Лъимал релъулел руго
Махӏачхъалаялда тӏоритӏана байрамалъе сайгъат гьарурал тадбирал
Гьелъие байбихьи лъуна хъизамазул парадалъ ва гьеб байбихьана шагьаралъул аслияб майданалдаса Гӏурус театралде цере щвезегӏан. Лъималазда ва гьезул улбузда байрам баркана «Халкъияб фронт» гӏуцӏиялъул председатель Жамбулат Мухӏамадовас. Цинги байбихьана Махӏачхъала шагьаралъул музыкалиял ва искусствабазул школазул цӏалдохъабазул концерт.
Концерталъухъ халгьабун йигей дида ракӏалдещвана цо гьадинаб хӏужаги. Гъоркьиса миллияб библиотекаялда тӏобитӏулеб «Тарки-Тау» тӏахьазул выставкаялде рачӏун рукӏана Россиялъул батӏи-батӏиял шагьараздаса хъвадарухъаби ва шагӏирзаби. Тӏахьазул конкурсалъул хӏасил гьабулаго, цо шагӏирас абуна (цӏар ракӏалда гьечӏо) жинда кколеб бугин гьаб выставка, Дагъистаналда гуреб, централияб Россиялда тӏобитӏулеб бугеб гӏадин. Гьес абуна миллаталги мацӏалги гӏемераб Дагъистаналда тӏобитӏулеб выставкаялда цӏакъ дагь гурони гьечӏин Дагъистаналъул миллиял мацӏазда хъварал тӏахьалин.
Гьединабго пикру гьабуна дицаги, концерталъул гӏахьалчагӏазухъ ялагьидал. Кинабго лъикӏ букӏана. Кучӏдул ахӏана, кьурдана. Миллиял кьурдабиги рукӏана. Амма кьурдабаз мацӏ малъуларо. Рагӏичӏо миллиял мацӏазда ахӏулел кучӏдул. Миллиял мацӏазда сверухъ ахӏвал-хӏал хӏалуцарал гьал къоязда гьелъ пашманаб асар гьабуна. Гӏурус мацӏалда кучӏдул ахӏаразухъа бажаризе букӏана миллиял мацӏаздаги ахӏун. Щай гьелде кӏвар кьолареб? Щай лъималазда бицунареб, бихьизабулареб гӏурус мацӏалдаго цадахъ жидерго миллиял мацӏазул берцинлъиги?
Тахшагьаралъул цӏалдохъабазул церерахъиналдаса хадуб байбихьана лъималазул художествияб творчествоялъул республикаялъулаб фестиваль. Гьенир гӏахьаллъана Лъаратӏа, Хунзахъ, Хасавюрт, Хъумторхъала, Кули, Нугъай ва цогидал районаздаса гӏисинал гьунарчагӏи. Дол пашманал пикраби хисана рохелалъ. Сценаялдаса рагӏулеб букӏана Дагъистаналъул миллиял мацӏазул чвахи.
Лъималазда байрам баркана ДРялъул хӏукуматалъул председателасул тӏоцевесев заместитель Анатолий Карибовас ва шагьаралъул бетӏерасул ишал тӏуралев Абусупян Хӏасановас.
Лъималазеги улбузеги хӏухьбахъи гӏуцӏун букӏана Магӏарул театралда цебе, Родопалъул бульваралдаги. Спортивиял къецазги, музыкалиял церерахъиназги, цогидаб ихтилат-кепалъги — гьеб киналъго байрамалъул гӏахьалчагӏазе сайгъат гьарулел рукӏана лъимерлъиялъул талихӏал лахӏзатал.
Шамай Хъазанбиева
***
Рохалие гӏорхъи букӏунаро
1 июнь байрам хӏисабалда кӏодо гьабизе байбихьана 1950 соналдаса нахъе
Тӏолабго дунялалдаго гӏадин, гьеб къо Дагъистаналдаги кӏодо гьабула щибаб соналда ва тӏоритӏула батӏи-батӏиял тадбирал. Масала, исана «Надежда» абураб реабилитациялъулаб централъул коллективалъ гьеб къоялъ гьенир сахгьарулел ругел лъималазе гӏуцӏун букӏана унго-унгояб байрам.
Централъул лъималазда байрам баркизе гьезухъе гьоболлъухъе рачӏун рукӏана ДРялъул захӏматалъул ва социалияб рахъалъ цӏуниялъул министрасул тӏоцевесев заместитель И. Зайналов ва ДРялъул тӏабигӏат цӏуниялъулгун экологиялъул министрасул заместитель Мария Гӏалиханова. Гьелъ централъе сайгъат гьабуна телевизорги ноутбукги.
Лъикӏаб концертгун лъимал рохизаризе ва гьезда байрам баркизе рачӏун рукӏана Цӏияб Лак районалъул Гамиях ва Цӏияб Кули росабазул школазул кьурдухъаби, эстрадаялъул артистал Зумруд Мусаева ва Ислам Рамазанов. Байрамалъул хӏурматалда киналго лъималазе кьуна сайгъаталги.
Реабилитациялъулаб централъул директор Мухӏамад Ибрагьимовас абуна жидер коллективалъул ва унтарал лъималазул улбузул рахъалдасан, газета гьоркьобккун, бокьилаанила баркала кьезе лъималазе сайгъаталгун рачӏарал Цӏияб Лак районалъул МФЦялъул директор Д. Султӏановасе, Махӏачхъала шагьаралъул Кировский районалъул МФЦялъул директор А. Къурбановасе ва тахшагьаралда бугеб лъималазул къайи бичулеб тукадул директор С. Гӏалиевасе, Каспийск шагьаралъул «Атмосфера» тукадул директор К. Жахаевасе.
Гьаб хирияб моцӏалъ гьабураб гьезул садакъа Аллагьас азариде бахинабеги.
Нури Нуриев