Тӏадегӏанлъанагӏан гьитӏинлъарав, гьитӏинлъанагӏан тӏадегӏанлъарав — гьеле гьединав вуго гӏелмуялда жиндирго хасаб лъалкӏ толеб бугев гӏалимчи
Хунздерил тӏалъуда Тӏануси росу. Гӏакъилзабазги, гӏалимзабазги, спортсменазги, лъикӏал гӏадамазги машгьур гьабураб росдал аслияб майданалда аскӏоб буго гӏадатияб мина. Гьеб буго Шамил Гӏалиев жанив гьавураб Хуриса Гӏалил мина. Гьениб 75 соналъ цебелъураб цӏар гьанже зобалазда буго. Гьелъие кьун буго Россиялъул космонавтикаялъул академиялъул академик Шамил Гӏалиевасул цӏар. Гӏадатияб магӏарул росулъ бугеб гӏадатиябго минаялъ роржен кьураб гьеб цӏваялъе бигьаяб букӏинчӏо жакъа жиб бугеб тӏадегӏанлъиялдаги борхалъиялдаги гвангъизе.
Лъимерлъиялъул лъалкӏал
Гӏемер щола Шамил гӏагараб росулъе. Лъимерлъиялъул лъалкӏаз талихӏалъул мугьру чӏвала гьесул ракӏалдещвеязда:
— Гьале инсул мина. Гьаниб кӏибикӏана гьасие тӏоцебе кини, гьаниб рагӏана гьасда эбелалъул хӏасратаб кинидахъ кечӏ. Гьаниб гъасда бакараб цӏадул хӏенхӏаз къалъизаруна вукӏинесев машгьурав гӏалимчиясул сухъмахъалги шагьрабиги. Гьанир кӏудиял гӏуна Хуриса Гӏалил микьабго лъимер: щуго васги лъабго ясги.
Гьаб минаялъул гъанситохъ чанги талихӏал лахӏзатал ратана Шамилида. Кӏудияб хъизамалъул кӏиабилеб лъимер, Шамилида ракӏалдецин кколеб букӏун батиларо гӏадатияв магӏаруласул васас тӏадегӏанал гӏелмиял рорхалъаби мукӏур гьаризе ругин. Гьеле гьеб минаялъул гъасда бакараб цӏадухъ чанги цадахъ бакӏарун батила талихӏалъул цӏураб хъизан. Ботӏрол расазда саву ккараб гӏужалдаги, гьесда цебеса унеб батиларо инсул минаялъ, кверги ккун, талихӏалде данде живго нухарегӏараб къо. Киса-кирего — лъимерлъиялъул лъалкӏал, талихӏалъул лахӏзатал.
Гӏелмияб борхалъи
Шамил Гӏалиевасул хӏакъалъулъ рагӏичӏев магӏарулав къанагӏатги ватиларо. Щивха гьев кколев? Техникиял гӏелмабазул доктор, РСФСРалъул гӏелмуялъул ва техникаялъул мустахӏикъав хӏаракатчи, Келдышил, Циалковскиясул, Барминил меседил медалазул лауреат. Щвана гьесие «ДРялда цебе гьабураб хъулухъалъухъ» абураб орденги. Торпедаялъулаб яргъил хӏакъалъулъ энциклопедия хъварав гӏалимчи, гӏемерал фундаменталиял цӏех-рехазул автор. Россиялъул гӏелму цебетӏезабиялъулъ лъураб кӏудияб бутӏаялъухъ гьесие кьуна Петр Тӏоцевесесул орденги.
2009 соналъул анлъабилеб августалда Шамил Гӏалиевасул цӏар кьуна цо планетаялъеги.
«Дагъдизель» заводалъул генералияв конструктор, РФялъул Пачалихъияб премиялъул лауреат. Гьесул хӏурматалда тӏоритӏула Халкъазда гьоркьосел гӏелмиял конференциялги. Масала, 2017 соналъул 9-11 октябралда Санкт-Петербургалда ралъдалгун техникияб университеталда тӏобитӏана гӏалимчиясе сайгъат гьабураб конференция. Гьанжеги гӏемер щола Шамил Гӏалиев живго цӏалараб гьеб университеталде. Дандчӏвала студенталгун, цӏалула гьезие лекциял, гара-чӏварула гьелгун, бицуна гӏумруялъул ва талихӏалъул хӏакъалъулъ. Гӏалимчиясулгун рукӏунел гара-чӏварияз жидеего гьабулеб асаралъул хӏакъалъулъ студентазги преподавателазги хъвала университеталда къватӏибе биччалеб газеталда.
Шамил Гӏалиевасул лекциязул пайдаялъулги кӏваралъулги бицунаго, Денис Корниловас хъвалеб буго гьесул гӏакъилаб каламалъул хӏакъалъулъ.
Шамил Гӏалиевасул
гӏумруялъул дарсал
1) Дие бокьун буго щивав чиясда бичӏчӏизе ва лъазе жинцаго гьабулеб бугеб иш щай къваригӏун бугебали. Бокьун буго нужедаги бичӏчӏизе, гьеб кинабго бичӏчӏун хадуб, рекӏелъ рещтӏунеб рохалил асар — дуцаго дуего кьолел суалал ва гьезие дудаго ратулел жавабал.
2) Дуда цо щиб бугониги лъалеб ва дуца гьелъул хӏакъалъулъ цогидазеги бицунеб бугони, гьезда гьебги бичӏчӏулеб бугони, гьелъул магӏна ккола гьеб дудаги бичӏчӏулеб бугин абураб.
3) Гӏурус рагӏабазул лъабго «в»- вера, воля, выбор. Гьел ккола нилъер рухӏияб хӏаракатчилъиялъул аслулъун.
4) Ракьалда гӏемерал санал ранагӏан, дие рокьулел руго лъималги херал чагӏиги. Гьанже цӏикӏкӏун хараби рокьула.
5) Инсан киданиги вукӏунаро жиндиего бокьараб хӏалалда талихӏавлъунги жинцаго рикӏкӏунев гӏадав талихӏкъаравлъунги.
6) Кибго, кидаго, бокьараб заманалда кинабго гьабизе лъазе ва бажаризе ккола.
7) Гӏелмуялъул тарихалда бищунго кӏвар бугеблъун ккола пикраби церетӏеялъул тарих. Пикрабазул гӏелги заманги букӏунаро.
8) Студентазда, аспирантазда, ай гӏелмуялда тӏадчӏаразда киданиги ракӏалде ккезе бегьуларо кигӏан кӏудияб машгьурлъиялъул гӏалимчиги жидедаса тӏадегӏанав вугилан.
9) Щиб жо кколеб талихӏ? Талихӏ ккола киналдего нилъ хӏадурго рукӏин.
10) Цӏалдохъабигун, студенталгун дандчӏвазе унелъул, дун рахӏатхун лъугьуна. Сундасан байбихьилебали лъаларого хутӏула. Ракӏчӏун нилъеда лъаларел суалазе кинал жавабалха ратилел. Хасго бичӏчӏулебги гьечӏони, щиб нилъее къваригӏун бугебали.
Гӏалимчиясул рухӏияб дунял
Шамилица цӏакъ кӏудияб адаб гьабула магӏарул мацӏалъулги, гӏадатазулги, гӏамалазулги, маданияталъулги, адабияталъулги. Рухӏдаллъизе бачӏуна гьесда магӏарулги, гӏурусги, дунялалъулги адабияталъул классиказул кучӏдул цӏалулелъулги цӏаларалъул хӏакъалъулъ жиндирго пикраби загьир гьарулагоги. Дол рукӏана гӏурусазул шагӏир Евгений Евтушенко гӏумруялдаса ватӏалъарал къоял. Иргадулаб нухалда гьоболлъухъе щварай дие гьес цӏалана Евтушенкол кучӏдул, бицана шагӏирасул гӏумруялъул хӏакъалъулъ. Гьеб къоялъ цӏалана гьес Расулил, Махӏмудил кучӏдулги.
Къолохъанлъиялъеги бергьараб махщел буго гӏалимчиясул. Гьес къали кьабулелъул, кигӏан кьурдизе лъаларесулги къасд ккола горсверулъе кӏанцӏизе. Гьабсагӏаталда къанагӏат ратула зурмида рачунел умумузул бакъназда рекъон, кьурдулелъул, хӏетӏе бахъизе бажарулев чи. Амма Шамил гьел бакъназухъе кьурдулелъул, цебе бачӏуна гӏагараб Тӏануси росулъ лъимерлъуда ва гӏолиллъуда дунго уней йикӏарал бертаби. Хӏункъбузул сипаталда роржунел гӏолил ясалги, цӏумазул сипаталда — гӏолил васалги. Цинги — кьурдизе бугеб кӏудияб гӏишкъуялъ, яхъине гьайилародайилан, цересел кьеразда гӏодой чӏарай дунгоги. Гьединал ракӏалдещвеяз куркьбал гъола дида, Шамил Гӏалиев кьурдул сверуда вихьидал.
Гӏамалалъул рахъ босани, гьев вуго цӏакъго гӏадатияв инсан. Гьелъго батила гьев тӏадегӏанлъаравги гӏадамазе кӏодолъаравги.
Тӏадегӏанлъанагӏан гьитӏинлъарав, гьитӏинлъанагӏан тӏадегӏанлъарав — гьеле гьединав вуго гӏелмуялда жиндирго хасаб лъалкӏ толеб бугев Тӏанусиса Хуриса Гӏалил Шамил.
Пикраби. Пикраби. Пикраби…
Махӏачхъалаялъул аслияб майдан. Шагьаралъул администрациялъул мина. Анлъабилеб тӏала. Къаси нахъалъизегӏан чирахъ сунаро Шамил Гӏалиевасул кабинеталъуб. Гӏалимчиясул гьитӏинабго «рукъ». Къадада бараб доска. Доскаялда хъвараб бичӏчӏизе захӏматаб хӏисаб. Стол цӏурал тӏахьал. Тӏахьаз сверун ккурав гӏалимчи…
Гьев хӏадурлъулев вуго гьалбадерилгун букӏине бугеб иргадулаб дандчӏваялде. Гьалбалин абуни, гьесухъе хӏалтӏуде къойилго гӏадин рачӏуна. Ракӏалдещвана Хунзахъ районалъул цӏалдохъабазулгун гьесул букӏараб дандчӏвай ва гьес лъималазе кьураб цо суалги.
— Лъимал, лъида лъалел магӏарухъ гӏалахалда рижулел тӏугьдузда цӏарал, — илан гьикъана Шамилица. Жаваб кьезе гьел кватӏидал, гьес жинцаго рехсана анцӏгониги тӏогьол цӏар. Гьеле гьединал, гӏадатиялин кколел, амма ургъизе тӏамулел суалал кьола гьес.
Чуялги цӏакъго цӏакъ рокьула Шамилие. Гьезул бицунелъул, кӏалдибе гьоцӏо тӏинкӏараб хӏал букӏуна гьесул. Чу — гьеб ккола кутакалда чӏухӏараб, лъиениги бетӏер къулулареб ва хӏелулареб хӏайван. Гьелъги батила Шамилие гьеб бокьулебги.
Исана 9 маялда Хунзахъ районалда, Гӏалагӏарт майданалда, Кӏудияб Бергьенлъиялъул къо кӏодо гьабулеб байрамалда чуялги риччана Шамил Гӏалиевасул призалъе гӏоло. Къецал гӏуцӏун рукӏана Ахӏмад Хӏусеновасул нухмалъиялда гъоркь, районалъул «Хунзахъ» жамгӏияталъ.
Шамил Гӏалиевас бана 75 сон. Гӏемерищ гьеб яги дагьищ? Лъаларо. Амма гьеб лъала гӏицӏго Тӏадегӏанасда.
Биччанте гьеб букӏине Шамил Гӏалиевасул гӏелмуялъе кьолеб бугеб гӏумруялъул байбихьилъун.
Пикраби, пикраби, пикраби… Гьелин абуни, гӏемер руго гӏалимчиясул.
Шамай Хъазанбиева