Мацӏазе гъураб къор

Лъикӏ гьечӏо жакъа миллатазул ахӏвал-хӏал. Дунял хехаб къагӏидаялда цебе унеб буго. Гьелда цадахъ унаго халкъазул жидерго хаслъаби дагь-дагьккун лъугӏулел руго. Бичӏчӏизе захӏматаб «къуваталъ» цӏакъ хӏаракат бахъулеб буго нилъ киналго цоцазда релълъарал, миллиял хаслъаби гъорлъ гьечӏел, «жидерго гьумер гьечӏел» лъугьине. Бищун пашманаб жо – гьеб «къуват» бергьунеб букӏин. Гьелде тӏадеги, нилъер улкаялда гӏадатлъун лъугьунеб буго «гьитӏинав вац» къварид гьави, гьесда «жиндирго бакӏ» бихьизаби. Гьедин бичӏчӏула дида миллиял мацӏазда сверухъ лъугьун бугеб ахӏвал-хӏал. Бищун кьучӏаб хазина халкъалъе мацӏ бугелъул, берцинал харбалги рицун, халкъ жибго тӏамулеб буго жиндирго мацӏалдаса инкар гьабизе. «Заман гьединаб бачӏун буго» — гьеле нилъеда гьелъие рагӏулеб далил.

Гьаб кӏиго-лъабго анкь цӏакъ хӏалуцараб букӏана гӏицӏго нилъер республикаялъул мацӏалъул ургъел бугелщиназе гуребги, киналго миллатазул республикабазе. Цо-цояз чӏванкъотӏун лъазабуна жидер республикаялда миллияб мацӏ лъазабизе бугин (Ингушетия, Чачан республика). Цо-цоялин абуни (Дагъистан), «тӏасан» бачӏараб тӏалаб тӏубазабизе хӏадурго, законопроекталда щибго хӏинкъизе ккараб бакӏ гьечӏин, гӏадамал гуккизе харбал рицине лъугьана. Бищун пашманаб иш — гьел ккола нилъерго гӏадамал, нилъерго халкъазул вакилзаби.

5 июналда Пачалихъаяб Думаялъ гьеб проект нахъе тӏамун тана, гьелда тӏад жеги хӏалтӏизе кколинги лъазабуна.

«Законопроект миллиял республикабазда хӏалтӏизабизе санагӏатаблъун гьабизе буго. Гьебго заманалда титульнияллъун кколарел миллатазул гӏадамал, хӏалгьабун, мацӏ лъазабизе тӏамизе гьечӏолъи цӏунизе буго», — ян абуна Пачалихъияб Думаялъул лъайкьеялъул ва гӏелмуялъул комитеталъул председателасул заместитель Олег Смолиница.

Гьелдаса рохизейищ рохилел яги ишанкъанищ чӏелел? Жеги «лъамияб» къагӏидаялъ, гӏадамазда ричӏчӏизе захӏматал рагӏабаздалъун законопроектги хӏадурун гьебго ишалде тӏадруссине бегьулелъул гьелъие чанкъан ругел.

Гьеб суалалда тӏасан кор боркьараб бахӏс букӏана 5 июналда «Черновик» газеталъул редакциялда тӏобитӏараб данделъиялдаги. Гьенир гӏахьаллъана республикаялъул Лъайкьеялъул ва гӏелмуялъул министерствоялъул, Миллияб политикаялъул министерствоялъул, жамгӏиял гӏуцӏабазул вакилзаби, республикаялъул газетазул редакторал, журналистал. Дандеруссин нухда бачана «Черновик» газеталъул хӏалтӏухъан Мухӏамад Мухӏамадовас.

Мухӏамад Мухӏамадов:

— Жакъа нилъеца гьоркьоб лъолеб буго «РФялъул лъайкьеялъул хӏакъалъулъ» абураб законалда хиса-басиял гьаризе хӏадурараб законопроект. Гьелда бицунеб буго миллиял мацӏал жидеего бокьун (улбузе ва лъималазе ) малъиялъул. Гьеб проекталъул рахъкколез абулеб буго гьелъул щибго зарал гьечӏин рахьдал мацӏазе, гьелда данде ругез абулеб буго гьелъ рахьдал мацӏал лъугӏиялде рачине ругин.

Баху Мухӏидинова, магӏарул мацӏалъул учительзабазул ассоциациялъул нухмалъулей:

— «Жидеего бокьунилан» абулеб рагӏулъ буго гьениб бищун аслияб бакӏ. Улбузе ва лъималазе рахьдал мацӏал лъазаризе бокьи гуребги, гьеб законопроекталда рекъон гӏуцӏун рукӏине ккола гьел лъазариялъе шартӏалги. Кинал шартӏазул бицунеб бугеб? Бокьизе ккола гьеб, тӏоцебесеб иргаялда, Лъайкьеялъул министервоялъе, гьелдаго цадахъ миллияб республикаялъул нухмалъиялъе. Школазул гьелъие ресал рукӏине гьечӏо. Гьениб улбузе ва лъималазе бокьиялъул лъицаго тӏалаб гьабизе гьечӏо.

Ширали Гӏалиев, Дагъистаналъул лъайкьеялъул ва гӏелмуялъул министрасул тӏоцевесев заместитель:

— Гьеб законопроекталъ рахьдал мацӏал лъазаризе Конституциялъ кьураб лъилго ихтияр хвезабулеб гьечӏо. Гьелда рекъон рахьдал мацӏазул ва адабияталъул дарсал чара гьечӏого малъизе кколезда гьоркьоса рахъун гьечӏо, гьебго заманалда улбузе рес кьун буго гьезие рахьдал мацӏ тӏасабищизе. Гьеб законопроекталда рекъон, рес кьун буго улбузул комитеталъе тӏасабищизе кинаб мацӏ гьез рахьдал мацӏлъун тӏасабищилебали. Гьез гӏурус мацӏ бищун хадуб, гьеб гьезул иш буго, гьединаб ихтияр кьолеб буго гьезие.

Мухӏамад Мухӏамадов, РАНалъул ДНЦялъул грамматикиял цӏех-рехазул отделениялъул нухмалъулев:

— Пачалихъиял мацӏаллъун рикӏкӏунел руго гӏурус мацӏ ва Россиялъул халкъазул мацӏал. Гьеб законопроекталда рекъон гӏурус мацӏ хутӏизегӏан цогидал мацӏал рикӏкӏунел руго гӏурус мацӏалда бащадал ихтиярал гьечӏеллъун. Гьелдаса ине къваригӏун гьабулеб хӏалтӏи буго гьеб, пачалихъияб мацӏлъун букӏине къваригӏун буго гӏицӏго гӏурус мацӏ, хадусеб рахъ, ай Россиялъул халкъалъул мацӏал абураб бутӏа нахъе рехизелъун. Батӏияб куцалда гьеб бичӏчӏизе рес гьечӏо. Руго гӏадамал гӏурус мацӏ жидее рахьдал мацӏлъун кколел, гьеб мехалъ гӏурус мацӏги ккезехъин буго «Россиялъул халкъалъул мацӏазда» гъорлъе. Гьеб магӏнаго гьечӏеб жо кколеб буго. Щай гьикъизе кколеб улбузда? Гӏурусазда гьеб гьикъулареб мехалъ, батӏиял миллатазул улбузда щай гьикъулеб? Нилъер мацӏал хъулухъ тӏубалареллъун ккун руго. Гьезда тӏад пачалихъияб тӏалабго гьечӏо, гьел цӏазе хӏухьел щолареб бакӏалде ккезарун руго. Гьадинги квешаб гьезул ахӏвал-хӏал тӏубанго лъугӏизабизе гьанже гьикъулеб буго эбел-инсуда. Мисалалъе, Дагъистаналда бугеб ахӏвал-хӏал босани, гьаниб гӏемерисев чи жиндирго тарихияб ватӏаналда гьечӏо гӏумру гьабулев. Росе тумал, гьезул 70 процент руго Россиялъул батӏи-батӏиял шагьаразда. Киналго улбузда гуро бугеб ахӏвал-хӏал бичӏчӏулеб. Камуларо щибго къваригӏел тӏубалареб рахьдал мацӏ щайин абулелги, гьединаз инкар гьабизе буго. «Жидеего бокьун» абурал рагӏаби хӏалтӏизарулаго пикру гьабизе ккола киналго рахъазул. Щаялиго гӏурус мацӏ лъазабиялъул лъицаго гьикъуларо жидеего бокьунищ, бокьичӏогойищ гьеб малъизе бугебали. Чияр мацӏ чара гьечӏого лъазе кколеб, жиндирго мацӏ лъазабизе кколареб абураб жо битӏун гьечӏо. Битӏун букӏина рахьдал мацӏ — чара гьечӏого малъизе хӏажатаб, чияр мацӏ – жидеего бокьун лъазабулеблъун гьабуни. Жакъа Дагъистаналъул мацӏал ккун руго къватӏисел улкабазул мацӏазул статусалде.

Ширали Гӏалиев:

— Законалда бихьизабун буго кинаб мацӏ ва кин тӏасабищилебали. Гьенибго бихьизабун буго мацӏ тӏасабищизе кколин лъимадул законияв вакилас абун, ай эбел-инсуца. Нилъер гьанир гӏемер руго батӏиял миллатазда гьоркьор гьарурал ригьнал, гьединлъидал эбел-инсуца тӏасабищизе ккола кинаб мацӏ лъимералъе рахьдалаблъун кколебали.

Федералияб законалда бихьизабун буго лъайкьеялъул мацӏлъун кколин пачалихъияб мацӏ. Кинаб мацӏ кколеб нилъер пачалихъияблъун? Гӏурус мацӏ. Нужеца Татарстаналъул бицунге, Татарстаналда буго рахьдал мацӏалъул хӏакъалъулъ закон, гьелда рекъон гьез малъулебги буго рахьдал мацӏ. Гьабсагӏат нилъеца бицунеб буго «ихтиярал хвезари кколищ рахьдал мацӏал тӏасарищизе изну кьей» абураб суал. Нилъер лъималазул улбуз гӏемерисез рахьдал мацӏлъун тӏасабищулеб буго гӏурус мацӏ. Гьединаб ихтияр буго гьезул.

Шагӏбан Хӏапизов, магӏарулазул регионалияб миллиябгун культурияб автономиялъул нухмалъулев:

— Мисалалъе, дие бокьун гьечӏо дир лъимер физкультураялде ялъуни математикаялде хьвадизе, амма гьединаб ихтияр дие кьоларо лъицаго. Гьеб законопроекталъул «сихӏирлъи» ккола тӏасабищизе ихтияр кьун букӏин гӏицӏго рахьдал мацӏ. Гьелъул магӏна ккола рахьдал мацӏ кӏиабилеб, лъабабилеб сорталъуллъун рикӏкӏунеб букӏин. Щайха тӏокӏаб батӏияб дарсалъе гьединаб «ихтияр» кьолеб гьечӏеб? Нилъее гьеб законопроекталъул щибго къварилъи гьечӏин, кинабго лъикӏ букӏине бугин бицунев нилъер министерствоялъул вакил сихӏирлъулев вуго. Гьазул «нахъарокъоб» ва нилъер нухмалъиялъул «нахъарокъоб» рахьдал мацӏалъул дарсал факультативазде рехизе ругин хабар букӏин лъала. Районазул Лъайкьеялъул управлениязда унел руго «кӏалзулал» лъазабиял цӏалул программабаздаса рахьдал мацӏалъул дарсал нахъе росеян. Гьабсагӏат нилъер Лъайкьеялъул министерствоялъул аслияб масъала, рес букӏун, цӏалул планаздаса рахьдал мацӏалъул дарсал нахъе роси буго. Гьелъул щибго къварилъи гьечӏин бицунеб харбида щивха божилев. Хӏалбихьизе дида кӏола жакъа рахьдал мацӏ лъазабулел лъималазул къадарги босун тӏадеялъул лъагӏалил ахиралде гьезул къадар кигӏан букӏинебали дандекквезе. Хӏасил букӏине буго лъабго-ункъо нухалъ дагьаб. Биччанте жакъа нилъер Лъайкьеялъул вакилас абизе рахьдал мацӏ лъазабулезул къадар тӏадеялъулалде дагьлъизе гьечӏин. Гьедин ккани, дица халкъул гӏаламалда цебе гьарила гьесда тӏаса лъугьаян.

Нилъер Лъайкьеялъул министерствоялъ сундулго жаваб кьоларо. Гьезухъа тӏалаб гьабизе ккола, щай фашистаз гӏадин, ФГОСазда дандекколел гьечӏилан багьанаги батун, школаздаса рахьдал мацӏалъул тӏахьал нахъе ракӏараралин абураб суалалъе жаваб. Дунялалда кибго гьединаб лъугьа-бахъин рагӏичӏо.

Ширали Гӏалиев:

— Гьеб буго кьучӏ гьечӏеб хабар. Цоги нухалъ абулеб буго гьеб законопроекталъ лъихъаго рахьдал мацӏ лъазабизе кьурал ихтиярал нахъе росулел гьечӏин. Кинаб эбел-инсуца тӏасабищилебали, гьеб гьезул иш буго, биччанте гьез тӏасабищизе рахьдалаблъун рикӏкӏунеб мацӏ.

Мухӏамадрасул Гӏумаров, магӏарул СМИязул ассоциациялъул председатель:

— Министерствоялъул вакилас бицунеб жо буго нилъ тӏаса рихьизариялъе бицунеб хабар. Щайин абуни, гьаб буго цӏалул соналъул ахир, гьанже рикьула школалда хадусеб соналде сагӏтал, гьелин абуни, школазда жакъа рикьулел руго рахьдал мацӏалги нахъе рахъун. Гьеб ккола Шагӏбан Хӏапизовас рехсараб «лъазабиялъул» нугӏлъи гьабулеб хӏужа.

Гьанжелъизегӏан рес букӏараб батани рахьдал мацӏ тӏасабищизе, гьанже гьебги гьечӏо, нужеца рахьдал мацӏал «гъуна» факультативазде. Жакъа рахьдал мацӏ нужеца шахматазул кружокалде сверизабулеб букӏиналъе нугӏлъун вукӏаго, кин дуда кӏолеб дун мекъи вугин чӏезавизе?

Хадуб бицинин, щиб букӏине бугеб тӏадегӏанал цӏалул заведениязда миллиял кафедрабазул, щиб букӏине бугеб педагогиял цӏех-рехазул институталъул, щиб букӏине бугеб миллияб прессаялъул?

Шамсият Султанбегова, «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редакторасул заместитель:

— Дие гьабсагӏат Лъайкьеялъул министерствоялъул вакиласул бакӏалда йикӏине бокьилароан, щайин абуни гьабсагӏат министерствоялъ гьабураб хӏукмуялъ нилъер республикаялъул халкъалъул тарихалда чӏегӏераб тӏанкӏ лъезе буго. Пачалихъияб Думаялъул комитеталъ хӏадур гьабураб законопроект цебехун «тункулаго», нужеца хӏучч цӏалеб буго киналдаго тӏад. Цере рукӏунаан жидеего бокьун гӏуцӏарал студентазул къокъаби, студентаз гьезда абулаан хӏалгьабун жидеего бокьун гӏуцӏарал студентазул къокъабийилан. Гьебго жо гьабулел руго нуж жакъа. Дунги хӏалтӏана школалда, хӏалтӏулей йиго миллияб газеталда, цӏакъ лъикӏ лъала школазда мацӏазул бугеб ахӏвал-хӏал. Лъала гьединго гьалгониял соназ Лъайкьеялъул министерствоялъ килщида килищ кӏутӏараб хӏалтӏи гьабичӏолъи мацӏал цӏунизелъун. Гьабсагӏат мун вуго Татарстаналъул мисал бачунев, далиллъун гьезул закон бугин абулев. Нилъер республикаялда мацӏазул закон гьечӏолъи лъил гӏайиб? Халкъалъул балагьищ нилъер гьединаб Лъайкьеялъул министерство букӏин, гьединал депутатал рукӏин ва гьадинаб хӏукумат букӏин? Дун бахиллъуларо дуда ва дуда цадахъ гьеб законопроекталъул рахъккуразда, къого соналдасан нужеде хьандезе буго халкъ.

Ниж ахӏи балел рукӏана мацӏалда «хвалил унти» чӏван бугин, нужеца гьелъие хоб бухъулеб буго. Нужее баркала лъицаго кьезе гьечӏо.

Мухӏамад Мухӏамадов, (модератор):

— Гьале дихъ буго гьеб законопроект, гьаниб кинабго гӏуцӏун буго бокьараб рахъалде сверизабизе кӏоледухъ. Хъван буго: «…рахьдал мацӏал малъизе улбузул ва лъималазул тӏалабазул хӏисабги гьабун» абун. Щибха кколеб «улбузул ва лъималазул тӏалабал»? Гьеб кколаха улбузул комитеталъ гьабураб хӏукмуялда бараб бугин кинабгоян абулеб жо. Хӏасил — группаби ялъуни классал гӏуцӏизе лъималазул къадар гӏезе гьечӏо. Гьединлъидал рахьдал мацӏалъул бакӏалда гӏурус мацӏ лъазаби «тӏасабищизе» ккезе буго гӏадамаз.

Цоги гьаниб буго «тӏасабищи» абураб бакӏ. Гьаниб абулеб буго жиндирго лъимералъе гӏоло эбел-инсул ихтияр бугин лъайкьеялъул учреждениялъ кьураб сияхӏалда гьоркьоса мацӏ тӏасабищизе. Нагагьлъун гьеб сияхӏалда гьоркьобе батӏи-батӏиял гӏиллабаздалъун рахьдал мацӏ ккун батичӏони, гьеб малъичӏого хутӏизе рес буго. Мацӏ малъулареб бакӏалда гьеб лъугӏиялъул бицинего ккелищха. Гьеб суал гӏемер цӏакъ хъинтӏизе буго миллиял газетаздаги.

Гӏали Камалов, Журналистазул союзалъул председатель:

— Аллагьасе рецц, миллияб пресса къваригӏунищ абун суалал кьолел рукӏаралги, щай гьелъие пачалихъалъ кумек гьабулеб, щай гьезие гӏарац биччазе кколебин ахӏдолел рукӏаралги жакъа рекӏеда ратана, гьезда бичӏчӏана гьебги къваригӏунеблъи. Миллияб прессаялъ гъорлъе бачуна мацӏ цӏуниялъул цо кӏудияб бутӏа. Кӏиабилеб – цин цереса нахъе росулел руго мацӏ малъиялъул алатал (ясли-ахалдаса бахъараб, школаги гъорлъе бачун), хадуб абулеб буго хӏалтӏи гьабеян. Кинабго бачунеб буго халкъалъ жинцаго жиндирго мацӏалдаса инкар гьабиялде. Гьаниб хӏалтӏизабуна «хвалил унти» ва «хабалъ лъей» абурал рагӏаби, гьелде гьеб иш лъица бачунеб бугебалиги нилъеда киназдаго лъала. Нужеда лъала дагьал церегӏан къоязда нилъер Халкъияб Собраниялъул кӏиго комитеталъ гьеб законопроекталъул рахъккун гъолбас гьабураблъи. Гьединго киназдаго лъала кинабго гьеб ишалъул бетӏералда «Единая Россия» партиялъул вакилзабиги рукӏараблъи. Комитетазул данделъиялда лъайкьеялъул министралъги ва депутат Хӏамидулагь Мухӏамадовасги (гьав кидаго рахьдал мацӏал цӏунулевлъун хӏалев вукӏуна – ред.) законопроект беццараблъи ва гьелъул рахъккураблъи. Халкъияб Собраниялъул депутатаз гьелъул рахъкквечӏеблъиги лъала. Гьел гьелда данде рукӏинги лъала. Нижеца нижерго газеталда кьолеб макъалаялъул бетӏерцин гьадинаб лъун букӏана: «Бице, эбел Ватӏан, бице, Дагъистан, божизе бегьулищ ниж дур васазда». Абизе ккола, гьедин депутатал данде рахъараб хӏужа ракӏалда гьечӏо. Лъаларо, газеталъ гьезие асар гьабилищали, амма халкъалда лъазе ккола жиндирго бахӏарзал. Гьеб законопроекталда гъоркь гъолбас гьабуни, лъайкьеялъул ва гӏелмуялъул министрги, миллияб политикаялъул министрги ине ккола хъулухъаздаса нахъе — гьелъулги «гӏакълу гӏуна» мацӏ миллаталъул хаслъи бихьизабулеб гӏаламат гурин абизе. Гьединал хӏакимзабазул кумекалдалъун кинабго унеб буго нилъ миллат гьечӏеллъун гьаризе. Кинабго цоцазда бухьараб буго. Къваригӏун бугищ миллияб мацӏалда газета абурабги, электроннияб версия гьабуни гӏолин газеталъулин бицунеб хабарги буго цого бакӏалдаса гьоркьоса къотӏи гьечӏого бицунеб бугеб жо. Гьединал гӏемер руго нилъер хӏакимзабазда гьоркьор. Гьезул хъизамалда гьечӏо рахьдал мацӏ, цогидазул хъизамалда гьеб цӏунунги гьезие щайха. Киданиги гьикъанищ эбел-инсуда цогидаб дарс къваригӏун бугищали, лъиеха къваригӏараб гӏумруялда жаниб тӏадегӏанаб математика, тригонометрия? Щаяли лъидаго цӏехечӏого малъула гьеб школазда. Рес кьолищ гьел тӏасарищизе? Щайха, хас гьабун, рахьдал мацӏ тӏасабищизе тӏамулел ругел абураб суалалъ расги лъикӏал гьечӏел пикрабазде рачунел руго. Гьединлъидал жакъа жамгӏияталда бичӏчӏизабизе ккола нилъер миллатал дагь-дагьккун рачунел ругеб бакӏ. «Сихӏирлъи» абураб рагӏи, Ширали, дуе рекӏее гӏечӏо. Щибаб жоялда жинди-жиндир цӏар абизе ккола. Гьеб нужеца бицунебги буго сихӏираб хабар. Гьеб ккола гӏадамал гукки, гьединал харбалги рицун, гӏадамалги гуккун хвезабулеб буго нилъерго мацӏ, маданият ва тарих. Гьединлъидал хӏадур рукӏине ккола нилъги, нилъер халкъалги. Нилъеца битӏараб бицинчӏони, гьезие битӏараб бицине чи гьечӏо. Гьел цин-циял тӏалабалги ургъун, мекъи ккезарулел руго, ургъизе течӏого «тӏасарищиял» гьаризе тӏамулел руго.

Байрам Гӏабдулаев, цахуразул газеталъул бетӏерав редактор:

— Гьеб законопроекталъ кӏудияб кьаби щвезабизе буго Дагъистаналъул гӏисинал халкъазда — цахуразда, рутулазда, агулазда. Гьедин гьечӏин министерствоялъул хӏалтӏухъаби чӏаниги, гӏемерисел бакӏазда рахьдал мацӏалъул дарсал рачун руго факультативалде. Нилъер районазда руго школал рахьдал мацӏалъул дарсал кьоларелги. Законалда рекъон, гьеб ккола такъсир. Щаяли гьединал хӏужаби рихьуларо, лъаларо министерствоялда. Директорасда гьикъани, щай нужеца гьел дарсал кьолел гьечӏелин, гьес абула специалист гьечӏилан. Гьезие гьел специалисталги къваригӏун гьечӏо. Директорзабазеги ЕГЭ кьуни гӏун буго, рахьдал мацӏазул дарсазул гьезие щибго ургъел гьечӏо. Киданиги тӏалаб гьабичӏо директорзабаздаса рахьдал мацӏазул дарсал кьеялъул хӏалтӏи. Мацӏазул закон хӏажалъичӏо нилъее, жакъа гьале дарсал къваригӏунарин борхун буго суал, метер къваригӏине гьечӏо миллиял газетал, хадуб миллияб театр. Бищунго миллиял мацӏал къваригӏинчӏел гӏадамал руго нилъер Лъайкьеялъул министерствоялда, Халкъияб Собраниялда. Гьеб законопроекталъ цӏакъ квешаб бакӏалде бачине буго республика.

Башаев Руслан, тумазул газеталъул бетӏерав редактор:

— Бищун цӏакъ пашманлъизе ккараб хӏужа буго гьеб ишалъулъ нилъерго дагъистанияв нилъерго мацӏал хвезарулеб законопроекталъул рахъалда вукӏин. Батизе бегьула гьес гьеб жиндиего бокьичӏониги гьабизе кколебги, амма гьеб буго цӏакъ пашманаб иш, нилъер дагъистаниясул кӏалдисан гьединаб жо рагӏи. Бичӏчӏулеб буго гьеб нилъер министерствоялъ ургъараб жо гуреблъи, тӏасан бачӏараб тӏалаб букӏин. 2008 соналда Минтемир Шаймиевас абурал рагӏаби ракӏаде рачӏана. Рахьдал мацӏалъул сагӏтал факультативалъе рехизе ккеялъул хабар баккидал, гьес доб заманалъ министрлъун вукӏарав Фурсенко гӏахьаллъараб данделъиялда абуна: «Нужеда щиб, улкаялда кӏвар гьечӏелги халкъал «рижизаризейищ» ракӏалде ккараб? Гьедин гьабулеб бугони, гьеб суал борхизе ккола Конституциялъулаб судалда, ялъуни Татарстаналъул Конституциялда хиса-басиял гьаризе ккола», — ян. Пайда щиб, нилъер республикаялъул бетӏерлъуде цониги нухалъ Шаймиев гӏадав чи ккечӏелъул. Татарстаналъе ва гьединалго цо мацӏ бугел республикабазе бигьаго буго мацӏ цӏунизе, нилъер республикаялда жеги цӏикӏкӏун кӏварги кьезе ккола, ресалги ралагьизе ккола гьел цӏунизе. Амма нилъер гьаниб кинабго гӏаксалда буго.

Ширали Гӏалиев:

— Рахьдал мацӏалъул дарсал рукӏине руго чара гьечӏого кьолел дарсазда гьоркьор. Лъица нужеда абулеб бугеб гьел рукӏине гьечӏин? Бицунеб буго гьел жидеего рокьун лъазарулеллъун гьаризе ругин. («Чара гьечӏого малъулелги» «жидеего бокьун лъазабулебги» магӏна цогоял пикраби гуро. Амма гьел цойиде рачунел руго министерствоялъул вакилас. – ред. ) Цӏалдохъанасул яги гьесул эбел-инсул рес буго бокьараб рахьдал мацӏ тӏасабищизе. Тӏасабищараб мацӏ букӏине буго чарагьечӏого малъулезда гьоркьоб.

Мухӏамад Мухӏамадов, (модератор):

— Законопроекталда хъвалеб буго гьел дарсал кьезе киналго шартӏал ругони абун. Шартӏал ккола дарс кьезе кабинетги, гӏураб къадар лъималазулги ва цогидалги. Гьел гьечӏел бакӏал гӏемер рукӏина нилъер школазда. Гьебмехалъ щиб ккезе бугеб?

Альберт Мехтиханов, «Молодежь Дагестана» газеталъул журналист:

— Гьабсагӏат шагьаралда ругел миллатазул гӏолеб гӏел босани, мацӏ лъалев чи къанагӏатги ватуларо. Гьез абула мацӏ лъалин, гъорлъе раккидал, мацӏ лъалеб батуларо. Гьесда лъалел ратула гӏурус классикал, амма жиндирго мацӏалда цогӏаги кечӏ рекӏехъе цӏалун бажаруларо. Нилъер гьаниб миллияб мацӏалъ тӏубалеб рахъ тун гьечӏо, гьединлъидал пачалихъияб кумек щвечӏони, мацӏал цӏунун хутӏи цӏакъ щакаб иш буго. Гьединлъидал «тӏасабище» абун мацӏ тезе бегьуларо.

Гӏали Камалов:

— Нилъ унел ругеб бакӏги бихьун, нижеца гьеб суал борхулареб заманго букӏинчӏо. Лъала, шагьаралъул лъимералда гъваридго мацӏ малъизе захӏмалъулеблъи, росулъгӏаги цӏунизе ккеларищ мацӏ? Гьединлъидал школа лъугӏулелъул рахьдал мацӏалъул экзамен тӏобитӏизе ккола, хӏакимлъуде унев чиясда рахьдал мацӏ лъалищали халгьабизе ккола. Жубарал хъизамазда малъизе ккола цогӏаги миллияб мацӏ. Гьеб лъабго суал лъуни, киназго хӏаракат бахъизе буго мацӏ лъазабизе.

Журналистазул союзалъ улкаялъул президентасде гьабураб хитӏабалъулги гьикъун кӏалъан вачӏана цо хӏакимчи дихъе. Гьеб хъачӏго бугин багьана чӏвана цин, хадуб цоги нухалъ цӏалидал, жиндихъе битӏеян абуна. Битӏун хадуб, кинабго хъварабги битӏараб бугин разиго вукӏана гьев, амма… Путинихъе битӏугеян абуна. Гьеб Путинихъе некӏого битӏун букӏана. Хӏакимзабиги, редакторзабиги, министралги, депутаталги, директорзабиги битӏараб абизе хӏинкъулел ругони, нахъе ине ккола хъулухъаздаса. Жакъасеб мацӏалъул ахӏвал-хӏалалъул жавабчилъи буго киназдаго тӏад, амма тӏоцебе — министрзабаздаги, депутатаздаги, тӏадегӏанал хъулухъазда ругел хӏакимзабаздаги.

Шамсият Султанбегова