«Щив чи вугониги ракӏ разиго, кири щвезе букӏиналда ракӏги чӏун, Аллагь разилъиялъул мурадалда къурбан хъурав, гьев чиясе гьеб жужахӏалда цебе пардавлъун чӏола». (Хӏадис бицана Гӏали-асхӏабил вас Хӏасанидасан). Къурбан байрам ккола исламалда бищунго кӏвар бугеблъун. Къурбан къоялъул адабал кинха цӏунизе кколел? Кинаб пайда нилъее гьеб суннат тӏобитӏиялдалъун щолеб? Гьелъул бициналде ракӏалде щвезабилин байрамалде хӏадурлъулаго нилъеда дандчӏвалеб Гӏарафа къоялъул ва гьелда хадусеб лъабго къоялъул хиралъиялъулги.
Гӏарафа – къо
Къуръаналда Тӏадегӏанав Аллагьас абун буго (магӏна): «Лъагӏалил 12 моцӏалда гьоркьоса ражаб, зулкъагӏида, зулхӏижа, мухӏаррам — жинда жаниб рагъ хӏарам гьабурал руго, воре, нужеца гьел моцӏазда цоцазе зулму гьабуге», — ян. Цогидал моцӏазда гьарурал мунагьазде дандеккун гьел моцӏазулъ гьарурал мунагьал цӏакъго кӏодолъула. Гьединлъидал, гьекъолди, зина, зулму, гъибат-бугьтан ва цогидалги мунагьаздаса хасго гьел моцӏазулъ рикӏкӏад чӏезе ккола.
Мухӏамад аварагас (с.гӏ.в.) абуна: «Бищунго лъикӏаблъун ккола Гӏарафа къо», — ян. Гьеб кӏодо гьа- була зулхӏижа моцӏалъул ичӏабилеб къоялъ, Къурбан байрамалда цебе, Гӏарафат магӏарда Адамги Хӏаваги дандчӏваялъул хӏурматалда.
Алжаналдаса ракьалде ритӏаралдаса гьел цоцазе рилун рукӏана. Ратӏа тӏезарун рукӏарал гьел Аллагьасе тӏагӏаталда, ракӏбухӏиялда ва тӏаса лъугьаян Бетӏергьанасда гьардолел рукӏана. Бетӏергьан гьезул гьариялъухъ гӏенеккана ва гьел дандчӏвазе гьаруна. Гьел дандчӏвана Гӏарафат мегӏералъул расалъиялда. Гьез жеги тӏадчӏун Аллагьасда жидерго мукӏурлъи бихьизабуна, тӏаса лъугьаян гьардана. Гьеб мехалда Аллагьас, къиямасеб къо тӏаде щвезегӏан, щибаб соналда Гӏарафат мегӏералде рачӏине ругел гьезул наслабазе, Жиндирго рахӏму ва тӏаса лъугьин букӏине бугеблъи лъазабуна.
Гӏарафат майданалда дугӏаби гьарулаго, Аллагьасда гьардолаго, гьарурал мунагьаздаса рекӏекълъун, Къуръан цӏалулаго, такбир бачунаго, салават битӏулаго тӏобитӏула хӏеж борхулел чанго миллион бусурбабаз гьеб баракатаб, нигӏматазул цӏураб къо.
Гьеб кколеб буго бищунго гӏемер бусурбабазул дугӏа къабул гьабулеб къо. Гьелъул хӏакъалъулъ буго Мухӏамад аварагасул (с.гӏ.в.) хӏадисги:
«Гӏарафа къоялъ гӏадин гӏемер жужахӏалъул цӏаялдаса Аллагьас Жиндирго лагъзал эркен гьарулеб цогидаб къо гьечӏо. Хӏакълъунго, гьеб къоялъ Аллагь гӏагарлъула гӏадамаздехун ва малаикзабазда цеве гьездаса чӏухӏула. Гьес гьикъула щиб гьезие бокьун бугебалиги». (Муслим, ан-Насаи)
Хӏежалде инчӏел, жидерго рокъор чӏун гӏибадаталда ругезеги рес буго Гӏарафа къоялъул баракат щвезе. Гьеб къоялъ ккураб кӏалалъул кири азарго кӏал кквеялда бащалъулин абула. Мухӏамад аварагасул лъади Гӏайшатица Масрукида абурал рагӏаби: «Я, Масрук, дуда рагӏичӏищ аварагас Гӏарафа къоялъ ккураб кӏал азарго кӏалкквеялда бащадаб бугин абулеб?» (Байгьакъи, Табарани).
Къурбан ва ташрикъалъул къоял
Нилъеда лъала Къурбан байрам зулхӏижаялъул 10 къоялда тӏобитӏулеблъи. Шафигӏиясул маз- гьабалда рекъон, къурбан хъвезе хӏалкӏолев чиясе гьеб хъвечӏого тезе карагьатаб буго. Къурбан хъвезе хӏалкӏолевлъунги рикӏкӏуна къурбан къоялъги хадусел ташрикъалъул лъабабго къоязги кваназе гӏураб жоги бугев, гьелда тӏадеги къурбаналъе хъвезе бегьулеб жо (чӏегӏерхӏайван, гӏиялъажо) босизе ресги бугев чи. Ташрикъалъул къоялин абула зулхӏижаялъул 11, 12, 13 къоязда. Ташрикъ абураб рагӏул магӏна ккола «бакъалда бан гьан бакъвазаби». Къурбаналъе хъураб боцӏул гьан хвеларедухъ бакъвазабулаан гьел къоязда.
Къурбан хъвеялъул магӏна буго Тӏадегӏанав Аллагьас нилъее боцӏудалъун кьурал чӏахӏи-чӏахӏиял нигӏматазе ва, гьединго, лъагӏалидаса тӏасияб лъагӏел бачӏиналде нилъго чӏаго теялъеги Аллагьасе щукру гьаби.
Имам ибну Хӏажар Гьайтамияс абун буго: «Тӏадегӏанав Аллагьас хӏеж борхулел зияратчагӏазда амру гьабун буго, Къурбан хъолеб къоялъ ва ташрикъалъул лъабабго къоялъ, Минаялда рукӏине, жидерго къурбаназул гьанги кванан хӏухьбахъи гьабизе. Гьеб заманаялъ гьел Аллагьасухъ гьоболлъухъ ругеблъун рикӏкӏуна. Дунялалъулго цогидал бусурбабиги гьел къоязда хӏеж борхулездаго цадахъ кӏал ккун ва цогидабги тӏагӏаталда рукӏуна. Гьелдалъун, гьел къоязда тӏагӏаталда ругел киналниги бусурбаби Аллагьас жидее кьураб нигӏмат кваналаго, ва Гьесул рахӏмуялъухъ щукру гьабулаго, Тӏадегӏанасул гьалбаллъун лъугьуна», — ян.
Ташрикъалъул къоязул гӏаламатлъун ккола киса-кибго Акбар бачунеб букӏин. «Жагьилаб заманалда къурбанал гьарулаан хъанчазе. Гьединлъидал бусурбабаз, Аллагьасул цӏар рехсолаго хъвезе ккола къурбан, гьелдалъун къурбан гӏицӏго Аллагьасе гӏоло гьабулеб жо букӏин бихьизабула», — ян хъвалеб буго имам аль-Хаттабияс. (Ибну Хӏажар «Фатх аль-Бари»)
Гӏибадаталда сордо борчӏи
Гӏарафа къо ва Къурбан байрамалъул сордо Аллагьасе гӏибадат гьабулаго борчӏизе лъикӏаб буго. Гьеб къоялъ гӏемерисел бусурбабаз азарго къулгьуги цӏалула, садакъаби гьарула. Гӏарафа къоялъ суннатаб кӏал ккурав чиясул цебесеб соналъул ва бачӏунеб соналъул кӏудиялги гьитӏиналги мунагьал чурулин абула. Амма нилъеца къварид гьарурал гӏадамазда цебе мунагь чурулеб гьечӏо, нилъеца къварид гьавурав чи тӏаса лъугьун гурони. Къурбан байрамалъул сордоялъ Тӏадегӏанас жиндирго лагъзадерил дугӏабазе жаваб кьола. Мухӏамад аварагас (с.гӏ.в.) абуна: «Кӏалбиччалеб сордоялъ ва Къурбан хъвеялъул сордоялъ тӏагӏаталда сордо борчӏарав щив чи вукӏаниги, гьесул рекӏелъе пашманлъи бачӏинаро, цогидазде бачӏаниги»
Тӏубараб сордоялъ тӏагӏат гьабизе бажарулеб гьечӏони, сардил ахирисеб лъабил бутӏаялдагӏаги гьабизе хӏаракат бахъизе лъикӏаб буго. Гьединги бажарулеб гьечӏони, боголил ва рогьалил какал жамагӏатгун мажгиталда разегӏаги хӏаракат бахъеян абула.
Сордо бащалъун хадуса гӏидалъул как базегӏан ниятги гьабун черх чуризе, рас ва малъал къунцӏун рацӏцӏалъи гьабизе лъикӏаб буго. Гӏидалъул къоялъги бацӏцӏадаб ретӏелги ретӏун, гьуинал махӏалги гьарун рукӏине лъикӏаб буго.
Адаб лъангутӏи гӏилла гуро
Бусурбанчияс мискин-пакъирзабазе кумек, рукъалъул агьлуялъе лъикӏлъи, цоцазе дугӏа-алхӏам гьабулеб къо буго Къурбан байрам. Нилъеца кинха гьеб тӏобитӏулеб? Ва кин гьеб суннат кӏодо гьабизе кколеб? Щаялиго гьеб нилъер халкъалда гьоркьоб кӏалбиччан къоялъул байрам гӏадин кӏодо гьабулеб бихьуларо. Гьеб батизе бегьула нилъер халкъалда гьоркьоб къурбаналъул гӏидалде дагьаб тӏадагьаб бербалагьи билълъанхъун букӏин. Кӏалбиччан къоялъ гӏемераб харжги тӏад хвезабун анцӏгоясда гьоркьоса цо чияс гурони кӏалдиб нигӏматги лъолареб стол къачӏала чӏухӏдаего гӏадин, къец бан цоцазе сайгъатал гьарула. Къурбан хъвеялъул суннатин абуни цо-цояз къанагӏат гурони тӏобитӏуларо. Гьединго бакъул календаралда рекъон, дунялалдаго тӏобитӏулеб ва гьитӏинаб къоялдаса нилъги жинде ругьунлъараб цӏияб соналъул байрамалда лъималазе ва гӏагарлъиялъе сайгъатал гьарула нилъеца. Щай бегьулареб хирияб къоялъ байрамги гӏуцӏун, сайгъаталги кьун, нилъерго лъимал рохизаризе?
Къурбаналъул гӏидалде шагьараздаса яги цогидаб росу-ракьалдаса умумузул росулъе хабаде зияраталъ рачӏуна нилъер гӏемерисел гӏадамал. Цо-цояз гьеб хирияб къоялъул суннаталде кӏвар кьоларо яги адаб тарал жал гьарула. Шаргӏалда бихьизабуралда тӏадеги гьеб байрам тӏобитӏиялъул щибаб росулъ ва шагьаразда батӏи-батӏияб гӏадат билълъун батула. Цо-цояз жидедаго лъалареб жо имамзабаздагӏаги цӏехечӏого, цӏиял гӏадатал рижун ратула яги жидер умумузго гьедин гьабулеб батанин абун чӏола.
Хасго гьеб бихьула гӏолохъанлъуда росу тун къватӏирехун гӏумру гьабун ругел гӏадамазул хасияталъулъ. Гьел кӏудияб ригьалъул гӏадамазда гӏидалъул адабал малъунги кидаго гуро бажарулеб. Имамзабаз бицунелъухъги гьел кидаго гуро гӏенеккулел, гьезул адаб гьабун кӏалъачӏого тани гурого. Хварал эбелинсул яги цогидаб гӏагарлъиялъул хабаде зияраталъ рачӏунел цо-цо гӏадамазул сапар гӏицӏго гьеб зияраталда бухьараб батула. Къурбанги гьезие тӏабигӏаталдеги ун гьанада кьаби букӏуна. Цояз шашликӏал гьарула, цогидаз мехтулел жал гьекъон ихтилат-кеп гьабула. Щибаб росулъ гьечӏониги, гьеб гӏадат цебегоялдаса билълъанхъунги буго цо-цо росабалъ. Хӏисаб гьабеха, къурбаналъул гьан кваназе гӏодор чӏей Аллагьасухъ гьоболлъухъ рукӏинлъун рикӏкӏунеб мехалда, нилъер цоцоязул адаб гьечӏолъи. Къурбаналъул гьанал кӏванагӏан цӏикӏкӏун садакъа гьабуни цӏикӏкӏун кири щвеялда хьулгун цо-цояз тӏабигӏаталде ун гӏагарлъи данде бакӏарараб мажлис гьабулеб буго. Аллагьасул нигӏматги кваналаго, Гьесухъ гьоболлъухъги рукӏаго рекъечӏел харбалги рицун, гӏадамаздаса гъибатги гьабун рукӏине рекъон бугодай?
П. СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА