Дагьал церегӏан къоязда Москваялда, Россиялъул Гӏелмабазул академиялъул президиумалда тӏобитӏана генералияв конструктор Шамил Гӏалиевасулги РАНалъул президент Александр Сергеевасулги дандчӏвай.

Дандчӏваялда бицана Дагъистаналъеги РАНалъеги кӏвар бугел гӏелмиял масъалабазул хӏакъалъулъ, тӏадчӏей гьабуна хасал суалаздаги.

Дандчӏваялъул хӏасилалда хӏукму гьабуна гьединаб бухьенги камил гьабизе ва цогидал гӏелмиял централги гьелда гӏахьал гьаризе.

Академик Александр Сергеевас Шамил Гӏалиевасда баркана «Торпедное оружие» абураб гьитӏинаб энциклопедиялъул иргадулаб ункъо том басмаялда бахъи ва гьарана хӏалтӏулъ икъбал.

25 соналъ цере басмаялда рахъана «Торпедное оружие» абураб энциклопедиялъул тӏоцересел тӏахьал. Исана бахъана гьелъул жеги ункъо тӏехь. Басмаялда бахъараб анцӏила лъабабго томалъул редактор ккола академик Шамил Гӏалиев.

Энциклопедиялъул иргадулал тӏахьал басмаялде рахъи Ш. Гӏалиевасда баркана РФялъул Оборонаялъул министерствоялъулги, «Подводное оружие» абураб концерналъулги, «Тактическое ракетное оружие» абураб корпорациялъулги нухмалъулез ва РАНалъул президент, академик А. Сергеевасги.