23 июналда, Махӏачхъалаялъул имам Шамилил проспекталда, ракӏалде щвеялъул хъорщода аскӏоб Дагъистаналъул ва Чачаналъул имам Шамилица 225 сон тӏубай кӏодо гьабураб тадбир тӏобитӏана. 25 соналъ халкъалъе эркенлъи цӏунизе къеркьарав цевехъанасул къисматалъул хӏакъалъулъ бицунеб букӏана тадбиралде рачӏараз. Гьеб тадбир гӏуцӏана «Унсоколо» муниципалияб гӏуцӏиялъул «Ахӏулгохӏ» тарихиябгун культурияб ирс лъазабиялъул ДРООялъ.
Данделъиялда гӏахьаллъана «Ахӏулгохӏ» ДРООялъул нухмалъулев Гъайирбег Гӏабдулаев, Шамил имамасул фондалъул президент Гӏалиасхӏаб Хархачаев, Дагъистаналъул халкъияв шагӏир Мухӏамад Хӏамзаев, республика- ялъул бетӏерасул вакил, жамгӏияв хӏаракатчи Ахӏмад Гӏабдуразакъов, ДРялъул муфтияталъул вакил Ислам Ханмухӏамадов, Унсоколо районалъул жамагӏаталъул вакилзаби ва культураялъул нухмалъулев Гӏали Гӏабдулаев, Автодорожнияб институталъул кафедраялъул нухмалъулев Мухӏамад Мурадов, Шамилхъала поселокалъул ДЮСШалъул директор, РФялъул мустахӏикъав тренер Тӏагьир Шагӏбанов ва цогидалги.
Тадбир нухда бачана «Президентасул кумекчи» абураб ДРООялъул нухмалъулев Шамсудин Расуловас.
«Гьаниб сверухъ чороклъи бакӏарун букӏунаан. Гьеб суал борхун нижеца хитӏаб гьабун букӏана тахшагьаралъул ЖКХялъул бетӏерасде. Кинабгӏаги хӏалтӏи гьаниб гьабичӏо. Гьеб мехалда нижеца гӏуцӏана жамгӏияб хъаравуллъи. Радал микьго тӏубаралдаса къаси 12 тӏубазегӏан Шамилил сурат бахъараб хъарщиялда сверухъ бакӏ цӏунизе чи тана. Нилъецаго цӏунизе ккола кӏудияв имамасул къадру», — янги абун, данделъи рагьана «Ахӏулгохӏ» ДРООялъул нухмалъулев Гъ. Гӏабдулаевас.
Шамил имамасул фондалъул президент Гӏ. Хархачаевас тадбиралде рачӏаразде хитӏаб гьабун абуна:
«Имам Шамилица жиндирго ишаз, хӏаракаталъ, бахӏарчилъиялъ бихьизабуна дунялалдаго жив щив чи вугевали. Гьале 163 сон буго хӏалихьатал чагӏаз гьесул цӏаралде рагӏад рехизе хӏаракат бахъулелдаса. Гьез щиб гьабуниги, кигӏан гьез хӏаракат бахъаниги, гьезухъа бажаричӏо ва бажаризеги гьечӏо имамасул цӏаралде рагӏад рехизе.
Имам Шамилил цӏар кидаго ракӏалде щвезабула захӏмалъи кканщиналъуб. Ракӏалде щвезабе Кӏудияб Ватӏанияб рагъул заманалда букӏараб, имам Шамилил цӏаралда рукӏана авиациялъулал эскадрилиял, танказул дивизиял. Гьесул цӏаразда ругел дивизиязда ва эскадрилиязда хъулухъ гьабулел вукӏарав ункъо чи Совет Союзалъул бахӏарзаллъун рахъана. Жакъа Украинаялда Россиялъ тӏобитӏулеб хасаб операциялда гӏахьаллъулел нилъерго гӏолохъабазда цӏехедал, гьез дида абуна загӏипал къварид гьарулел миллатчагӏиги бендеровцалги тӏагӏинаризе унелъул, Шамилил цӏаралда гъоркь унин жал. Шамилил цӏар кидаго бухьараб буго патриотизмалда, бахӏарчилъиялда.
Чӏахӏияб ригьалъул гӏадамазда ракӏалда батила Шамилица 200 сон тӏубай кигӏан берцинго кӏодо гьабун букӏарабали. Цо-цояз абулеб рагӏана имам Шамилил цӏар гӏасрабазго цӏунизе гьесие памятник лъолеб гьечӏин. Дагъистаналъул Пачалихъияб советалъ хӏукму гьабун букӏана, гьаб нилъ данделъараб бакӏалда лъураб гьитӏинабго статуялъул (хъарщи) бакӏалда чода рекӏарав имам Шамилил 30 метр борхалъиялъул памятник лъезе. Цо-цо гӏадамал данде чӏана гьеб ишалде. Гурони, гьеб памятник 25 соналъ цебе эхетун букӏинаан гьаниб. Дида ракӏалде ккола гьеб памятникалъухъ ралагьун нилъер лъималаз цӏехелаан гьев чи щивали ва эбел-инсуца бицинаан гьев тӏадегӏанав инсанасул хӏакъалъулъ. Гьединлъидал, дица кидаго Шамилие памятник лъеялъул рахъ ккола. Памятникал лъун Шамилил цӏар даимаблъун гьабурал Турция ва цогидал улкаби бусурбабазул ракьал гурищ кколел? Нилъер республикаялдаги хӏукуматалъул бихьизабиялда рекъон, лъагӏалицаго тӏоритӏизе руго имам Шамил кӏодо гьавурал тадбирал».
«Ниж гьитӏинаб мехалда, Гӏашилтӏа росулъ, щивасул рокъоб къадада бан букӏунаан Шамил имамасул сурат. Мацӏ лъаралдаса нахъе лъималаз эбел-инсуда цӏехолаан гьев щивилан. Гьедин имамасул хӏакъалъулъги бицунаго, гьесдаса мисалги босулаго гӏолаан лъималги. Нилъерго имамзабазул, гӏалимзабазул мисалалда тарбия щварал лъимал гӏураб мехалда гьезда гьоркьов вукӏине гьечӏо хӏиллачи, чӏвадарухъан. Щайгурелъул гьезие лъикӏаб тарбия щун бугелъул.
Дунялалъулго 11 улкаялда лъун руго имам Шамилие памятникал. 15 улкаялъул парламент гӏуцӏун буго Шамилил имаматалъул мисалалдалъун. Исана республикаялъул бетӏерасул тӏадкъаялда рекъон, ниж хьвадулел руго риидалил лагеразде, лъималазда имам Шамилил хӏакъалъулъ бицине. Кинабниги 30 000 лъимадуе кьезе буго патриотикияб тарбиялъул дарс», — ан бицана А. Гӏабдуразакъовас.
«Нилъер гӏолилазда, гӏисинал лъималазда имам Шамил щивилан цӏехани, гьезда лъалеб батула гьев кӏудияв рагъухъанги, бахӏарчиги, ритӏухъав цевехъанги вукӏин. Гьев рагъухъан вукӏиналъул бициналде кӏочон тезе бегьуларо имам Шамил, тӏоцебесеб иргаялда, кӏудияв гӏалимлъун, рухӏияв цевехъанлъун, мугӏалимлъун вукӏараблъи. Гьев вукӏана жиндирго халкъги динги цӏунарав рагъухъан. Гьадинал тадбираздаса пайдаги босун, рачӏа жакъа къоялдаса нахъе нилъерго лъималазда тӏадчӏун тарихги динги малъизе. Кинав чи вукӏарав имам Шамил, кинал гӏелмаби гьес лъазарулел рукӏарал, кинал тӏахьал гьес цӏалулел рукӏарал? Гьелдаса байбихьизе ккола лъималазе тарбия кьезе», — ян хитӏаб гьабуна муфтияталъул вакил Ислам Ханмухӏамадовас.
Жамгӏияб палатаялъул вакил, «Узденал» жамгӏияб гӏуцӏиялъул нухмалъулев Керимхан Гӏумахановас ракӏалде щвезаюна 15 соналъ къалмидалъун Шамилил къадру цӏуниялда тӏад хӏалтӏарай, гьесул хӏакъалъулъ роман хъварай Мариям Ибрагьимова. Гьеб асаралъул 150 комплект Дагъистаналъе сайгъат гьабурав Мариямил вас Руслан Ибрагьимовасеги баркала загьир гьабуна Гӏумахановас.
Шамил кӏодо гьавураб тадбиралда гьесде гьарурал кучӏдул рикӏкӏана Муслимат ДРООЖалда цебе бугеб «Аманат» лъай кьеялъул гьитӏичаз, гьединго цере рахъана мавлидал ва нашидал ахӏулеб «Унсоколо» къокъаялъул гӏахьалчагӏи, «Ватӏаналъухъ чӏалгӏен» абураб нашид ахӏана Хӏамзалав Хӏамзаловас.
М. Хӏамзаевас бицана: «Шамилица лъикӏаб лъалкӏ тана батӏибатӏиял халкъазул, улкабазул къисматалъулъ ва гьезул маданияталъул ва тарихалъул бутӏалъун лъугьана. Имам Шамилидаса нилъее ирсалъе хутӏарал къимат тӏокӏал асараллъун ккола гьесул кагътал. Ахирал соназда пишацоязги дицаги цадахъ ракӏарулел ва руссинарулел руго имам Шамилил ва гьесул лъималазул кагътал. Гьел кагътазул кӏиго тӏехь къватӏибе биччана нижеца. Жеги къватӏире риччалелги руго.
Имамасул хӏурматалда тӏобитӏулеб щибаб тадбиралда нилъеца бицуна Дагъистаналда Шамилил музей рагьизе кколин абун. Дунялалдаго батӏи-батӏиял бакӏазда цӏунун руго гьесул тӏагӏел-къайи, тӏахьал, документал, кагътал. Жакъасеб тадбиралъул гӏуцӏарухъабаз Махӏачхъалаялда имам Шамилил музей гӏуцӏизе байбихьани лъикӏ букӏинаан».
Унсоколо районалъул культураялъул нухмалъулев Гӏали Гӏабдулаевасги ракӏалде щвезаруна Ватӏанги динги цӏунизе къеркьарав имам Шамилги гьесул муридзабиги.