Лъикӏлъиялъул тӏирабаз гӏадамазул ракӏалги лъалъалаго…
Архивалда ругел газетал тартибалде рачунаго, дихъе щвана 2005 соналъул подшивка. Гьелда батана газеталъул бетӏерав редакторасул заместительлъун хӏалтӏулев вукӏарав, мунагьал чураяв Мухӏамад Махӏатӏовасул макъалаги. Бихьулищха – гӏажаибаб дандеккей. Гьеб бугоан доб мехалда республикаялъул диагностикияб централда хӏалтӏулев вукӏарав тохтур Зиявдин Жамалудиновасул хӏакъалъулъ хъвараб макъала. Подшивкаялда ругел газетал регулаго, батана газеталъул отделалъул заведующий, мунагьал чураяв Хӏусен Хӏажиевас хъвараб макъалаги. Цӏалана. Кӏудияб асар гьабуна дие мунагьал чураяв Зиявдинил пикрабаз. Ва цебечӏана гьесие гӏумруялъул хӏурулгӏинлъун йикӏарай Хӏалиматил гьайбатаб сипат. Гьей 36 соналъ хӏалтӏана газеталда. Гъоркьиса, гьелда газеталъул хӏалтӏухъабазул рахъалдасан 8 марталъул байрам баркизе, дун щвана Хӏалиматил рокъое, гьабуна лъай-хъвай. Рохелги пашманлъиги жубараб асар гьабуна дие гьелъул гӏумруялъул къисаялъ. Зиявдиница жалго цӏакъ талихӏаллъун рихьизарулел руго макъалабазда. Гьелъулъ батила гьеб талихӏги – кинал захӏмалъаби дандчӏваниги, бихьаралда сабруги гьабун, дагьалъги къеркьезе байбихьи. Хӏалиматица дие бицун букӏинчӏебги тӏатана дие Зиявдинил гара-чӏвариялдаса. Данделъараб тӏоцебесеб анцӏго соналда жаниб гьитӏинго гьезул хун буго ункъо лъимер. Гьел жидее алжан къачӏазе анилан абулеб буго Зиявдиница. Гьеб кинабго хӏехьаралъухъ гьезие Тӏадегӏанас кьун буго лъабго лъимер: кӏиго васги цо ясги. Амма цого-цо йигей ясалъул къисматалъухъ угьдулеб букӏана гьелъул ракӏ.
— Аллагьас бихьаралда рази йиго. Дидаго хадуб хъулухъ гьабизе гьаюн йикӏарай ясалъе хъулухъалда йиго, — янги абун, магӏилъан гьимана гьей. — Гьале дир дарман, — иланги абун, ба- изеги баана гьелъ диргун лъай-хъвай гьабизе ячӏарай ясалда.
Гьеб кинабго ракӏалде бачӏана жакъаги, Зиявдинил хӏакъалъулъ хъварал макъалаби цӏалулаго.
М. Махӏатӏовас, Зиявдинилгун гьабураб гара-чӏвариялда, гьесда гьикъулеб буго киданиги ццин бахъанищилан абун.
— Валлагь бахъарабха. Цӏакъго гьеб бахъуна жиндирго рахьдал мацӏ лъаларев магӏаруласда, — йилан жаваб кьолеб буго тохтурас.
Гьединго доб заманалъул хӏакъалъулъ бицунаго, З. Жамалудиновас абулеб буго:
— Цӏакъ бокьилаан миллатазул багъа-бачариялги партиялги цолъун, цадахъ рекъон, «Кинабго – Дагъистаналъе» абураб ахӏиялда гъоркь хӏалтӏизе лъугьине. Гьеб букӏинаан Дагъистаналъе цӏакъ пайдаяб ишлъунги. Гьеле гьелъул хӏакъалъулъ рукӏуна дир пикрабиги ва эркенаб мехалда нужехъе хъвалел макъалабазул аслияб магӏнаги, — ян.
Цӏар кьезецин лъалареб доб заманалъул карачелабаз гьелчезабулеб бугеб гӏумруялъулги ургъалида вугев магӏаруласул сипат цебе чӏезабулеб буго дица:
— Бищунго рекӏеда захӏмалъулеб буго гьаб хӏалихьатаб заманалда гӏумру гьабизе ккей. Дирго бицинароан, лъималазда гурхӏизе бачӏуна. Ццин бахъуна гьаб хӏалалде улка ккезабураздаги, гьедин лъикӏ бугин гаргадулездаги. Кколеб рагӏи бадибе абулел, битӏаралъе къимат кьолел чагӏи дагьлъулел рукӏиналъ рахӏат хвезабулеб буго.
Жегиги гӏемерал ракӏалдещвеял руго Махӏатӏовасул «Гьазул хӏакъалъулъ бицуна» абураб Зиявдин Жамалудиновасул хӏакъалъулъ хъвараб макъалаялда.
Гьаб цӏалидал, дида бичӏчӏана ин- санасул гӏумруялъул магӏна ракьалда толел лъалкӏазул гъварилъиялъулъ букӏин. Гъваридал ратана гьел Дагъ- истаналъул мустахӏикъав тохтур, республикаялъул диагностикияб централъул чӏоразулаб диагностикаялъул отделениялъул нухмалъулевлъун хӏалтӏарав Зиявдин Жамалудиновасулги. Ракьалде витӏулелъул, Тӏадегӏанас кьун букӏараб тӏадкъай тӏубазабуна гьес – гӏадамазе пайдаявлъун вукӏин.
Гьединавлъун вихьизавун вуго мустахӏикъав тохтур «Дунялалде вачӏун вукӏана гӏицӏго лъикӏлъи гьабизе» абураб жиндирго макъалаялда Хӏусен Хӏажиевасги. Гьесул макъалаялдасан бичӏчӏулеб буго Зиявдин газеталъул гьудул вукӏаравлъиги.
— Зиявудин вукӏана тӏаса «мискинав», амма жанисан кутакалда бечедав чи. Гьелда абула рухӏияб бечелъиян. Гьебги ккола жанисеб культура, рекӏелъ иман буголъи, чиясе кумек ва лъикӏлъи гьабизе бокьи. Гьеб дидаги бихьана – гьабулеб букӏараб хӏалтӏиги жибго тун, тириго, тӏаде вачӏарасул къваригӏел тӏубазе гӏедегӏулаан Зиявдин. Ишги тӏубан, тӏовитӏулаго, гьес абулаан, намуслъичӏого, бокьараб мехалъ вачӏайилан, — абун хъвалеб буго Хӏусеница жиндирго макъалаялда.
Инсул тӏалабазда рекъон тӏаса бищун буго Зиявдиница тохтурасул махщелги. Гьесул эменги тохтур вукӏиндалха. Казбек районалъул Гуни росдал чӏахӏияб гӏелалда лъикӏго лъалаан гьесул эмен Жамалудин.
Зиявдин цӏалана Махӏачхъалаялда, медучилищеялда, цинги — Ленинградалда, электротехникияб медицинаялъул техникумалда. 18 соналъ нухмалъи гьабуна республикаялъул медтехникаялъул управлениялъе, цадахъго лъугӏизабуна мединститутги. Гӏемер соназ хӏалтӏана Махӏачхъалаялъул №2 больницаялдаги рентгеналъулаб отделениялъул заведующийлъунги.
Мустахӏикъаб къимат кьуна Дагъистаналъул хӏукуматалъ хъахӏаб халгӏаталда лангалги чӏегӏерал тӏанкӏалги лъезе течӏев, тохтурасул тӏадегӏанаб цӏаралъе даим ритӏухъавлъун хутӏарав Казбек районалъул Гуни росулъа Зиявдин Жамалудиновасе: — Россиялъул ва Дагъистаналъул мустахӏикъав тохтур, СССРалъул сахлъи цӏуниялъул отличник, тӏадегӏанаб категориялъул тохтур. Гьесие щвана лъабго медаль, Дагъистаналъул Верховный Советалъул Хӏурматалъул грамота.
— Гьев дунялалде вачӏун вукӏана гӏицӏго лъикӏлъи гьабизе — гьадинал берцинал, тӏаде ракӏ цӏалел рагӏабаздалъун лъугӏизабун буго Хӏусен Хӏажиевас Зиявдини хӏакъалъулъ хъвараб макъала.
Гӏищкъу бергьаразул талихӏалъул свералаби
Гӏажаибго берцинаб асар гьабуна дие Зиявдиница бицунеб бугеб жиндирго къисматалъул талихӏалъул маргьаялъ. Унго-унгоги, хӏикматаб маргьалъун бихьана дида гьесул гӏумруялъул тарихалъул бищунго талихӏал бутӏаязул цояб. Гьеб Хӏусенихъе, макъалаялъул авторасухъе, кьун буго Хӏалиматица.
Гьалеха гьеб, дун асир гьаюраб хӏикматаб къиса:
— Гьеб букӏана 1953 сон. Доб мехалда дун хӏалтӏулев вукӏана Цӏияб Лак районалда. Гьенир рагьун рукӏана библиотекаразул лъагӏалил курсал. Гьенир цӏалулел рукӏана Казбек районалдаса кӏиго гӏолилайги. Гьезул цояй йикӏана Гереева Хӏалимат. Дирги гьелъулги тӏоцебесеб лъай-хъвай ккана гьениб. Къоабилеб соналда жанив вукӏана дун, Хӏалиматилин абуни, букӏинчӏо 17 сон гурони…
Аби буго гӏищкъу бергьарал мурадалде щолилан. Хӏалимат доб мехалъго йикӏана гӏодое йиччарай, сабурай, жиндир хьвада-чӏвадиялда, гара-чӏвариялда санагӏат-дангъва бугей яслъун. Абула, баккулаго лъалин тӏегьилан. Гьединаб адаб-хъатиралъул, намус-яхӏалъул цӏурай гӏун ячӏуней магӏарул яслъун йихьана дида Хӏалимат. Гьединлъидал дир рекӏелъ рещтӏана гьей дирго гӏумруялъул цадахъайлъун гьайизе къасд.
Гӏумруялъул хӏалбихьи бугез, гьеб лъалез абула, бицуна кинабго жо нилъер ракӏалъе бокьухъе ва нилъеца бицухъе букӏунарилан. Гьеб битӏарабги буго – жиб-жиб ишалда жаниб дандчӏвала битӏккунгутӏиги сверабиги. Амма гьединал квалквалал, ургъун, къотӏун, куцун, гӏедегӏичӏого, къезаризе ккола. Гӏадада гурелъулха абулеб гӏумру гьаби мегъ бахин гурилан. Гьединал свераби, кӏичӏаби, захӏмалъаби, хасго гӏолохъанаб мехалъ, нижедаги гӏемер дандчӏвана. Амма гьезухъ балагьичӏого, чӏухӏдаричӏого, нижеца нижерго нух тӏаса бищана. Тӏадегӏанав Аллагьас нижее кумекги гьабуна. Бищун цебе нижеца рехун течӏо исламалъул нух, Аллагьасда божи, гьабичӏо гӏадамазе хиянатлъи, цӏогь, хъамалчилъи.
Гьадин хъвана Зиявдиница. Гӏумруялъул гьудулалъул хӏакъалъулъ гьадинаб дангъваялда лъикӏав инсанас гурони хъвазеги батиларо. Буго гьаб къисаялъул хадусебги – лъималги кӏудиял гӏуна, гьезулги лъималги руго…
Гьеле гьединаб къисаги ракьалда тун, жинцаго хъизамалъул гъасда бакараб талихӏалъул цӏадул тахида Хӏалиматги тун, абадияб рокъове Зиявдин аралдаса гӏуралго сонал ана. Амма гьесул къиса зама-заманалдасан цӏилъун бачӏуна.
Пикрабаз цӏидасан Хӏалиматихъе
Дир пикрабазулъги цӏилъана Хӏалиматил сипат. Гьелдаго хьолбохъ эхетана Зиявдинги. Бокьун буго цоги нухалда гьелъухъе щвезе, гьелъул гъасда жеги цӏорочӏого ругел Зиявдинил талихӏалъул къатӏрабазул тӏинкӏиялъухъ гӏенеккизе. Тӏатӏала юссун, цӏалулеб буго гьесул хӏакъалъулъ хъварал макъалаби.
Гьабгощинаб лъикӏлъи цохӏо чиясе кисандай щвараб?! Гьадиназ ракьалда рекьун толел гӏадамазде бугеб рокьул цӏурал къатӏрабаз берцин гьабураб гъанситоялъухъ рагӏулел рукӏуна умумуз нилъее ирсалъе тарал гӏумруялъул дарсазул магӏна. Гьеб магӏна босизе лъарав ва бажарарав Зиявдин Жамалудиновасги жиндирго хасаб тарих хъвана цин хъизамалъул, хадуб – магӏарулазул, цинги – Дагъистаналъул къисаялда.
Бокьун буго гьаб гьайбатаб къиса цоги нухалда Хӏалиматил кӏалдисанги рекӏелъанги рагӏизе. Бо- кьун буго цӏидасанги гьейгун елъизе, гӏодизе. Гьелъул къисматалъул къисаялъул аслияв багьадулъун кколев Зиявдинил бицунаго, Хӏалиматил гьурмада рещтӏунеб разилъиялъухъ гӏорцӏизегӏан гьоболлъи базе…
Шамай ХЪАЗАНБИЕВА