«Бацӏцӏадаб ракӏ» абураб гурхӏел-рахӏмуялъул фондалъул учредитель, Гӏахьвахъ районалдаса бизнесмен ва меценат, Россиялъул Спортивияб гугариялъул федерациялъул тӏоцевесев вице-президент Гӏумар Муртазагӏалиевасе Хӏурматалъул Орден кьуна Россиялъул президент Владимир Путиница. Гьелда бан президентас гъулбасараб указалда шапакъаталъе гӏиллалъун рехсолеб буго, Токиоялда тӏоритӏарал риидалил олимпиадаялдеги Паралимпиялъул хӏаяздеги хӏадурлъулаго, Гӏ. Муртазагӏалиевас спортсменазе гьабураб квербакъи.
Гӏумар Муртазагӏалиевас гӏемер кумек гьабула социалиял объектал ралеб мехалдаги, къварилъи ккарал хъизамазеги, хӏежалде унел дагъистаниязеги.
«Хӏакъикъаталъул» редакциялъ ракӏракӏалъ баркула Гӏумарида тӏадегӏанаб шапакъат.