Гьал къоязда Белоруссиялъул Гродно шагьаралда тӏобитӏана «Россиялъулги Белоруссиялъулги регионазул форум» абураб тадбир. Улкаялъул киналго регионалги данде гьарун, исана ичӏабилеб нухалда тӏобитӏараб гьеб форумалда гӏахьаллъи гьабуна нилъер республикаялъул вакилзабазги.
Дагъистаналъул делегациялда гьоркьор рукӏана: ДРялъул хӏукуматалъул нухмалъулев Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимов, вице-премьер Ризван Гъазимухӏамадов, дармилгун промыш- ленносталъул министр Низам Халилов ва цогидалги министерствабазул вакилзаби.
Добе — гӏиял квасги рахьдал нигӏматги, анире — тракторалги цӏияб заводги
Дагъистаналъе пайдаял къотӏи-къаял гьаризе рес кканин форума- ялдаян абуна гьелъул гӏахьалчагӏаз. Мисалалъе, росдал магӏишаталъул бутӏаялда лъикӏаб цебетӏей ккезе бегьула форумалдаса хадуб. Нилъер гӏиял квасги гьединго рахьги Бело- руссиялде баччизе къотӏи-къаял гьа- руна ДРялъул хӏукуматалъул нух- малъулев Гӏ. Гӏабдулмуслимовасги Белоруссиялъул Росдал магӏишаталъул министерствоялъул вакил Леонид Зайцевасги.
СШАялъгун бакътӏерхьул улкабаз Россиялда санкциял лъазарураб за- маналда, Белоруссиялъулгун гьеди- нал къотӏи-къаял гьари жакъа чара гьечӏеб ишлъун лъугьанин бицана «Хӏакъикъаталъе» вице-премьер Ризван Гъазимухӏамадовас.
— Гьелъие гӏоло ахӏараб букӏанин абизе бегьула гьеб форумги. Жакъа дунялалъул гӏемерисел пачалихъ- ал Россиялъул политикаялде данде рукӏиндал, хӏажалъана нилъерго пи- круцояб пачалихъалъулгун гьоркьор- лъаби щула гьари, гьудуллъи-вацлъи рагӏизаби.
Хас гьабун Дагъистаналъул рахъалдаса гӏемерал къотӏи-къаял гьаруна гьенир. Тӏоцебесеб иргаялда, нижеца тасдикъ гьабуна 2022-2024 соназда цадахъ рекъон гьаризе ругел хӏалтӏабазе хӏадур гьабураб план гӏумруялде бахъинаби. Гьеб буго 20 соналъ цебего, ай 2002 соналдаго нилъер республикаялъги Белоруссиялъги хӏадур гьабун букӏараб план.
Росдал магӏишаталъул, лъай кьеялъул, маданияталъул, туризмалъул, транспорталъулгун логистикаялъул бутӏаялда сверухъ, цадахъ рекъон хӏалтӏизе къотӏи-къаял хъвана республикаялъул хӏукуматалъул нухмалъулев Гӏ. Гӏабдулмуслимовасги Белоруссиялъул хӏукуматалъул нухмалъулев Роман Головченкоцаги.
Гьеб гуребги, Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовги гӏахьаллъун, дицаги республикаялъул энергетикаялъул министр Ризван Мурадовасгун цадахъ къотӏи-къаял гьаруна Минскиялъул тракторал гьарулеб заводалъулгун. Махӏачхъалаялда гьезул тракторал къачӏалеб центр рагьизе буго кватӏичӏого. Амма бищун интересаб жо, цохӏо тракторалъул жагъалал жал къачӏан гуреб, гьезул цӏиял моделал, алатал ургъизеги рес кьолеб, сундулго рахъалъ гьарзаял шартӏазул центр букӏине буго гьениб.
Гьелда чӏечӏого, Махӏачхъалаялда рагьизе бугеб централда нилъецаги хӏадур гьаризе руго тракторал. Дида ккола Гъизляралъул КЭМЗалъ ялъуни цогидаб, ай машинаби гьарулеб заводалъ тӏаде босилин гьеб хӏалтӏиян.
Транзиталъул нухдаса нилъее щолеб хайир
Цоги кӏвар бугеб иш, гьеб фору- малда гьаруна транспорталъулабгун логистикияб бутӏаялдаги къотӏикъаял. Мухӏканго абуни, «СеверЮг» абураб транзиталъулаб нух- да сверухъ гьарурал къотӏи-къаял ккола гьел. Халкъазда гьоркьосеб транзиталъулаб нух букӏиналъ, нилъер республикаялъе цӏакъ пайда цӏикӏкӏараблъун ккола гьеб. Щай абуни, Махӏачхъалаялъул Дармил портги, республикаялъул маххул нухлул транспортги, гьединго автомо- билазул транспортги гӏахьаллъизе рес буго гьеб бутӏаялда. Мисалалъе, Белоруссиялъ къватӏибе баччулеб калиялъулаб удобрение ине буго дица тӏадехун рехсарал транспорталъул тайпабиги гъорлъ гӏахьаллъун. Жакъа гьезул удобрение Азербайжан къотӏун уна Сагӏудиязул Гӏарабиялде, Пакистаналде, Ираналде ва югалъулабгун бакъбаккул чанго пачалихъалде. Гьеб хайираб иш буго республикаялъе, — ян бицана Р. Гъазимухӏамадовас.
Гьелда чӏечӏого, гӏемерал пайдаял гьоркьорлъаби щула гьарулел къотӏи-къаял гьаруна Гродноялда тӏобитӏараб форумалдаян тӏаде жубана гьес хадубги. Махӏачхъалаялда цадахъал чанго предприятиял рагьизе, республикаялде гьезул къайи-цӏа, рахь, хӏан, нах баччизе ва цогидалги санагӏалъаби гьаризе руго гӏагараб заманалда.
Белоруссиялда гьарурал рахьдал нигӏматал нилъер республикаялде цереги рачӏунаан, гьанже гьелъул къадар тӏадеги цӏикӏкӏине буго.
Гьенир гӏезарурал рахьдал нигӏматал гъираялда росула нилъер гӏадамаз. Хӏакъикъаталдаги татуяб тӏагӏам букӏуна гьезул. Амма со- циалиял сетазда цо-цояз жидерго щакдараби загьир гьаруна, нилъер республикаялда гӏезабураб квас Белоруссиялде баччизе букӏинелъун гьарурал къотӏи-къаязда хурхун. Мисалалъе, гьикъулеб буго кӏудияб къадаралда гьенибе битӏизе гӏураб квас республикаялда бугебдайилан. Батанигицин, цебе гӏадинаб багьа букӏинадай квасухъ. Мисалалъе, советияб заманалда гӏиял квасул къимат букӏараблъи нилъеда лъала. Гьанжейин абуни гьелъул багьа цӏакъ учузлъана.
«Кӏиго бетӏерги хӏалтӏун, ункъо кверги квалквадун»
Белоруссиялде баччизе бегьула нилъер гьаниб гӏезабураб ччугӏаги. Гьединаб баян кьуна Минскиялда букӏараб форумалда хурхун жиндирго пкиру загьир гьабулаго, ДРялъул ччугӏил магӏишаталъул рахъалъ комитеталъул нухмалъулев Виктор Руденкоца.
— Мисалалъе, ниж хӏадурал руго Белоруссиялде толстолобик, сазан, кефаль, килька гӏадал ччугӏбузул тайпаги, гьединго ччугӏил гьабураб батӏи-батӏияб нигӏматги битӏизе, — ян абуна гьес.
Гродноялда тӏобитӏараб форумал- да 65 миллиард гъурщил багьаяб 60 къотӏи-къай гьабуна Россиялъгун Белоруссиялъ. Гьеб форумалъул аслияб хӏасиллъун рикӏкӏине бегьула, къватӏисел улкабаздаса бачӏунеб къайи-цӏаялдаса инкарги гьабун, нилъецаго гӏезабуралдаса пайда босизе цӏиял нухалги санагӏалъабиги рати.
Бакътӏерхьул пачалихъаз гьоркьоса къотӏичӏого санкциязул гьужум гьабулеб мехалда, бищун лъикӏаб жо бугин гьабсагӏат нилъее (Белоруссиялъеги Россиялъеги) цоцалъ рекъон магӏишат гьабиян абуна, форумалъул хӏасил гьабулаго, РФялъул президент Владимир Путиницаги.
Цӏадаса Хӏамзатица абухъего, «кӏиго бетӏерги хӏалтӏун, ункъо кверги квалквадун» гьабуни, магӏишаталда баракат лъечӏого хутӏуларо. Гьелъухъего, баракатаб батаги Россиялъги Белоруссиялъги цадахъ гъуждул гурун хӏалтӏизе гьабураб ният.
Ашахан ЮСУПОВ