Туристаз хӏетӏе чӏечӏеб росу къанагӏатги батиларо жакъа магӏарухъ. Гьездаса мисал босун нилъгоги хьвадизе байбихьана тарихиял бакӏазде, тӏабигӏаталде. Цебе цоцазде тӏаде-гъоркье хьвади цӏикӏкӏун букӏаралъул, гьобол-гьудул камураб росуги букӏунароан. Гьанжесеб гӏелалда росабазул хӏакъалъулъ лъалеб жого батуларо. Гьединлъидал нижер пикру ккана жеги цӏикӏкӏун магӏарул росабалъе сапарал рухьине ва щибаб росдал хӏакъалъулъ нужееги бицине. Жакъа хӏалбихьилин Болъихъ районалъул Рахатӏа росдал сипат-сурат рагьизе.
Рорхатал мугӏруз сверун къараб, лъарал рагӏалда гьарзаго гӏезарурал пихъил гъутӏбуз берцин гьабураб, гьайбатаб тӏабигӏаталъул бакӏ буго Рахатӏа. Гӏадамалги руго гьенир сабурал, хӏалтӏул гурони мацӏ лъаларел. Рахатӏа гӏумру гьабулеб буго гӏага-шагарго 3500 чияс. Цогидал росабазул гӏадамал гӏадин, рахӏатаб гӏумруялда хадур шагьаразде гӏемер гочунаро гьезул гӏолилал. Аслияб къагӏидаялъ ах-хуралъул хӏалтӏаби гьарун, боцӏи хьихьун бетӏербахъи гьабулеб буго гьез.
Рахатӏа абураб цӏар бачӏана «рахи» абураб рагӏудаса. Гьанже росу бугеб бакӏалда ризаб рохь букӏун буго. Росуцояз рохь къотӏун, минаялда тӏад базе рахи (чӏалу) гьабулеб букӏун буго. Гьедин лъугьун буго Рахида абураб цӏар ва нахъа Рахатӏаялде сверунги буго.
Биценалда рекъон, Хунзахъ районалъул Уздалросулъа Узденбегил вас Кӏудияв Гӏалимухӏамад вачӏун вуго гьанже Рахатӏа росу бугеб бакӏалде яшав гьабизе. Ва тӏоцебесеб минаги гьес бан буго. Уздалросулъги руго Гӏалимухӏамадил тухумалъул чагӏи.
Росу цебетӏезабураб махщел
Росдал гӏадамал хӏалтӏудалъун хьезарураб, умумуз хазиналъун наслабахъе кьураб махщалил, республикаялдаго цӏар араб буртабазул артельги буго гьениб жакъаги. «8 март» абун цӏар лъураб гьеб артель рагьана 1924 соналда. Гьелъул тӏоцевесев председательлъун вукӏана Тӏандо росулъа Жамалудин Мутаев. Гьеб заманалда, артелалъул хӏалтӏухъабазул лъималазе, росулъ рагьана лъималазул ахги. Артелалъул станокалги цогидаб къайиги хӏалтӏизабизе ккани ток хӏажат букӏана. Гьеб суалгун Жамалудиница хитӏаб гьабула Гӏабдурахӏман Данияловасде. Гьеб иш бажарулеб жо гурин Данияловас абидал, Москваялдеги ун, специалистги вачун вачӏун вуго Мутаев.
1934 соналда, мугӏрузул районалда тӏоцебесеб гьитӏинаб электростанция бана Гӏашино росдада аскӏоб. Магӏарухъ тӏоцебе ток бачана Рахатӏе.
Артелалда буртаби гурелги, халичабиги, бусадул къайи-къоноги, турталги, арбабашалги гьарулаан. Кӏудияб Ватӏанияб рагъул заманалда артелалда хьухьун квасул гурдал, щватаби, квердахелал гьарулаан. Гьеб гуребги, фронталъе кумек гьабун, 15000 буртина битӏана рахалаз.
Росулъа Кӏудияб Ватӏанияб рагъде арав 44 чиясда гьоркьоса 17-яв тӏад вуссана. 27-яс рухӏ кьуна ватӏаналъе гӏоло.
1932 соналда росулъ рагьана ункъо классалъул школа — ликпункт. 1936 соналда — байбихьул школа. 1947-1952 соназда — анкьго классалъулаб ва 1975 соналда гьеб гьабуна гьоркьохъеблъун. 2017 соналда школаги бухӏун, артелалъул минаялде кӏиго сменаялъ хьвадизе кколаан цӏалдохъаби. Исана, рахалазул цӏалдохъабазе цӏияб цӏалул сон байбихьизе буго цӏибараб школалда.
15 гьобо
Гьайбатаб тӏабигӏат ва гӏадатияб махщел гуребги, лъабго лъел гьобоги буго росулъ. Хӏурият ккезегӏанго, росулъ букӏана 15 гьобо. Советияб заманалда гьел хӏалтӏизарулаан колхозалъ.
ДРялъул финансазул министр, росуцояв Юнус Сагӏадуевасул хӏаракаталдалъун, 2000 соналда къачӏана 200 сон бараб гьобо. Советияб заманалдаги хӏалтӏулеб букӏараб гьелъул, чӏунтун, кьучӏда лъурал ганчӏал хутӏун рукӏана. Росулъе рачӏарал гьалбадерил бер тӏаде цӏалеб хӏалалъ къачӏанги буго гьеб. Гьабида цебе ордеказ ва хъазаз берцин гьабураб гьитӏинабго хӏавузги буго. Хӏориниб масакӏ ва осетр ччугӏаги гӏезабула.
Ахирал соназда гьобо хӏалтӏизабулеб буго Гъайирбег Гъайирбеговасул хъизамалъ.
— Шагьаразда гьобо хӏалтӏула токалъул кумекалдалъун, хьонги газалда барсула. Магӏарухъин абуни гьеб лъеда хӏалтӏула ва цӏаги цӏулада бакула. Хьонги гьаниб цӏулада цӏаги бакун барсула. Лъеда хӏалтӏулеб гьабихъ ххенараб урбадулги ханждалги пайдаги цӏикӏкӏараб букӏуна», — ян бицана гьабигьанасул вас Мухӏамадица.
Умумузул нухдасан
1939 соналда гӏуцӏана росулъ Сталинил цӏаралда колхоз. Радал рогьалил как балелде мугӏрузде ун херги баччун тӏад руссунаан. Рокъобе магьги рехун, хадур артелалде хӏалтӏизеги унаан руччаби. Росу гӏуцӏаралдаса нахъе кверда махщел бугел гӏемерал устарзаби рукӏун руго гьенир. Жидерго гьеб махщалияб ирс наслабазухъе кьун щибаб рокъов вукӏунаан устар. 1950-1960 соназда росулъ хӏалтӏулеб букӏана тӏингъал, хьитал гьарулеб «Дабгъил рукъги». Гьанжейин абуни, кверзул мах- щел хӏалтӏизабулел чагӏи гӏемер гьечӏо. Гьелъие гӏиллаги батила, магӏишат гьабиялъул къагӏида би- гьалъун букӏин. Чӏахӏиял гӏадамаз бицухъе, бекьулеб ракь цебе цӏакъ къиматалда букӏана. Хӏатта, хурах гьабизе чӏегӏерракьцин, бакӏбакӏаздаса оцазул гьокоялъ, руччабаз мугъалъ баччулеб букӏун буго. Боцӏи-панзалъе пайда босизе, хер бижулеб бакӏги жибго тун, къадараб, хъитӏахараб бакӏалде унел рукӏана гӏадамал минаби разе. Гьединлъидал, росдал басриял авалазул минаби руго кьураби-хъитӏал гӏемерал бакӏазда.
Лъикӏлъи гӏадада холаро
Кӏудияб Ватӏанияб рагъ лъугӏидал, къватӏахъ хутӏана гӏемерал лъимал. Гьеб заманалда бакӏ-бакӏазда рагьана лъималазул ахал ва школа-интернатал. 1947 соналда Лъималазул рукъ рагьана Рахатӏаги. Гьелъул директорлъун тӏамуна Болъихъа Гӏусманов Шарапудин. Тӏалаб-агъаз гьабизе чи гьечӏел лъималазул къадарги соналдаса-соналде дагьлъун, 1968 соналъ къана гьеб. Гьенир хутӏарал дагьалго лъимал ритӏана Гъунире.
Гӏумарасхӏаб Мухӏамадовас бицана, доб заманалда Рахатӏа, лъималазул рокъор, гӏумру гьабун рукӏаразул цо-цояз гьанжеги жидер гӏадамазе баркала кьолин абун.
— 1999 соналда, рагъ ккедал, нижер гӏадамал Каспийскиялде гочун рукӏана. Нужее кумек гьабизе вачӏун вугин живиланги абун, цо гӏирисев чи вачӏана нижехъе. Рахатӏа детдомалда вукӏун вуго гьев. Щиб лъикӏлъигӏаги дуе рахалаз гьабун букӏарабин гьикъидал, гьес бицана, гьел гӏадинал ракӏ лъикӏал гӏадамал жинда дандчӏвачӏин. Детдомалда гӏумру гьабун жив вугеб мехалда, рузман сордоялъ панкъалги гьарун рачӏунел рукӏанила руччаби. Щибаб рузман сордоялъги лъималазе бикьизе квенги босун рачӏунаанила гьел.
Гьебго заманалда гӏахьвалавги вачӏана, нижее кумек гьабизеян абун. Гьевги нижер росулъ гӏурав чи вукӏун вуго. Щуго рукъ бугеб жиндирго квартира кьуна гьес нижер гӏадамазухъе, — ян бицана Гӏ. Мухӏамадовас.
Цо хъизам кинигин
Къватӏисел улкабаздаса бачӏараб ретӏа-къаялъул ва рукӏа-рахъиналъул къагӏидаги культураги кина- зего гӏаммаблъун лъугьараб гьаб заманалда, росабалъцин захӏмалъулеб буго маданиятги мацӏги цӏунизе. Жидерго наслаби кьибил къотӏараб гъветӏлъун хутӏиларедухъ, умумузул махщалилаб ва рухӏияб ирс цӏунизе цӏакъ хӏаракат бахъулеб буго рахалаз. Гьезул хӏаракат бихьула диниял, рахьдал мацӏ цӏуниялъул, миллаталъул хъвадарухъабазул хӏурматалда тӏоритӏулел тадбира- зулъ. Гьединаб хӏалтӏиги цебетӏола гьелъие махщел бугел церехъабазул ва жамагӏатчагӏазул кумекалдалъун. Гьел тадбиразул гӏуцӏарухъан ва цеехъанин абуни ккола авар мацӏалъул мугӏалим Патӏимат Мухӏамадзагьидова. Магӏарул мацӏалъул бечелъиги дуруслъиги цӏалдохъабазул ракӏазулъ накъищлъун бикӏулеб буго гьелъ. Рахьдал мацӏ, гӏадатал ва махщел наслабазе цӏуниялъеги гӏемераб хӏалтӏи гьабулеб буго. Гьайгьай, цо чияс гьабун гьединаб хӏалтӏи цебе унаро, росдал жамагӏаталъул гъункиги, цоцазде адабги букӏинчӏебани. Дагьаб цебе Рахатӏа росулъ тӏобитӏана накъшубандияб ва шазалияб тӏарикъатазул шайих, мунагьал чураяв Мансурил Мухӏамад-апандил цӏаралда кӏудияб мажгит рагьиялъул хӏурматалда республикаялъулаб мажлис. Гӏемерал чагӏи данделъараб тадбиралде квен-тӏех, мажгит ва къватӏал рацӏцӏиялъул хӏалтӏаби гьаруна росдалго руччабаз. Гӏуцӏарухъанлъиялъул хӏалтӏаби тӏаде росана гӏолохъабаз. Шамил Мухӏамадов, Мухӏамад Гӏабдулкеримов, бегавул Мухӏамад Сахратулаев ва цогидазги свак гьечӏого нухда бачана кири цӏикӏкӏараб иш.
Росдае хӏажатал бакӏал ралелъул кидаго кумек гьабула Юнус Сагӏадуевасги рес бугел росуцоязги.
Рахалазул ирсилал
Гьел къояздаго Патӏиматил нухмалъиялда гъоркь, Фазу Гӏалиева гьаюралдаса 90 сон тӏубаялъул хӏурматалда, кӏудияб тадбирги тӏобитӏана. Магӏарул чӏужугӏаданалъул къадру борхат гьабулеб хъахӏаб гормендоги чӏван, росдал руччаби цере рахъана тадбир берцин гьабизе. Умумузул махщалил ирслъун хутӏарал буртабиги ретӏун, кьер гьабун къватӏире рахъа- рал гӏолилазги къалъизабун букӏана сверухълъи…
Патӏимат Патхӏулаевнаялъ, цӏалдохъабигун ва ишцоялгун цадахъ, щибаб санайил кӏодо гьабула рахьдал мацӏазул къоги. Мацӏ гьечӏони миллат гьечӏо, миллат гьечӏони, гьечӏо маданиятги хаслъиги. Гӏолеб гӏелалъе тарбия кьолелъул умумузул махщелги, мацӏги, лъикӏал гӏадаталги малъизе хӏаракат бахъула рахалаз. Гьеб бихьулеб буго щибаб соналъ школаги росдал жамагӏаталъул церехъабиги гӏахьаллъун тӏобитӏулеб «Рахалазул ирсилал» абураб мацӏги маданиятги цӏуниялъул тадбиралдасанги.
П. СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА