«Дагестанская правда» газеталъул редакциялда тӏобитӏана ДРялъул миллияб политикаялъулгун диниял ишазул министр Энрик Муслимовасул гӏахьаллъигун пресс-конференция. Гьелда гӏахьаллъана республикаялъул СМИязул журналистал.
Данделъиялда бицана республикаялда тӏобитӏулеб бугеб миллияб политикаялъулги, диназда гьоркьосел бухьеназулги, гражданиял жамгӏиятазул институтазулги, диниял гӏуцӏабазул гьоркьорлъабазулги, къватӏисел улкабаздаса рачӏарал гӏадамазе республикаялда шартӏал гӏуцӏиялъулги хӏакъалъулъ.
«Нилъер буго Миллияб политикаялъулгун диниял ишазул министерство. Щиб гьелъ гьабулеб хӏалтӏи? Щай гьеб къваригӏун бугеб?» — гьединал суалал гӏемер кьола дагъистанияз. Ва гьелго суалал дица кьолел руго дуе, Энрик Селимович», — ан байбихьана пресс-конференция нухда бачарай Бурлият Токъболатовалъ.
Энрик Муслимовас бицана министерствоялъ тӏуралел масъалабазул хӏакъалъулъ. Миллатазда гьоркьосел бухьеналги, батӏи-батӏиял диназул гьоркьорлъабиги, жамгӏиял гӏуцӏабазулги пачалихъиял идарабазулги цадахъал ишалги, нилъер республикаялда цӏалулел ругел къватӏисел улкабазул студентазул масъалабиги – гьел киналго ккола министерствоялъул аслиял ишалин абуна гьес. «Гӏемермиллатазулаб Дагъистаналда чарагьечӏого букӏине ккола Миллияб политикаялъул министерство. Щайгурелъул миллатаздаги диназдаги гьоркьосеб гьудуллъи ккола тӏолабго жамгӏияталъул парахалъиялъе кьучӏлъун. Гьединаб щулиб кьучӏ гьечӏони, республикаялъул цебетӏеялъе нух букӏунаро», — ян бицана министрас.
Э. Муслимовас бицана миллиял мацӏал цӏуниялъул рахъалъ министерствоялъ гьабулеб хӏаракаталъул хӏакъалъулъги. Масала, гьес рехсана Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул филологияб факультеталда цебе рагьараб Рахьдал мацӏалъул цӏех-рех гьабиялъул центр. Гьеб централъул хӏаракаталъул рахъги ккун, министерствоялъ биччалеб буго миллиял мацӏазда тӏахьал рахъиялъе гӏарац. Исана гьелъие биччан буго 600 азарго гъурущ.
«Рачӏа рахьдал мацӏазда кӏалъазе. Гьайгьай, нилъ тӏубаларо гӏурус мацӏалда гаргадичӏого, амма гӏурус мацӏалъ хабалъ рукъизе кколаро Дагъистаналъул халкъазул мацӏал. Гьелъ рукъулелги гьечӏо гьел. Мацӏал хвезарулел руго нилъецаго – рокъоб, хъизамалда эбел-инсуца лъимералда малъунгутӏиялъ, рахьдал мацӏ бицунгутӏиялъ. Пачалихъалъулги власталъулги кӏудияб бутӏа буго рахьдал мацӏал цӏуниялъулъ, амма кинабго гьезда бараб букӏунаро», — ян бицана гьес.
Рахьдал мацӏазе хоб бухъулел нилъго ругин абун, министрасул рахъккуна «Дагестанская правдаялъул» бетӏерай редактор Бурлият Токъболатовалъги. «Эбел-инсуца рокъоб кьолеб тарбиялдагун лъаялда бараб буго гӏемераб жо. Мацӏ буго нилъер тарих, маданият, адабият. Гьеб кинабго гӏолеб гӏелалъухъеги кьезе ккола», — ян абуна гьелъ.
«Рахьдал мацӏал цӏуниялъул мурадалда, республикаялъул законодательствоялда хиса-басиял гьариялъул рахъалъ Дагъистаналъул парламенталде кинабгӏаги хитӏаб гьабунищ Миллияб политикаялъулги диниял ишазулги министерствоялъ?» — абураб суалалъе чӏванкъотӏараб жаваб кьечӏо министрас. Амма хӏукму гьабуна миллиял СМИязулги Миллияб политикаялъулгун диниял ишазул министерствоялъулги бухьен камил гьабизе.
К. СУЛЕЙМАНОВА