Заманаялъ лугбузе лазат кьолеб, гӏадалнах мигьлъулеб гьеб «доза» сабаблъун лъукъулеб- щинаб талихӏ, балебщинаб чӏегӏер. «Передоза- ялъ» хванин щурун бицуна, ботӏрол бидурихь тӏунин, рекӏелъ гарацӏ ккун хванилан рагӏун абула.
Рагъда чӏварал бахӏарзазе кинигин, чӏегӏераб мармаралъул чӏухӏарал заналги эхе- тула къаданир. Заназдаса балагьун — цояздаса цоял гьайбатал васал.
Гӏемер ракӏалде щола мунагьал чураяв Суракъат Асиятиловас гьеб киналъулго ракӏунтун бицунеб букӏараб куц.
Цо къоялъ гьес ахӏана жиндихъе ячӏаян. Хъахӏаб рокъов, хӏалтӏул кабинеталъув, жиндиего хасиятаб чӏаголъи ссвараб кинигин ватана гьев. Сунцадай Суракъат гьадигӏан сасун вугеван рахӏатхвей бижана диргоги. «Унгоха, гьаб заманалъул согӏлъи, дунял хъублъун бугеб куц. Дирго ракӏ чучиялъе ахӏун йикӏана жакъа мунги, сахал гӏадамал дару-дарманлъун рукӏунелъул.
Гьаб анкьида жаниб ункъо батӏияб бакӏалде зигараялъ щвана дун — ункъавго гӏолохъанчи, ункъавгоги наркотикал сабаблъун хварал. Гӏорхъолъа унел руго гӏолохъаби. Кин гьаб балагь чӏезабилеб?
Эбел-эмен регӏун гьечӏо лъималазул тӏалаб гьабизе. Цоцазул хӏурмат, гьуинлъи жаниб гьечӏеб хъизамалда жамгӏияталъе пайдаяв чи гӏезеги рес гьечӏо. Цин къинабизе гӏураб рухӏияб къуват гьечӏолъиялъ, гьитӏинаб багьанаялъе гӏологи чӏвалел руго гӏолохъаби цоцаца.
Нилъер улкаялъул ва диналъул тушбабаз балъго тӏибитӏизабулеб загьруяб яргъил цояб буго наркотикал. Гьелъул бицине ккола казиятаздасанги, телевидениялдасанги, школаздаги, мажгитаздаги, годекӏанибги…»
Расанкӏаби гуро, заман кье лъимадуе
Наркоманиялъул заралалъул гӏемер бицуна, гьелда данде гьабулеб хӏалтӏиги гӏезегӏанго бугин абула. Кин батаниги, халкъалъул къадаралъул хӏисаб гьабидал, наркотикал хӏалтӏизарулел нилъер республикаялда бищунго цӏикӏкӏун ругин баян кьолеб буго ДРялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъ.
Гьезулго баяназда рекъон, анкьазаргогӏанасев чи рагӏула республикаялъул наркодиспансералъул халгьабиялда гъоркь. Гьезул халгьабиялда гьечӏел кигӏанха ратилел.
Лъималазе гӏемерал расанкӏаби, багьаяб ретӏел-хьит босичӏого, гьезие цӏикӏкӏун заман кьеян абула гӏакъилал гӏадамаз. Гьанже гӏаксалда кколеб гьечӏищ?
Наркоманиялда данде рагъ
ООНалъул генералияб асамблеялъ, 35 соналъ цебе, 26 июнь бихьизабун буго Халкъазда гьоркьосеб наркоманиялда данде къеркьолеб къолъун. Гьеб къоялда данде ккезабун Чӏарада районалъул Цӏуриб библиотекаялда тӏобитӏана талихӏкъосараб, балагьаб ахӏвал-хӏалалде чи ккезавулеб наркоманиялъул бицунеб данделъи.
Жибго тадбир берцинго гӏуцӏун гуребги, гьоркьоб лъураб масъала бичӏчӏулел, гьелъул бицине лъалел гӏадамал ахӏун рукӏана библиотекаялъул хӏалтӏухъабаз гьенире. Наркоманиялъул заралалъул, гьеб тӏибитӏизабулез къорикье ккезарулеб къагӏидаялъул гӏолилазе бицана районалъул исламалъул церехъабаз, райадминистрациялъул экстремизмалъулгун терроризмалъул отделалъулгун спорталъул ва цогидалги жавабиял ида- рабазул махщелчагӏаз. Гьенивго кӏалъарав тохтур-наркологас баян кьуна гьаб ахираб лъабго соналда жаниб Чӏарада районалда наркотикал хӏалтӏизарулев цониги чи тӏатинчӏиланги.
Хӏухьбахъиялъул заман бугониги, хасаб программагун гьеб тадбиралда гӏахьаллъана Цӏуриб школалъул цӏалдохъабиги.
Данделъараз гӏолилазе бицана гӏицӏго наркоманиялъул гуребги, гьекъел-мехтелалъул ва хъалиян бухӏиялъул заралалъулги.
Патӏимат ГЬИТӏИНОВА