Шамил районалъул Мачӏада росдал ракьалда бугеб лъималазул сахлъи щула гьабиялъул лагералда тӏобитӏана Пашманлъиялъул ва ракӏалде щвезабиялъул тадбир. Гьелда гӏахьаллъана Дагъистаналъул бетӏерасул кумекчи Ахӏмад Гӏабдуразакъов, Пачалихъияб Думаялъул депутатасул кумекчи, «Белоруссия-Дагъистан» проекталъул нухмалъулев Керимхан Гӏумаханов, Афгъаналъул рагъул ветеран, гӏолилазул мустахӏикъав насихӏатчи Мухӏамадрасул Сулеманов, Шамил райо- налъул бетӏерасул заместитель Камил Мухӏамадов ва районалъул Культураялъул рукъалъул директор Гӏабдулгъапар Гӏабдулмухӏамадов.
Лагералъул директор Гӏалихӏажи Расуловас къокъго ракӏалде щвезаруна Кӏудияб Ватӏанияб рагъ- да хварал солдатал ва халкъияб магӏишаталъе ккараб зарал.
Лагералъул лъималазде хитӏаб гьабун, Ахӏмад Гӏабдуразакъовас абуна: «81 соналъ цере нилъер ватӏаналде тӏаде кӏанцӏана немцазул фашистал. Советияб улкаялъул кинабго халкъалъ хӏехьезе ккана гӏемераб гӏакъуба-гӏазаб, ракъи-къеч. Цо хъизан гӏадин, нилъер халкъ бахъана тушманасда данде. Советияб улка гуребги, Багӏараб Армиялъ фашистаздаса эркен гьабуна Европа, тӏолабго дунял. Ватӏан бокьулев чи вукӏине ккола лъай бугев, лъикӏаб тарбия щварав, сахав, гӏадамал рокьулев, спорт хирияв. Гьединал чагӏазда нахърилълъуна гӏадамал, гьез цӏунула ватӏан. Нуж, лъимал, гьединаллъун лъугьиналъе квербакъила нижеца – чӏахӏияб гӏелалъ. Нуж ккола нилъер ватӏаналъул букӏинесеб. Ясбер гӏадин нужеца гӏагараб Ватӏан цӏунизе букӏиналда ниж божула», — ян.
Гьеб кӏалъаялдаса хадуб, «нуж нижеда божизе бегьула» абураб магӏнаялда, Россиялъул ва Дагъистаналъул байрахъалги хьвагӏезарулаго, ясаз бихьизабуна «Россия – гьеб ккола къуват» абураб флешмоб.
Лагералда бихьанщиналдаса разилъарав К. Гӏумахановас абуна: «Белоруссиялде гӏунтӏун, гӏемерал лагеразде щвана дун, амма хӏухьбахъиялъе, спорталъе, батӏибатӏиял кружоказул хӏалтӏуе, квен-тӏехалъе гьанир чӏезарун ругел шартӏал рихьидал, дун вохана. Баркала гьадигӏан берцинаб лагерь гьаниб баразе ва лагералда гьадинаб камилаб хӏалтӏи гӏуцӏаразе. Гьале гьалъие гӏоло рагъана ва тушманасда тӏад бергьенлъи босиялъе жидерго гӏумру кьуна доб рагъул бахӏарзаз. Гьеб киналъулго къимат гьабизе, Ватӏан цӏунулаго хвара- зул цӏарал рекӏелъ цӏунизе ва доб рагъул гӏахьалчагӏазул гьунаралъе ритӏухъаллъун рукӏине тӏадаб буго нужеда – доб кьварараб рагъул бахӏарзазул ирсилазда», — ян.
К. Мухӏамадовас баркала кьуна, лъикӏаб даражаялда тадбир нухда бачаралъухъ, лагералъул лъималазе ва тарбиячагӏазе. Гьес абуна: «Нужер лъикӏаб цӏали, мисалияб хьвада-чӏвади ва спорталда росулел бергьенлъаби ккола нужеца дол бахӏарзазе кьолеб баркала. Гьаб лагералда нужее чӏезарун руго лъикӏал шартӏал, гьездаса пайдаги босун, пайдаяб хӏухьбахъи тӏобитӏизе тавпикъ кьеги киназего», — ян.
Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб гьеб лагерь ккола спортивиябгун туристияб рахъаз хӏалтӏи гӏуцӏараблъун. Жакъа гьениб хӏухьбахъи гьабулеб буго батӏи-батӏиял шагьараздаса ва районаздаса 300 лъимералъ. Лагералда хӏалтӏулел руго хореографиялъул, суратал рахъиялъул, футболалъул, шашкабазулгун шахматазул, хӏатӏул гӏиси-бикъинал жал гьари (лепка), литературияб рагӏун цӏали гӏадинал кружокал.
Лъималазда гӏагараб ракь лъазабиялъе тӏоритӏула сапарал ва экскурсиял. Гьедин, лагералъул лъимал щвана Гьентӏаб росулъ бугеб, Алхасовасулин абулеб, бечедаб тарихияб музеялде ва цоцада тӏатӏала бугеб кӏиго гьайбатаб чвахелоялде (гьезул борхалъи 15 ва 31 метр).
Гьениб гӏалим Хӏабибула Мухӏамадовас лъималазда малъула Къуръан цӏализе ва битӏун как базе.
Нури Нуриев