Сулахъ къварилъухъ, Басрияб Миякьо росдада аскӏоб хӏорихъ дандречӏана туристал рекӏараб кӏиго катер. Цо турист больницаялде ккана. Заманаялъ гьеб бакӏалде тира-сверизе унезе нух къан буго.
Республикаялде рачӏунел туристал цӏикӏкӏанагӏан, кколел руго цо-цо талихӏкъарал лъугьа-бахъиналги.
Масала, Хунзахъ, ай Цӏолбокь кӏкӏалахъе бортана хъизамго тӏад рекӏун букӏараб машина. Моцӏгун бащадалъ цебе, Шамил районалъул Микьигьориб росулъги авария гьабуна Ставрополь краялдаса гӏаданалъ. Гьединлъидал цӏодорлъи гьабизе ккела.