Москваялдасаги СКФОялдасаги эксперталги ахӏун, Махӏачхъалаялда тӏобитӏана экономикияб форум.

Гьез гӏиси-бикъинаб даран-базаралъул чагӏаздаги, банказул ва цогидал гӏуцӏабазул хӏалтӏухъабаздаги малъулеб букӏана кризисалъулгун санкциязул кӏичӏикьа рорчӏиялъе кинал нухал ругелали. Гьанже долларалъул багьаги гӏодобе ккун, къватӏисел пачалихъазде бичулеб къайиги мукъсанлъун буго.

«АскорАгроТрейд» компаниялъул нухмалъулесул заместитель Шамил Сайпулаевас форумалда бицана ахираб заманалда хираго чӏолеб бугин гӏорхъи тун къватӏибе къайи битӏиги, Турциялдегун Китаялде битӏулеб продукциялъе сертификация щвейги. Масала, цо нигӏматалъе сертификация щвезе ккани, цо-цо хӏакимзабаз хадуб бехъерхъизабун хӏалтӏигун, бащдаб лъагӏалицаниги балагьун чӏезе кколел ругин гьел. Гьеб заводалда абуни къватӏибе биччалеб буго нусгогӏан батӏияб къайи.

Гьел хӏужабазда бан чӏванкъотӏараб жаваб кьечӏо экспертаз.

Форум лъугӏун хадуб жидерго заводалъул хӏакъалъулъ «Хӏакъикъат» газеталъе гьадин бицана Ш. Сайпулаевас: «Нижер заводалда буго 300-ялдаса цӏикӏкӏун чиясе хӏалтӏизе бакӏ. Гьез хӏадурараб продукция битӏула 40-ниги улкаялде. Гьел ккола батӏи-батӏиял хӏайваназе кьолел витаминал, хасаб цӏам, премиксал ва цогидаб. Гьелда цадахъго нижеца Буйнакскиялда чӏана жуламалъул гъутӏби (Россиялдаго бищунго кӏудияб ах лъугьуна гьелъул). Экспорталъе квербакъизелъун гӏуцӏараб ДРялъул комитеталъул рахъалдаса щола нижее кумек. Амма банказулги цогидал гӏуцӏабазулги рахъалдаса нижеда кверчӏавалеб букӏин жеги бихьулеб гьечӏо. Руго нижехъа ришватал къваригӏарал чагӏиги. Амма кигӏан квалквалал гьаризеян цо-цо чагӏи лъугьаниги, нижеца хӏаракат бахъула нижерго хӏалтӏи цебе бачине».

Гьеб форумалда бицен ккана туризм цебетӏезабиялъе ругел ресазда тӏасанги. Нилъер республикаялдаги байбихьун буго гӏадамаз жидерго минаби туристазухъе кьезе. Амма гӏемерисел бакӏазда гӏунгутӏаби загьирлъулел руго лъелги, нухазулги, канализациялъулги, цогидалъулги рахъалъ.

Гьединал мурадазе пачалихъалъ субсидиял кьунгутӏиялъул суал борхана гьениб лъабго батӏияб гӏуцӏиялъе бухгалтерлъи гьабулей Гъуниса Аминат Султановалъ.

«Туристал рещтӏунел рукъзал руго магӏарухъ. Амма гьенире гьечӏо санагӏатал нухал, лъим, токги нижецаго кваралги цӏан бачуна. Гьеб рахъалъ нужеца щиб кумек нижее гьабизе бугеб?» — ин суал лъуна Аминатица.

Экспертазул цоялъ жаваб кьуна гьединал гӏунгутӏаби Дагъистаналда гурелги, цогидал субъектаздаги ругилан. Нилъеда жеги лъалеб гьечӏила бизнес гьабизеги, юридикиял рахъалъ рекъезаризеги, нилъерго ихтиярал цӏунизеги. Лъимги квегӏенал нухалги гьечӏинги абун, парахаталда чӏолел ругила гӏемерисел, тӏадал идарабаздаса гьелги тӏалаб гьаричӏого.

Хадубго Аминатица абуна: «Гъуниб районалда ункъо бакӏ буго туристазда гьоркьоб машгьураб – Сулдерил чвахи (хӏинкъигьечӏолъи чӏезабиялъул мурадалда цо-цо бакӏал къачӏан рахъинегӏан гьенибе нух къана дагьалъ цебегӏан), Къородисезул Бецӏкъварилъи (чвахунцӏадал рани, жаниб цӏола гьеб; гьенирги гьечӏо цӏунакъаялъул къагӏидаби; туристазул транспорт чӏезе бакӏги). Гьединго Чӏохъ ва Гъамсукь ккола туристал гӏемер хьвадулел бакӏал. Гьенибги гьечӏо букӏине кколеб сервис.

Нилъер гьанир гӏемер руго гьунарги бажариги бугел гӏадамал, амма лъай хӏажат буго гьезие. Гьединлъидал нижее къваригӏун буго туризмалъул рахъалъ бечедаб хӏалбихьи бугел чӏахӏиял регионазул кумек».

Ритӏарал суалал цере лъолел ругин Аминатицаян абуна гьениб Экономикаялъулгун территориязул цебетӏеялъул рахъалъ министерствоялъул вакил Мадина Каибовалъ. Гьединго гьелъ баян гьабуна инфраструктура цебетӏезабизе рес бугила дагьалъ цебе нилъер республикаялъе щвараб бюджеталъулгун инфраструктураялъул кредиталъул кумекалдалъун (10 млрд гъурущ). Амма гьеб гӏарац щвезе бокьун батани, муниципалитетазги битӏун цӏезаризе ва заманалда хӏадуризеги кколила документал.

З. ХӏАЖИЕВА