Москваялда бугеб рахьдал мацӏазул федералияб институталъ санайил лъазарула рахьдал мацӏал церетӏезариялъул мурадалда батӏи-батӏиял конкурсал. Тӏобитӏана гьединаб конкурс исанаги. Тӏолгороссиялъул гьеб конкурсалъул «Рахьдал мацӏалъул кумекалдалъун – хӏикмалъабазул дунялалде» абураб номинациялда гӏахьаллъарай дие регионалияб этапалда щвана тӏоцебесеб бакӏ. Хӏалтӏи битӏун букӏана федералияб этапалде. Гье- ний дун яхъана лауреатлъун. Дидаго цадахъ Москваялде шапакъатал кьезе ахӏун рукӏана цоги батӏияб номинациялда регионалияб этапалда бергьарал Махӏачхъалаялъул №42 школалъул дарги мацӏалъул учитель Зубайда Хӏусейнова, авар мацӏалъул учитель Алжанат Мухӏамадова ва Хасавюрт районалъул Цӏияб Костек росулъа Пирдавус Гӏалиева.

Гьезул букӏана цадахъаб проект. Ва Дагъистаналдаса учительзабазе щвана тӏоцебесеб бакӏ. Гьединго нижер цадахъаб церерахъиналъе тӏадегӏанаб къимат кьуна конкурс гӏуцӏараз. Гӏолохъанал учительзабаздаги абилаан дица гьединал тадбиразда гӏахьаллъейилан. Гьездаса гӏемераб пайда букӏуна хӏалтӏулъ. Баркула ишцоязда тӏадегӏанаб бергьанлъи ва гьарула хӏалтӏулъ бергьенлъаби.

Шамай ХЪАЗАНБИЕВА