Исанаги «Хӏакъикъаталъул» редакциялъ байбихьана цӏалдолезулгун дандчӏваял тӏоритӏизе. Тасдикъ гьабураб планалда рекъон, араб анкьалда сапар бухьана Гъизилюрт шагьаралде. Гьенир редакциялъул хӏалтӏухъаби дандчӏвана Гъизилюрт районалдаги шагьаралдаги гӏумру гьабулел «Хӏакъикъаталъул» гьудулзабигун. Дандчӏвай тӏобитӏана шагьаралъул администрациялъул минаялда бугеб данделъабазул залалда.

Дандчӏваялда гӏахьаллъана Гъизилюрт районалъул бетӏерасул заместитель Ибрагьим Мутӏалибов, шагьаралъул бетӏерасул тӏоцевесев заместитель Малик Патахӏов, Гъизилюрт районалъул администрациялъул культураялъулгун туризмалъул отделалъул начальник Хӏажилав Хӏажилаев, Гъизилюрт шагьаралъул лъай кьеялъул управлениялъул начальник Мухӏамад-Мирза Мирзаев ва цогидалги.

Данделъи нухда бачарав Малик Патахӏовас къокъго бицана «Хӏакъикъаталъул» редакциялъ Гъизилюрталъул ракьалде сапар гьабиялъе бугеб гӏиллаялъулги хӏакъалъулъ. «Щивав магӏаруласул рокъоб урхъараб гьоболлъун буго «Хӏакъикъат». Гьелда батула халкъалъул тарихги, маданиятги, къокъго абуни, миллаталъул рухӏияб бечелъи. Районалъулги шагьаралъулги лъикӏаб бухьен буго газеталъул редакциялъулгун ва ракӏалде ккола гьеб гьудуллъи жеги камиллъилин», — ан абуна гьес.

Данделъиялъул гӏахьалчагӏазде саламалъулаб хитӏаб гьабуна «Хӏакъикъаталъул» бетӏерав редактор Гӏумахан Гӏумахановас. Гьес загьир гьабуна цӏалдолелгун дандчӏваялдаса кӏудияб рохел ва рехсана сапаралде рахъарал газеталъул хӏалтӏухъабазул хӏакъалъулъ цо-цо баянал.

«Щибаб халкъалъул мацӏ буго кӏудияб хазина. Жакъа нилъ ругьунлъун руго рокъор лъималаздаги лъималазул лъималаздаги гӏурус мацӏалда кӏалъазе. Щаклъи гьечӏо – гӏурус мацӏалъ нилъее нуцӏа рагьана кӏудияб дунялалде, маданияталде, лъай кьеялде, цивилизациялде. Дир эбел-инсуда лъалаан лъарагӏ мацӏги – гьезда гьоркьор гӏумру гьабулел рукӏун. Жакъасел гӏелазда лъаларо я рахьдал мацӏ, я мадугьалихъ бугеб цогидаб миллаталъул мацӏ. Киназго хӏаракат бахъулеб, миллияб мацӏги ракьанде рехун, ингилисазул, китаязул ва цогидазул мацӏал лъазаризе. Тӏоцебесеб иргаялда, хъизамалда хӏаракат бахъизе ккола рахьдал мацӏги, миллияб гӏадат-гӏамалги, махӏгун яхӏги цӏунизе. Хадуб гьелде кӏвар кьезе ккола лъималазул ахакь, школазда. Жакъа киналго къеркьолел руго «Россиялъул гӏаммаб гражданинлъи» абураб бичӏчӏи тӏибитӏизабизе. Амма магӏарулав, даргияв, тумав, лъарагӏав ва гь.ц. миллаталъул вакиллъун кколеблъи кӏочарав чиясухъа кинго бажаризе гьечӏо «Россиялъул гӏаммав гражданинлъун» живго лъугьинавизе. Магӏаруллъиги кӏочон тун, тӏолабго Россия ватӏанлъун гьабизе рес букӏунаро», — ян бицана «Хӏакъикъаталъул» бетӏерав редакторасул заместитель Зикрула Ильясовас.

Данделъиялда кӏалъазе рахъарал «Хӏакъикъаталъул» цӏалдолез лъикӏаб къимат кьуна газеталъе. Гӏемерал соназ гӏолеб гӏелалъе тарбиягун лъай кьураб Мухӏамад Бутаевас, масала, абуна, щивасул рокъоб букӏине мустахӏикъаб магӏарул газета жинца кидаго цӏалулин ва пайдаял макъалаби гӏемер ратулин гьелдайилан абун.

Данделъиялъул гӏахьалчагӏаз кӏудияб рохелгун къабул гьабуна Цӏобокь-Миякьоб росулъа гьитӏинав хъвадарухъан Гӏали Гӏумаровасул кӏалъай. Гьес бицана «Хӏакъикъаталъулги» жиндиргоги цебегосеб гьудуллъиялъул хӏакъалъулъ ва рикӏкӏана жиндирго кечӏ. «Хӏакъикъаталъеги» сайгъат гьарун руго гьес гьадинал мухъал:

Дир хирияб «Хӏакъикъат»,

Магӏарулазе къимат.

Лъикӏаб-квешаб борцунеб,

Къадру тӏокӏаб казият.

Щибаб гьумер цӏалула,

Гьелъул магӏна босула.

Цинги мухӏканго гьабун,

Цӏунизе нахъе лъола.

Магӏарулазул гӏумру,

Дургун гӏахьал букӏуна.

Киб, кида, ва щиб ккараб,

Дуца баян гьабула.

Дир хирияб «Хӏакъикъат»,

Магӏарулазул къуват.

Тӏолабго авар миллат,

Дуда сверухъ буссуна.

Мун гӏакъилаб гьоболги,

Гьунар тӏокӏаб гьудулги.

Гьечӏо дудаса цӏакъаб,

Нижее казиятги.

«Хӏакъикъаталъулгун» дандчӏваялда Гъизилюрталъул администрациялъ кӏодо гьабуна Хъизамалъул къоги. Данделъиялде ахӏун рукӏана 58 соналъ цадахъ гӏумру гьабурал рос-лъади – Ойболатовазул хъизам. ДРялъул Захӏматалъулгун социалияб цебетӏеялъул министр Гӏабдурахӏман Махӏмудовасул рахъалдаса Малик Патахӏовас гьезие кьуна «Ро- кьиялъухъ ва ритӏухълъиялъухъ» абураб медаль.

Сулейман ва Бурлият Ойболатовазул мисалияб хъизамалъул хӏакъалъулъ нижеца гӏатӏидго хъвазе буго газеталда. Редакциялъин абуни иргадулаб сапар гьабизе буго Гумбет районалде.

Кавсарат СУЛЕЙМАНОВА