Риидалил лагьиялъ сверун ккураб Махӏачхъалаги кӏиго къоялъ рехун тун, араб шамат къоялъ сапар бухьана Унсоколо районалде. 16-17-абилел къоязда Авар автономиялъул ва Магӏарул мацӏалъул мугӏалимзабазул ассоциациялъул хӏаракаталдалъун гьениб тӏобитӏана рахьдал мацӏалъул мугӏалимзабазул руцӏцӏен. Лъагӏалица хӏадур гьабураб программагун, щибаб муниципалитеталъул вакилзаби цере рахъана гьенир. Ва тӏоцебесеб бакӏалъе мустахӏикълъана Чӏарада районалъул къокъа. Кӏиабилел бакӏал щвана Хунзахъ, Лъаратӏа ва Хасавюрт районазул вакилзабазе. Лъабабилел бакӏал ккуна Шамилгун Болъихъ районаз ва Махӏачхъалаялъул мугӏалимзабазул къокъаялъ.

Исана ункъабилеб нухалда тӏобитӏана гьеб дандеруссин. Амма гӏицӏго мугӏалимзабазул тад- биралъул даражаялдаса гьеб цебего анин абизе бегьула. Киналго магӏарулазул кочӏолгун ихтилаталъул байрамлъун лъугьана гьеб. Ва цоги нухалда гьеб якъинлъана арал гӏодоркъояз гьениб бихьаралъул хӏисаб гьабидал.

Гӏашилтӏа росда нахъа бугеб накӏкӏигъутӏбузул рохьил рацӏцӏалъуда данде ракӏарун рукӏана магӏарулал. Амма цин гьенире щвелелде, нухда бихьа-рагӏаралъул бицинчӏого гӏоларо.

Бечедаб тарихалъул ракь буго Унсоколо. Магӏарухълъиялъе бергьараб къисматалъул, гӏалам бахил гьабулеб гьунаралъул кӏиго имамги кьурав, инкъилабалъул цӏадуда сверухъ магӏарулал цолъизе гьавурав Махӏач Дахадаевги гӏезавураб, хьиндаллъиялъул пихъица бечедги гьабураб, цӏулада накъиш угьизе махщел бугел устарзабиги рахъараб магӏарухълъиялъул бокӏон.

Унсоколо росдада аскӏосан, хъил тӏечӏеб чабхил нухдасан харун унеб букӏана нижер машина. Хьиндаллъиялъул росабалъ тӏад бан барщун бугоан ахбазан. Бакъвазе тӏохазда тӏибитӏараб гьелъ берцин гьабун букӏана сверухълъиго. Халатаб эхедерайги тун, Хъахӏабросулъе, Цӏатанихъе ва Иштӏибури росабалъе сверулеб бакӏалде щвана. Гъоркьа тӏаде бахунаго багӏарараб машинаги хӏухьбахъизе тун, гьогьен чӏвазе къватӏире рахъана. Гъоркьехун бихьулеб букӏана гьарзаго бижараб харица бацараб ансадерил мегъ. Рухъи-чӏарайги лъугӏун, рагьлихъ урхъун ругел цӏоросаролъил хурзал. Гӏемерисел росабалъ гьанже хурзал рекьуларин хъван букӏана нижецаги. Амма, Аллагьасе рецц, гьеб унти киналго росабалъе щун гьечӏо.

Тӏубанго рехун тун гьечӏо магӏарулаз умумузул яшав.

Гьединал пикрабазда щвана гӏешдерил рохьоре. Рогьалилъго къватӏире рахъарал гьенир паракъалъун ругоан. Ахӏулеб кочӏолги, бежулеб гьаналгун чадил махӏ букӏана сверухъ тӏибитӏун. Рохьоб, рахъ-рахъалда жидерго къайиги чӏван, бакун цӏагун, квен-тӏехалде руссун ругоан гӏемерисел. Бежулеб шашликӏалъул лазатаб махӏалъ ракъарал нижее лъикӏаб асарги гьабуна. Умумузул хъабал юккабиги ретӏун руччабиги, гӏарцул ханжар- рачел борчун, чухъа ретӏарал бихьиналги рихьулел рукӏана киса-кирего.

Релъи-хъуй гьечӏого рохизе лъалел

Сагӏат 11-ялдехун рагьана тадбир. Щибаб мегӏералда, щибаб щобалда рагӏуледухъ саламги кьун, тадбиралде рачӏарал гьалбдериде хитӏаб гьабуна Унсоколо районалъул къокъаялъ. Магӏарул бакъаналда гъоркь кечӏги ахӏана, халкъиял шагӏирзабазул асаразулъа кочӏол мухъалги рикӏкӏана. Умумузул гӏадат-гӏамалалъул ва рукӏарахъиналъул бицунеб гьитӏинабго сценкаги бихьизабуна. Ахиралда, гӏертӏалгун сцена бакьулъе рачӏарал ясаз свериги бахъана.

Гьелдаса хадуб цо-цоккун цере рахъана щибаб муниципалитеталъул вакилзаби. Маркӏачӏул бер рукӏкӏинегӏан ахӏулеб кочӏолги, кьурдул бакъаналъги кверде босун букӏана гӏешдерил рохь. Сценаялдаса рагӏана церегоялдаса нахъе рагӏун букӏинчӏеб, чӏагояб гьаракьалъ ахӏулеб унго-унгояб магӏарул кечӏ. Жергъада кӏутӏулел килщаз бачана цебего кӏочон танин ккараб умумузул бакъан. Цин борхун, цин гӏодобцун бачунеб аргъаналъул гьаркьица каранда ракӏ цин гьалдезабуна, хадуб гӏодизе тӏамуна. Магӏарул пандрида гъоркь ахӏулеб кочӏол гьаракь рикӏкӏаде хъамулеб букӏана гьороца.

Маркӏачӏул бер рукӏкӏунеб гӏуцжалъ сценаялде рахана Авар театралъул хӏалтӏухъаби. Гӏарип Расуловасул «Росулъ ккараб иш» абураб комедия бихьизабуна гьез.

Гьединаб букӏана рахьдал мацӏалъул мугӏалимзабазул руцӏцӏеналъул ва магӏарулазул гӏаммаб байрамалъул тӏоцебесеб къо.

Хадуб букӏана гьогьомараб роол сордо, гӏурдада бакараб цӏа ва цӏа сверун ракӏарарал магӏарулал. Тӏанусиса булбул, Ахӏсарат Хӏайбулаевалъ хӏасратго ахӏулеб кечӏ, хундерил культураялъул управлениялъул хӏалтӏухъан Чаран Султӏанбеговас махщалида бачунеб бакъан. Цӏадуда бежулеб шашликӏ. Моцӏрол канлъиялъ берцин гьабураб сверухълъи.

Сордо рогьа дуца, гӏешдерил рохьоб…

Сордо рогьинегӏан къотӏичӏо кочӏол гьаракь. Рогьалил какдаса хадув кьижун ккарав дун ворчӏизавуна руччабазул релъи-хъуялъ. Сундул бицун релъулел гьел рукӏаралали лъаларо, амма цӏакъ аваданаб сурат бугоан радалго Махӏачхъалаялъул мугӏалимзабазул къокъачагӏазул горсверуда.

Бакъул чӏорал гьанжего гьанже мугӏрузда тӏад тӏиритӏулел рукӏана, дун къватӏиве щведал. Хъантӏун цӏалаго цӏияб гьавагун, рохь къотӏун цеве ана тира-сверизе. Огь, лазат цо магӏарул тӏабигӏаталъул. Бугеб жоялъул къимат гьабизе лъалебани, цӏакъал гӏадамал рукӏинаан нилъ. Гьадинаб гьайбатаб сверухълъиги тун, нахъруссуна машинабазул хъудиялъги хъублъараб гьаваялъги данде къан къварид гьабураб шагьаралде.

Цоял квание хӏадурлъулел, цогидал макьил кеп босулел, лъабабилел — чехьатӏадеги рехун хабар-кӏалалда ругоан гӏадамал. Дагьаб добегӏан Гъизилюрталда гӏумру гьабун вугев Тӏелекьа Хӏабиб Мухӏамадовас ахӏулеб кочӏохъ гӏенеккун рукӏана цогидал. Хӏабибицайин абуни ахӏулеб букӏана Хъахӏабросулъа Махӏмудиде гьабураб кечӏ.

Исана ункъабилеб нухалда тӏобитӏараб ва ункъабго соналъ гьелъие квербакъарай, цебехъанлъи гьабурай гӏадан ккола Баху Мухӏидинова. Магӏарулазда лъикӏго лъала гьелъул эмен Шамил Мухӏидиновги. Адабият бокьулез гъираялда къабул гьаруна ахирал соназда гьес хъварал кучӏдул. Инсул нухдаса тариларин, рахьдал мацӏ хвезе теларин абураб мурадгун кӏудияб хӏалтӏи гьабулеб буго Бахуца.

Кӏалъазе рахъанщиназ кӏудияб къимат кьун дандеруссиналъе баркала загьир гьабуна магӏарулалги данде гьарун, тадбир гӏуцӏарай Мухӏидиновалъе. Масала, «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редактор Гӏумахан Гӏумахановас, гьесул заместителал Зикрула Ильясовас ва Пайзула Пайзулаевас, ДРялъул халкъиял шагӏирзаби Мухӏамад Ахӏмадовасгун Мухӏамад Хӏамзаевас ва жамгӏиялгун творческияб интеллегенциялъул церехъабаз. Гьелъие баркала кьуна Унсоко- ло районалъул нухмалъулев Гӏиса Нурмухӏамадовасги.

Къалъудаса хадуб тӏобитӏана миллияб кванил конкурс. Щибаб районалъул вакилзабаз хӏадурун букӏана умумузул букӏараб тӏагӏам.

Бакъанидехун нахъеги байбихьана ихтилаталде. Ахӏана кучӏдул, кьурдана, рохана, релъана, цадахъ суратал рахъана.

Гьениса нахъе ине бокьуларого, нахъ-нахъруссун, гӏешдерил рохьоб жидерго саназул цо бутӏаги тун унел ругел гӏадин, къо-лъикӏ гьабуна магӏарулаз ансадерил ракьалъулгун.

Ашахан ЮСУПОВ, Гӏашилтӏа-Махӏачхъала