27 июлалда ДРялъул Хӏукуматалъул нухмалъулев Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас са- пар бухьана Хунзахъ районалде. Тӏадеялъул Расул Хӏамзатовас 100 тӏубаялъул тадбиралде хунз кин хӏадурлъулел ругелали халгьабизе, республикаялъул нухмалъулев Сергей Мелико- васул тӏадкъай тӏубазе вачӏун вукӏана гьев тӏалъиялде.
Гӏ. Гӏабдулмуслимов щвана Цӏада росдада цебе бугеб «Хъахӏал къункъраби» абураб мемориалияб комплексалде. Гьениб хал-шалги гьабун, юбилеялъул соналде хӏалтӏаби гьарун лъугӏизе кколин лъазабуна премьерас. Тӏаде рачӏарал гьалбадерица лъикӏаб къимат кьолеб хӏалалда къачӏан букӏине кколин комплексилан абуна гьес.
Цинги хӏукуматалъул нухмалъулев щвана Цӏадаса Хӏамзатил букӏараб минаялъуве. 1960-абилел соназдаго гьелъие кьуна музеялъул статус. Машгьурав шагӏирасул лъимерлъи жаниб араб минаялъ кӏудияб асар гьабуна Гӏабдулмуслимовасе. Минаялъул гъоркьарокъор цӏунун руго Цӏадаса Хӏамзатил рукӏарал хӏалтӏул тӏагӏел-алатал – тӏимугъ, буртина, цӏулал манги, сандукӏ, пуруц-рукь, чода нахъа балеб гьоко ва гьеб гуреб цогидабги буго гьениб.
Тӏасияб тӏалаялде рахиндал, рагъи цӏун руго батӏи-батӏиял соназда рахъарал Расулил ва гье- сул гӏага-божаразул суратал. Къеда чӏван руго Кӏудияб Ватӏанияб рагъдаса руссинчӏел Расу- лил кӏудиял вацал Мухӏамадил ва Ахилчил суратал. Цӏорол рамкаялда жанир цӏунун руго рагъдаса гьез ритӏун рачӏарал кагътал.
Гьеб киналъго асар гьабурав Гӏ. Гӏабдулмуслимовас абуна Расул Хӏамзатовасул юбилей нилъеца кӏодо гьабизе кколин цогидаз мисал босулеб куцалдайилан.
Гьебго къоялъ республикаялъул премьер щвана чанго къоялъ цебе Оренбургалдаса туристазул машина гъоркье араб Цӏолбокь рагӏалдеги.
Гьелъул гӏайиб нужедаги бугин абуна Гӏабдулмуслимовас районалъул нухмалъиялъе бадибчӏвайги гьабулаго. Жиндир заманалда кьурул рагӏалда галан ялъуни къед гьабун букӏарабани гьединал ишал ккечӏого хутӏизе бегьилаан. Туристазе шартӏал чӏезаризе кколеблъиялъулги бицана гьениб.
Украинаялда тӏобитӏулеб хасаб операциялда гӏахьаллъулаго къадаралде щварал Хунзахъ районалъул рагъухъабиги ракӏалде щвезаруна ахиралда.