Сунда тӏасан хабар гьабуниги, тӏубараб къоялъ аскӏор рукӏаниги, чӏалгӏунареб каламалъул чи вуго Шамил Мухӏидинов. Тӏахьазги оргтехникаялъги сверун ккураб гьесул рокъоб жеги таманал сагӏтал разе рукӏун ратила, квен цӏоролеб бугилан Шамилил лъади Патӏимат жание яккичӏейани.

Советияб заманалда кӏиялго директораллъунги рукӏана гьел: Шамил Мухӏидинов – Бакьайчӏи росдал школалъул, Патӏимат – халичаби рессулеб фабрикаялъул.

Цинги 23 соналдасан Шамилица хӏалтӏи хисана. Гьесда тӏадкъана Хунзахъ районалъул «Росдал захӏматчи» газеталъул редакторасул хъулухъ. Гьелдаса хадув гочана Махӏачхъалаялде, ана Сириялде, хӏалбихьана преподавательлъиялъул, таржамачилъиялъул, публицистикаялъул, шагӏирлъиялъул. Гьесул руго рикӏкӏен гӏемерал цӏалулги (гӏараб мацӏалъул), бекьечӏдерил тарихалъулги, кучӏдузулги тӏахьал. Кватӏичӏого къватӏибе бачӏине буго баснябазул тӏехьги.

Амма гьеб киналдасаго цӏакъ Шамил Мухӏидиновасе рекӏее гӏола мугӏалимлъи, насихӏатчилъи. Гьесулгун буго нижер жакъасеб гара-чӏвари.

— Тӏехь босизе гурони лъачӏо гӏумруялъ. Даран-базарги цогидабги киданиги гьабичӏо. Доб мехалда почалдасан заказ гьарулаан дица тӏахьал. Хасго магӏарул мацӏалда рахъарал тӏахьал росичӏого кинго толароан. Сириялде цӏализе индал, дорасаги кьуна дие гьезул цо къадар.

Гьадаб шкафалъул тӏасиял полкабиги руго мунагьал чураяв инсул рукӏарал гӏараб тӏахьазул цӏун. Институталда вукӏарав цо преподавателас абулаан жиндир рокъор ругин Сталинилги Хрущевасулги тӏахьал, гьел цоцалъ рагъулелги гьечӏилан. Гьедин дир гьанирги руго исламиялги атеизмалъулги тӏахьал, гьелги цоцалъ рагъулел гьечӏо.

— Атеизмалъул тӏахьал кин ккарал дур гьанире?

— Советияб заманалда гьединаб магӏна гъорлъ гьечӏого цониги тӏехь бахъулароан. Инхоса Гӏалихӏажиясулцин тӏехь бахъулеб мехалда аслияблъун гьабун букӏана «Будун-дибир абула, дандамаял, гьороял» абураб кечӏ, гьев исламалда дандечӏарав чи вукӏарав киниги. Кӏалалъ исламалъул бицаниги, гьелда рекъон хьвадуларел будун-дибирзабазде хъван буго гьес гьедин.

Чӏанкӏагун Махӏмудги рихьизарулаан исламалда дандечӏараллъун. Диналда данде чӏарав кин, масала, Чӏанкӏа вукӏунев, гӏараб мацӏги лъалев, дибирлъунги хӏалтӏарав чи. Рокьуца вухӏулеб мехалда, рекӏелъ бугеб хӏасрат бихьизабизелъун хъвараб гьесул кӏиго мухъ букӏунаан гелдезабулеб.

Масала, Цӏадаса Хӏамзатица «Алип» абураб кочӏолъ гьадин хъвана: «Гъайирбег, лъица аб дур хатӏ куцараб, кагътил гьумер цӏолеб цо-цо мухъ бугин», «Аб пакъир, Къапалъул къули бихьулищ къайи баччун унев хӏамбалав гӏадин».

Хас гьабун Гъайирбег абурав чиясул хатӏги какун Хӏамзатица хъвараб гьеб кочӏолъ доб мехалда рикӏкӏунаан гӏараб алфавит какун хъвараб кинниги. Кин гьес гьеб какулеб, гӏурус хатӏалъ жинцаго цониги кечӏ хъвачӏев чияс. Доб заманалъул политика кинаб букӏарабали лъаниги, цоцо чагӏаз Хӏамзатиде гӏайиб гьабула совет хӏукумат беццун кучӏдул хъванилан. Дица гьабуларо, щайин абуни, гъосда нахъасанги хъвадарулел чагӏи рукӏана –дибирлъун вукӏанин, гӏараб гӏелму цӏаларав вугин, Сибиралде щай витӏуларевин абун. Амма гьев цӏунун хутӏана Гӏабдурахӏман Данияловасулгун лъикӏаб лъайхъвай букӏиналъ, кӏиабизе, Сталинги Конституцияги беццун хъваялъ. Хӏакъикъаталда абуни, Хӏамзатил хъвай-хъвагӏаялъул магӏна батӏияб букӏана. Масала, росе «Гӏумруялъул дарсал» — рас хутӏичӏого Мухӏамад аварагасул хӏадисал руго поэзиялдалъун къватӏире кьурал. Хӏамзат гьедин цӏодорго хӏалтӏичӏевани я Расул вукӏунароан, я Хӏажияв виччалароан цеве ваккизе.

— Тӏахьазде рокьи кин дуе щвараб?

— Дилъ бугебщинаб тӏокӏлъиги тӏадегӏанлъиги мунагьал чураяв эмен Мухӏидинидасан бачӏанилан тола дица. Учитель вукӏана гьев. 17 сон тӏубазегӏан Манасалда, Жунгуталда мутагӏиллъунги вукӏун, хадув гьев гӏахьаллъана гражданиябги Кӏудияб Ватӏаниябги рагъазулъ.

Исламияб гӏелму цӏалун букӏиналъ, гьелдаса кьуричӏо эмен, амма учительлъун хӏалтӏулеб мехалда какал балъго разе кколаан. 23 соналъ Буцӏра, Могьохъ ва цогидал росабалъ авар мацӏалъул дарсалги кьун, гьес дир эбелалда абун буго гьал рахчун какал рай чӏалгӏанин жинда, гьединлъидал учительлъи тезе бугилан.

Росулъе, колхозалъул председателасул заместительлъун, вачӏана эмен. Амма бащдаб лъагӏалицацин гьабичӏо гьес гьеб, хӏакимлъи бокьичӏого. Хадув бригадирлъунги вукӏана. Хъутаналде ун, хӏалтӏана колхозалъул паромалда, складалда ва цогидал бакӏазда.

Инсуца гьитӏинго малъана нижеда Къуръан цӏализе. Инкъилаб ккун хадуб гӏезегӏан бусурбабаз рахъкколеб букӏана большевиказул – бечедал чагӏазул зулмуги букӏунха доб заманалда. Гьедин, 1925 соналда, эменги лъугьун вукӏана большевиказул партиялде. Гӏажамалъ гьес хъварал протоколал ратана дида рокъор. Хадуб мухӏканлъи эбелалда цӏехедал, инсуца партиялда дагьаб мех гурони бачӏин бицана гьелъ – лъицаяли гӏарз гьабун буго гьес какал ралилан. Райкомалдеги ахӏун, инсуда лъазабун буго какал раялдалъун гьес партиялъул устав хвезабулеб бугилан. Гьедин батани, жинда нужер устав цӏунизе кӏоларинги абун, инсуца гьениса нух босун буго.

— Эмен учительлъун вукӏиналъ, школалда цӏалиги цебетӏураб букӏун батила дур.

— Байбихьул классазда дир рукӏана лъикӏал учительзаби. Хадусел классазда гьел хъачӏал ккана ва дун 8 классалде Хъаладухъе (Гӏарани) ана цӏализе, 9 классалде – Гьоцӏалъе, анцӏабилелде — Хунзахъе.

Палхӏасил, школа лъикӏал къиматаздалъун лъугӏизабичӏо. Гьединлъидал инсуца колхозалда цӏулал устарлъи гьабизе тӏамун вукӏана. Хадув армиялде ана. Гьениса вуссиндал, Хунзахъ бухгалтерлъи гьабуна, военкоматалда хӏалтӏана.

Гьелдаса щуго-анлъго сон индал, цо лъикӏав гьудулас абуна бегӏераб пикруялъул чиги вугин мун, цӏализе бажаричӏевилан дудаса загӏипал чагӏаз гӏад-хочӏги гьавун вукӏиналдаса, цӏализе щай унаревилан. Гьес куркьбалги гъун, пединституталде, къватӏисел улкабазул мацӏазул факультеталде лъугьана. Школалдаса лъикӏ цӏалана гьенив.

Инсуца малъулеб букӏараб гӏараб мацӏ щвалде щун лъазаби букӏунаан дир мурад. Амма хехго гьевги хун (63 сон байдал), гӏагалун хутӏана гьеб. Батӏи-батӏиял гӏалимзабазда аскӏове ун, гьикъулаан лъалареб жо. Гьезулин абуни цо кӏудияб гъира букӏунароан гьеб малъизе. Жидедаса мацӏ гьабилин хӏинкъун рукӏун ратила – репрессиял гьарун, гьездаса цебесеб гӏелалъе гӏезегӏан гӏакъуба кьедал. Гьелъ дун, Москваялдаса заказ гьарун гӏурусгун гӏараб словарьгун ва гӏараб мацӏалъул цӏалул тӏехьгун, лъугьун вукӏана мацӏ лъазабизе. Амма кутакалда захӏмалъулеб букӏана.

Гьоцӏалъ вукӏана дир инсуда цадахъ рагъда вукӏарав, тӏарикъаталъул устар — Гӏабдулмажидов Мухӏамад. Гьесги абун букӏана дуца гӏараб мацӏ лъазабейила, дуе гьеб къваригӏине бугилан. Амма пединституталда (гӏарабги букӏинчӏого) ингилис мацӏ лъазабуна. Цинги 23 соналъ нижерго росдал школалда хӏалтӏана учительлъун, завучлъун ва директорлъун.

Цо къоялъ районалдасан хабар бачӏана «Росдал захӏматчи» газеталъе редакторлъи гьабиларищин абун. Дора рахъулел рукӏарал дир макъалаби рекӏее гӏун руго дозие. Кигӏан школа бокьулеб букӏаниги, бачӏинахъего разилъана. Гьелдаса цебе «Лачен» журналалъул редакторлъун Махӏачхъалаялдеги ахӏулев вукӏана Расул Хӏамзатовас, амма цӏалдохъаби рехун тезе кӏоларин, инкар гьабун букӏана. Амма цӏакъ захӏматаб хӏалтӏи букӏана доб. Цониги лъимералъухъа гъалмагъир ккани, росдацаго гӏайибги гьабулаан директорасде.

Райгазеталъул редакторлъун тӏамуна демократия байбихьараб 1991 соналда. Ункъо соналъ гьабуна дица гьеб. Рагӏуе эркенлъи гуребги, хъвадарун гӏезегӏан гӏарацги щолаан. Хъулухъчагӏазе бокьарабги хъван, диего бигьалъи тӏалаб гьабулевищ дун вукӏинев яги халкъалъул мурадал цӏунизейищ лъугьинев абун суал лъуна дица дидаго цебе. Кӏиабилеб тӏаса бищана. Битӏун диналъе эркенлъи кьураб мехги букӏун, исламалде цӏикӏкӏун кӏвар кьезе байбихьана. Гьелъие гӏоло «Рузманкъоялъул вагӏза» абураб гьумерги биччалаан. Гьеб данде кколароан райкомалъул чагӏазе. Хӏакимзаби лъугьана тӏадецуял гьаризе, дуца жал суриза- рулел ругин — гьез гьабураб бикъахъамиялъул хӏакъалъулъ рачӏарал материал гӏодор лъун толароан дица. Ахиралда гьез дие хӏинкъаби кьезе байбихьана. Дицаги гьез абуабураб жо газеталда бахъана, гьедин халкъалъ дир рахъги ккуна. Батӏи-батӏиял районаздаса чагӏицин хъвадарана баркала кьун. Хадуб хӏакимзабаз дун тана.

Ункъо соналдасан къисматалъ Махӏачхъалаялде вачана. Гьелъие гӏиллалъун ккана Хунзахъ мадрасалда лъималазе дарсал кьезе Египеталдаса гӏарабав вачӏин. Тӏубараб районалда дун гурони ватичӏо гьесда, тӏаса-масаго бугониги, гӏарабалъ кӏалъазе бажарулев чи. Лъазехъин бугин дида гӏараб мацӏ абураб божилъи бижизабуна гьев чияс дилъ. Гочун шагьаралдегун, пединституталда гӏараб мацӏалъул кафедраялде хӏалтӏизе лъугьана. Гьениб дида тӏадкъана «Методика преподавания арабского языка» абураб лекция цӏализе. Дагьалъ чӏун студенталгун цадахъ Сириялде экскурсиялъ арав чи, дун хадувккун дова лъагӏалица цӏализеги ана, Сириялда чӏарав нилъерго гьаниса чияс кумекги гьабун. Гьениса тӏад вуссиндал байбихьана пединституталда гӏараб мацӏ малъизе. Гьеб мехалда киналго лекциялги данде гьарун, гӏараб мацӏ лъазабиялъул тӏахьалги (самоучителал) къватӏире риччана.

Гӏумрудул 70 сон тӏубайдал, институталдаса нахъе ана. Гьенив хӏалтӏулеб заманалда цадахъго дица тӏуразарулаан теологиялъул институталъул ректор Макъсуд Садикъовасул заместителасул ва ингилисгун гӏараб мацӏазул учителасул хъулухъалги.

Гьанже хӏалтӏулев вуго цо хасал чагӏи бетӏергьанаб школалда – гӏараб мацӏ кьолел учительзабазе кумек гьабула лъималазда гьеб предмет малъизе. Пединституталда лекциял цӏалулеб мехалдаго букӏараб анищ ккола гьеб – школлъималазда гӏараб мацӏ малъи. Амма цӏалул тӏахьал гьечӏилан изну кьолароан гьелъие. Гьа, гьедин батаниян, рахъана дица гьел. Рахъун хадурги, дандечӏей бихьизабуна. Цо министрас байбихьуда куркьбал гъуна дида жин- ца квербакъилин тӏахьал цӏалул планалда Москваялдасан тасдикъ гьаризеян. Амма анкьидаса гьес жинцаго щибаб школалдеги ОНОялдеги кагътал хъван ратана гӏараб мацӏ малъизе лъугьани, нужер аттестатал хӏакъикъияллъун рикӏкӏине гьечӏилан. Гӏемер мехго иналде гьев министр хӏалтӏудаса нахъе вахъана.

Кин кканиги, Аллагьасул кумекалдалъун, 10 классалде щвезегӏан цӏалдохъабазе гӏараб мацӏалъул тӏахьал рахъана. Цо заманалда гьез- даса пайда босулебги букӏана. Амма тӏубанго гьеб суал роцӏцӏинабизе квалквал гьабуна гӏараб хӏарпакьа хӏинкъарал цо-цо хъулухъчагӏаз.

Магӏарул мацӏ кьеялъулги буго гъобго ахӏвал-хӏал. Цо чияс абуна дида магӏарул мацӏ лъазабизе лъугьин бугила газалдаса инкарги гьабун, тӏинцӏи бухӏизе лъугьин гӏадаб жо.

Мацӏ цӏуниялъе ресал ралагьулел руго гьанже гӏемерисел. Амма гьелъул буго чанго батӏияб дара- жа. Магӏарул мацӏ цӏунун хутӏула гьеб мацӏалда хъвалеб прозаги, кучӏдулги, гӏелмиял хӏалтӏабиги ругони, гъоб цӏалулел ва гъолъие къимат кьолел чагӏиги ругони.

— Амма глобализациялъ тӏад тӏенкел чӏвачӏого теладайха гьелда…

— Глобализация абураб жо буго кӏудияб ахӏмакълъи. Щай абуни кинавго чи цоцада релълъинавизе бегьуларо. Лъугьунаро магӏаруласул гӏурус чи.

— Шамил, дуцаго мунго щивлъун рикӏкӏунев: мугӏалимлъунищ, журналистлъунищ, шагӏирлъунищ?

— Мугӏалимлъун, насихӏатчилъун. Бокьулареб хӏалтӏи киданиги гьабизе ккечӏолъиялъ кутакалда талихӏав чилъун рикӏкӏуна дица. Цо-цо чи вукӏуна гӏумруялъ цо ишалда тӏадги чӏун, гьелъул хӏасил ккезабулев. Дирин абуни вахъинчӏо я кандидат, яги доктор, щвечӏо цӏарал. Гьединлъидал дун вуго мугӏалим, насихӏатчи. Дун гьевлъун вукӏана учительлъун вугеб заманалдаги, райгазеталда хӏалтӏулеб мехалдаги, гьевлъун вуго хъвалел кучӏдузулъ. Къотӏносан унаго чанги чияс бачуна дир квер мун жиндир учитель вукӏанин абун. Дица гӏемер батӏи-батӏиял бакӏазда кьуна дарсал, цӏалана лекциял (педуниверситеталда, теологияб институталда). Хунзахъ мадрасаги рагьун букӏана дица. Палхӏасил, гӏумруялъ учительлъун хутӏана.

Амма гьанже цо-цояз дида публицист-журналистилан, поэтилан, цӏалул тӏахьазул авторилан абула. Масала, ахираб кӏиго-лъабго соналда жаниб кечӏ хъвачӏеб цониги къо гьечӏо дир. Цере дица гьел цо сунцаниги, лъицаниги гьабураб асар сабаблъун хъвалел рукӏун ратани, гьанже хъвала гӏумрудул хӏалбихьиялъул насихӏатал хӏисабалда. Цо-цо политикаги жубалаха гъорлъе. «Къулуге» абураб кечӏ букӏана хъван (кколареб бакӏалда хӏелхӏедуге абураб магӏнаялда). Гӏемерисезе бокьана гьеб.

— Гьанже поэтал цӏакъго гӏемерлъун руго. Амма Расулил, Фазул гӏадаб даражаялъул поэтал гьечӏо.

— Гьединаб даражаялъул поэтал гурилан, тӏубанго гьезда тӏасан хӏучч цӏазе рекъон гьечӏо. Чиясул ракӏ бекизабизе бегьуларо. Ругезулги къимат гьабулеб гьечӏо гьанже. Дица дагьалъ цебе тӏаса бетӏер босичӏого цӏалана Мухӏамад Гӏабдулхӏалимовасул «Азаралда цоабилев асир» абураб тӏехь. Чачаналда ккараб рагъул хӏакъалъулъ хъван буго гьеб. Бищун лъикӏав гӏурус хъвадарухъанасулалда бащадаб гьунаралдалъун хъван буго. Амма цӏикӏкӏун чиясда рагӏарабищ гьеб асар, букӏине кколеб куцалда къимат живго хъвадарухъанасулги гьабулеб бугищ?

— Гӏабдулхӏалимов советияб заманалдасаго цӏар бугев хъвадарухъан вукӏана. Амма гьанже щивав кӏиабилев чи лъугьун вуго кучӏдул хъвазе, тӏахьал рахъизе. Гьеб лъикӏищ яги квешищ?

— Кучӏдул хъвазеян рахъинарищха, жибго магӏарул мацӏго кколелъул поэзия. Гьезул гӏемерисезул мурад буго лъиде кечӏ хъван батаниги, гьев вохизави, гьесул рекӏее рахӏат гьаби. Хӏакъикъаталда абуни, кочӏолъ хӏажалъула сипатал гьари. Масала, Чӏанкӏаца хъвалеб буго:

Бадий балагьани, гьецӏо биуна,

Гьимун мун кӏалъани, лъим бакъван ккола,

Кӏалзул жугьабазул жаваб рагӏани,

Ургьиб бугеб лъимер данде кӏалъала.

Поэтлъун вахъине ккани, гӏемераб жо бихьизеги лъазеги, дунялалъул поэзия цӏализе ва гьеб бичӏчӏизе ккола, къваригӏуна тӏадегӏанаб лъай (чӏалгӏаде гурелъул Литературияб институт лъугӏизабулеб).

Пуланав чи поэтищ, гуревищали къимат кьезе ккола критикас – кочӏол байбихьиги, ахирги, хӏасилги, кульминацияги бугищгьечӏищали чӏезабула гьес. Амма гьедин гьезда лъицаниги абуларо. Гӏицӏго Мухӏамад Бисавгӏалиевасда абизе бегьула литературияв критикилан. Амма гьесги къанагӏат гурони кьоларо къимат. Гьединлъидал хъвара-хъварал кучӏдул реццулел хутӏун руго нилъ. Кӏурулеб гьечӏони, гъотӏол хъарахъ лъугьуна.

— Бакьайчӏи гуманитариял цӏикӏкӏун ругин ккола дида.

— Бакьайчӏи кидаго гӏемер рукӏана гӏухьбиги мутагӏилзабиги. Бицен буго гьезул дагӏбаги букӏунаанин цоцалъ.

Хӏакъикъаталдаги машгьурал гӏухьби Бакьайчӏиялдаса гӏемер кирниги рукӏинчӏин абизе бегьула. Гьединго мутагӏилзабигиха. Анцӏго профессор магӏарул чан росулъ вугев? Масала, пединституталъул ректорлъун вукӏарав Ахӏмад Мухӏамадов, археолог Мурад Мухӏамадов, «Питательные среды» НППялъул гендиректорлъун вукӏарав Мухӏамад Мажидов ва цогидал. Гьединго 70-гӏанасев гӏелмияв кандидат вуго нижер росулъ. Исламиял гӏалимзабиги гьедигӏанасебго къадаралъул рукӏун руго. Бакьайчӏиса гӏалимчи Шахша-къади вукӏана Аваристаналъул муфтилъун. Гьабсагӏатги нахъе цӏунун хутӏун буго кӏуди-кӏудиял гӏалимзабазул букӏараб щуго-анлъго библиотека.

Цебехун поэзиялъул бицунел рукӏиндал, Бакьайчӏи гьабсагӏаталда вуго гӏезегӏан лъикӏ кучӏдул хъва- лев 70-ниги чи. Ругониги щиб, гьезда нуж ругилан абулеб гьечӏелъул. Масала, гьезда гьоркьов вуго химиялъул учитель, Гӏумарил Мухӏамад. Гьес кучӏдул цӏалулеб мехалда дида Есенин цеве чӏола. Амма кигӏан абуниги, гьес бахъичӏоха жиндирго кучӏдузул тӏехь. Гьединго рахъичӏо цогидазги.

— Дулъ динияб рахъищ цӏикӏкӏун бугеб, светиябищ?

— Дица гьеб кӏиябго батӏа гьабуларо. Аллагьас бижараб гурони диниябги букӏунаро, гьединаб гурони светиябги гьечӏо. Светияб дунялалда гӏумру гьабизе малъула динияб рахъалъ.

Цо-цо чагӏаз динияб гуреб гӏелму къабул гьабуларо. Амма гьеб мекъи буго, дир хӏисабалда. Масала, щвалде щун жиндирго гӏелму лъалев химикас гьединго щвалде щун исламияб динги гьабулеб бугони, гьев чиги Аллагьасул нухда вугев вали ккола. Аллагьасе какалги ран, динияб гӏелмуги лъазабун, къватӏибе бер баккичӏого, рокъов жанив чӏарав чиясул хӏакъалъулъ гьадин бицен рагӏун букӏана дида. Гьев чи Аллагьасде гӏагарав чи ватилинхаян абун бугила гӏадамаз Мухӏамад аварагасда. Цинги гьесие квен лъица кьолебин аварагас гьикъидал, вацасин бицун буго гӏадамаз. Гьеле гьев гӏагарав вугин Аллагьасдеян жаваб кьола Мухӏамад аварагас.

Гьединлъидал лъикӏлъи гьабизе нигат бугев ва жиндиего бокьулареб жо чияеги гьабуларев вуго динияв чи.

Гара-чӏвари гьабуна Зульфия ХӏАЖИЕВАЛЪ.