2020 соналда гьабураб Тӏолгороссиялъул халкъалъул хъвайхъвагӏаялъул хӏасилал данде росичӏого, Росстаталъ хӏадурараб документалда рекъон, 2022 соналъул 1 январалде Дагъистаналда гӏумру гьабулел гӏадамазул къадар бахана 3153,8 азарго чиясде.
2021 соналда республикаялда гьабуна 43,6 азарго лъимер. 2020 соналда дандеккун 3445 лъимералъ дагь буго гьеб. Гьезул гӏемерисел ккола васал. Гьединго 2021 соналда хвараздаса цӏикӏкӏун буго тӏаде гьаруразул къадарги.
Бищун гӏемер лъимал гьарун руго Дагестанские Огниялда, Гъизилюрталда, Буйнакскиялда, Гъизляралда, Хасавюрталда, Каспийскиялда. Росабалъ гьел гӏемер гьарун руго Цӏунтӏа, Цӏумада, Гъарабудагъкент, Лъаратӏа, Шамил, Чӏарада, Гъизилюрт, Казбек, Рутул, Хасавюрт, Гӏахьвахъ, Болъихъ, Тарумовка, Буйнакск районазда.
Чӏахӏиял чагӏи хвеялъул хӏужабиги дагьлъун руго. Амма гӏадамал гӏемер хун руго Гъизляр, Дагестанские Огни, Южно-Сухокумск, Буйнакск шагьаразда ва Кули, Нугъай, Хунзахъ, Сергохъала, Лак, Сулейман-Стӏал, Табасаран, Гъуниб, Тарумовка, Догъузпара, Курах, Бабаюрт, Чӏарада, Дахӏадаев, Хайдакъ, Мухӏарамкент, Хив, Гумбет районазда. 2020 соналда дандеккун гӏемерлъун руго гъоркьиса ратӏалъарал хъизамалги. Гьезулги бащдалдаса цӏикӏкӏарал (57,5 процент) руго росабалъ гӏумру гьабулел чагӏи.