Исана 20-абилеб нухалда Дагъистаналда тӏобитӏана халкъазда гьоркьосеб «Горцы» абураб фестиваль. Гӏицӏго фольклоралъул, миллияб ратӏлил хаслъи сценаялдаса бихьизабун гуребги, фестивалалъ жанибе бачана, гьениб гӏахьаллъулеб щибаб коллективалъ халкъияб рухӏияб ирс цӏуниялъе гьабулебщинаб хӏалтӏи рагьулел дандчӏваял, жиде-жидер ракьалъул махщелчагӏазул тӏагӏел-алатазул церелъеял, палугьабазул гьунар, циркалъул махщел ва цогидабги.
Дагъистаналъул Халкъияб творчествоялъул рукъ (РДНТ) гӏуцӏаралдаса 85 сон тӏубаялда хурхунги батила, исана гӏатӏидго тӏобитӏана фестивалалъул байрам. Къватӏисел улкабаздаса ва Россиялъул регионаздаса рачӏарал фольклоралъул коллективазул гӏахьаллъигун байрамалъул майданал рукӏана Махӏачхъала, Дербент, Гъизилюрт, Хасавюрт, Каспийск шагьаразда, Унсоколо, Кули, Гъаякент, Табасаран, Гӏахъуша, Шамил ва Мухӏарамкент районазда.
Индия, Гъиргъизия, Беларусь улкабаздаса, Россиялъул регионал: Калмыкия, Крым, Башкортостан, Ингушетия, Чачан, Марий Эл республикабаздаса, Ставрополь край, Москва, Архангельск, Ростов, Смоленск, Омск, Липецк областаздаса, Архангельск, Пермь, Новгород шагьараздаса рачӏаразги Дагъистаналъул 50-ялдасаги цӏикӏкӏун творчествоялъул коллективалъул гьунарчагӏазги бихьизабуна щибаб мухъалъул миллияб хаслъи.
Батӏи-батӏиял соназда «Горцы» фестивалалда гӏахьаллъана, гьанже Украинаялда бугеб ахӏвал-хӏалалъ нилъер улкаялъул рахъ ккуралги, гьелъул гӏаксалда — Россиялде рокьукълъи бихьизабулелги улкабаздаса маданияталъул гьунарчагӏазул 60-ялдаса цӏикӏкӏун коллективал. Гьел рукӏана Азербайжаналдаса, Индиялдаса, Казахстаналдаса, Мексикаялдаса, Словакиялдаса, Турциялдаса, Хорватиялдаса, Ираналдаса, Латвиялдаса, Таиландалдаса, Франциялдаса, Италиялдаса, Узбекистаналдаса, Тажикистаналдаса, Шри-Ланкаялдаса, Польшаялдаса, Румыниялдаса, Сербиялдаса, Чехиялдаса. Жидерго фольклоралъул коллективал нилъехъе ритӏана Донецк ва Луганск халкъиял республикабаз.
Рехсарал улкабазул цо-цо коллективал руго Дагъистаналда тӏобитӏулеб халкъазда гьоркьосеб фестивалалде чанцӏулго щваралги.
Щулалъараб пикру
Дагъистаналда Халкъияб творчествоялъул (РДНТ) хасаб идара гӏуцӏи байбихьудаго букӏана республикаялъул миллатазул гӏадат-гӏамалалъул, гьунар-махщалил хаслъи цӏуниялде буссараб. Гьеб идараялъул нухмалъуде Марита Мугадова ячӏана 1993 соналда.
Улкаялъул маданияталъул тӏалаб тӏадчагӏазда кӏочарал, культураялъул рукъзал чӏунтизе тарал гьел соназ Мугадовалъ байбихьана Дагъистаналъул миллатазул хаслъи цойиде бакӏарулеб хӏалтӏи гӏуцӏизе. Чанцӏулго хъван букӏаниги, такрар гьабунин абун зарал букӏинаро — тӏубараб Культура- ялъул министерствоялъ гьабулелдаса бетӏералъ тӏокӏаблъун, хӏажатаблъун ва берцинаблъун би- хьулаан Халкъияб творчествоялъул рукъалъул хӏаракатчилъи. Гьезул чӏаголъиялъ Дагъиста- налъул хаслъиялъул гугьар рагьана, дунялалъул батӏи-батӏиял улкабазда тӏоритӏулел гӏемерал тад- биразда. Нилъер росабалъ лъугӏун унел гӏадатал фольклоралъул коллективазул репертуаралде- ги росун, лъутӏа-къотӏун гӏуцӏана бакӏалъулал гьунарчагӏазул ансамблял, халкъияб театралъул коллективал. Гьез хӏадурана, жиде-жидер хаслъи жанибе бачарал, халкъалъе къиматаллъун лъугьарал, кигӏан кӏудияб даражаялдаги рихьизаризе бегьулел церерахъинал.
Абизе ккола, районазул фольклоралъул коллективазул хӏалтӏи цебетӏеялъеги Халкъияб творче- ствоялъул рукъалъул малъа-хъваяз квербакъулин.
Цо рахъ буго хасаб лъай щварав чи хъулухъалде тӏами, цогидаб рахъ буго гьев чиясе жиндирго махщел-иш бокьи, гьелда гъорлъе лъугьун лъазаби, балъголъаби рагьи.
«Дунялалъего рагьана гьудуллъиялъул къуват»
Халкъияб байрамлъун лъугьараб фестивалалъул къояз, Дагъистаналъул Халкъияб творчествоялъул рукъалъул директор, культураялъул министралъул заместитель, Россиялъул искусствоялъул мустахӏикъай хӏаракатчӏужу Марита Мугадовалъ абуна: «Сонисебги кӏочене течӏого, метериселде ургъун, наслабазе батуледахъ жакъ- асеб хӏалтӏи гӏуцӏи — гьеб буго Халкъияб творчествоялъул рукъалъул хӏалтӏул магӏна. «Горцы» фестиваль бижиялъул пикру, кӏудияб хӏалтӏи тӏадебоси — гьеб буго Россиялъул, дунялалъулго миллатаз жидерго умумуз нахъе тараб рухӏияб ирс цӏуни. Нижер мурад буго миллияб маданияб ирс наслабазе гьуин гьаби. Нилъ рижараб ракьалда батараб лъикӏабщиналъул къимат гьабурасул гӏумру берцинлъула, гьудул-гьалмагълъи цӏикӏкӏуна. «Горцы» фестивалалъ дунялалъе жеги гӏатӏидго рагьана миллатал гӏемераб Дагъистаналъул тӏолабго рухӏияб бечелъи, гӏасрабаз цӏунарал гӏадатал, халкъазул берцинлъи, гьудуллъиялъул къуват».
Фестиваль къалеб гала-концертги букӏана лъикӏаздаса лъикӏал коллективал цолъун, щивав гӏахьалчиясул рекӏелъ хутӏулеб хӏалалъ гӏуцӏараб. Халкъияб творчествоялъул рукъалъул юби- лейги баркун, тӏолалго гӏахьалчагӏазе баркалаги кьун, гьезул хӏалтӏул жакъасеб ва метерисеб къоялъе бугеб кӏваралъул бицун гала-концерталда кӏалъана Дагъистаналъул бетӏерасул вакил Муслим Телякавов, Халкъияб Собраниялъул рахъалдаса Камил Давдиев, Россиялъул ва Дагъистаналъул машгьурал культураялъул хъулухъчагӏи.
Жидерго умумузул рухӏияб ирс бокьулез цогидал миллатазул гӏадатазулги хӏурмат цӏунулин абула. Гьеб хасият чорхолъ бессарав чияс рес гьечӏо миллатчилъиялъул суал борхизе, жамгӏияталъе заралияб нух бищизе. Миллатазда гьоркьоб гьудуллъиялъулаб бухьен цӏикӏкӏиналъе сабаблъун бугин абизе бегьула «Горцы» фестиваль.
Улкаялъул президентас исана лъазабураб Россиялъул халкъазул искусствоялъул, рухӏияб ирсалъул соналъ тӏобитӏараб бищунго берцинаб тадбирин абизе мустахӏикъаб букӏинин ккола анлъго къоялъ нилъер республикаялда халат бахъараб гьеб байрам.
Патӏимат ГЬИТӏИНОВА