Гьал къоязда 70 сонилаб юбилей кӏодо гьабуна ДГТУялъул профессор, экономикиял гӏелмабазул доктор, Шамил районалъул Гьандихъ росулъа Мухӏамадов Арбули Гунащевичас.

Гьесул хӏакъалъулъ бицунеб рагӏун гурони, гьев живго дида лъалароан. Жеги вихьичӏев чиясулгун гара-чӏвари гьабиги бигьаяб иш гуро. Амма Арбули ватана ракӏ рагьарав, гьуинаб каламалъул, унго-унгояв магӏаруласул хасият чорхолъ бессарав инсан. Нижер ккана цӏакъ интересаб накъит, гара-чӏвари гьабуна лъимерлъиялда, студентлъиялъул заманалда, гӏелмуялда тӏасан.

Арбули Мухӏамадов ккола ДРялъул гӏелмабазул мустахӏикъав хӏаракатчи, РФялъул тӏадегӏанаб школалъул мустахӏикъав ва хӏурматияв хӏалтӏухъан. Жакъа гьес нухмалъи гьабулеб буго ДГТУялда регионалиял экономикиял масъалабазул гӏелмиябгун цӏехрехалъул институталъе.

ДГТУялда экономикаялъе ва строительствоялъегун машиностроениялъе нухмалъи гьабиялъул кафедраялдасан байбихьана гьес жиндирго хӏалтӏулаб нух. Гьебго университеталда Арбули Гунащевичас гӏуцӏана пачалихъияб ва муниципалияб управлениялъул кафедраги.

«Дир анищ букӏана ядерщиклъун вахъине»

— Арбули, кин дур, гӏадатияв росдал васасул, пикру ккараб гӏелмуялъул дунялалде лъугьине?

— Дун гьавуна рекьарухъабазул хъизамалда. Инсухъ букӏана цӏулал, ганчӏил, маххул устарасул махщел, ва гьединго гьес гьабулаан гьабигьанлъиги. Магӏарулаз абухъе, гьев вукӏана анкьгьунар. Эбелги гӏумруялъ колхозалда хӏалтӏана. Гьезул цонигиязда жакъа нилъеца хӏалтӏизабулеб алфавиталда хъвазецӏализе лъалароан. Дунгоги харадунив гьавурав чи вуго. Эбелалда лъалаан латиницаялда хъвадаризе, инсуда — гӏажам хъвай-хъвагӏай.

Анцӏабилеб классалда цӏалулеб мехалъ, дир анищ букӏана Москваялъул физикиябгун техникияб институталде цӏализе лъугьине. Бокьун букӏана ядерщиклъун вахъине. Амма экономикайилан абураб гӏелму букӏинги, щиб гьеб кколебалиги дида лъалароан.

Лъикӏал къиматазда лъугӏизабуна росдал школа ва цӏализе лъугьана ДГУялде. Гьеб лъугӏун хадув, дун тана кафедраялда. Битӏун бицани, гӏелмуялде лъугьине дида ракӏалдацин букӏинчӏо. Гьебги ккана тохлъукьего. Ункъабилеб курсалда цӏалулеб мехалъ, экзамен кьолаго, дие ункъил къимат ккезехъин букӏана. Дида абуна, щуйил лъезе бокьани, тӏаде суал кьелилан. Дица инкар гьабидал, преподавателас абуна, щибила лъалеб, мун жеги аспирантураялдеги лъугьине бегьулилан. Гьел рагӏабазулги дица санго гьабичӏо.

Щуабилеб курс лъугӏидал, дун вачана кафедраялде хӏалтӏизе. Гьебги дие бокьун гьабураб жо букӏинчӏо. Гьезие къваригӏун букӏана, нилъерго гьанир ругел ГЭСазде, 500-600 студентгун, тӏаса бищараб отрядалъул аслияв инженерлъун дун витӏизе. Гьедин тарав чи вукӏана дун конструкциялъул кафедраялда. Амма гьеб экономика щибали гъорлъе лъугьун лъалароан, киназго гӏадин, гьелъул экзамен кьун букӏин гурони.

Экономикаялъул кафедраялда вукӏарав вас армиялдеги ун, цоги чи валагьизегӏанин абун, дарсал гьоркьор къотӏичӏого рукӏине, цо чанго моцалъ хӏалтӏизе вачун вукӏана гьез дун.

Гьеле гьеб ракӏалдаго гьечӏого ккараб лъугьа-бахъин сабаблъун экономикаялъул кафедраялдеги ккун, гьениб ана дир тӏолабго гӏумру.

Лъабго соналъ хӏалтӏана ассистентлъун. Хадув ана Ленинградалде, аспирантураялде лъугьине. Тӏадги вуссун, микьго соналъ доцентлъун хӏалтӏана. Хадувги, цӏидасан докторантураялде лъу- гьине ана Ленинградалде. Лъабго соналдасан, докторлъиялъул диссертацияги цӏунун, тӏад вуссана Дагъистаналде ва, гьелдаса нахъе жакъа къоялде щвезегӏан хӏалтӏулев вуго ДГТУялда.

— Кинаб букӏараб дур профессорлъиялде нух?

— Дица 1991 соналда цӏунана докторлъиялъул диссертация. Дун вукӏана СССРалда бищун гӏолохъанав экономикиял гӏелмабазул доктор. Гьебги ккана битӏун СССР биххилалде цебе. 1991 соналъул 25 июналда цӏунана диссертация.

Кандидатлъиялъул диссертацияги хъвайги цӏуниги дие кутакалда захӏмалъана. Докторлъиялъулаб цӏунулеб мехалъ, рекӏелъ кинаб букӏаниги хӏинкъи ялъуни васвас букӏинчӏо. Дир ракӏчӏун букӏана гьеб цӏунизе кӏвеялда. Дица абулеб букӏана: «Дун гьениве, гьеб цӏунизе щваралдаса нахъе, дица бер къапичӏого цӏунизе бугин гьеб, бокьараб гьез кьураб суалалъе жавабги кьун», — илан. Амма гьеб киналъухъго дун налъулав вуго дир гӏелмияв нухмалъулев Чистов Леонид Михайловичасе. Гьес дир гӏелмияб нухалъе щулияб кьучӏ лъуна.

Кандидатлъиялъул диссертация хъвана бакӏал раялъулъ хӏалтӏул производительносталъул хӏакъалъулъ. Докторлъиялъул диссертация – бакӏал раялъе нухмалъи гьабиялъул лъикӏаб хӏасил букӏиналда тӏасан. Гьел руго цоцазда хурхарал темаби.

Кандидатлъиялъул хӏалтӏи хъвалаго гӏемер къо бихьана сахлъиялъул хӏал лъикӏ букӏинчӏолъиялда бан. Зама-заманалдасан къалахъа би бачӏунаан. Мугъзагьод жагъалаб букӏиналъ, гӏемераб мехалъ, цин хьибилса кӏалагъоркье чӏарбида вегун, цин гӏодов чӏун хъвана гьеб хӏалтӏи.

Докторлъун вахъине хӏадурлъулаго, гьединал захӏмалъаби дандчӏвачӏо. Щайин абуни, лъикӏаб хӏалбихьи щун букӏана.

— Дуе, росулъа васасе, лъилго кумекги кверчӏвайги гьечӏого захӏмат букӏинчӏищ?

— Кутакалда букӏана. Доб заманалда, нахъа кӏал кӏалъазе чи гьечӏого, аспирантураялда бакӏ щолароан. Дун аспирантураялда бакӏ тӏалаб гьабизе унеб мехалъ, поездалда рекӏине гьудулзабаз билетги босана, чвантиниб 40 гъурущги букӏана. Гьедин ана Москваялде. Лъабго къо бана Москваялъул Курский вокзалалда. Мегеж кӏкӏвазе, гурде чуризе къайи-къоно лъолеб рокъове унаан, кьижун скамейкаялдаги вукӏунаан.

— Гьанже бугеб ахӏвал-хӏалги хӏисабалде босун, жакъа мун вугеб борхалъиялде вахине кӏвелаанищ дуда гьабсагӏат цӏалулев вукӏаравани? Гьанже таманаб шагьипара ялъуни лъикӏал бухьенал къваригӏунелъулха…

— Доб мехалъ дица нахъа тараб нух, жакъа анцӏго нухалъ бигьагоги хехгоги толаан дица.

Дир нухмалъиялда гъоркь ичӏго чияс цӏунана докторлъиялъул диссертация, 52-ял рахъана гӏелмабазул кандидаталлъун. Дида лъала кин гьел кандидаталлъунги доктораллъунги рахъаралали. Гьанже гьеб захӏматаб жо гуро. Узухъда, гьел хӏакъикъиял гӏалимзабилъун рахъунаро, амма кандидаталлъунги доктораллъунги рахъине щибго захӏмалъи гьечӏин тола дица.

Ритӏухълъи цӏунизе хӏаракат бахъана

— Мугӏалим хӏисабалда студентаз мун цӏакъ веццулев рагӏана. Студентаздехун кинавлъун вукӏине дуца хӏаракат бахъулеб?

— Ритӏухъавлъун. Дун цӏалулеб мехалъ, нижеда гъорлъги рукӏана лъайхъваязул кумекалдалъун церехун унел васал-ясал. Гьединал жал дида цӏакъ хъинтӏулаан ва квеш букӏунаан. Къоги бихьун, гӏетӏги тӏун, макьугун квенги тун дун цӏалулеб мехалъ, гьедин бигьаго гьел цоял цере щай ине кколебин абун ракӏалдеги кколаан. Цебе заманалда гьединал гӏемер рукӏинчӏониги.

Гьединлъидал, дица гьеб мехалъго дидаго цебе студентаздехун кидаго ритӏухъавлъун вукӏине кколин абураб масъала лъуна. Цо-цо мехалъ кьварун, хъачӏгоги кӏалъан ватила, амма кидаго вукӏана ритӏухъавлъун. Цӏализе хӏаракатгӏаги бахъулел студентазе дица бажарараб кумекги гьабула.

— Цӏалуларел, кӏвахӏалал студентал рукӏуна гӏемер. Гьединаздехун кинаб бербалагьи дур букӏунеб?

— Цӏалуларел студенталги рукӏуна батӏи-батӏиял: цо тайпа — лъайхъваяздеги нахъа мугъчӏвазе ругел чагӏаздеги ракӏ чӏарал, нич гьечӏел, цогидал — жидеего бетӏербахъи гьабизе букӏине къасиги къадги хӏалтӏулел рукӏиналъ цӏалдезе заман гӏоларел ва лъабабилел — жидер рижиго кӏвахӏалаб бугел. Гьездехун дир букӏуна мустахӏикъаб бербалагьи. Рукӏуна, кигӏан хӏаракат бахъаниги, жидехъа бажаруларелги. Дица гьединазеги кидаго кумек гьабула. Кумек гьарун вачӏарав чи киданиги нахъчӏваларо.

— Дур студентаздаги аспирантаздаги гьоркьоса машгьурал гӏадамал рахъанищ?

— Дир тӏоцевесев аспирант-докторант ккола Сагӏид Амиров. Дир нухмалъиялда гъоркь премьераллъун ругеб мехалда диссертация цӏунана Атай Гӏалиевас, Рамзан Къадировас. Гьединго, гьезда гьоркьор рукӏана Дагъистаналдаса ва Чачаналдаса министрал, «Газпромалъул» ва «Русгидроялъул» генералиял директорал ва цогидалги пачалихъиял идарабазда хӏалтӏулел хӏакимзаби. Гьезул цо-цоял кӏудиял гӏалимзаби рахъун ратиларо, амма жидеего щвараб цӏаралде данде кколеб лъайги гӏакълуги гьезулъ букӏана.

-Щай жакъа, лъикӏаб лъай кьезе колледжалги институталги ругеб мехалъ, лъикӏал бакӏал ралел гьечӏин абулеб гӏадамаз? Цебе, цӏала-къали гьабизе рес гьечӏониги, сугъулдерил, ругъеждерил, тӏелкьадерил къадахъабазул цӏар букӏунаан…

— Вузалъ къадахъаби гуро хӏадур гьарулел, инженерал гьарула. Амма гьеб суалалъе дица гьадинаб жаваб гьабила. Дол цере, дун цӏалулеб мехалъ рукӏарал гӏадал унго-унгоял мугӏалимзаби гьечӏо жакъа. Хӏатта, дир гӏелалъул преподавателалгицин гӏемерисел вузаздаса нахъе ана. Кӏиабилеб иргаялда, гӏолохъабазул гьеб ишалъе цӏалиялде гъира базабулеб жо гьечӏо щибниги. Цӏалиялъ щиб кьолеб бугеб гьезие? Щугоанлъго соналъ цӏалиги гьабун, кодоб дипломги ккун хӏалтӏи балагьулел хутӏун руго. Доб заманаялъ цӏализе гъирагӏаги букӏана. Щайин абуни, лъикӏ цӏаларал чагӏазе лъикӏаб бакӏалда хъулухъ щолеблъи лъалаан. Гьанже лъикӏаб бакӏалда хӏалтӏи щолеб буго гьениб лъай-хъвай ялъуни гӏарац бугони. Гьединлъидал гӏолилазул цӏалуде абизегӏанасеб гъира гьечӏо.

«Гӏадамазе кумек гьабизе щвей — кӏудияб талихӏ»

— Дида рагӏана, кинаб кумек хӏажалъаниги росуцоялги, гьудул-гьалмагъзабиги, лъале-хъвалелги духъе рортулин. Гьеб дуца талихӏлъунищ рикӏкӏунеб ялъуни гьелъул квалквалищ букӏунеб?

— Гьеб буго кӏудияб талихӏ, Бетӏергьанас кьураб рес. Аллагьас инсанасе, гьесул хӏалбихьизе букӏине, батӏи-батӏиял ресал кьола. Кьураб ресалдаса пайдаги босун халкъалъе пайдаявлъун вукӏунев чиясда аскӏоб кидаго баракат-рахӏматги букӏунин, гьев Аллагьас цӏунизеги цӏунулин рикӏкӏуна дица. Гӏадамазе кумек гьабизе щвараб мехалъ дидаса вохарав чи вукӏунев ватиларо.

— «Гӏелму» абураб рагӏиялъе кинаб баян кьелеб дуца?

— Гӏелму ккола кидаго ва кирго лъай тӏалаб гьабулел рукӏин. Хӏадис буго, мун гӏелму цӏехезе айила, ине ккани, Китаялъул щулалъабазде нахъе щвезегӏангицин. Щаяли, гӏемерисезда ккола «гӏелму» абураб рагӏи гӏицӏго исламияб диналъул гӏелмуялда абулеб жо бугин. Гьединабго хӏадис буго, Аллагьасда божуларев, амма гӏелмуялда хадув лъугьарав чи цеве вукӏунила, Аллагьасда божулев жагьиласдасайин абураб. Бусурбанчиясда тӏадаб буго гӏелму цӏехезе. Китаялъул щулалъабазда нахъаги рукӏана астрономия, физика, химия, медицина ва гь. ц. Бокьараб гӏелмуялда хадув унаго, гьеб лъазабулаго хварав чи гъазичилъун холинги абула?

— Арбули Гунащевич, нахъа тараб хӏалтӏул ва гӏумрудул нухлуе кинаб къимат кьелеб дуцаго?

— Дица дирго гӏумруялъе лъела «ункъил» къимат. Гӏемераб заман чӏалгӏадего гьоркьоб ана дир щибго пайда гьечӏел гӏадамалгун. Гьелда ракӏ бухӏун вукӏуна. Гьеб заманалда жанибги чанги пайдаяб жо гьабизе рес букӏана.

Гара-чӏвари гьабуна Мухӏамад МАНАПОВАС