Гьал къоязда республикаялде вачӏун вукӏана Гӏарабазул Цолъарал Эмиратазул (ОАЭ) Россиялда вугев посол Мухӏамад Ахӏмад аль-Жабер.
Республикаялъул гӏемерал бакӏазде щвана Мухӏамад Ахӏмад аль-Жаберин. Рихьизаруна гьесда нилъер росдал магӏишаталда кколел ругел бергьенлъабиги. Гьединго гьев дандчӏвана республикаялъул нухмалъулев Сергей Меликовгунги.
Мухӏаммад Ахӏмад аль-Жабер дандчӏвана бесдал лъималгунги. Дандчӏвай тӏобитӏана Гьудуллъиялъул рокъоб. Гьелда гӏахьаллъана ДРялъул хӏукуматалъул председателасул заместитель Муслим Телякавовги ДРялъул лъай кьеялъул министр Яхӏя Бучаевги.
«Лъималазе, хасго бесдалазе ва къайимчи гьечӏезе, цӏакъ хӏажат буго пачалихъалъул тӏалаб-агъаз. Ниж хӏадур руго гьезие хӏажатаб гьабизе», — ян абуна дандчӏваялда Муслим Телякавовас.
Мухӏаммад Ахӏмад аль-Жаберица ракӏалде щвезабуна пандемиялъул заман ва абуна гьеб мехалда лъималазе – рикӏкӏадасан цӏалулел рукӏиналъ – компьютерал цӏакъ хӏажат рукӏанин абун. Цӏализе пагьму бугел лъималазе ноутбукал сайгъат гьаруна гьес.