30 июналда тӏобитӏараб Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялъул данделъиялде росарал суалазул цо-цоязул хӏакъалъулъ чанго къоялъ бицунеб букӏана гӏадамаз. Гьезда гьоркьор рукӏана Дагъистаналъул Конституциялда хиса-басиял гьариялда хурхаралги. Гьезде ва «2030 соналде щвезегӏан ДРялъул социалиябгун экономикияб цебетӏеялъул хӏакъалъулъ» абурал законазул проектазде пикру буссинабулеб букӏана жидерго кӏалъаязда депутатазги. Щайгурелъул гьел руго республикаялъе цӏакъ кӏвар бугел суалал. Батӏи-батӏиял жамгӏиял гӏуцӏабаз, жидерго дан- делъабазда гьоркьор лъун, гьезул хал гьабулебги букӏана.
Абизе ккараб буго 1921 соналдаса хадуб Дагъистаналъул Аслияб законалда хиса-басиял гьаруна 1927, 1937, 1978, 1994, 2003 соназда. Гьел рукӏана политикияб, миллияб, социалияб ва экономикияб гӏумру цебетӏеялда хурхун гьарурал цӏилъабазда хурхарал.
Сессия рагьун хадув кӏалъазе вахъарав республикаялъул бетӏер Сергей Меликовас тӏадчӏей гьабуна республикаялда церечӏарал масъалаби тӏуралел ругеб куцалда ва ругел захӏмалъабазул хӏакъалъулъ бициналда. Гьес пикру буссинабурал суалазда гьоркьор рукӏана дагьал церегӏан къоязда Санкт-Петербургалда тӏобитӏараб Экономикияб форумалда Дагъистаналъул делегациялъ гьабураб хӏалтӏул хӏасилазул ва гьелдалъун республикаялде рачӏине ругел инвестициязул хӏакъалъулъ, араб соналъ республикаялъе фе- дералияб бюджеталдаса кьураб гӏарац тӏубанго харж гьабунгутӏиялда бан ва гьеб Москваялде нахъбуссинабизе ккеялъул, риидалил мучӏдузде гӏи гочиналъе хӏалтӏизабулеб ракьалдаса битӏун пайда босиялъул, Украинаялда Россиялъ гьа- булеб хасаб рагъулаб операциялъул, тӏадеялъул Расул Хӏамзатовасул юбилеялъулаб соналде хӏадурлъиялъул, республикаялъул хадусеб соналде хӏадурулеб бюджеталъул хӏакъалъулъ ва цогидалги суалал.
С. Меликовас бадибчӏвай гьабуна республикаялъе федералияб бюджеталдаса кьураб гӏарац жиндир заманалда харж гьабиялъулъ тасамахӏлъи биччарал министразе ва гьеб иш тӏаде кколеб комитеталъе. Гьениб биччараб гӏунгутӏиялъе гӏоло республикаялъул закупкаби гьарулеб идараялъул нухмалъулев хӏалтӏудаса эркен гьавунинги баян гьабуна республикаялъул бетӏерас.
Кӏвар буссинабуна «рагӏдукь» бахчараб экономика тӏагӏинабиялда тӏадчӏей гьабизе ккеялда, Дагъистаналда туризм цебетӏеялъе шартӏал чӏезарун гьечӏолъиялда, ралел бакӏал лъагӏалабаз халат рахъинарулел рукӏиналъул суалаздаги. Палхӏасил, республикаялъул бетӏерас рихьизаруна чӏванкъотӏарал тадбирал ва хӏукуматалда церечӏарал масъалаби. Туризм цебетӏеялъе исана республикаялъул бюджеталда бихьизабун буго кӏиго млрд гъурущ.
Риидалил мучӏдузде гӏи гочинабиялъул ракьазул къадар бахуна цогун башдаб миллион гектаралде. Жакъа гьел ракьазда гӏун бачӏун буго 200 росу, 77 школа, 16 лъималазул ясли-ах. Амма гьезул букӏине кколеб хӏисаб, статус, хъвай-хъвагӏай гьечӏо. Гьениб гӏумру гьабулеб буго 28 азарго чияс. Гьениса босулеб пайдаги соналдаса соналде цӏакъго дагьаб буго. «Гьеб рахъалъ гӏадлу гьабизе ва ракьалдаса пайда боси цӏикӏкӏинабизе ккун буго, гьелъие гӏоло гьарулел тадбиразе кьучӏги лъун буго», — ян лъазабуна бетӏерас. Амма гьенибго бадибчӏвай гьабуна гьеб рахъалъ гӏуцӏараб Халкъияб Собраниялъул хасаб комиссиялъ гьабулеб хӏалтӏи дагьаб бугилан.
Тӏадехун рехсохъе, депутатаз ва гӏадамаз кӏвар буссинабулеблъун буго республикаялъул Конституциялда гьарулел хиса-басиязда гьоркьоб бугеб Дагъистаналъул ракьазул цолъи цӏуниялда жаниб республикаялъул бетӏерасул кӏваралда хурхараб суал. Нилъер республикаялъул Конституциялда гьарулел хиса-басиял, тӏадежураял руго Россиялъул Конституциялде данде ккезабиялъул мурадалда гьарулел жал. Россиялъул цогидал субъектазул ва гьезда гьоркьоб Дагъистаналъул ракьазулаб цолъи цӏуни, гьеб буго Россиялъул Конституциялда рекъон, Федералияб власталда тӏадаб иш. Гьениб республикаялъул бетӏерасул цӏар рехсеялда ялъуни рехсонгутӏиялда бараб жо дагьаб бугинги ккола. Мисалалъе, 1921 соналда Дагъистаналъул бетӏерлъун вукӏарав Жалалудин Къоркъмасовас, жинца нухмалъи гьабураб 10 соналда жаниб, Дагъистаналъул ракь кӏиго нухалда гӏатӏид гьабуна, хӏукуматалъул бетӏерасул гьеб жавабчилъи кибго хъван яги бихьизабун гьечӏониги. Ракӏалде ккола, гьеб борч кибниги хъвачӏониги, республикаялъул нухмалъулесул рекӏелъ, бидулъ букӏине кколеб жо бугин абун.
Республикаялъул бетӏерас хӏакъикъиял мисалаздалъун бицана Украинаялда Россиялъ гьабулеб хасаб рагъулаб операциялда дагъистанияз бихьизабулеб бугеб бахӏарчилъиялъул ва гьелда бан пачалихъиял ва жамгӏиял гӏуцӏабаз гӏумруялде рахъинаризе кколел тадбиразул хӏакъалъулъ. Дагъистаналъ Украинаялда ругел гӏадамазе кумек гьабун, битӏана квана-гьекъолел жалазул 2200 тонна.
Жакъа республикаялъул бетӏерас ва хӏукуматалъ рихьулел тадбирал гьарулел руго Конституциялъ кьурал инсанасул ихтиярал цӏуниялда, хӏалтӏи чӏезабиялда, хӏухьбахъиялда рухьарал тадбирал рагӏа-ракьанде щун гӏумруялде рахъинариялъул мурадалда. Кӏвар буссинабулеб буго экономикаялъе кьучӏлъун кколеб налогал ракӏариялде, тӏадкъараб хӏалтӏи тӏубаялъул рахъалъ хӏакимзабаздаса тӏалаб гьабизе ккеялде ва бугеб ахӏвал-хӏал кьучӏдасанго хисизабиялде.
З. ИЛЬЯСОВ