Шамил районалъул Хӏебда росдал Культураялъул кӏалгӏаялъуб тӏобитӏана жамгӏиявгун политикияв хӏаракатчи, самбоялъул ва эркенаб гугариялъул рахъаз СССРалъул чемпион, ДГУялъул профессор Суракъат Асиятилов гьавуралдаса 90 сон тӏубаялъул тадбир.
Гьелда гӏахьаллъана ДРялъул Халкъияб Собраниялъул председатель З. Аскендеров, гьесул заместитель С.-А. Ахӏмадов, депутатал М. Мухӏамадов, М. Патхӏулаев, М. Пайзулаев, К. Давдиев, тӏабигӏиял сурсатазул ва экологиялъул рахъалъ министр И. Ибрагьимов, спорталъ- ул министрасул заместитель Хӏ. Хӏайдарбегов, Олимпиялъул хӏаязул призер М. Гӏарацилов, туризмалъул ва халкъиял художествиял махщелазул министрасул заместитель Гӏ. Мухӏамадов, автовокзалалъул генералияв директор С. Сагӏидов, профессор Хӏ. Хӏасанов, ДГУялъул Дагъистаналъул тарихалъул кафедраялъул заведующий Гӏ. Гӏумаров, Буйнакск шагьаралъул бетӏер И. Нургьудаев, Махӏачхъала шагьаралъул Ленинский районалъул бетӏер М. Алхасов, Унсоколо районалъул бетӏер Гӏ. Нурмухӏамадов, Хьаргаби районалъул бетӏер М. Тӏагьиров, муфтиясул тӏоцевесев заместитель М. Сагӏадуев, халкъиял шагӏирзаби М. Ахӏмадов, М. Хӏамзаев, Суракъатил вац, профессор Гӏ. Асиятилов, ФОМСалъул председателасул заместитель М. Ахӏмадов, Жамгӏияб палатаялъул председатель Гӏ. Ибрагьимов, Рохьил магӏишаталъул комитеталъул председатель В. Гӏабдулхӏамидов, Танкаевасул цӏаралда бугеб фондалъул председатель Хӏ. Гӏабдулжалилов, тарихчагӏи, гӏалимзаби, Суракъатил гьудул-гьалмагъзаби, ракьцоял, гӏагарал чагӏи.
Тадбир рагьулаго районалъул бетӏер Мухӏамад Хӏасановас абуна:
— Жакъа нилъ данделъун руго Суракъат ракӏалде щвезавиялъул тадбиралде, гьес гьарурал лъикӏал ишазул бицине. Киназдаго Суракъат лъалаан гӏалимчи-тарихчи, хӏалбихьи бугев педагог, цӏар рагӏарав гугарухъан, политикияв ва жамгӏияв хӏаракатчи хӏисабалда. Халкъияб Собраниялъул депутатлъун вукӏарав Суракъатихъе, батӏи-батӏияб кумек гьарун, рачӏунаан киналго милла- талъул гӏадамал, гьезда лъалаан гьев киназего кумек гьабизе хӏадурав вукӏунеблъи. «Гидатль — талисман мой, совесть моя» абураб жиндирго тӏехьалда гьес хъвалеб буго: «Россия ккола Евроазиалъулаб улка ва гьелъул букӏине ккола жиндирго хасаб нух. Нилъер буго гӏумруялде батӏияб бербалагьи ва батӏияб куцалда сверухъ бугеб дунял бичӏчӏи, гӏумру гӏуцӏулеб къагӏида, батӏияб яхӏ-намус ва психология».
Суракъатил хӏакъалъулъ бихьизабураб видеофильмалъ киназего кӏудияб асарги гьабуна.
Суракъатил хӏакъалъулъ бицун кӏалъараз бицана гьесул гӏаданлъиялъул ва яхӏ-намусалъул хӏакъалъулъ.
ДРялъул Халкъияб Собраниялъул председатель Заур Аскендеров:
— Дие цӏакъ кӏудияб асар гьабуна гьаб фильмалъ. Чара гьечӏого гьеб бихьизабизе ккола миллияб телевидениялдасан. Гьайгьай, гьеб букӏина жакъасел ва хадусел наслабазе лъикӏаб мисаллъун. Дун тамашалъизавуна Суракъатил ишазул кӏодолъиялъ. Гьес тӏолабго гӏумру къурбан гьабуна халкъалъе хъулухъ гьабиялъе. Гьес гъваридаб лъалкӏ тана Дагъистаналъул тарихалда. Суракъат щуго нухалда вищана пачалихъалъул законал рахъулеб идараялде, 16 соналъ нухмалъи гьабуна Халкъияб Собраниялъул комитеталъе. Гьесул нухмалъиялда гъоркь къабул гьаруна «Закон о свободе совести и вероисповедания и религиозных организаций» ва «Закон о запрете вахабитской деятельности…» гӏадал законал. Гьесул бажариялдалъун Дагъистаналъул байрахъалда тӏад гьабуна гӏурччинаб мухъ, квербакъана школал, больницаби рагьиялъе, росабалъе лъим ва газ бачиналъе.
Спорталъул ва физкультураялъул министрасул заместитель Хӏайдарбег Хӏайдарбегов:
— Суракъат ккола Дагъистаналда тӏоцеве СССРалъул чемпионлъун вахъарав чи. Гьесул хӏурматалда нижер министерствоялъ тӏоритӏула турнирал ва чемпионатал. Дун вохаравги чӏухӏаравги вуго гьев лъалев вукӏиналдаса. Ниж-спортсменал чӏухӏула Суракъатидаса.
ДГУялъул «Дагъистаналъул тарих» кафедраялъул заведующий, профессор Гӏабдулкъадир Гӏумаров:
— Суракъат вукӏана нижер кафедраялъул цевехъан ва ниж битӏараб нухде ккезавулев гӏакъил. Гье- сул гӏелмиял цӏех-рехал рукӏана магӏарул халкъалъул культураялъул ва рукӏа-рахъиналъул хаслъабазул ва тӏокӏлъабазул бицунел.
Жакъа школазда цӏакъ хашго гурони лъазабулебго гьечӏо Дагъистаналъул тарих. Суракъат чӏаго вукӏаравани, гьес квербакъилаан гьеб гъалатӏ битӏизабиялъе. Суракъат живго ккола Дагъистаналъул спорталъул, лъай кьеялъул, гӏелмуялъул ва тарихалъул кӏудияб бутӏа.
Хъвадарухъабазул союзалъул председатель Мухӏамад Ахӏмадов:
— Суракъат вукӏана магӏаруллъиги, Дагъистанги, нилъер мугӏрулги, гӏоралги, нилъер кӏодолъиги, борхалъиги жанибе бачарав инсан. Гьев вукӏана яхӏ-намусалъул асир. Гьесие къимат кьолаго, Расул Хӏамзатовас абуна: «Суракъат — это особая статья конституции горцев в Дагестане», — ян. Суракъатил гӏакъилал ва гӏужилал рагӏаби кицабазде ва абиязде руссунаан. Суракъат камуна магӏарулазе, Дагъистаналъе, Россиялъе, гьечӏо гьев хисизе, гьесул борхалъиялде вахине бажарулев чи.
Халкъияв шагӏир Мухӏамад Хӏамзаев:
— Цо кинабалиго разилъигун, Суракъатица абулаан: «Я уполномоченный посол горцев в Махачкале», — ян
1990 соналда Суракъат вукӏана исламияб партиялъул нухмалъулевлъун, дун – «Ас-салам» газеталъул редактор. Цо нухалъ нижеца къотӏи гьабуна цо суал тӏубазе цадахъ издательствоялде ине. Махӏачхъалаялъул майданалда данделъарал нижеда аскӏое ячӏана цо гӏадан. Гӏайиб гьечӏого туснахъ гьавурав жиндир вас къватӏиве виччазавизе кумек гьабеян гьарана гьелъ Суракъатида. Гьес дида абуна метер рилълъинила издательствоялде, жакъа жинца гьай гӏаданалъул мурад тӏубазе кколин. Нахъисеб къоялъ дица гьесда гьикъана дой гӏадан киса-щий, долъул мурад тӏубарабищилан. «Цо кӏудияб гӏайибго гьечӏого жанив тӏамун ватана долъул вас, къватӏие виччазавуна. Дун цӏехон, кумек гьарун ячӏарай гӏаданалда киса-щиян гьикъизе рекъараб букӏунаро», — ян абуна гьес. Жакъа рукӏунищ гьединал чагӏи?! Гьедин, лъалелги лъаларелги чагӏазе кумекалъе вахъун чӏарав чи вукӏана мунагьал чурад.
Муфтиясул тӏоцевесев заместитель Мухӏамадрасул Сагӏадуев:
— Хӏакъикъияв бусурбанчи ва Дагъистаналъул исламияб партиялъул нухмалъулев хӏисабалда, Суракъат-хӏажил битӏахъегояб кверчӏваялдалъун республикаялда рагьана тӏоцересел мадрасаби, кьуна мажгитал раялъе ракьал.
Дица абила, Суракъат-хӏажил гӏумруялъул нухалъул бицунеб фильм чара гьечӏо депутатазда би- хьизабизе кколин. Гьеб букӏина нилъер депутатазе «халкъалъул вакил» абураб борхатаб цӏаралъе мустахӏикълъизе ккани, хӏалтӏизе кколеб куц малъулеб унго-унголъунги къиматаб дарс.
Суракъат-хӏажие хӏажат гьечӏо гьадинал юбилеял, нилъее къваригӏун руго гьединал чагӏазул мисалал.
Жамгӏияб палатаялъул председатель Гӏадулмуъмин Ибрагьимов:
— Гьайгьай, дагъистаниязе камуна халкъияв депутат Суракъат Асиятилов, амма гьев гьайбатав инсанасул спортивиял ва гӏелмиял бергьенлъаби, гьес нилъее сайгъат гьабураб къимат тӏокӏаб ирс-тӏахьал ва макъалаби даималъго нилъгун хутӏила.
Медицинаялъул гӏелмабазул доктор, профессор Гӏабудало Асиятиловас жиндирго ва гӏагарлъиялъул рахъалдасан баркала кьуна Суракъат ракӏалде щвезавун абурал лъикӏал рагӏабазухъ ва гьесул гӏумруялъе кьураб къиматалъухъ.
Суракъат вукӏана гьалбал хирияв ва гьезие хӏурмат гьабизе бокьулев чи. Гьебги хӏисабалде босун, Гьолокь росдада нахъа хӏоралда аскӏоб бугеб рафтингалъул базаялда бечедаб тепсиялда нахъа тӏобитӏана хӏурматиял гьалбадерие нухбитӏиялъул тадбирги. Гьенирги ракӏалде щвезаруна Суракъатица гьарурал лъикӏал ишал, гьарана гьесие алжан насиблъагиян.
Нури НУРИЕВ