Гьал къоязда ДРялъул хӏукуматалда гьоркьоб лъун букӏана бесдал лъималазе рукъзал росиялъул суал.

Исана гьел росизе ккола 396 лъимералъе (гӏаммаб къадар абуни 3950 лъимер). Гьелъие гӏоло 122 млн гъурущ федералияб централъ кьезе буго, 650 млн — республикаялъул бюджеталдаса.

Гьедин бицана гьениб ДРялъул хӏукуматалъул председатель Гӏабдулмуслимов Гӏабдулмуслимовас.

Амма гӏемерисел шагьараздаги районаздаги гьеб суал хадуб бехъерхъун хутӏулеб буго заманалда документал хӏадуричӏолъиялъ яги гьел рукъзал росизе кьолеб гӏарац цӏакъго дагь бихьизабиялъ. Масала, застройщиказе квадратияб цо метралъухъ жидеца кьолеб багьа хӏатталдаса ун учузго би- хьизабиялъ, щалниги разилъулел гьечӏо муниципалитетазе гьел рукъзал ричизе. Гьедин гьел багьаби лъагӏалабаз толел руго цӏи гьаричӏого. Гьединал районаллъун гьеб данделъиялда рехсана Болъихъ, Хьаргаби, Гумбет, Хив, Цӏунтӏа, Чӏарада.

Гьединго бесдал лъималазе рукъзал росиялъул иш исана рагӏалде бахъинчӏого хутӏизе рес буго Махӏачхъалаялда, Дагестанские Огниялда, Табасаран, Лъаратӏа, Шамил, Кули, Гъизилюрт, Нугъай районазда.