Басриял свералабазул цӏиял масъалаби…

Цӏияб Лак районалъул ункъо росулъ гӏумру гьабула микьазаргогӏанасев магӏаруласги

Дагъистан ва Чачан республикабазул гӏорхъода бугеб Цӏияб Лак районалъул анцӏго росулъа ункъоялда (Тухчар, Цӏияб Мелъелтӏа, Гамиях, Цӏияб Чуртах) гӏумру гьабун вуго микьазаргогӏанасев магӏарулавги. Цӏияб Мелъелтӏа росулъ киналго магӏарулал руго. Хутӏараб лъабго росулъ гӏумру гьабула лъабго миллаталъул гӏадамаз (магӏарулал, тумал, чачанал), администрациял цого ругониги, магӏарулазул гьел росабалъ руго жидерго бутӏаби — авалал. Гьаб сапаралда ниж щвана Тухчар, Цӏияб Чуртах росабалъе ва райцентралде (Цӏияб Лак). Тӏоцере ниж дандчӏвана районалъул росдал магӏишаталъул управлениялъул начальникасул заместитель — бетӏерав агроном, жамгӏияв хӏаракатчи Нурмухӏамад Нурмухӏамадовгун. Гьев ккола Цӏияб Чуртах росулъа. Гьес кьуна нижее районалда, магӏарулазул росабазда сверухъ бугеб ахӏвал-хӏалалъул рахъалъ гӏаммаб баян.

— Цӏияб Лак ккола гӏезегӏан масъалаби церечӏараб район, абилин бигьаяб гуреб район. Гьаниса (доб мехалъ Гӏавухъ районалдаса) 1944 соналда чачанал гочинаруна ва гьезул ракьалде рахъинаруна тумал. 1957 соналда гьанирего гочинаруна Гумбет районалъул Мелъелтӏа росулъаги гӏадамал. Хадуб, Дагъистаналда ккараб ракь багъариялъул хӏасилалда, 1975 соналда гьанире гочинаруна гьебго районалъул Килалъ (гьел руго Цӏияб Чуртах) ва Цӏунди-Щабдухъ (гьел руго Гамияхъ росулъ) росабалъа ва Болъихъ районалъул Кӏижани (гьел руго Тухчар) росулъа гӏадамалги. Гочинабуна щибаб росулъа 150-200-гӏанасеб цӏараки. Нахъеги Гӏавухъ район гӏуцӏизе хӏукму гьабулеб заманалда (30-гӏан соналъ цебе), гьаниса тумал цӏияб ракьалде («Новострой») гочинарулелъул, нижеца — гьаниб гӏумру гьабулел магӏарулаз, борхана гьадинаб суал: кида букӏаниги, тумалго гӏадин, нижги ккезе бегьулин санагӏат гьечӏеб хӏалалде, нижги рачейин гьезие гӏуцӏараб гӏадинаб программаялде гьоркьоре, бихьизабейин ракьги, гочинарейин цогидаб бакӏалде абун. Республикаялъул бетӏерлъуда ругез къабул гьабичӏо гьеб пикру. Нижеда чӏванкъотӏун абуна гочинаризе ругин чачаназул минабахъ ругел тумал, нижерго ракьалда тӏад (нижер росу буго ччубуриялда, магӏарухъе – нахъе гӏи-боцӏи гочинабулеб букӏараб ракьалда), нужецаго рарал минабахъ ругел нуж гочинариялъул суал гьечӏин. Гьелда цадахъго тӏаде босун букӏана гьел росабазул социалиябгун экономикияб цебетӏеялъе, гьенир лъикӏал шартӏал чӏезариялъе цӏикӏкӏараб кӏвар кьезе. Гьелдалъун къан букӏана суалги. Гьабсагӏаталда лъицаниги, я пачалихъалъул идарабаз, я чачаназ, я тумаз абулеб гьечӏо гьаниса нахъе гочаян, гьеб рахъалъ щибниги къварилъи гьечӏо. Амма метер букӏинесеб нилъеда лъаларелъул, нижерги букӏине ккеларищ метер къоялда ракӏчӏей. Буго Гӏавухъ район гӏуцӏиялъул, тумал гочинариялъул программаби, бегьилищха нилъ, магӏарулал, гьоркьор хутӏизе? Буго гӏуцӏараб программаги, буго тумазул, чачаназул, магӏарулазул вакилзаби гьоркьоре рачараб (гьезда гьоркьов вуго дунги), Р. Жафаровас нухмалъи гьабулеб хӏукуматалъул комиссияги. Гьезда цебелъураб аслияб суал буго цо — тумал гочун хадуб гьанир хутӏулел магӏарулазул къисмат. Цӏияб Мелъелтӏа руго жидерго администрацияги, ракьалги, магӏишатги. Хутӏараб лъабго росдал гьеб кинабго гьечӏо. Нижеца суал цебелъолеб буго гьадин — гӏаммал администрациязулъ ругел магӏарул росабазе кье административияб статус, гьезда нахъ рихьизаре ракьал ва цере рукӏарал колхозал-совхозазул буголъи, рухӏ рикӏкӏун, бикье киназдаго гьоркьоб. Нижер пикруялда, гьеб буго бищун лъикӏаб къагӏида. Гьелъул рахъккуна, гьеб битӏараблъун бихьана районалъул бетӏер Мухӏамадхӏажи Айдиевасдаги. Гьеб суал дагь-дагьккун цебе унеб букӏана Р. Гӏабдулатӏипов бетӏерлъуда вугеб заманалда. Гьабсагӏаталдаги лъицаниги гьел нахъчӏвалел гьечӏо, амма нижеца киналго суалал мухӏкан гьаризе, церелъезе кколел руго цӏидасан, байбихьудасан. Киналго церечӏарал масъалаби, тӏуразе ккарал суалал рорхизе нижер буго хасаб жамгӏияб гӏуцӏиги. Буго В. Васильевасухъе хъвараб кагъатги, гьес гьеб битӏун буго А. Здуновасухъе, кинабго мухӏкан гьабизелъун гьесги гьеб битӏун буго республикаялъул кӏиго-лъабго идараялде. Гьеб хӏалалда гьелда тӏад хӏалтӏиги унеб буго, нижер кӏудияб хьул буго гьелъ хӏасилги кьелин, суалги тӏубалин. Нурмухӏамадил рагӏабазда рекъон, районалда руго 13 гӏаммаб (СПК, МУП), 40-гӏанасеб фермеразулаб (КФХ), кумекалъулаб (ЛПХ) ва ижарачагӏазулаб магӏишаталги. Цебе гьаниб букӏана ункъо цӏолбол магӏишат (730 гектар цӏолбол), гьелдасан букӏана гӏадамазе яшавги. Гьабсагӏаталда гьелъул бакӏ ккун буго хурухъанлъиялъгун боцӏухъанлъиялъ. Букӏана заман киназго росдал магӏишаталдехун мал хьвагӏараб, амма ахирал соназ районалда гьелде кьолеб буго кӏудияб кӏвар, гьабин абизе гӏураб ракь гьечӏо эркенго тараб, хӏалтӏизабулареб.

Гьеб бихьана нижедагоги — кирехун балагьаниги, рихьулел руго могьолал культурабазул хурзал, цӏидасан чӏун ругел ахал ва харибакӏал.

Тухчар

Цӏияб Лакалдаса хадур ниж щвана битӏун гӏорхъода, Аксайка гӏурул рагӏалда бугеб Тухчар росулъе. Росдал администрациялда ниж дандчӏвана администрациялъул жавабияв хӏалтӏухъан Юсупхӏажи Юсупхӏажиевгун, ва гьес бицана гьадин.

— Болъихъ районалъул Кӏижани росдал гӏадамал 1944 соналда гочинарун рукӏана Чачаналъул Ведено районалде. Гьел тӏадруссараб заманалда (1958 сон) ниж цӏидасан гочинаруна магӏарухъе, нижерго росулъе. Гьелдаса хадуб, росуги мина-картги цӏигьабун, парахатго рукӏаго, ракьги багъарун 1975 соналда ниж нахъеги гочинаруна, гьанжесала гьаб росулъе. Гьабсагӏаталда гьаниб буго 1720 цӏараки (602 магӏарулазул), гӏумру гьабула 5335 чияс, гьезда гьоркьоса 1946 ккола магӏарулав. Гьаниб буго клуб, кӏиго медпункт, кӏиго школа, кӏиго мажгит (гьезул цояб, цо школа ва медпункт магӏарулал ругеб авалалда), почалъул отделение, щуго-анлъго тукен. Хур-хералдасан, гӏи-боцӏудасан гьабула аслияб къагӏидаялъ магӏишат. Советияб заманалда гьаниб букӏана цӏолбол лъикӏаб совхоз, гьанже гьебги гьечӏо. Щибаб цӏаракиялъеги бикьун буго ракьул бутӏа (60 сот.). Жакъа цебечӏараб масъала ккола росулъе бачӏунеб нух къачӏай. Гьеб хӏалтӏи программаялде гьоркьобе бачиналъе хӏажатал тадбирал гьарулел руго. Буго тӏабигӏияб газ, ток, амма гьекъолеб лъел букӏуна къварилъи, хасго риидал. Росу тун унев чи къанагӏат гурони вукӏунаро, гӏезегӏан руго мина базе бокьарал гӏадамал. Цо-цо юридикиял дандеккунгутӏабаз рес кьоларого букӏана ракьул участкаби (планал) кьезе. Гьале гьал къояздаги ункъо чиясдасан гӏуцӏараб магӏарулазул къокъа ун букӏана районалъул бетӏерасухъе, гьесда цебелъуна гьеб суал, гьеб тӏубазабиялъе тӏадкъаял гьес жидерго хӏалтӏухъабазеги кьуна. Божилъи буго, гӏагараб заманалда гьеб цӏакъго кӏвар бугеб суал тӏубалин.

— Тумал гьаниса ингун магӏарулазул хадусеб къисмат кин бихьулеб дуда?

— Нижер росдае (Тухчар росдал магӏарулаз гӏумру гьабулеб тӏасияб авал), юридикияб статус кьей, гьелда цӏарги нижерго росдал (Цӏияб Кӏижани) лъей ва гӏадамазул къадаралда рекъон, нижее ракьги бихьизаби. Гьеб буго нижеца, гьанир ругел магӏарулаз, тӏалаб гьабулеб суал.

— Нужер росу буго гӏорхъода, гӏор тун доб рахъалъ, нужеда дандбитӏун бихьулеб буго Чачан Республикаялъул Ишхойюрт росуги. Гӏорхъода рукӏиналъ нужее кумекищ гьабулеб ялъуни квалквалищ букӏунеб?

— Гьабсагӏаталда нижее щибниги къварилъи гьечӏо гьадин букӏиналъул. Букӏана заман (90-абилел сонал, 2000-абилезул авал) гӏемер захӏматабги. Доб мехалъ нижеда кӏолароаан ракь-хур хӏалтӏизабизе, нижеда тӏасан букӏана речӏчӏулеб-кьвагьулебщинаб жо, ккана камиялги…

Лъай гьечӏев цевехун унаро

Хадусеб нижер мурад букӏана «Нур» КФХялъул нухмалъулев Шамил Мухӏамадгӏалиевгун дандчӏвай. Гьев нижеда ватана росулъа 2-3 км рикӏкӏадегӏан бугеб жидерго магӏишаталда, рецизе заман гӏагарлъулел ругел могьолал культурабазул хурив.

— Шамил, щиб гьоркьобе бачунеб дур магӏишаталъ?

— Гьабсагӏаталда нижехъ буго ункъо гектар, жаниб камураб пихъ гьечӏеб ахил. Гӏагарлъиялъул ракьалги (щибаб цӏаракиялъул 60 сот.) гъорлъе рачун, дица 10 гектаралда хьан буго суданка хер ва ункъо гектаралда люцерна. Могьолал культураби хьазелъун санайил дица ижараялъе босула 100 гектар ракьалъул (цо гектар 800 гъуршиде хӏисаб гьабун), исана гьаниб буго 90 гектар ролъул ва 10 гектар пурчӏинадул. Кинабго хӏалтӏи тӏубала дица ва дир хъизамалъ (васал, нусал). Гьеб киналъего гӏураб техникаги буго дир — комбайн, трактор, пресс, сеялкаби ва цогидаб.

— Бихьулеб буго ролъ лъикӏаб хӏалалда букӏин. Кодоб тани, чан центнердай щвела?

— Гьаниса щвезе ккани, гьанибеги кьезе ккола. Нижер гьаниб квеш ккараб жо буго ижараялъе ракь цо лъагӏелалъ гурони кьунгутӏи, гьелъул хӏасилалда рес кколаро рак лъезе, удобрение базе. Гьедин бугониги хӏалтӏи гьабизе ккола ракӏбацӏцӏадго. Цо гектаралда тӏад дир уна анкьазарго гъурушгӏанасеб харж. Бугъа лъикӏаб бугони, бечеги лъикӏаб лъугьунаян абиги бугелъул, лъикӏаб бачӏин букӏине ккани, лъикӏаб хьонги букӏине ккола. Дица гьеб босула лъикӏалдаса лъикӏаб. Гьелда рекъон гьабула цогидаб хӏалтӏиги. Исана дир гьаниб 35 центнералдаса гӏодобе кколаро бачӏин (Дагъистаналда гӏемерал руго магӏишатал 20 центнерги лъикӏаб бачӏинлъун рикӏкӏунел).

— Гьал къоязда дуца байбихьулеб буго хер бецизе. Сунде гьеб?

— Дир буго гьанае хьихьараб 15 баси. Хъураб боцӏул гьанги бичула Хасавюрталда, 250 гъуруш килоялъул багьа гьабун. Гьеб дармие гьечӏо щибниги къварилъи, цереккунго рукӏуна, цогидазе кьечӏого жиндие теян абурал чагӏи. Буго щуго бечӏчӏулеб гӏакаги, амма рахьдал нигӏматал дица ричуларо.

— Бакӏарараб тӏощелалъул къисмат кинабха букӏунеб?

— Тӏоцебесеб иргаялда, бахъула закагӏат. Кумек гьабула хӏажатазе. Цогидаб бичула. Гъоркьисала, Хасавюрталда 10 гъуршиде кило бугеб заманалда, дица гьеб кьуна анкьго-микьго гъуршиде, гьебги босун уна, гьанирего рачӏун. Бичун щвараб гӏарцудаса 500-600 азарго гъуруш нахъеги уна ракьалда тӏад.

— Тӏад арал харжазулги нахъбуссаралъулги хӏисаб гьабун, хайиралде бачӏунищ хӏасил?

— Жиндир заманалда кинабго хӏалтӏиги гьабуни, гьава-бакъги рекъани, цо гектаралдаса 6000-7000 гъуруш щвезе бегьула (гъуршида тӏаде гъуруш)

— Гӏемераз абула росдал магӏишаталъул хӏалтӏи захӏмат бихьулеб, гьелда рекъараб хайир щолареб хӏалтӏи бугин абун. Рази вугищ мун?

— Кинабго бараб буго Аллагьасда. Гьаб буго доб лотереялъул билет гӏадинаб иш. Мисалалъе, заман гуреб мехалъ (тӏогьолъ бугеб) цӏад бани, яги цоги тӏабигӏияб балагьалъ квалквал гьабуни, ккезе рес буго жаниб мугь гьечӏеб чӏобогояб тӏор. Гӏадада гурелъул нилъер умумуз абулеб букӏараб ракь хӏалтӏизабулев чи киданиги бечелъизеги бечелъуларин, чед камунги хутӏуларин абун. Гьеб буго цӏакъ битӏараб аби. Санал рахун руго хӏалхьиялда чӏезе кколеб ригьалде, амма тезе кӏолеб гьечӏо ругьунаб хӏалтӏи.

— Дуца толеб гьечӏо хӏалтӏи, амма дур лъималаз хадубккун гьабизе бугищ гьеб, гӏолохъанаб гӏелалъе бокьулеб гьечӏелъул росдал магӏишаталъул хӏалтӏи?

— Хӏакъикъаталдаги бокьулеб гьечӏо, нилъер гӏелалъ гьабулеб букӏаралъул 10 процент гурони гьабулеб гьечӏо гӏолеб гӏелалъ. Цо рахъалъан балагьани, кигӏан бокьичӏониги гьез абулелда разиги вуго дун — Хасавюрталдеги ун, гьаниса босун добехун бичулев вукӏун къойие кӏиазарго гъуруш щолеб мехалъ, лъиеха бокьилеб 500-700 гъуршиде, гьаб захӏматги бихьун, ракьалъулгун хӏалтӏи? Дир цо вас хӏалтӏулев вуго полициялда, цогидав гьале гьабсагӏаталдаги, доб авлахъалда, МТЗ тракторгун прессалъ хер къалев вуго. Дир буго 64 сон, гъоркьисалаго тезехъин букӏана дица гьаб хӏалтӏи — лъималаз гьарана чӏайин, жидеда малъейин, жидеца гьабилин абун. Дица гӏетӏ тӏун гӏуцӏараб магӏишат гьезда рехун тезе ракӏалда гьечӏо. Гьезул гьариялда рекъон чӏана дица гьаб ахги, Аллагьас хъван батани, хаслихъе гьелда аскӏоб, щуго гектаралда чӏезе буго цӏибилги.

— Къарзалъе гӏарац жеги босизе кканищ дуца?

— Гьаб ах чӏолаго законияб къагӏидаялда дие кьуна субсидия, цо гектар рикӏкӏун 70 азарго гъуруш. Амма гьел откатал — проценталги, гьеб къарз — кредитги дие дандекколаро, ният гьечӏо гьезул кӏичӏикье габур бегьизе.

— Дуца цӏакъ ракӏунтун абуна нужер гӏадамал цӏали-лъаялда хадур лъугьунел гьечӏин абун…

— Гьедин буго. Гьеб буго мекъи ккараб иш. Дир хӏисабалда, гӏемерисел эбел- инсуца пикруго гьабулеб гьечӏо жидер лъимал цӏализаризе кколин. Цӏализе ккола, тӏалаб гьабизе ккола лъай, лъай-гӏакълу гьечӏони, букӏунаро цебетӏей. Тӏубаларо цо бакӏалда чӏун, ине ккола церехун, лъай гьечӏев унаро цевехун…

Цӏияб Чуртах

Сапаралъул ахир нижеца гьабуна Цӏияб Чуртах росулъ. Росдал администрациялъул бетӏер Аминат Хӏажиевалъ кьурал баяназда рекъон, гьаниб буго 450-гӏанасеб цӏараки, гӏумру гьабулеб буго 4700-ялдаса цӏикӏкӏун чияс, гьезул гӏемерисел ккола магӏарулал. Буго кӏитӏалаяб, 300-гӏанасев цӏалдохъан цӏалулеб гьоркьохъеб школа. «Цебе букӏараб школалъул басрияб минаялъуб, лъикӏаб ремонтги гьабун, гӏуцӏун буго ясли-ах. Гьабсагӏаталда гьениб буго 93 лъимер. Буго медпункт, мажгит, мадраса, библиотека, почалъул отделение, микьго тукен. Цӏакъ гьава-бакъ рекъараб, ракь лъикӏаб, кинабго рахъалъ санагӏалъи бугеб бакӏ букӏиналъ росу тун унев чи (цӏияб ракьалде гочунел тумал тун) гьечӏин абизе бегьула. Цӏикӏкӏунел руго тӏаде рачӏунел. Гьединазе планал кьезеги гьабсагӏаталда къварилъи гьечӏо, кьола анкьго сотых. Росдада цебе бугеб аслияб масъала ккола — гӏолохъанаб гӏел къваригӏел гьечӏел пишабазда гьоркьобе ккеялдаса цӏуни. Гьеб мурадалда нижеца хӏаракат бахъула гӏолилазул гъира базабизе спорталде. Дагьабго нахъеккун буго культураялъулаб хӏалтӏи. Гьелъие нижер гьаниб гьечӏо клуб. Цебе гӏодоб квер лъун щивго хутӏулароан, гьанир рукӏана цӏолбол лъикӏал ахал. Гьанже гьелги гьечӏо, гӏолохъабазе росулъ хӏалтӏизе бакӏал гьечӏолъи буго квеш ккун.

— Магӏарул мацӏ малъиялъул, цӏуниялъул суал кинха бугеб?

— Байбихьудаса лъугӏизегӏан (ахирал классазда гьеб дагь гьабун ингилис мацӏ, физкультура цӏикӏкӏунеб буго) школалда малъула магӏарул мацӏ. Тум ва чачан мацӏал малъуларо лъимал дагь рукӏиналъ, гьездаги лъала магӏарул мацӏ. Гӏемерал соназ магӏарул мацӏалде кутакалда кӏвар кьолей мугӏалим йиго Ума Асламханова. Гьелъ гӏуцӏун буго музей гӏадинаб, кинабго къваригӏанщинабги, хӏажатал шартӏалги чӏезарун ругеб магӏарул мацӏалъул кабинет. Амма ахираб заманалда гьейгицин гӏодулей йигин абуни мекъи ккеларо. Цо-цо эбел-инсуца рикӏкӏунеб буго, магӏарул мацӏ бицинчӏого, гӏурус бицани, жал церетӏурал, «культура» бугел, гӏадамал рукӏинин абун. Гьеб пикру щолеб буго лъималазухъеги.

— Гьеб хӏалалда цӏунизе кӏвеладай магӏарул мацӏ?

— Кӏвела, кӏвезе ккола, кӏвечӏого рес гьечӏо. Кӏвечӏони нилъ щал кколел? Ургъеха гьелда тӏад жив магӏарулавин рикӏкӏунев щивав магӏарулав.

— Кӏудияб росу, гӏемерал масъалаби… Чӏужугӏадан хӏисабалда, гьаб хъулухъ тӏубазе захӏмат гьечӏищ дуе?

— Бигьа гьечӏо. Амма захӏматго бугин абун гьабичӏогойищха хӏалтӏи телеб? Советияб, Андроповасул заманалдаги, школалъул завучлъун хӏалтӏулей йикӏарай дун, тӏамун йикӏана Советалъул председательлъун. Дир гьеб хӏалбихьиги букӏун, гӏагарлъиги цӏикӏкӏараб букӏун (нижер йикӏана 10 яц), районалъул бетӏерас, дагьаб мехалъинги абун, нахъеги тӏамуна гьание (гьеб хъулухъалда цадахъго Аминат йиго ясли-ахалъул заведующаяги).

— Сунцаха кумек гьабулеб гьеб захӏматаб гьир баччизе?

— Кьун буго Аллагьас къуват. Дида кӏоларо тӏаса-масаго хӏалтӏи гьабизе, тӏадкъараб гьабичӏого тезе. Ракӏ-ракӏалъго абила цойги жо. Бищун дун къваридаб, бищун дие захӏматаб заманалда дица кодобе босула «Хӏакъикъат» газета (Росулъ гьелъие подписка гьабурал лъабгоязда гьоркьой йиго Аминатги) Гьеб цӏалун хадуб рекӏее дагьаб бигьалъи лъугьуна…

Гӏабаш Гӏабашилов