11 июлалда Дагъистаналде ячӏун йикӏана РФялъул Федералияб Собраниялъул Федерациялъул Советалъул председатель Валентина Матвиенко. Республикаялда гьелъ бана кӏиго къо ва гьеб кӏиябго къоялда гӏемераб бакӏалдеги щвана. Нилъер миллияб квен-тӏехалъул хӏалги бихьана, цо-цо хӏакимзабазе бадирчӏваялги гьаруна.
Республикаялде сапар бухьиналъе аслияб гӏилла букӏана «Дагъистан социалиябгун экономикияб рахъалъ цебетӏеялъе пачалихъалъул кверчӏвай» абураб программаялда рекъон гьарулел ругел хӏалтӏабазухъ хал гьаби. Гъоркьиса Федералияб Собраниялда «Дагъистаналъул къоял» унеб мехалда къабул гьабун букӏана гьеб программа.
Лъагӏел ун хадуб республикаялда кинал хиса-басиял ккун ругел ва щиб гьабулеб бугебали лъазе бокьун букӏана гьелъие.
Самолеталдаса рещтӏиндал гьей ана Махӏачхъалаялъул аэропорталъул цӏияб терминалалъухъ балагьизе.
Жанисанги къватӏисанги берцинго къачӏараб, гьанжесел технологиязул киналго шартӏазда рекъон хӏадур гьабун бахъунеб бугеб терминал гьелъие рекӏее гӏуна.
Аэропорталдаса гьей ана Каспийскиялде. Гьениб гьанжегӏагар бараб цӏияб ясли-ахалде щвана, гьитӏичазда гьикъа-бакъарана, гьезие хӏеренаб мацӏ бицана, ясли-ахалъул хӏалтӏухъабазулгун накъит гьабуна.
Каспийскиялдаса гьей ячӏана Махӏачхъалаялде. Украинаялда къадаралде щварав Россиялъул бахӏарчи Нурмухӏамад Хӏажимухӏамадовасул цӏар лъураб школалде щвана В. Матвиенко. Къеда бараб, мармарлъул къоноялда бикӏун гьабураб рагъулав бахӏарчиясул сураталда цее, пашманаб сихӏкъотӏигун, цо минуталъ эхетана. Республикаялъул нухмалъулев Сергей Меликовгун цадахъ, тӏугьдузул квацӏиги лъуна сураталда гъоркь.
Гьенисан ана тахшагьаралъул майданалдаса гӏемер рикӏкӏад гьечӏеб «Хъвадарухъабазул минаялде». Мунагьал чураяй Фазу Гӏалиева гӏумру гьабун йикӏанин гьеб рокъойин бицунеб мармаралъул хъарщи рагьана В. Матвиенкоцаги ДРялъул нухмалъулев Сергей Меликовасги. Аскӏов эхетун вукӏана Ф. Гӏалиевалъул вас Жамбулат Мухӏамадовги.
Кӏудияй шагӏиралъул хӏакъалъулъ лъикӏал рагӏабиги абуна гьелъ. Гьел кӏиязулго цоцада рагӏизабураб гьудуллъиги букӏун буго. Гӏемер цоцахъеги кӏалъалаанин жалин бицана Федерациялъул Советалъул нухмалъулелъ.
— Кида кӏалъаниги дида бицине цӏияб щиб букӏаниги жо батулаан гьелъул. Гӏажаибай гӏадан йикӏана Фазу. Тӏубараб дунялалъего гӏураб рекӏел гӏатӏилъиги, кучӏдузул цӏураб ракӏги букӏана гьелъул, — ин абуна В. Матвиенкоца.
Хадуб республикаялъул нухмалъулев С. Меликовасулгун, гьесул кабинеталда, ракӏ рагьараб хабар букӏана гьелъул.
Бакъанида киналго хӏакимзабиги данде ракӏарун, хӏукуматалъул рокъоб данделъиги тӏобитӏана Москваялдаса гьоболалъ. Гьениб республикаялъул сахлъи цӏуниялъул министралъе бадибчӏвайги щвана. 30-гӏанасеб фельдшеразулгун акушеразул пункт банин республикаялдаян еццарилей йикӏанин мун жиндие, амма гьел ФАПазул цонигиялъуб я бухӏарабгун цӏорораб лъим, я гьабин абизе инфраструктура жеги чӏезабун гьечӏин абуна гьелъ. Тӏохикье руссинарун гӏолел жалищин рукӏунел ФАПалинги абуна гьелъ министр Татьяна Беляевалда.
Гьединго Матвиенкол бадибчӏвай щвана Махӏачхъалаялъул мэрасеги. Шагьар сурукъ гьабун бугила цо-ялдаса цоял чӏахӏиял рекламаялъул хъарщазул гӏемерлъиялъ.
— Шагьар берцин гьабулел жал ккола тӏугьдул, скверал, гӏурччинал ахал. Нужер гьаниб абуни рекламаялъул игӏланаз сурукъ гьабун буго гьадигӏан берцинаб шагьар, — ин абуна Москваялдаса ячӏарай хӏакималъ.
Гьединаб букӏана Валентина Матвиенкол республикаялде гьабураб сапаралъул тӏоцебесеб къо.
Кӏочон тезе бахъана, ДРялъул Руччабазул цолъиялъул нухмалъулелъ хӏурматияй гьоболалъе сайгъаталъе кьуна шалги, каранда бана орденги. Гьеб кӏиябго шапакъаталъ цӏакъ рази гьаюнин ккола В. Матвиенкоги.
Нахъисеб къоялъ, радалго яхъун, Дербенталде щвезе ана гьей.
Гьениб В. Матвиенкое кӏудияб гьоболлъиги гьабуна. Бархъалисезул щагӏил цӏарагӏалъул, кубачия- зул месед-гӏарцул ва табасараназул тӏанса-салмаг бессулел устарзабиги рукӏана гьенире ракӏарун. Синомахӏаб хӏарщудаса щагӏил хъаба гьабулей ригь арай цо устаралда цее лъалхъана Матвиенко. Гьалъул берцинлъийилан, гьелъул чӏинчӏоги битӏизабуна, кӏудияй «модница» йикӏун йигин хералъе махсараги гьабуна. Табасараназул тӏанса бессулей микьго сон барай ясалъеги бицана берцинаб мацӏ.
Гьедин, некӏсияб шагьаралда кӏудияб свериги бахъун, гьаний гӏемераб жоялъ панаги гьаюн, нахъюссун Москваялде ана В. Матвиенко.
Иналде цебе нилъер республикаялъе рецц-бакъги гьабуна. Масала, гӏажаибго берцинаб тӏабигӏатги, гьобол-гьудуласе рагьарал ракӏазул гӏадамалги ругеб хӏикматаб ракь бугин Дагъистанин абуна.
Баркалаги кьуна гьоболлъиялъухъ, гьанибго ракӏги тун унеб асар бугин жиндириланги абуна.
Ашахан ЮСУПОВ