«Расул Хӏамзатов витӏарав вукӏун вуго: мугӏруз пана гьарулел руго. Гьанже бичӏчӏана дида Хунзахъ районалда гьалгощинал гьунар тӏокӏал шагӏирзабиги хъвадарухъабиги щай ругелали».

Гьедин абуна ДРялъул бетӏер Сергей Меликовас 29 июналда Хунзахъ районалде щведал.

Гьесул сапаралъул аслияб мурад кколаан тӏасияб соналда нилъеца кӏодо гьабизе бугеб Расулил юбилеялда хурхарал суалал дандрай. Гьев гьединго щвана чанго батӏияб бакӏалде, кӏалъана бакӏалъул гӏадамалгун.

Ралъдал гьумералдаса 1800 метралъ борхалъиялда бугеб Макьасда Меликов ана Шамилил наиб — Хунзахъа Хӏажимурадиегун машгьурав хъвадарухъан Лев Толстоясе лъураб памятникалъухъ балагьизе.

Гьенирго туризм цебетӏеялъе ругел ресалги рихьизаруна гьесда. Телеграмалда бугеб ДРялъул бетӏерасул администрациялъул каналалда лъураб видеоялда инвестор ва Халкъияб Собраниялъул депутат Хучбар Хучбаровас Сергей Меликовасе бицунеб буго Макьасдаги жибго районалдаги разесел туризмалъулги промышленниялги объектазул хӏакъалъулъ.

Гьебго Телеграм-каналалда хъвалеб буго Хучбаровас Меликовасе баркала кьунила хӏукуматалъ районалъе гьекъолеб лъим бачиналъе рогӏоро лъезе гьабураб хӏукмуялъухъ.

Меликов щвана Цӏадаве – «Хъахӏал къункърабазе» бараб памятникалдеги Хӏамзатилгун Расулил рокъовеги. Гьесда рихьизаруна некӏсиял тӏагӏалабиги, сураталги, Хъандулалъ рессарал давагьабиги.

Гьенисан республикаялъул бетӏер ана Саху Дибирчуевасул цӏаралда бугеб Хунзахъ районалъул больницаялде.

110 койкаги бугеб, гьанже заманалъул тӏалабазда рекъон бараб бакӏ ккола гьеб. Амма хӏухьладалъун больница хинлъизабиялъул иш лъикӏ гьечӏин бицана Меликовасда больницаялъул хӏалтӏухъабаз. Гьес рагӏи кьуна гьеб суал тӏубазе.

Гьелда тӏаде районалда буго жеги участкаялъул кӏиго больницаги (Харахьигун Гьоцӏалъ), амбулаторияги, 50 ФАПги.

Хадуб С. Меликовасда бихьизабуна республикаялъул инвестициялъул программаялда рекъон 308 цӏалдохъанасе гьениб аскӏобго, Гӏарани, балеб школаги. Цӏалул корпусго гӏадин, гьениб букӏине буго кваналеб бакӏги, общежитиеги, спортзалги, расандизе, хӏазе майданалги.

Амма Меликовас бадибчӏвай гьабуна жибго школа балеб къагӏидаялда ва гьеб хадуб бехъерхъизабулеб букӏиналда бан.

Республикаялъул бетӏергун цадахъ цо-цо объектазде щвана Хунзахъ районалъул «Росдал захӏматчи» газеталъул бетӏерай редактор Фатима Мухӏамадоваги. «Хӏакъикъаталъе» гьелъ кьуна гьадинаб баян:

«Республикаялъул цере рукӏарал нухмалъулезги гӏагараб районалде гьарурал сапаразул хъвазе ва дирго берда бихьизе рес щун букӏиндал, унтун йикӏиналъухъ балагьичӏого, ригьдаго къокъана дун Сергей Меликовасулгун дандчӏваялде.

Щвана ралел объектазде, туризм цебетӏеялъе кӏудиял ресал ругеб Макьасде, больницаялде, Культураялъул рокъоре, музеялде, Хунзахъ росдал «Малыш» ясли-ахалде.

Щибаб суалалде гъорлъе ваккун, гьарулел хӏалтӏабазул цӏехон, гӏунгутӏаби ратаралъуб бадибчӏвай гьабун, чӏванкъотӏараб болжалалде лъугӏизабеян лъазабулеб букӏана республикаялъул бетӏерас иш тӏаде босаразда. Дие гьеб мухӏканлъи кутакалда рекӏее гӏуна. Лъай кьеялде, сахлъи цӏуниялде щведалцин республикаялъул нухмалъулес 2023 соналъ тӏоритӏизесел тадбиразул бищун кӏвар бугеблъун Расул Хӏамзатовасул 100 сонилаб юбилей бихьизабулеб букӏинги къабуллъана. Узухъда, гьеб лъугьине ккола гӏасруялъул тадбирлъун. Гьедин лъугьине ккани, гьеб тӏобитӏизеги ккола киназулго къуватги, лъайги, бажариги цолъизабун.

Жидерго лъай кьеялъул гӏуцӏиялда рагъулабгун ватӏан бокьиялъул рухӏалда кьолеб тарбия бихьизабурал ясли-ахалъул гьитӏичазе Меликовас сайгъат гьабуна акустикаялъул система, райбольницаялда бащдаб гӏасруялдаса цӏикӏкӏун заманалъ хӏалтӏарав Адиев Абу Хӏасанович республикаялъул Конституциялъул къоялде Хӏурматияб шапакъаталдалъун кӏодо гьавеянги буюрана. Букӏана республикаялъул Бетӏерасул гӏадамазулгун гара-чӏвариязда гӏаданлъи-чилъиялъулаб бербалагьи, кумек гьабизе бокьи, гӏадатлъи.

Рахъи бугеб, баракатаб батаги республикаялъул тӏалъиялъул Хунзахъе гьабураб тӏоцебесеб сапар».

Палхӏасил, Расулил юбилеялда хурхун районалда гьабизе буго 71 батӏияб тадбир (фестивалал, паркалгун азбарал къачӏай, больницабигун школал ва ясли-ахал церетӏезари, коммуналиябгун нухазул магӏишат рукӏалиде бачин ва цогидаб).

Юбилеялда хурхарал тадбиразул ахӏилъун лъугьине руго «Мой Дагестан. Наш Расул» абурал рагӏаби.

Гьединго хӏадурун буго искусствоялъулгун культураялъул, литератураялъул церехъабазе Расул Хӏамзатовасул цӏаралда кьезесеб медалалъул эскизги.