе.

Амма гьеб киналдаго тӏад хӏучч цӏана рагъалъ. Макъсудов

ахӏана рагъулаб хъулухъ тӏубазе ва тӏамуна №3187 эвакогоспиталалъул челюстно-лицевой отделениялъул начальниклъун. Гӏемер заман иналдего тӏамуна госпиталалъул начальниклъун, гьединго Северияб Кавказалъул фронталъул эвакогоспиталазул челюстно-лицевой отделениязул бетӏерав хирурглъун.

Гьелдаго цадахъ гьес дарсал кьолаан госпиталияб хирургиялъул кафедраялда, рачунаан стоматологиялъул курсал.

1941 соналъул кватӏараб хаслихълъуда немцаз жигар бахъулеб букӏана Кавказалде рорчӏизе.

Махӏачхъалаялъул клубал, кинотеатрал, школал сверизаруна госпиталазде. Гӏемерисеб мехалда

гӏолохъанав хирургас жинцаго гьаризе кколаан захӏматал операциял.

Доб заманги ракӏалде щвезабун,Мухӏамадица абулаан: «Гӏолохъанаб мехалда кинабго жо, хӏатта бищунго захӏматал ишалги, бигьалъула.

Амма челюстно-лицевой отделениялда хӏалтӏулел тӏоцересел къоял дие рукӏана гӏумруялда жанир бищунго захӏматаллъун», — ан.

Рагъул ва рагъдаса хадусел тӏоцересел соназда Макъсудовас гьабун буго лъабазаргоялдаса цӏикӏкӏун операция.

1946-1951 соназда гьев хӏалтӏана рагъул инвалидазул госпиталалъул челюстно-лицевой отделениялъул начальниклъун. Республикаялъул нухмалъиялда бихьана гӏуцӏарухъанлъиялъе Макъсудовасул бугеб гьунар ва 1951 соналъул 17 апрелалда Мухӏамад тӏамуна Дагъистаналъул сахлъи цӏуниялъул министрлъун, гьебго заманалда цадахъ бачунаан госпиталияб хирургиялъул кафедраялъул доцентасул хӏалтӏиги. Микьго соналъ хӏалтӏана министрлъун. Гьеле гьел соназда

цӏидасан гӏуцӏана хасал ишазда тӏад чӏеялъул ва махщел камил гьабиялъул хъулухъал, рагьана 15 цӏияб больница, чамалиго диспансер, 600-ялдаса цӏикӏкӏун ФАП. Гьединго Махӏачхъалаялда рагьана нусго унтарасе бакӏ бугеб рахунел унтабазул больница, Буйнакскиялда –лъималазул больница, Дербенталда– туберкулезалъул больница, республикаялъул бруцеллезалъул больница, Гъаякенталда – санаторий,республикаялъул трахоматознияб ва психоневрологияб диспансерал, поликлиникагун ва стационаргун цадахъ цӏияб стоматологияб комплекс.

Республикаялъул стоматологияб поликлиникаялда гӏуцӏана лъималазул отделение. Гьарурал операциязул хӏасилаздалъун ва профессионалияб къадруялдалъун Макъсудовас бетӏерлъи гьабулеб челюстно-лицевая хирургиялъул отделение лъугьана Северияб Кавказалда гьеб профи-лалъул бетӏераб центрлъун. Гьенир сах гьарулаан нилъер улкаялъул гӏемерисел республикабаздаса ва областаздаса рачӏарал захӏматго унтарал гӏадамал.

Дол соназда улкаялда, хасго республикаялда, гӏолел рукӏинчӏо лъайги махщелги бугел тохтурзаби.

Гьеб ахӏвал-хӏал хисизабиялъул мурадалда, 1959 соналъул декабралда Макъсудов тӏамуна ДГМИялъул ректорлъун. 1968 соналда гьесие кьуна «профессор» абураб гӏелмияб цӏар.

25 соналъ (1984 соналде щвезегӏан)нухмалъи гьабуна гьес республикаялъул вузалъе, цого заманалда бетӏерлъи гьабуна стоматологияб кафедраялъе (1967-1973), хадуб – хирургиялъулаб стоматологиялъул кафедраялъе (1973-1989).

25 соналда жаниб институт цебетӏезабиялъе гьес гьарурал хӏалтӏабазул сияхӏ цӏакъго халатаб буго.

Рагьана цӏиял отделениял ва факультетал: 1964 соналда – лечебнияб факультеталъул къасисеб отделение,1965 соналда – стоматологияб ва 1968 соналда – педиатрияб факультетал,1974 соналда – хӏадурлъиялъулаб отделение, 1983 соналда – тохтурзабазул лъай-махщел камил гьабиялъул факультет. Лъикӏаланго гӏатӏид гьабуна материалиябгун техникияб база:

студентазе бана 1400 бакӏ бугеб лъабго общежитие, морфологияб корпус,

спортивияб комплекс, студентазе «Айболит» кафе, спортивиябгун сах гьариялъулаб лагерь; бана биологияб корпус; байбихьана Калининил цӏаралда бугеб проспекталда цӏалулгун лабораториязул корпусал разе. Гьебго заманалда хӏадурана гӏелмабазул 25 доктор ва 130 кандидат.

Дагъистаналъул гӏелмияб стоматологиялъе кьучӏ лъурав ва гьелъие бетӏерлъи гьабурав чилъун

рикӏкӏуна профессор Мухӏамад Макъсудов.

Ректорлъун гьев вугел соназда ДГМИ лъугьана Россиялдаго къадруял вузазул цояблъун. Гьеб

лъугӏарал тохтурзаби хӏалтӏулел рукӏана Совет Союзалъул киналго республикабазда. Гьел республикабазул вакилзаби рачӏунаан нилъер тохтурзаби жидехъе хӏалтӏизе ритӏеян гьарун, киса-кибего цӏар ун букӏана гьезул лъай-махщалил.

Жакъаги Макъсудовасул гӏелмиял хӏалтӏабазул бечедаб ирсалъул къадру-къимат хун гьечӏо. Сахлъи цӏуниялъе кӏвар бугел масъалаби рорхарал гьесул нусгогӏанасеб гӏелмияб

хӏалтӏи ва монографиял рахъана Россиялъул гӏелмиял журналазда.

Кӏудияб практикияб кӏваралъе мустахӏикълъана Макъсудовасул ургьисаго ругел гьурмазул гӏунгутӏаби сах гьариялъе операциял гьаризе кколеб къагӏида малъулел хӏалтӏаби.

Макъсудов гӏемерал соназда хӏалтӏана цабзазул рижи-байбихьи (зачатки) цо бакӏалдаса цоги бакӏалде ва цоги чиясул чӏандероялда рекӏинабизе бегьулеб къагӏида –

захӏматаб масъала лъазабиялда тӏад.

1967 соналда гьес цӏунана «Материалы к гомотрансплантации зубных зачатков» абулеб темаялда хъвараб докторлъиялъул диссертация.

1970 соналда басмаялда бахъана «Гомотрансплантация зубных зачатков» абулеб гьесул монография.

Гьеб гӏелмияб хӏалтӏиялъ рес кьуна цӏияб даражаялда стоматология цебетӏезабиялъе. Цӏакъ кӏудияб кӏвар бугеблъун рикӏкӏуна, Макъсудов тӏад хӏалтӏун, хӏадур гьабураб ва практикаялда хӏалтӏизабураб цабзазул рижи-байбихьи (зачатки) цо бакӏалдаса цоги бакӏалда ва цоги чиясул чӏандероялда рекӏинабизе рес кьолеб къагӏида.

Халкъалъе гьабураб хъулухъалда рекъон, Ватӏаналъ гӏемерал шапакъатал кьун, кӏодо гьавуна профессор Макъсудов. Гьесие кьуна Багӏараб Байрахъалъул Захӏматалъул кӏиго

орден, «Хӏурматалъул гӏаламат» орден, СССРалъул микьго медаль, «Отличник здравоохранения СССР» ва «Отличник высшей школы» абулел гӏаламатал. Гьев мустахӏикълъана ДАССРалъул ва РСФСРалъул мустахӏикъав тохтур, ДАССРалъул ва РСФСРалъул гӏелмуялъул мустахӏикъав

хӏалтӏухъан абурал цӏаразе.

Макъсудов гӏумруялдаса ватӏалъана 1993 соналъул 31 декабралда.

Машгьурав гӏалимчи ва хирург Мухӏамад Макъсудовасул нусго

сонилаб юбилеялда бан, 2013 соналъул 15 июлалда Шамил районалъул Хӏебда росулъ тӏобитӏун

букӏана данделъи. Гьениб хӏукмуги гьабун букӏана ДГМАялъе профессор М. Макъсудовасул цӏар кьеялъе квербакъи гьабеян абун, ДРялъул президентасул ишал тӏуралев Р.

Гӏабдулатӏиповасде хитӏаб гьабизе.

Амма хӏасил ккечӏо. Гьединлъидал Шамил районалъул халкъалъул рахъалдасан ДРялъул бетӏерасде ва хӏукуматалде гьединабго хитӏаб гьабулеб буго гьанжеги. Хьул буго

гьаб нухалдагӏаги республикаялъул нухмалъиялда нижер гьаракь рагӏилин ва, ДГМУялъе Макъсудовасул цӏарги кьун, гьев абадиялъго кӏочонаревлъун гьавилин абураб.

Нури Нуриев