Рии бачӏарабго, нилъее киназего эркенаб заман мукагӏалъи бугеб ва эркенаб лугьине гьабизе бокьун букӏуна. Хаслихъе, роол заманги ракӏалде щвезабун, «Вахӏ, дица гьаб нухалъ ракӏалда букӏараб кинабго тӏубазабуна» — ян абулеб хӏалалъ. Кин тӏамилеб роол эркенаб заман Махӏачхъалаялда? Гьеб суалалъе жаваб кьолеб буго гӏолилаз.
Написат, 20 сон
Льида щиб ракӏалде кканиги, Махӏачхъалаялда цӏакъ аваданго бажарула рии тӏобитӏизе (узухъда, тӏом тӏаса бахъун лъолеб гӏада багӏари гуребани). Бищун цере – шагьаралъул гӏемерал паркал ва скверал, цодагьаб цере льурал цӏиял газонал рикӏкӏун, ва тамашаял кафеял. Дир университеталда аскӏоб буго «Плов» абураб кафе – гьениб бегьула гӏорцӏизегӏан тӏагӏамго ва, студентасе бищунго лъикӏаб жо – учузго кваназе. Дие бищунго бокьулеб тӏахьазул тукен «Магасалдаги» бегьула, мунго техьгун цадахъ, яги гьудулзабигун цо-кӏиго кофе гьекъезе ва гӏодор чӏезе жанире лъугьине.
Хадижат, 22 сон
Махӏачхъалаялда риидал бокьарабги микьго тӏокӏабги гьабун бажарула. Чвердезе яги гьадинго ралъдал рагӏалде ине, цо босани. Паркалда харда гӏодор чӏезе яги электросамокаталда рекӏине, тӏохда бугеб кинотеатралде яги аквапаркалде ине, кӏиабизе босани. Таргъуялде, гонкабазде, яги, цӏакъго ине бакӏ батичӏони, гӏагаразул ва гьудлзабазул берталъе хьвадизе, лъабабабизе босани.
Барият, 19 сон
Дица абула Махӏачхъалаялда ругел щинал рахӏатал рестораназде ва кафеязде ине кколилан, ахирисеб заманалъ гьанир гьел цӏакъ гӏемер гӏуна. Риидалде щибаб кафеялъ тамашалъилел гаӏдал цӏиял нигӏматал ургъулел рукӏуна. Дие бищун рокьулел кафеял: «Шоколадница», «Love is berry», “Итальянская пиццерия».
Маликат, 20 сон
Дие цӏакъ бокьула общепиталъул бакӏазде хьвадизе. Дагьалъ цебе Авартеатралъул тӏохда рагьараб кафеялъ цӏакъ хикмалъизаюна. Амма бищун тамашаяб отпуск мугӏрул росулъ гурони, кибниги букӏунаро. Гьабсагӏатил туристазда гьоркьой Хунзахъе я Гъунире ине захӏматаб буго – гьебмехалъ рекӏун уна дурго ватӏаналде, эбел-инсудеги, кӏодоэбелалдеги ва кӏудададеги щвезе.
Гӏиса, 20 сон
Регун-рахъизе, кьижизе ва кваназе.
Элнара, 20 сон
Ахирисел соназ Махӏачхъала цӏакъ берцинлъана. Рагьарал щинал кафеял, ресторанал, тукаби, аттракционал, кинотеатрал рикӏкӏун бажаруларо. Амма киназего кваназе бокьулеблъидал, дир нужей гӏакълу — «MyRecept» абураб кафеялде жанире лъугьа. Гьенир гӏадал цӏакъал гьуинлъаби кирниги кун рукӏинчӏо.
Зайнаб, 22 сон
Дие гӏасиго бокьула гӏорцӏизегӏан кваназе! Вегетарианцазул квен гурони кунарелъул, дие цӏакъ рокьула салатал ва хумус (ххараб нухӏутӏги, кунжутги ва кунжуталъул нахги жубазабураб урба гӏадаб жо). Пихъ-мичӏги босун, ралъдал рагӏалде иналдаса лъикӏаб жо гьечӏо. Цо дагьалъ цебе гьениб рагьана «Аллея родителей» абураб хӏухьбахъиялъул бакӏ. Лъималазеги, кӏудиязеги бакӏ рахӏатаб бакӏ буго гьеб.
Цоги: Гъизилюрталдаса добегӏан буго Манапаул абураб росу, Хӏабиб Нурмухӏамадовасул инсул ватӏан. Гьеб Манапаулалда буго Шайтӏан абураб хӏор. Махсара гуро! Гьениб буго цо гьитӏинаб хъахӏилаб гамаги. Сверун рохьалъ ккураб, ракӏ бахиллъилеб берцинлъиялъул бакӏ буго гьеб.
Индира, 21 сон
Ленинил Комсомолалъул цӏаралда бугеб паркалда дагьалъ цебе рагьараб Чёртово колесоялде рекерулел рихьана гӏемерал чагӏи. Берцинаб бакӏ буго, амма, гӏадамал гӏемерлъиялъ, чан сагӏаталъ иргаялда чӏезе ккелебали лъаларо.
Ралъдал рагӏалде дун бакъ баккулеб гӏужалъ гурони унаро, хутӏараб заманалъ цӏакъ гӏемер чи вукӏуна. Чуял рихьизе ва гьезда рекӏине ине бегьула «Зебра» (цебеккун гьелда абулаан «Ватӏан») чуязулгун спортивияб комплексалде. Гьенибго буго цӏакъ кӏудияб, гӏурччинаб, санагӏалъи бугеб ракь, тӏабигӏаталъул берцинлъиялдаса лазат босизе ва хӏухьбахъиялъе гӏодор-чӏере бокьани.
Мухӏамадова Аминат,
ДГУялъул ОЖялъул студентка, 3 курс