Мацӏалдаго цадахъ миллатги тӏагӏуна
Миллияб мацӏалда нацӏцин баладай?
Гӏемераб ахӏи-хӏур гьабуна «РФялъул Лъайкьеялъул хӏакъалъулъ» абулеб федералияб законалда хиса-басиял гьариялъул проекталъ. Гьелъул нижеца газеталъул гьурмаздасан гӏемер бицана. Гьале гьанже гьеб законопроект гьоркьоб лъей нахъе тӏамуна ва гьелда тӏад жеги хӏалтӏизе кколин лъазабуна. Амма кинаб хӏукму гьабизе бугеб Пачалихъияб Думаялда цӏидасан гьелде тӏадруссиндал? Кинаб букӏине бугеб нилъер мацӏалъул ва миллатазул къисмат абураб суал буго нилъеда цебе.
ДРялъул Халкъияб Собраниялъул Гӏелмуялъул ва лъайкьеялъул комитеталъул депутатаз абулеб буго гьеб батӏияб-цӏияб хӏукму кколарин, жакъаги нилъер республикаялъул школазда миллияб мацӏ, эбел-инсуца ва цӏалдохъанас тӏасабищун, лъазабулин. Гьединлъидал гьанже къабул гьабулеб законалъул проект кколин цӏалдохъабаз миллиял мацӏал жидеего бокьун лъазарулеб къагӏида щула гьаби. Гьеб гуребги, законал, миллиял мацӏазул жакъа бугеб статус хисизабулеб гьечӏин, гьел школалъул цӏалул планалъул базиснияб бутӏаялда рукӏине ругин. Гьаниб буго цо дандеккунгутӏи. Цӏалул планалъул базиснияб бутӏа ккола закон ва гьениб бугеб предмет чара гьечӏого лъазабизеги ккола. Депутатаз бицунеб миллиял мацӏал цӏалдохъабаз жидеего бокьун лъазаризе бегьулин абулеб жоялъул магӏна щибха? «ДРялъул лъайкьеялъул хӏакъалъулъ» абулеб законалъул 10-абилеб статьяялда хъван буго: «Лъайкьеялъул пачалихъиял ва муниципалиял идарабазда гӏурус мацӏгун цадахъ Дагъистаналъул халкъазул мацӏалги, тӏадаб предмет хӏисабалда, лъазари чара гьечӏеблъун буго», — ян. Кибха гьениб хъван бугеб жидеего бокьун лъазабизе бегьулин? Гьанже хӏисаб гьабе «РФялъул лъайкьеялъул хӏакъалъулъ» абулеб федералияб закон хисизабизе ургъулеб бугеб ахӏи бахъинабураб №438863-7 законалъул проекталда хъвалеб бугеб жоялъул. Гьелда рекъон, санаде рахинчӏел школлъималазул эбел-инсул ихтияр буго, лъимадуе аслияб гӏаммаб лъай щвезегӏан, миллияб мацӏ факультативияб къагӏидаялда, ай бокьани гурони лъазабулареблъун рикӏкӏине. «Гьеб проекталъ миллиял мацӏазул жакъасеб статус хвезабуларин» Халкъияб Собраниялъул цо-цо депутатаз абулеб жо гьереси кколарищ? Гӏемерисез абулеб буго гьеб бугила миллиял мацӏазе бухъулеб хобилан. Гьединлъидал Дагъистаналъул батӏи-батӏиял жамгӏиял идарабаз Пачалихъияб Думаялде хитӏаб гьабулеб буго гьеб законалъул проекталъул рахъккогейилан гьарун.
Гӏемерисез рикӏкӏунеб буго гьеб миллиял мацӏазе бухъулеб хоблъун. Гьединлъидал Дагъистаналъул батӏи-батӏиял жамгӏиял идарабаз Пачалихъияб Думаялде хитӏаб гьабуна гьеб законалъул проекталъул рахъккогейилан. Гьелда сверухъ букӏана нижеца гӏадамазулгун гьабураб гара-чӏвариги, нижее лъазе бокьун букӏана гӏадатиял дагъистаниязул пикруги.
Гӏабдулаев Салман, Табасаран районалъул Дагъни росулъа ДГУялъул филологияб факультеталъул студент:
— Дида лъикӏ лъала рахьдал мацӏ. Ракӏалда буго гӏагараб мацӏалъул гӏелмуялда тӏад хӏалтӏизе ва школалда гьелъул дарсал кьезе.
Миллиял мацӏазде тӏадецуй гьаби дида мекъаблъун бихьула. Мацӏ тӏагӏани, миллат билула. Мацӏ буго, цӏуне ва бечед гьабеян васиятгун, умумуз нилъее тараб къиматаб хазина, гӏарац-месед кьун босизе щолареб бечелъи. Нилъеда тӏадаб буго, ясбер гӏадинги цӏунун, хадусеб гӏелалъухъе гьеб кьезе.
Мирзаханов Мухӏамад, Дахадаев районалъул Харбук росулъа ДГУялъул студент:
— Мацӏ ккола инсанасул рухӏияб бечелъи, нилъер умумуз нус-нус соназ бечед ва камил гьабураб, щиб балагь бачӏаниги, цӏунун нилъехъе кьураб къиматаб сайгъат. Мацӏ ккола халкъалъул тарих, гӏумру. Рахьдал мацӏ лъаларев чи ккола жиндирго къимат гьабуларев чи.
Ибрагьимов Мухӏамад, «Надежда» абураб республикаялъул реабилитациялъулаб централъул директор:
— Рахьдал мацӏ тӏагӏинабизе ургъулев чи гӏенеккизе ккела дунялалда цӏар рагӏарав Расул Хӏамзатовас абурал рагӏабазухъ:
Метер магӏарул мацӏ хвезе батани,
Хваги дун жакъаго,
жаниб ракӏ кьвагьун…
Магӏарул мацӏ хвани, тӏагӏуна миллат, билула эбел-инсуде бугеб адаб-хъатир, магӏарулазул хаслъи ва тӏабигӏат. Капурзабиго гӏадин, нилъ ругьунлъула наркотиказде, гьекъолдиялде ва хъахӏбалъиялде.
Дир буго лъабго лъимер ва гьезул ичӏго лъимер. Киназдаго лъала рахьдал мацӏ. Гӏурус мацӏалъ кӏалъай школалда, хӏалтӏуда, амма рокъоб букӏине ккола магӏарул мацӏ. Рахьдал мацӏ лъаларев чи дица магӏарулавлъун рикӏкӏунаро.
Удаев Мирза, Гъуниб районалъул Мохӏоб росулъа, ДРялъул мустахӏикъав тохтур-травматолог:
— Миллаталъе миллияб мацӏ ккола инсанасул черхалъе мугъзагьод гӏадаб щулалъи. Мугъзагьод бекани, чиясул къагӏида хола, мацӏ тӏагӏани, миллат букӏунаро. Квеш ккараб жо буго гӏемерисел гӏолохъанал дагъистаниязда гьеб пикру бичӏчӏуларого букӏин. Гьеб бугоха жидеда эбелалъул мацӏалдаса чияр мацӏ берцин бихьулилан абулеб жо, ай жидерго адаб гьабунгутӏи. Даргиязулги магӏарулазулги мацӏал дие гӏагарал ккола, гьеб ккола дир бечелъи.
Гӏумаров Мурад, художник:
— Цебего заман щун буго учительзабазги, гӏалимзабазги, эбел-инсуцаги, миллиял мацӏазул къимат лъалезги тӏалъиялде ахӏи базе, ООНалде гӏунтӏун хитӏаб гьабизе. Миллиял мацӏал гьечӏони, гьечӏо Дагъистан, гьечӏо нилъер миллатал, лъараца уна дагъистаниязул рухӏияб бечелъи. Дунялалдаса тӏагӏун унел ругел хӏайванал ва чӏахӏ-хер нахъе цӏуниялъул мурадалда гьел Багӏараб Тӏехьалде росула, цебего заман щун буго тӏагӏун ине хӏинкъи бугел гӏисинал халкъазул мацӏазе хасаб Багӏараб Тӏехь гӏуцӏизе.
Гьитӏиномухӏамадов Хӏусен, «Азия» турфирмаялъул учредитель:
— Хӏухьелккун бицуна нилъер радио-телевизоралъ Латвиялдаги Украинаялдаги гӏурус мацӏ лъазабиялъе квекӏен гьабулеб бугин. Нилъерго улкаялда гӏисинал миллатазул мацӏал лъазариялъе ва цӏуниялъе хӏукуматалъ гьабулеб квекӏеналда лъолеб цӏар щиб? Байбихьул классазда киналго дарсал миллиял мацӏазда кьезе ккола. Гӏажаибаб жо, диниял чагӏаз абула лъималазда гӏараб мацӏ малъейилан, «гӏакъилзабаз» — ингилис мацӏ лъазабейилан. Анцӏго соналъ цеве Дагъистаналде вачӏун вукӏарав, жинда къого батӏияб мацӏ лъалев немцав Клаусилгун ккараб гара-чӏвариялда гьес абуна, магӏарул мацӏалдаса берцинаб ва камилаб мацӏ жинда рагӏичӏин. Нилъеца цӏуничӏони, лъицаха цӏунизе бугеб рахьдал мацӏ? Миллияб мацӏалда нацӏ базе тезе бегьуларо.
Гьеб масъалаялда сверухъ социалиял гьиназдаги унел руго кор бокьарал бахӏсал. Масала, Гӏабдула абулев чияс хъвалеб буго: «Дидаги, дир лъималаздаги, гьезул лъималаздаги магӏарул мацӏ лъаларо. Гьеб цӏакъ квеш буго, росуцояздаса дун нечон вукӏуна».
Цӏар абизе бокьичӏев: «Щибизе дир лъималазе рахьдал мацӏ? Гӏумру гьабун дир вас Москваялда вуго, яс Франциялда йиго. Щивгун гьел гьенир магӏарул мацӏалда кӏалъазе ругел? Щай школалда цӏалулев дир гьитӏинав васасе магӏарул мацӏ? Лъугӏила школа, ина гьев жиндиего чед балагьизе гӏалагъважа гӏемераб Дагъистаналдаса. Тӏадчӏун гьес лъазабулеб буго кибго хӏажалъулеб ингилис мацӏ, гьелъул кумек букӏина гӏумру гӏуцӏизеги, гӏадамалъе вахъинеги. Жакъа нилъер буго батӏияб гӏумру, гьеб нилъеда рекъечӏони, нилъ гьелда рекъон гӏумру гьабизе ккола. Магӏарул мацӏ ккола архаизм, гьелъул гӏасру ана».
Хадурагӏи
Дир пикруялда, миллиял мацӏал тӏагӏинариялъе гьарулел тадбирал ккола нилъер тӏалъиялъ киналго гӏадамал цо коцонир кьабизелъун, ай тӏубанго цоцада релълъараб гӏалам лъугьинабизелъун ургъунго гьабулеб макру. Бичӏчӏикьеялъулаб хӏалтӏи гьабун, хӏинкъизарун коммунистазги нилъ миллияб ратӏлидаса инкар гьабизе тӏамуна. Хадуб, «некӏсиял, гьаб заманалда дандекколарел миллатазул гӏадатазда» тӏад малги чӏун, чияр гӏадатазде ругьун гьаруна.
1927 соналда Гьидалъ участковияб больница рагьана асатӏинав Михаил Бугуловас. Гӏемерал чагӏазул гӏумру хвасар гьабуна гьес, гӏемераб гьудул-гьалмагълъи букӏана гьесул гьениб. Гьениса ун, лъеберго соналдасан гьидерица гьев жидехъего гьоболлъухъ ахӏана. Цӏакъ разиго вукӏана гьев цӏидасан Гьидалъе щвеялдасаги гьидерица гьабураб хӏурматалдасаги. Гӏемерал берцинал рагӏаби абуна гьес гьидерил жамагӏаталъул хӏакъалъулъ. Амма цо гӏодобчӏеялда гьес абуна: «Кинабго лъикӏ буго, амма цо бадибчӏвайги бугебха дир нужее. Гьаниве вачӏунеб мехалъ, ракӏалда букӏана хасаб берцинлъиялъул, лъидаго релълъинчӏеб узданлъиялъул ретӏелги ретӏун, дандчӏвай гьабилин нужеца дидаян. Гьеб букӏана нужер гӏамал-хасияталда, гӏумруялда, сверухъ бугеб тӏабигӏаталда рекъараб ретӏел, гьеб нужеца Европаялъул формаялъухъ хисун буго. Гьанже нуж киназдаго релълъана, цогидаздаса ратӏарахъизе кӏоларо. Гӏайиб гурищ?» — ан.
Нури Нуриев