Цере гӏадинал квалквалал гьечӏо гьанже
Цебе мугӏрузул районазде газетал ва журналал жиндир заманалда щунгутӏиялъул масъала букӏана. Ахирал соназда, абизе бегьула, гьеб рахъ роцӏанин, подписчиказухъе газетал щола гьел къватӏире риччарал къояздаго.
Машинаялдаги лъун, росабалъе поч щвезабула Мухӏамадкамилов Гъазимухӏамадицаги. Хасго, хасало гӏазу бараб мехалъ, Бежтӏаса Кидиро, Мокъокъ ругел почалъул отделениязде хьвадулаго, Гьинухъ габурлъиялдаса вахине захӏмалъи букӏунаанилан бицуна гьес, гьединго захӏматал нухал ругила Лъаратӏа районалъул Тӏохьотӏеги.
Цересел соназда анкьида жаниб цо-кӏиго нухалъ отделениязде поч щолеб букӏун батани, жакъа анкьида жаниб лъабго нухалда щола подписчиказухъе газетал ва журналал, гьелъул хӏасилалда гӏадамалги разиго руго почалъул хӏалтӏухъабаздаса.
Гӏиса Гӏабдулаев