Ахӏмадил бакъназул нур свине гьечӏо

Цӏурмилов Ахӏмад. Магӏарул музыкалияб маданияталда хасаб хатӏги лъалкӏги тарав бакъназул устар

Ахӏмад гьавуна Гъуниб районалъул Шулани росулъ 1908 соналъул 19 июналда. Гьесул эмен Гӏабдулхӏамидил кӏудияб къадру-къимат букӏана гьудул-гьалмагълъиялдаги росуцояздаги гьоркьоб. Халатал хасалил сардаз гьел гӏемер данделъулаан Цӏурмиловазул рокъор. Магӏарул кечӏ-бакъанги кьурди-хъатги — гьеб кинабго рагӏулаан ва бихьулаан гьитӏинав Ахӏмадида. Гьесги хӏаракат бахъулаан халкъиял бакънал ракӏалда чӏезаризе. Гьитӏинго ругьунлъана Ахӏмад чагуралда бакънал рачинеги.

Вукӏинесев машгьурав композиторасул букӏана цӏакъго захӏматаб лъимерлъи. Амма гьесул хвасарлъи букӏана магӏарул бакъаналъулъ. Гьелде бугеб рокьи санал анагӏан тӏегьалебги букӏана.

Тӏоцебе Ахӏмадица 1933 соналда гӏуцӏана гӏагараб районалда хоралъул кружок. Гьесул нухмалъиялда гъоркь чанги церерахъана гъунисел республикаялъул музыкалиял фестивалазда.

Дагъистаналъул искусствоялъул мустахӏикъав хӏаракатчи», «Хӏурматалъул гӏаламат» орденалъул кавалер Ахӏмад Цӏурмиловасул бакъназда куркьбал гъуна магӏарул машгьурал кочӏохъаби Муи Хӏасановалъ, Маржанат Мирзаевалъ, Асият Якъу-бовалъ, Патӏимат Хӏайбулаевалъ, Гӏайшат Мазаловалъ. Ахӏмадил бакъназухъ гӏенеккана Москваялдаги Махӏачхъалаялдаги.

Араб анкьица «Хӏакъикъат» газеталъул редакциялда данделъун рукӏана композитор ракӏалдещвезавизе ва гьев гьавуралдаса 110 сон тӏубаялъул хӏурматалда Гъунир тӏоритӏизе ругел тадбиразул хӏакъалъулъ бицине. Данделъиялда гӏахьаллъана Гъизляр шагьаралъул стоматологияб поликлиникаялъул бетӏерав тохтур Ахӏмад Саламов; композиторал Абусупян Гӏалихъараев, Каримула Гӏабдулаев, Варис Нуров; кочӏохъан Мухӏамад-Тӏамир Синди-къов; гӏалимзаби Зикрула Илясов, Ахӏмад Муртазагӏалиев, Денга Халидов; Гъуниб районалъул культураялъул рукъалъул нухмалъулей Патӏимат Абакарова. Данделъи рагьана ва нухда бачана Гӏали Камаловас. Гьезул щивасда батана композиторасул гӏумруялъул ва гьунаралъул хӏакъалъулъ абизе рагӏи.

Гӏали Камалов, «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редактор:

— Дида тӏоцеве Ахӏмад Цӏурмилов вихьана 1961 соналда, Гъунив 7 классалда цӏалулеб мехалда. Гьесул рукъалда аскӏосан унаан школалде-нахъе. Кидаго гьенисан рагӏулаан магӏарул бакънал. Гьев коляскаялда вачӏунаан Гъуниб майданалде. Гьенир гьесда сверухъ ракӏарулаан гӏадамал (захӏматаб унтудаса хадуб, гьесул бохдузе операция гьабун букӏана), гьес мандолинаялда рачунел бакъназухъ гӏенеккизе. Ахӏмадица магӏарул маданияталъеги адабияталъеги нахъе тана кӏудияб ирс. Гьесул бакъназ бечед гьабуна миллияб музыкалияб маданият.

Ахӏмад Цӏурмиловасул бакъназул букӏана гӏажаибаб чвахи. Бакъназ гьабулеб асарги гьединабго гӏажаибаб букӏана. 19 июналда Гъуниб росулъ букӏине буго гьес 110 сон тӏубай кӏодо гьабун данделъи. Магӏарулаз цоги нухалда ракӏалдещвезавила бакъназул устар. Гьес нахъе тана цӏакъ кӏудияб рухӏияб бечелъи. Гьале дида цебе буго Москваялда вугев тохтур, Мухӏамад Гӏабдулхабировасул кагъат. Гьес кагътида бицунеб буго Ахӏмадил бакъназда Муи Хӏасановалъ ахӏулел кучӏдуз жиндиего гьабулеб букӏараб асара-лъул хӏакъалъулъ. Гьедин абизеги буго Ахӏмадил бакъназ асир гьавурав щивав магӏарулас. Щайгурелъул гьел рукӏана нилъер, магӏарулазул бакънал – миллаталъул тарихги, яхӏги, махӏги бугел.

Абусупян Гӏалихъараев:

— Дида лъикӏ лъалаан Ахӏмад. Музыкалияб училищеялда цӏалулев дун гӏемер щолаан гьесухъе Гъуниве. Дица нотаби хъвалаан гьес мандолинаялда рачунел бакъназе. Гьесул рукӏана гӏадамазе рокьулел, гьез къабул гьарулел, рекӏелъе рортулел бакънал. Хасаб музыкалияб лъай гьечӏониги, гьес хъварал бакъназ квербакъана магӏарул халкъияб кечӏ цебетӏеялъе. Ахӏмадил рокъоса киданиги камулароан гӏадамал. Рачӏунаан гьесухъе, сахлъи цӏехонги, рачӏунаан гьесул бакъназухъ гӏенеккизеги. Жиделъ хасаб чӏаголъи бугел руго гьесул бакънал жакъа къоялъги. Цого-цо квеш ккараб жо буго гьел бакънал жакъасел кочӏохъабазда лъалел гьечӏолъи.

Гӏадан хӏисабалда восани Ахӏмад, гьесулъ букӏана цӏакъго гӏемераб рухӏияб бечелъиги.

Ахӏмад Саламов:

— Инсул кумекалдалъун ккана дирги Ахӏмадилги лъай-хъвай. Гьеб букӏана 1959 сон. Гьев Гъуниб росдал школалда директорлъун хӏалтӏулев вукӏана. Ахӏмад хӏалтӏулев вукӏана районоялда бетӏерав бухгалтерлъун. Анкьабилеб классалъул цӏалдохъан дунги вачун вукӏана инсуца цо нухалда Ахӏмадихъе гьоболлъухъ. Дие цӏакъ кӏудияб асар гьабуна гьес мандолинаялда рачунел бакъназ. Дидаги лъалаан мандолинаялда бакънал рачине. Ва цо нухалда дицаги рачана гьел бакънал Ахӏмадида цере. Цинги гьес дида абуна анкьида жаниб лъабго нухалда жиндихъе вачӏине кколин дунилан. Профессионалияв музыкант дир вахъинчӏо, дица тӏасабищана мединститут. Амма ро-къоб къедаса камичӏо мандолина. Гьелда берчӏвайдал, гьанжеги ракӏалдещола Ахӏмад Цӏурмилов.

Каримулагь Гӏабдулаев:

— Магӏарул миллат берцин гьабурал гӏадамал жаниб гӏураб район буго Гъуниб. Гьезул цояв ккола Ахӏмад Цӏурмиловги. Гьадинал «хасал» гӏадамазул бицунел данделъаби гӏемер тӏоритӏани, гӏун бачӏунеб гӏелалда бичӏчӏизе буго миллияб музыкалияб маданияталъул тӏокӏлъи. Жакъасел кочӏохъабазул гӏемерисез кучӏдул ахӏулел руго къватӏисел пачалихъазул бакъназда. Нилъерабго берцин бихьулеб гьечӏо. Гьезда лъалелцин ратуларо Ахӏмад гӏадал композиторазул бакънал. Нилъерго машгьурал умумузул хӏакъалъулъ гӏолилазе бицине тӏадаб буго нилъеда — чӏахӏияб гӏелалда. Кӏудияб баркала буго Патӏимат Абакаровалъе пайда цӏикӏкӏараб тадбир тӏобитӏизе ракӏалде ккаралъухъ. Дида Ахӏмад лъалароан, гьесул заманалда дун гьитӏинав чи вукӏана. Амма гьесул бакъназ дир гьунар цебетӏеялъулъ лъуна хасаб бутӏа.

Зикрула Илясов:

— Жакъа къобахъанагӏан республикаялда хӏалуцунеб буго рахьдал мацӏал малъиялъул ва цӏуниялъул суал. Магӏарул мацӏ нилъеда цӏунизе кӏвечӏони, кинаб мацӏалда, масала, нилъеца ирсилазе бицинеб Ахӏмадил бакъназул хӏакъалъулъ.

Школалда цӏалулеб мехалдасаго бокьулаан дие магӏарул халкъалъул кечӏ-бакъан. Гьеб дие бокьиялъулъги кӏудияб бутӏа лъуна Ахӏмадил бакъназ. Хасго асар гьабула пашманаб бакъаналда, гьединалго пашманал рагӏабазда ахӏулеб гьесул кечӏалъ:

— Ракӏ буго дир къваридго,

Къорид ккураб бацӏилгӏан.

Берал руго чвахулел,

Чвахун балеб цӏад гӏадин.

Цохӏо гьеб кечӏ хъван букӏара-банигицин, Ахӏмадил цӏар хутӏизе букӏана наслабазе.

Варис Нуров:

— Гӏадамал рачӏуна-уна. Амма ракьалда хутӏула гьезул лъикӏал ишал. Дида Ахӏмад лъалароан. Амма дир рекӏелъ хасаб бакӏ ккуна гьесул бакъназ. Гьезулъ бугеб берцинлъиги, гъварилъиги, нурги. Гьеб нур киданиги свинаро.

Лъиениги балъголъи гуро гьаб ахираб заманалда магӏарул кочӏолаб маданияталда бугеб ахӏвал-хӏал. Бачунеб бакъаналъулги ахӏулел рагӏабазулги гьечӏо кинаб бугониги магӏна. Масала, магӏарулин цӏар бугеб концерталде ани, ахиралде щвезегӏан гӏенеккизе сабру гӏоларо. Цере хасаб комиссиялъ къабул гьаричӏел бакъналгун церера-

хъунароан кочӏохъаби. Гьанже гьелъул ургъел гьабулев чи гьечӏо. Рагӏулел гьечӏо Ахӏмадил бакънал. Гьел лъалелго ратиларо гьанже ругел кочӏохъабазда. Гьадинал тадбирал тӏоритӏани, лъазе руго гьезда ва магӏарулазул гӏолеб гӏелалда Ахӏмадги гьесул заманалъул кочӏохъабиги.

Мухӏамад-Тӏамир Синдикъов:

— Дидаги лъалароан Ахӏмад. Амма гьесул бакъназ кӏудияб бакӏ ккола дир кочӏолаб дунялалда. Цӏакъ рокьула гьесул бакънал. Баркала буго гьаб тадбир гьабизе ракӏалдещваразе. Гьадинал тадбираз куцала нилъер гӏолилазулъ миллияб маданияталдеги адабияталдеги рокьи. Гьез ругьун гьаризе руго нилъералъулго адаб гьабизе. Жакъа кочӏохъабиги кечӏ-бакъанги цодагьал батӏиял руго. Нилъеца хӏаракат ба-хъизе ккола халкъалъул кочӏохъаби халкъалъухъего тӏадруссиналъе хӏал-тӏи гьабизе.

Патӏимат Абакарова:

— Школалъул программаялда букӏа, культурияб гӏумруялда букӏа, нилъеда нилъераздасаго чиярал лъикӏ лъала. Гьединабго ахӏвал-хӏал буго жакъасеб магӏарул кочӏолаб дунялалдаги. Гьединал концертаздаса дун тӏадюссуна рекӏелъ чӏобогояб асаргун. Цониги кочӏохъанас ахӏулел гьечӏо кучӏдул Ахӏмадил бакъназда. Гьезулъ гурищ бугеб магӏаруллъиялъул берцинлъи. Хьул буго жакъасебги ва 19 июналда, Ахӏмад гьавураб къоялъ, Гъуниб тӏобитӏизе бугеб тадбиралдасаги хадуб, кочӏохъабаз Ахӏмадил бакъназде кӏвар кьелилан.

Денга Халидов:

— Дун вохарав вуго гьаб тадбиралда гӏахьаллъизе рес щвеялдаса. Гьаниб жакъаги бицен гьабуна рахьдал мацӏазда сверухъ бугеб ахӏвал-хӏала-лъул хӏакъалъулъ. Ахӏмад Цӏурмилов гӏадал миллаталъул чӏухӏилъун кколел гӏадамазул хӏакъалъулъ лъазе ккола гӏун бачӏунеб гӏелалда. Гьаб тадбирги ккола магӏарул мацӏги, адабиятги, маданиятги цӏунизе гьабулеб бугеб иш. Биччанте магӏарулазда, хасго гӏолилазда, цоги нухалда рагӏизе Ахӏмадил бакънал. Гъуниб тӏобитӏизе бугеб тадбиралда гьединго гӏахьаллъизе ккола магӏарул цогидал районазул вакилзабиги.

Ахӏмад Муртазагӏалиев:

— Магӏарул кочӏол буго кӏудияб тарих. Гьелъ асир гьарурал гӏемерал рукӏана ва руго. Масала, Кавказалъул рагъдаса хадуб Гъуниб комендантлъун вукӏарав Кармалинил лъади Любовь Кармалиница 1860-абилел соназдаго хъван руго магӏарул бакънал. Махсуд Гӏалихановасул харбаздаса гӏуцӏараб «Дагъистаналъул сухъмахъаздасан» абураб тӏехьалдаги бицен гьабулеб буго магӏарул бакъназул хӏакъалъулъ. Амма жакъасеб гӏелалда гьел лъалел гьечӏо, лъалел гьечӏо Ахӏмадил бакъналги. Гьесулги дир эмен Муртазагӏалиев Мухӏамадилги (ДГУялъул преподаватель) букӏана лъикӏаб гьудуллъи. Гьел гӏемер щолаан цоцахъе тӏаде-гъоркье. Ахӏмадида гъваридго лъалаан магӏарул мацӏги. Гьелъие хӏужалъун ккола цо гьадинаб лъугьа-бахъинги:

Инсуца лекция цӏалулелъул, магӏарул мацӏалъул цо рагӏиялда тӏасан бахӏс ккун буго. Цинги гьес Ахӏмадида цӏехон буго гьеб рагӏул магӏна. Дос жаваб хъван бачӏараб кагъат жеги цӏунун буго нижер рокъоб. Ахӏмадил бакъназ бечед гьабуна магӏарул бакъназул дунял. Биччанте 19 июналда Гъуниб тӏобитӏизе бугеб Ахӏмадил бакъназул къо лъугьине магӏарул кочӏол байрамлъун.

Шамай Хъазанбиева