Май моцӏалдаса нахъе ресукъ- ал хъизамазе кумекалъе цӏиял пособиял кьезе байбихьана. Микьго сон баралдаса 17 сон тӏубазегӏан лъималазе пособие кьола Пенсиязул фондалъ. Пособиялъе гӏарзал къабул гьаризе байбихьарал тӏоцересел къояздаго Дагъистаналъул Пенсиязул фондалде бачӏун букӏана 72000 гӏарза. Гьезда гьоркьоса цо-цоязе инкарги гьабуна. Цо-цояз абулеб буго, халцин гьабичӏого, кӏиабилеблъабабилеб къоялъ, инкар гьабураб кагъат бачӏунеб бугин абун.
— Дица битӏараб гӏарзаялъе лъабабилеб къоялдаго жаваб бачӏана: «Нужер хъизамале харж яги кинаб букӏаниги ишалдаса хайир бачӏунеб гьечӏо», — ян абун, хӏатта хъизамалъул вакилзаби официалияб къагӏидаялъ хӏалтӏулел ругониги. Нижер хъизамалда буго лъабго лъимер, бищун кӏудияй яс студентка ккола.
Рос хӏалтӏулев гьечӏо. Гӏемерал лъималазул хъизам хӏисабалда, эбел-инсул цоял хӏалтӏулел гьечӏониги кьезе кколаан пособие. Щаялиго инкар гьабуна. Кӏиабилеб нухалдаги хъвана гӏарза ва кӏиабилеб къоялъго инкар гьабураб кагъат бачӏана. Лъабабилеб нухалдаги гьебго жо ккана. Халго гьабичӏогодай гьез инкар гьабулеб бугеб? — абун хъвалеб буго Махӏачхъалаялдаса Барият Муртазагӏалиевалъ.
— 8-16 сон барал лъималазе пособие щвеялъе дица гӏарза хъван букӏана май моцӏалдаго. Кӏиго анкьидасан инкар гьабун бачӏана нужер хъизамалъул вакилзабазе харж яги хайир бачӏунеб гьечӏинги абун. Дун, официалияб къагӏидаялъ, харж бачӏунеб хӏалтӏуда йиго, нижер лъабго лъимерги буго. Лъимадул инсуе харж бачӏунеб гьечӏониги, гӏемерал лъимал рукӏин гӏиллалъунги босун, къабул гьабизе кколаан гӏарза. Гьелдаса хадуб цоги нухалъги кьуна гӏарза ва гьеб ну- халдаги инкар гьабуна. Инкар гьабиялъе гӏиллалъун бихьизабун буго нижер гӏарза цебеккунго къабул гьабун букӏанин абураб. Гьелъул магӏнаги бичӏчӏичӏого, дун ана Пенсиязул фондалъул Гъизилюрталда бугеб отделениялде. Гьезги абуна дир гӏарза къабул гьабун бугин абун. Анкьидасан апрель ва май моцӏазул гӏарацги бачӏана, — ян бицана Гъизилюрт шагьаралдаса Патӏимат Мухӏамадовалъ.
8-16 сон барал лъималазе пособиялъе Госуслуги порталалдасан инкар гьабун бачӏараз, цӏидасанги хъвалеб буго гӏарза. Дагъистаналъул Пенсиязул фондалъ СМИяздаса хитӏаб гьабулеб буго инкар бачӏанщинахъе гьоркьоса къотӏичӏого цӏиял гӏарзал ритӏугеян.
«Цӏидаса ритӏулел гӏарзаз кколелдаса цӏикӏкӏун хӏалтӏи тӏаде кколеб буго системаялде, гьелъ гъалатӏалги ккезарулел руго ва хӏалтӏиги халат бахъинабулеб буго. Нагагь нужер гӏарза мекъи нахъчӏван батани, Пенсиязул фондалъул электронияб почалде хитӏаб гьабизе бегьула. Фондалъ нужер хитӏабалъул хал гьабула ва инкар щай гьабун бугебали гӏилла цӏехола. Цинги, къокъабго заманалда жаниб нужее жавабги кьола. 8-16 сон баразе щолел пособиязул рахъалъ суалал хехго тӏуразе бокьараз хъвазе бегьула [email protected] электронияб почалде.
Хитӏаб битӏулелъул нужерго телефоналъул номерги цӏарги битӏун хъвазе ккола ва бихьизабе сундаса рази гьечӏелали», — ян хъвалеб буго ДРялда бугеб Пенсиязул фондалъул отделениялъ.
Гӏемерисеб мехалда пособиял кьезе инкар гьабула гӏарза цӏолаго риччарал гъалатӏал сабаблъун.
Гьединлъидал пособиял кьеян гӏарза хъвалелъул дандчӏвалел ричӏчӏуларел цо-цо суалазе баян кьуна экономист Луиза Мурадбеговалъ.
— Гӏемерал лъимал ругеб хъизамалъул цоязе (эбелалъе, инсуе, яги 18-23 сон базегӏан вузазда цӏалулел лъималазе) пособие кьезе инкар гьабулищ?
— Пособие щвеялъе кьурал гӏарзазул хал гьабулелъул, киналго документал хӏисабалде росула. Хъизамалда гӏемерал лъимал (лъабго ва цӏикӏкӏун) ругин абун гӏарзаялда хъвараб гӏоларо. Гьеб хъизамалъул букӏине ккола гӏемерал лъимал ругин абураб статус бихьизабураб документги. Пенсиязул фондалъ гьеб документ тӏалаб гьабула соцзащитаялдаса. Нагагь документ цебеккунго гьабун букӏун батичӏони, пособие щвеялъе хъвараб гӏарза нахъчӏвазе бегьула.
Гьеб хъизамалда очно цӏалулел 23 сон бачӏел ва ригьин гьабичӏел лъимал ратани, гьезулги официалияб доход яги кӏвар бугеб гӏилла букӏине ккола. Гьезие стипендия бачӏунеб бугони, гьебги рикӏкӏуна хъизамалъе щолеб хайирлъун. Стипендия щолеб батичӏониги, пособие щвеялъе щибгӏаги квалквал кколаро.
— Хӏалтӏудаса нахъе къотӏарав чиясе цӏияб хӏалтӏи щолеб гьечӏони, гьесул 8-16 сон барал лъималазе пособие кьолищ?
— Хъизамалъул цоял, ай эбел яги эмен 2022 соналъул тӏоцебесеб марталдаса нахъе хӏалтӏудаса рехун ратани ва гьебго заманалда хӏалтӏи гьечӏевлъун ЦЗНялда хъвай-хъвагӏайги гьабун батани, гьезул лъималазе пособие кьола. Гьезие цебеккун бачӏунеб букӏараб харж яги хайир рикӏкӏунаро. Амма гьезул лъималазе пособие анлъго моцӏалъ гурони кьоларо. Анлъго моцӏил болжалалда жаниб гурони гьев хӏалтӏудалъун хьезариялъул централъ къабул гьавуларелъул. Хӏалтӏудаса махӏрумлъарав чи цӏияб хӏалтӏи щвезегӏан, пачалихъалъ анлъго моцӏалъ хьихьула.
— Пособие щолеб лъимадул эбелалъеги инсуеги кӏиязего цадахъ харж бачӏунеб гьечӏони, гьел кӏиязго кӏвар бугеб гӏиллаялдаса пайда босизе бегьулищ?
— Масала, гьелъул эбел лъимаде йигони (12 анкьидаса цӏикӏкӏун), 80 ва тӏаде сонал рарай кӏодое яги цогидал харабазе инсуца хъулухъ гьабулеб бугин абун хъвай-хъвагӏай гьабун батани, пособие щола. Кӏиязулго гӏиллаби кӏвар бугеллъун рикӏкӏуна.
— Кӏвар бугел гӏиллабиги гьечӏони, лъагӏалида жаниб чан моцӏалъ официалияб хӏалтӏуда рукӏине кколел пособие щвезе ккани?
— Гӏарза хъвалесул доходазул хал гьабулелъул хӏисабалде босула — гӏарза хъвалелде ункъо моцӏалъ цебеккун букӏараб лъагӏалил харж. Хӏисаб гьабулеб соналда цохӏо моцӏалъгӏаги официалияб къагӏидаялъ хӏалтӏулевги вукӏун, хадув хӏалтӏудаса рехарав чиясеги пособие кьезе инкар гьабуларо. Гьеб лъагӏалида жаниб харж яги хайир щунгутӏиялъе гӏиллабиги къваригӏунаро.
— Лъимаде йигей эбелалъул харж яги хайир гьечӏолъи кӏвар бугеб гӏиллалъун кидаялдаса нахъе рикӏкӏунеб?
— Лъимаде йикӏараб щибаб моцӏ рикӏкӏуна кӏвар бугеб гӏиллалъун. Амма хӏисаб гьабулеб лъагӏалида жаниб анцӏабго моцӏалда рукӏине ккола пособие щвеялъе кӏвар бугел гӏиллаби. Масала, пайда босизе бегьула чанго батӏияб кӏвар бугеб гӏиллаялдаса. Кӏвар бугеб гӏиллалъун ккола хӏалтӏи гьечӏеллъун ЦЗНалда хъвай-хъвагӏай гьабун букӏин, 80 ва цӏикӏкӏун сон баразда хадуб хъулухъ гьаби, лъабго ва цӏикӏкӏун моцӏаз халат бахъараб унти ва гь. ц.
Лъимаде йигеб анлъго яги цӏикӏкӏун моцӏ, хӏисаб гьабулеб соналде данде кколеб бугониги, гьелъул 8-16 сон бараб лъимадуе пособие кьезе инкар гьабуларо.
— Хъизамалъе щолеб хайир гӏицӏго алиментал ва пособиял гурел гьечӏони, 8-16 сон баразе пособие щвезе ккани, цоги кӏвар бугел гӏиллаби къваригӏунищ?
— Къваригӏуна. Алименталги пособиялги доходаллъун рикӏкӏунаро, амма хӏисаб гьабулеб соналда бачӏараб гьеб гӏарац рикӏкӏуна.
— Гӏарза хъвалелъул хӏакъикъиял гурел баянал рихьизаруни, щиб букӏунеб?
— Хал гьабулелъул гьересиял баянал ратани – инкар гьабула. Масала, хъизамалъего бачӏунеб гӏаммаб хайир гӏумру гьабизе хӏажалъулеб гӏарцул къадаралдаса дагьабго цӏикӏкӏунебги букӏун, цоязулгӏаги доход бахчизеян лъугьани, гьеб- ги хал гьабулезда тӏатуна. Мисалалъе, гӏарзаялда росасул цӏарги бихьизабичӏого гьев гьечӏев гӏадин гьересиял баянал хъвалел ругони, ПФРалда гьеб лъазабизе кӏола ЗАГСалдаса. 80 ва тӏаде сон барав пенсионерасда хадуб хъулухъ гьабулеб букӏанин абун гӏарзаялда бихьизабуни, гьебги лъазабизе кӏола СНИЛСалда рекъон.
Нагагь гьересиял баяналгун гӏарза къабул гьабуни ва пособие щвани, гьеб хӏилла гьабун букӏин тӏатиндал тӏад буссинабизеги тӏамула.
— Лъимадул эбел-эмен ратӏалъун ругони ва эбелалъ битӏараб гӏарза къабул гьабичӏони, цӏидасан инсуца хъвазе бегьулищ пособие щвеялъе гӏарза?
— Бегьула. Масала, эбелалъул официалияб доход щолеб бакӏ батичӏони, гьелъие инкар гьабула. Гьебго заманалда инсуе харж щолеб букӏун батани, гьесул цӏаралда гӏарзаги кьун бачӏине рес буго пособие.
— Пособиялъе инкар гьабуни, гьелъие гӏилла бихьизабун букӏине кколищ?
— Инкар гьабун бачӏараб кагътида гӏилла бихьизабун батичӏони, щай гьабичӏебилан гӏарзацин хъвазе ккола. Палхӏасил, гӏилла бихьизабун букӏине ккола.
П. СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА