5 июлалда, цӏаги ккун, бухӏана Шамил районалъул Гъогъолъ росдал мажгитги аскӏобго цун букӏараб мадрасаги. Цӏаялъ зарал гьабуна гьениб гӏагарда букӏараб мина-рукъалъеги. Талихӏалъ, гӏадан-чиясе зарал ккечӏо.

Амма эхетерал къадал хутӏизегӏан рас течӏого бухӏана мажгитги мадрасаги. Тӏарикъаталъул устар, Гӏуриса Хӏусенил Мухӏамад-афанди (къ.с) Гъогъолъ гӏумру гьабун вугеб заманалда гьес чанги жаниб какги бараб росдал некӏсияб мажгит букӏана гьеб. 20-ялдасаги цӏикӏкӏун соналъ цебе, росдал жамагӏатчи, мунагьал чураяв Гӏабдулкъадирил Ахӏмадил хӏаракаталдалъун цӏигьабун къачӏанги букӏана. Гьесулго хӏаракаталдалъун бан букӏана чанго соналъ цебе мадрасаги. Шамил районалъул Гӏасаб росулъ бугеб исламияб институталъул филиал кколаан гьеб.

Тохлъукьего рекӏараб цӏа свинабизе Гъогъолъ росдал жамгӏаталъе кумекалъе сверухъ ругел росабалъа гӏемерал чагӏиги рачӏана. Гьезие киназего, газета гьоркьоб ккун, жидер жамагӏаталъул рахъалдаса баркала загьир гьабеян кӏалъан вачӏана редакциялде Гъогъолъа Дибиров Гӏабдурахӏим.

— Мадугьалихъ ругел Гьонодаса, Гьолокьа, Тӏелекьа рачӏана цӏакъ гӏемерал чагӏи. Нижерго районалъул киналго росабалъаги гьаниве вачӏинчӏев чиго хутӏун ватиларо. Гьединго нижее хӏалае тӏаде щвана Хунзахъ ва Лъаратӏа районазул цӏа свинабулеб хъулухъалъул хӏалтӏухъаби. Цӏакъ кӏудияб хӏаракат бахъана гьез ва кумекалъе ахӏуд рахъун рачӏараз.

Гьезие киназего баркала кьезе бокьун буго. Нижер гьанибе чӏараб хӏетӏеги, кумекалъе бе- гьараб кверги ахираталъул рокъоб бищун хӏажатаб бакӏалда хӏалае батизе кирилъун хъваги. Нижгӏанги Аллагьги аварагги разилъаги гьездаса. Жакъа нижер росулъе ракӏалдаго гьечӏого гӏадин бачӏараб нагагьаб балагьалдаса цӏунун хутӏаги нилъ киналго, — ян гьара-рахьи гьабулеб буго гъагъадерил жамагӏаталъ.

А. ЮСУПОВ