Рукъалдасаги цебе кколаан гьес школа
Наслабаз мисал босизе мустахӏикъаб ирс нахъе тана Ибрагьимхалилица
Шамил районалъул Тӏидиб росдал школалде щванщинахъе битӏахъе рухӏдаллъизе бачӏуна. Киса-кибго бугеб рацӏцӏа-ракъалъиялъги, гьимун гурони кӏалъаларел учительзабазгун цӏалдохъабазги рекӏее гьабула лъикӏаб асар. Гьаб нухалда гьениве щведал, доб цебе гӏадаб чӏаголъи гьечӏолъи бихьулеб букӏана. Гьелъие гӏиллаги букӏана 50 соналъ росдал школалъе нухмалъи гьабурав Россиялъул мустахӏикъав учитель Ибрагьимхалил Гӏалиев нилъеда цадахъ гьечӏолъи. Амма гьесул ишал, насихӏатал, малъа-хъваял кӏочон гьечӏо ва, гьеб кинабго кӏоченчӏого букӏинелъун, школалъул къадада чӏвана Ибрагьимхалилил цӏар тӏад хъвараб мемориалияб хъарши. Гьесулго цӏар кьуна школалъеги.
Бечедаб, наслабаз мисал босизе мустахӏикъаб ирс нахъе тана Гӏалиевас. Гьесул бажариялдалъун банин абизе бегьула росулъ гьеб школаго.
Мемориалияб хъарши чӏвалеб тадбир нухда бачана директорасул ишал тӏуралей Асият Гӏабдурахӏмановалъ, ва гьенир кӏалъазе рахъана Дагъистаналъул медцентралъул нухмалъулев Ибрагьим Ибрагьимов, ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутат Мухӏамад Асиятилов, Шамил ОНОялъул нухмалъулев Ибрагьим Хӏажиев ва цогидалги. Гьез бицана гьидерил ракь бугин гӏемерал машгьурал гӏалимзабиги гӏакъилзабиги жанир рахъараб бакӏ ва гьединазулъ мустахӏикъаб бакӏ кколин Ибрагьимхалилицаги.
— Гьев вукӏана унго-унгояв гӏуцӏарухъан. Гӏемераб хӏалтӏи гьабуна школалъул цӏар республикаялдаго рагӏизабизелъун. 2008 соналда гьелъие щвана школа-миллионер абураб цӏар. Тарихалъул учитель А. Ахъбердилов 2013 соналда мустахӏикълъана «Россиялъул бищун лъикӏав учитель» абураб цӏаралъе. Ибрагьимхалилие рукъалдасаги хирияб букӏана школа, — ян бицана Ибрагьим Хӏажиевас.
— Ибрагьимхалил вукӏана школалъул нухмалъулев гуревги, гьидерил жамагӏаталъего хӏажатав чи. Барщарал рекъезаризеги, питна-кьалалда ругезда гьоркьоб маслихӏат гьабизеги вортулаан гьев. Мех-мехалда дихъеги ахӏун бачӏунаан заводалда хӏалтӏулел Тӏидиб школа лъугӏарал гӏолохъабазул хӏакъалъулъ цӏехон, — ан бицана КЭМЗалъул директор Ибрагьим Ахӏматӏовас.
А. Ахъбердилов – ДРялъул мустахӏикъав учитель, Тӏолгороссиялъул учительзабазул конкурсалда 2013 соналда – «Россиялъул бищун лъикӏав учитель» цӏар щварав.
— Гьабсагӏат росулъ гӏумру гьабун ругезул гӏемерисезе тарбияги лъайги кьурав чи вуго Ибрагьимхалил. Гьесул инсулаб тӏалаб камичӏо диеги, цадахъ хӏалтӏулезеги. Республикаялдаго машгьурав чиги вугелъул, ракӏалде ккана гьесул хӏакъалъулъ тӏехь хъвазе. Амма гьес гьеб пикру аскӏобе къазе биччачӏо. Дуца школалъул хӏакъалъулъ хъвайилан абуна гьес. Гьев вукӏана унго-унгояв дипломат, — ан бицана Ахъбердило Ахъбердиловас.
Гӏ.-В. Хӏажиев — районалъул администрациялъул бетӏерлъун хӏалтӏарав:
— Аллагьас инсанасе кьурал лъикӏалщинал гӏамал-хасиятал чорхолъ рессарав чи вукӏана Гӏалиев, — ан абуна райадминистрациялъул бетӏерлъун хӏалтӏулев вукӏарав Гӏабдулвахӏид Хӏажиевас. — Гьединаблъун куцана гьес гӏолеб гӏелги. Ибрагьимхалилил росуцояв Теручил Хӏажияс цо нухалда абуна, гьев кинав чи вукӏаравали бицунин гьесул юбилей тӏобитӏулагоги хадуб ахираталъул рокъове тӏовитӏулагоги гьанире рачӏарал рикӏкӏен гӏемерал гӏадамазухъ балагьунилан.
Жакъа Тӏидиб росдал школалда хӏалтӏулев вуго РФялъул мустахӏикъав учитель, ДРялъул мустахӏикъав учитель абураб цӏар щварав 5 учитель, РФялъул лъайкьеялъул 2 отличник, ДРялъул лъайкьеялъул 12 отличник, лъайкьеялъул хӏурматияв 13 хӏалтӏухъан. Гьеб хӏужаялъги бицуна гьеб росдал школалъул тӏадегӏанлъиялъул ва гьелъие кьучӏ лъурав Ибрагьимхалил Гӏалиевасул хӏаракатчилъиялъул хӏакъалъулъ.
Сайпула Гьитӏинамухӏамадов