Банкалъул карточкаялъул кумекалдалъун гӏарац кьолеб къагӏида гьабизе ракӏалда буго лъагӏалил ахиралде 500 маршруткаялъуб. Гьабсагӏаталда гьединал аппаратал рекъезарун руго 103 маршруткаялда жаниб. Гьелъул кӏудияб квегӏенлъи букӏине бугин пассажиразеян бицана республикаялъул Транспорталъул министерствоялда.
sources.avar.me / hakikat / 2022